Вабаъ — загьаб инфекционияб унти, жиб карантиниял инфекциязде гъорлӀе кколеб, кутакалда захӀматаб гӀаммаб хӀалалда унеб, леталлъиги борхатаб бахиналъул даражаги цӀикӀкӀараб. Гьеб Yersinia pestis бактериялъ баккизабула.[2] Симптомазде гъорлІ уна сири, загІиплъи ва бетІер унти.[1] ГІемерисеб гьаб байбихьула инфекхиналдса цо–анкьго къойидаса.[2] Вабаъалъул буго лъабго батІияб тайпа, гьезул щибалъ зарал гьабула къаркъалаялъул батІи-батІиял бутІабазе ва загьирлъизарула гьезда рекъарал симптомал. Пневмоникияб вабаъалъ зарал гьабула гьуърузе, лІугьинабула хІухьел цІай захІмалъи, хъегІи ва куаранда унти; бубонияб вабаъалъ заралгъинарула лимфатикиял гарцІцІал, гьел гьорозарун; септицемикияб вабаъалъ заралгъинабула би ва рачине бегьула ххамал чІегІерлъиялде ва хвеялде.[2][1]

Вабагъ ☣
Цогидал цӀаралПестис
Yersinia pestis 200× кІодо гьабураб ва флюоресцентияб гІужгун.
СпециаллъиИнфекционияб унти
СимптомалСири, загІиплъи, бетІер унти[1]
ГӀадатаб байбихьи1–7 къо инфекхиналдаса хадуб[2]
ТайпабиБубонияб вабаъ, септицемияб вабаъ, гьуърузул вабагъ[1]
ГӀиллабиYersinia pestis[2]
Диагностикияб методЛимфатикиял гІарцІцІазда жаниб, бидулІ, ахтуялъулІ бактерий балагьи[2]
ПревенцияВабаъалъул вакцина[2]
АгъазАнтибиотикал ва supportive care[2]
МедикацияГентамицин ва флюороквинолон[3]
Прогноз~10% хвеялъул риск (сахълъизабулеб бугони)[4]
ХӀаллъи~600 хвел лъагІалида жаниб[2]

Бубонияб ва септицемикияб вабаъ гІемерисеб тІибитІула чІутІуз хІанчІигун яги инфекхарал хІайваназулгун контакт бугони.[1] Пневмоникияб вабаъ гІемерисеб кьола гІадамазда гьоркьоб гьаваялдасан инфекхарал къатІрабигун.[1] Диагноз лъола лимфатикиял гарцІцІазда, бидулІ яги ахтуялъулІ бактерия балагьиялдалъун.[2]

Жидее цІикІкІараб риск бугел гІадамал вакцинхинаризе бегьула.[2] Пневноминикияб вабаъалъ унтарал сахлъизаризе бегьула профилактикиял дарабаздалъун.[2] Инфекхинаби бугони сахлъизариялъе хІалтІизарула антибиотикал ва кумекалъулаб терапия.[2] ГІемериселъ антибиотиказде гъорлІе уна гентамициналъулги фторхинолоналъулги комбинация.[3] Дару-саба гьабигун хвеялъул риск буго гІага-шагарго 10%, гьеб гьечІони — гІага-шагарго 70%.[4]

ТІолго дунялалда щибаб лъагІалида жаниб регистратула вабаъ унтиялъул 600 вакъигІат.[2] Тарихалда жаниб лъала чанго кІудияб эпидемия багъари, гьезда гьоркьоб бищун машгьураб букІана XIV гІасруялда ЧІегІераб хвел, жиндир хІасилалда 50 миллионалдаса цІикІкІун чи хвараб.[2]

РагӀул этимология

хисизабизе

Этимологияб рахъалъ, вабаъ абураб рагӀи буго бачӀараб гӀараб мацӀалъул وَبَاء рагӀудаса. ГӀараб мацӀалда гьеб унтиялъе хӀалтӀизабула вабаъ рагӀул синоним — тӀагӀун (ГӀараб: طَاعُون); гӀарабалда жибго вабаъ рагӀул магӀна буго унти гуребги, эпидемия абунги.

ГІаламатал ва симптомал

хисизабизе

Бубонияб вабаъ

хисизабизе

Септицемияб вабаъ

хисизабизе

Пневмонияб вабаъ

хисизабизе

Диагностика

хисизабизе

Профилактика

хисизабизе

Вакцинация

хисизабизе

Хехаб диагностика

хисизабизе

Сахлъизаби

хисизабизе

Эпидемиология

хисизабизе

Биолгияб ярагъ

хисизабизе

Ралагье гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ a b c d e f "Symptoms Plague". CDC (in американский английский). September 2015. Щвей 8 November 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  2. ^ a b c d e f g h i j k l m n o "Plague". World Health Organization. October 2017. Щвей 8 November 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  3. ^ a b "Resources for Clinicians Plague". CDC (in американский английский). October 2015. Щвей 8 November 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  4. ^ a b "FAQ Plague". CDC (in американский английский). September 2015. Щвей 8 November 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)

ТІадеги цІалиялъе

хисизабизе

КъватІисел регІела

хисизабизе

Халип:Medical resources

Халип:Bacterial cutaneous infections Халип:Diseases of poverty Халип:Bacterial diseases