Шималияб ЦӀорол океан

Шималияб ЦІорол океа́н — Ракьул бищун гьитІинаб океан, тІубанго шималияб бащдаб шаралда, Евразиялдаги Шималияб Америкаялдаги гьоркьоб бугеб.

Шималияб ЦІорол океан
90° ш. гӀ. 0° бб. х.HGЯO
Площадь14,75 млн км²
Къадар18,07 млн км³
Шималияб ЦІорол океан, Арктика
Шималияб ЦІорол океан, Арктика
 Викигъамасалад медиафайлал

Океаналъул площадь буго 14,75 млн км², лъел къадар — 18,07 млн км³. Гьоркьохъеб гъваридлъи — 1225 м, бищун кІудияб гъваридлъи бахуна — 5527 метралде ва гьебги буго Гренландиялъул ралъдалъ.

ималияб ЦІорол океа́налда тункун руго Даниялъул (Гренландия), Исландиялъул, Канадаялъул, Норвегиялъул, Россиялъул ва Америкаялъул Цолъарал Штатазул ракьал. Халкъалдагьоркьосеб уровеналда океаналъул ихтияралъулаб статусалъул устав чIезабун гьечIо. БуIа-бутIа ккун гьеб чIезабун буго арктикиял пачалихъазул миллиял законаздалъун ва халкъалдагьоркьосеб ихтияралъулаб къотIи-къаяздалъунги. ЛъагIалил цIикIкIунисеб бутIаялъ Шималияб ЦІорол океан хIалтIизабула ралъдалъан къайи баччиялъе, Россиялъ Шималияб ралъдал нухдасан, ва АЦШялъги Канадялъги Шималиябгун-БакътІерхьул нухдасан.


Клайд-Ривералда аскIоб цІоролмегІер.
Баффинил Ракь
Полярияб сордо Рогачёво гьеналда.
ЦІияб Ракь
Лонгйир.
Шпицберген
Нортбрук чІинкІиллъиялъул ралъдал рагІал.
Франц-Иосифил Ракь архипелаг


Ссылкаби

хисизабизе



  Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.

Халип:Шималияб ЦІорол океан