БолмацӀ[a] ккола жиндида батӀи-батӀиял сверелазда кӀалъалел гӀадамаз цоцада гьоркьоб кӀалъазе хӀалтӀизабулеб букӀараб аваразул «халкъияб» мацӀлъун ("сверелазда гьоркьосеб койне").[1][2]

БолмацӀ
Абулеб куц/ˈboɫ.mät͡sːʼ/
Территория Авария
ЭтниклъиАварал
ЭраЦебетӀуна гьанжесеб литературияб мацӀалде
Цесеб форма
ГӀараб (Авар гӀажам)
МацӀалъул кодал
ISO 639-1av Авар
ISO 639-2Авар (B)
 (T)
ISO 639-3ava Авар

ЛӀугьана авар мацӀалъул хьундасеб тӀадкаламалъул кьучӀалда, аслияб куцалъ хундерил сверелалъул (бакъдасел сверелазул цо-цо асаргун).[3]. БолмацӀалъул кьучӀда XIX гӀасруялда лӀугьана гьанжесеб литературияб авар мацӀ.[4]

XV гӀасруялъул ахиралда болмацӀ лӀугьана киналниги аваразул ва гьезде гӀагаралщинал гӀисинал халкъазда гьоркьор ругел хурхеназул мацӀлъун, гьелъие гӀиллалъунги букӀуна Авар нуцаллъиялъул кверщел, экономикияб ва политикияб къуват цӀикӀкӀин, аваразул миллаталъул консолидация.

БолмацӀ цебетӀеялъе ва тӀибитӀиялъе квербакъана гьединго ХVII ва ХVIII гӀасрабазда авараз ГуржиялӀе гьабулел рукӀарал чабхъеназ ва ХIХ гӀасрабазда Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъазул букӀараб чиядрачӀолъиялъе гӀоло къеркьеялъ.[2]

Этимолгия хисизабизе

БолмацӀ абураб термин буго кӀиго авар рагӀудаса гӀуцӀараб: бо рагӀул генитиваб форма бол ва мацӀ жубан.

Бо абураб рагӀи буго гӀодосанго авараб, лӀугьарабги буго прото-авар мацӀалъул *ħʷa рагӀудаса, жиндир магӀнаги бугеб "армия, къокъа". Эб рагӀи бачӀараб буго Прото-хьундакавказияб *ʡwǝ̆hri ( ~ -e) рагӀудаса.[5]

Тарих хисизабизе

Сипат-сурат хисизабизе

БолмацӀалда асарал хисизабизе

Ралагье гьединго хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

Комментариял хисизабизе

  1. ЦӀалулеб куц: /bolmät͡sːʼ/, ортографияб вариант: болмаць

Иццал хисизабизе

  1. Агния Васильевна Десницкая. Наддиалектные формы устной речи и их роль в истории языка. — 1970.
  2. 2,0 2,1 "Бол мац – феномен дагестанской цивилизации". mkala.mk.
  3. "AVARIC LANGUAGE". gutenberg.us (in английский).
  4. "АВАРСКИЙ ЯЗЫК". Энциклопедия Кругосвет.
  5. "Бо рагӀул этимология". Starlingdb.org. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. 12 Январ 2024.