Гуржистаналъул премьер-министр

Гуржистаналъул хӀукуматалъул бетӀер

Гуржистаналъул премьер-министр (гуржи: საქართველოს პრემიერ-მინისტრი, романизация: sakartvelos p'remier-minist'ri) — Гуржистаналъул хІукуматалъулги тІураязул хІакимлъиялулги (идараялъул) бетІер.

Гуржистанлъул Премьер-министер
Хъулухъалда вуго
ГьерекІли Гарибашвили

2021 соналъул 22 фебруаралдса
Гуржистаналъул хІукуматалъул администрация
ХитІаб His Excellency (diplomatic)
Статус ХІукуматалъул бетІер
Абревиатура ПМ, Премьер
Гъорлъе уна Кабинет
National Security Council
БакІ ХІукуматалъул диванхана (канцелярия)
Номинатор Парламент
Хъулухъалде тІамула Президент
(Президентас тІамула парламенталъ тасдикъ гьавурав премьер-министер)
Заман Ункъго сон, хъулухъ халат бахъинабизе бегьула
Ихтияр кьолеб документ Гуржистаналъул конституция
ТІоцевесев Ной Рамишвили (Гуржи демократияб республика)
Хъулухъ гІуцІи 26 Май 1918; 106 соналъ цебе (1918-05-26)
Кумек гьабула Премьер-министерасул тІоцевесев хисунчи
Харж 13,000 GEL моцІалъе[1]
Вебсайт http://gov.ge/index.php?lang_id=ENG

Гуржистаналда президент ккола пачалихъалул церемониалияв бетІерлъун ва аслияб къагІидаялъ вукІуна номиналияв нухмалъулев хІисабалда. ТІураязул хІакимлъи буго хІукуматалъухъ. Премьер-министерас гІуцІула, нухда бачуна ва контролхинарула хІукуматалъул функциял. Гьес гьединго гъулбасуна ихтияразулал актал. Гьес хІалтІуде тІамула ва хІалтІудаса рахъула миснистерзабазул кабинеталда министерзаби. Премьер-министрас бихьизабула Гуржистан къватІисел хурхеназда ва гьоркьоблъиязда ва Гуржистаналъул цІаралдаса халкъаздагьоркьосел къотІи-къаял хъвала. Жаваб кьола хІукуматалъ гьабулеб хІалтІи-пишаялъул Гуржистаналъул парламенталда цебе.[2]

Премьер-министерасул кандидатура лъола сиясияб партиялъ, жиндир парламентиял рищиязда бищун лъикІал хІасилал ругеб. Кандидатасе щвезе ккола парламенталъул божелалъул вотум.

ГьабсагІат премьер-министерлъун вуго жинца 2021 соналъул 22 фебруаралда Георги Гахария хъулухъалда хисарав ГьерекІли Гарибашвили.

Премьер-министерасул хъулухъ хІукуматалъул вакил абураб цІаралда гъоркь Гуржистаналда тІоцебе гІуцІана 1918 соналъ чиядабачІолъи лъазабигун. Гьеб хвезабуна севетаз улка бахъигун 1921 соналъул февралалда. Цияб чиядабачІеб Гуржистаналъ гІуцІана премьер-министерасул хъулухъ 1991 августалда, амма де факто гьеб хвезабун букІана 2992 соналъул яваралда ккараб рагъулаб икъилабалдаса хадуб ва юридикияб хІалахъ щула гьабуна 1995 соналъул конституциялда. Хъулухъ хІалтІизабиялде цІидасанги бачана конституционияб тІадежубанжоялдалъун 2004 соналъул фебруаралда и тІадеги хисизабуна 2012 соналдаса 2018 соналде щвезегІан къабул гьарурал тІадежубанжалазул сериязул хІасилалда.

Жиб 2004 соналъ букІахъинабиялдаса ва Михаил Саакашвилил президетлъи бугегІан заманалда премьер-министер тІамулаан президентас ва гьес тІуралел хъулухъал рукІана жинца тІураязул ишазул гІемерисел тІуралев президентасул бетІерав гІакълучиясул . Амма Гуржистан парламентарияб республикалъул лъазарурал 2012–2018 соназул конституционалиял тІадежураял жидерго къуваталде лІугьиндал, президетасул тІубазабиялъулал итиярал хвезаруна ва кьуна премьер-министерасухъе.

Квалификация

хисизабизе

Премьер-министерасул хъулухъалда вукІине бегьуларо Гуржистаналъул ватІанчи, жив гьебго заманалда цогидаб пачалихъалъул ватІанчилъун вугев.[3]

Хъулухъалде тІами

хисизабизе

Премьер-министерасул кандидатура лъола сиясияб партиялъ, жиндир парламентиял рищиязда бищун лъикІал хІасилал ругеб. Премьер-министерасул хъулухъалде кандидатасеги гьесул министерлъиязде кандидатазеги щвезе ккола парламенталъул божелалъул вотум, ва хадур, божелалъул вотумалдаса худуб кІиго къоялда жаниб, официалго хъулухъалде тІамизе ккола Гуржистаналъул президентас. Президентас премьер-министер кколеб заманалда жанив хъулухъалде тІамичІони, премьер-министер автоматикго тІамула. Парламенталъул божелалъул вотум къабул гьабичІони жиндир гІужда, президентас парламент биххула данде кколеб болжал лІугІидал кІиго анкьидаса хеккоги лъабго анкьадаса кватІунги гуреб заманалда ва лъазарула иргадулал гурел парламенталъулал рищиял.[4]

Функциял

хисизабизе

Гуржистаналъул премьер-министер ккола хІукуматалъул бетІерлъун, гьелъул хІалтІи-пишаялъул жаваб кьолев, ва гьединго министерзаби хъулухъалде тІамулев ва гьениса рахъулев хІакимлъун. Премьер-министерас гъулбасуна хІукуматалъул ихтияралъулал актал[2] ва Гуржистаналъул президентас рахъарал цо-цо актал.[5]

Премьер-министерасул буго ихтияр ЦІуниялул къуватал хІалтІизаризе парламенталъул разилъиго гьечІого рагъулаб ахІвал-хІал бугони.[6] Рагъулаб ахІвал-хІалалъул заманалда премьер-министер лІугьуна Гуржистаналъул президентасул вакиллъиялда гъоркь бугеб консультативияб идаралъун кколеб Миллияб цІунелалъул шураялъул гъорлІчилъун.[7] Официалго бетІерав цевехъан президент вукІаниги, практикаялда рагъулазе нухмалъула хІукуматалъги премьер-министерасги.

Премьер-министер гьединго ккола миллияб цІунелалъул шураялъул бетІерлъунги.

Ралагье гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ https://www.transparency.ge/sites/default/files/labor-remuneration.pdf
  2. ^ a b Article 55, Section 1–5 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}
  3. ^ Article 25, Section 2 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}
  4. ^ Article 56, Section 1–5 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}
  5. ^ Article 53, Section 2 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}
  6. ^ Article 72, Section 1 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}
  7. ^ Article 73, Section 1 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул премьер-министр}}