Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 301: Функция для отображения значения не найдена..
Yersinia pestis |
---|
Yersinia pestis, электронияб микрофотография |
|
Yersinia pestis (Lehmann and Neumann 1896) van Loghem 1944 |
- "Bacterium pestis"
Lehmann and Neumann 1896[1]
- Yersinia pseudotuberculosis subsp. pestis (Lehmann and Neumann 1896) Bercovier et al. 1981[1]
|
|
Ваба́алъул гӀучӀ, Йерсиния пестис (Латин: Yersinia pestis, цебегӀан Pasteurella pestis) — грам-негативияб, багъардахъулареб, коккобациллияб бактерия, жиндир спорабиги гьечӀеб, Yersinia pseudotuberculosis ва Yersinia enterocolitica бактерияздаги хурхараб. Гьеб буго факультативияб анайробияб организм, жибги инсанасде базунеб бакъбаккул хъутагӀонкӀкӀол чӀодотада (Xenopsylla cheopis).[2] Гьелъ лӀугьинабула вабагъ унти, жиб сабаблъун Вабаъалъул тӀоцебесеб пандемия ва ЧӀегӀераб хвел, тарихалда жаниб бищун хвеял цӀикӀкӀараб пандемия, рукӀарал. Вабаъалъул букӀуна лъабго аслияб форма: пневмонияб, септицемияб ва бубонияб. Лъабабго форма, гьанжесел сахлъизариялъул тадбирал гьаричӀони, лӀугӀула хвеялдалъун.
Y. pestis рагьана 1894 соналъ, Гьонг Конгалда вабаъ багъарараб заманалда, Александр Йерсиница, Пастерил институталъул Швейцар/Паранс тохтир ва бактериологчияс.[3][4]
Yersinia навгӀ ккола грам-негативиял коккобациллабилъул, 1,5 мкм халалъиги бугел. Анилиналъул релъеназ белъуна биполярго (цӀикӀкӀун интенсивго — рагӀа-рагӀалда). Гьезул буго ферментативиябметаболизм. Y. pestis гьабула антифагоцитарияб ченч. Култураялда багъардахъулареб гьею бактерия лӀугьуна багъардахъулареблхун рахьхахулезул чорхолӀе ккедал. Патогеналъ гӀодосел температураби, цӀорозаби; амма манигӀаб гьечӀо бакъвазабиялъе, багӀаризабиялъе, хекко хола дезинфектинабуни ва гьалдезабуни.