ЦӀва
ЦӀва — астрономияб объект, жиб гравитациялдалъун цадахъ чӀараб плазмаялъул ва газалъул, ва жинца канлъиги кьолеб сфероидалдаса гӀуцӀараб. Ракьалде бищун гӀагараб цӀва ккола Бакъ. Цогидал гӀемерал цӀваби рихьула алатпнчӀеб бералда къаси-къаси, амма Ракьалдаса цӀакъ рикӀкӀад рукӀиналъ, гьел ккола канлъиялъул рагъаруларел тӀанкӀаллъун. Бищун рихьунлъалел цӀваби рикьун руго цадахъцӀвалъиязде ва астеризмазде, ва гӀемерисел бищун гванхъарал цӀвабзазул руго жиде-жидер хасал цӀарал. Бихьулеб тӀолгогӀаламалда жаниб буго 1022-ялдаса 1024-яллде щун цӀва. Гьел цӀвабзазул гӀага-шагарго 4,000 гурони бихьуларо алатинчӀеб бералда,[1] гьел киналгини ккола Рахьдал Нух галаксияялъул цӀвабилъун.
Бакъ, G-тайпадул аслияб тартиблъиялъул цӀва, Ракьалде бищун гӀагараб
МугъчӀваялХисизабизе
- ↑ Grego, Peter; Mannion, David (September 9, 2010). Galileo and 400 Years of Telescopic Astronomy. Springer New York. ISBN 9781441955920. Check date values in:
|date=
(кумек)
КъватӀисел регӀелалХисизабизе
Викимедиялда буго ЦӀваби темаялда хурхараб медиа. |