Авар алфабет
Авар алфабет буго 1938 соналъ авар хъвай-хъвагӀи кириллицалде бачаралдаса нахъе хӀалтӀизабулеб авар мацӀалъул графемабазул тартиб. Эбги буго гӀурус графика кьочӀое босун гӀуцӀараб, хасал гьаркьазе диграфалги хӀалтӀизабулеб.[1] Цебесеб алфабет букӀана латиналда.
Авар алфабет | |
---|---|
Хъвавул тип | |
Мех | 1938 — жакъа къо |
МацӀал | Авар |
Хурхарал хъваял | |
Эбелал системаби | |
ISO 15924 | |
ISO 15924 | Cyrl (220), Cyrillic |
Юникод | |
Юникод цӀар | Кириллияб |
Алфабеталда буго 46 графема,[a] жидер бетӀералги мухъилалги формаби ругеб. Кинабниги алфабеталъулӀ 33 буго хӀарп, хутӀарал ккола диграфал, Ъ, Ь яги Ӏ цадахъ ругел. ГъорлӀе рачун гьечӀо хасал фонемаби рихьизарулел кӀирекъарал графемаби,[4] гьединго лабиализация бихьизабулел диграфал, жал хъвавулӀ гӀатӀидго хӀалтӀизарулел. Авар мацӀалда кинаб букӀаниги фонематикияб кӀвар гьечӀеб Ь хӀарп буго алфабеталда, эб данчӀвала цохӀо мултиграфазулӀ.
Хъвай кириллицалде бачаралдаса нахъе чанцӀулго хӀалбихьулеб букӀана эб авар мацӀалъе дандекколедухъ гьабизе, гьеб цохӀониги рагӀалдеги бахъинабун гьечӀо.[1] Гьанже бугеб куцалда кириллияб алфабеталъулги ортографиялъулги гӀунгутӀабаца проблемаби гьарурелги руго авар хъвай-хъвагӀи цебетӀеялъе.[4]
История
хисизабизе1938 сонил 5 январалда Дагъистаналъул областалъул комитеталъ лъазе гьабуна Дагъистаналъул мацIазул алфабетал кириллияб хъвавуде рачин, цинги 8 фебруаралда гьеб хӀукму тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул АССРалъул ЦКалъ.[6] 10 Фебруаралда цӀи бахъараб кириллияб авар алфабеталъул публикация гьабуна Дагъистаналъул "ХӀакъикъат" газеталда.
Гьелдаса хадуб алфабет хисизабуна: тӀаде жубана ⟨ё⟩, тӀаса бахъана ⟨тл⟩ диграф. 1952 Соналъул декембералда Историялъулги, мацӀалъулги литературалъулги институталъул (СССРалъул гӀелмабазул академиялъул дагъистаналъулаб филиал) гIелмияб сессиялда хӀукму гьабуна авар алфабеталде тIаде ⟨лI⟩ диграф жубазе, ⟨цӀцӀ⟩, ⟨чӀчӀ⟩ ва ⟨кӀкӀ⟩ тетраграфазул бакIалда ⟨ць⟩, ⟨чь⟩ ва ⟨Ӏк⟩ диграфал хӀалтIизаризе щибалъе,[5] гьеб жо жеги билӀинабун бахъинчӀого буго. Гьебго суал цIидасанги борхун букIана 1993 соналъ, хъвай-хъвагIи бугел мацIал рукIалиде ккезариялъул конференциялда, гьениб абулеб букӀана ⟨цӀӀ⟩, ⟨чӀӀ⟩ тетраграфал рилӀинабиялъул, хӀо эбги лӀугьинчӀо.[1]
Графемаби
хисизабизеАвар алфабеталда буго официалго 46 графема, эзул 33 буго гӀадатаб, цогидаб гӀаламат цадахъ гьечӀеб, хӀутӀараб 13 графема буго жубараб, цогидаб ишара цадахъ бугеб (гъ, гь, гь, гӀ, къ, кь, кӀ, лъ, тӀ, хъ, хь, хӀ, цӀ, чӀ), гьединго гъорлӀе 1952 сонил реформалда рекъон ⟨лӀ⟩ диграф бачун, гӀола кинабниги 47 графема.
№ | Графема | ЦӀар[i] | ИФА[ii] | № | Графема | ЦӀар | ИФА | № | Графема | ЦӀар | ИФА | ||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
1 | А а | а | /a/ | 17 | Кь кь | кье | /t͡ɬːʼ/ | 33 | Хъ хъ | хъа | /q͡χː/ | ||
2 | Б б | бе | /b/ | 18 | КӀ кӀ | кӀа | /kʼ/ | 34 | Хь хь | хьа | /x/ | ||
3 | В в[iii] | ве | /w/ | 19 | Л л | эл | /l/[iv] | 35 | ХӀ хӀ | хӀа | /ħ/ | ||
4 | Г г | ге | /ɡ/ | 20 | Лъ лъ | элъ | /ɬ/, /ɬː/ | 36 | Ц ц | це | /t͡s/, /t͡sː/ | ||
5 | Гъ гъ | гъе | /ʁ/ | 21 | ЛӀ лӀ | лӀе | /t͡ɬː/ | 37 | ЦӀ цӀ | цӀе | /t͡sʼ/,/t͡sːʼ/ | ||
6 | Гь гь | гье | /h/ | 22 | М м | эм | /m/ | 38 | Ч ч | че | /t͡ʃ/ | ||
7 | ГӀ гӀ | гӀе | /ʕ/ | 23 | Н н | эн | /n/ | 39 | ЧӀ чӀ | чӀе | /t͡ʃʼ/, /t͡ʃːʼ/ | ||
8 | Д д | де | /d/ | 24 | О о | о | /o/, /ʔo/ | 40 | Ш ш | ша | /ʃ/ | ||
9 | Е е | йе | /e/, /je/ | 25 | П п | пе | /p/ | 41 | Щ щ | ща | /ʃː/ | ||
10 | Ё ё | йо | /jo/ | 26 | Р р | эр | /r/ | 42 | Ъ ъ | къараб ишара | /ʔ/ | ||
11 | Ж ж | же | /ʒ/ | 27 | С c | эс | /s/, /sː/ | 43 | Ы ы | къараб и | /i/ | ||
12 | З з | зе | /z/ | 28 | Т т | те | /t/ | 44 | Ь | тамахаб ишара | — | ||
13 | И и | и | /i/, /ʔi/ | 29 | ТӀ т | тӀе | /tʼ/ | 45 | Э э | э | /ʔe/ | ||
14 | Й й | йи | /j/ | 30 | У у | у | /u/, /ʔu/ | 46 | Ю ю | йю | /ju/ | ||
15 | К к | ка | /k/ | 31 | Ф ф | эф | /f/ | 47 | Я я | йа | /ja/ | ||
16 | Къ къ | къа | /q͡χːʼ/ | 32 | Х х | ха | /χ/, /χː/ | 48 | Ӏ[v] | гӀучӀ | — |
- ^ Графемабазда цӀарал кьун руго гьанжесеб ортографиялда рекъон хъвалеб куцалда, цогидал бакӀазда рукӀине бегьула гӀурус куцалда кьунги.
- ^ ЦӀикӀкӀанисел графемабаз бихьизабула цо-цо фонема. Рагьарал хӀарпаз рагӀул кӀалалда цӀалула глотталаб стопгун. Руго цо-цо графемаби, жидеца кӀи-кӀи фонема бихьизабулел: гӀадабги хӀалуцарабги форма (ралагье гъоркьегӀан).
- ^ В хӀарпалъ гьединго бихьизабула жиб цадахъ хъвараб графемалъ кьолеб гьаркьил лабиализация (рагьарал хӀарпазда цадахъ хутӀизегӀан).
- ^ Авар мацӀалда /l/ гьаракь буго кӀиго аллофоналда: /i, e/ гьаркьазда аскӀоб палаталлъараб [lʲ], хутӀарал бакӀазда веларлъараб [ɫ] ([lˠ]).
- ^ ГӀицӀго графикияб симбол, алфабеталъулӀ гьечӀо, хъвавулӀ хӀалтӀизабула цогидал графемабигун батӀи-батӀиял мултиграфазда.
Рагьаразе графемаби
хисизабизеАвар мацӀалда рагьараб гьаракь буго щуго; гьел рихьизарула И, У, Е/Э, О, А хӀарпаздалъун. Рагьарал гьаркьадалъун рагӀи яги гьижа байбихьуларо, кидаго цебе букӀуна глотталаб стоп /ʔ/, хъвавул гьеб бихьизеги гьабуларо (рагӀул бакьулӀ яги тӀарамагъада гурони), цохӀо рагьарал хӀарпал хъван тола. Мисалалъе: авар, ине, оц, унголъи, эбел.
Е ва Э хӀарп
хисизабизеЕ хӀарп авар хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабула лъабго батӀияб куцалъ, гьебги бараб буго гьелда сверун ругел хӀарпазда:
- Рагьукъал рихьизарулел графемабазда гьоркьобе, рагӀул яги гьижаялъул тӀарамагъаде ккараб бакӀалда Е хӀарпалъ бихьизабула /e/ гьаракь; элъ кин букӀаниги цогидал гьаркьазул куц-мухъ хисизабуларо, /l/ гьаракьалъул хутӀун: берцинаб, гьелизе, бече;
- РагӀул кӀалалда гин цогидал рагьарал гьаркьазда хадуб бугони, элъ бихьизабула йотахараб гьаракь (/j/ + /e/): екеризе, ессари, дие, дуе;
- И хӀарпгун (ИЕ) рагьукъал хӀарпаздаса хадуб цогидал мацӀазул фамилиязулӀ, цӀаразулӀ: Алигиери, Киеркегор, Киелдал.
Э хӀарп хӀалтӀизабула гьебго /e/ гьаракь бихьизабизе, хӀо кидаго элда цебехун букӀуна глотталаб плозив, киданиги данчӀваларо эбгун /j/. БукӀуна рагӀабазул кӀалалда: эбел, эмен, эгъе цги, гьединго рагӀулӀ жаниб: беэнаб, реэдизе.
Ё хӀарп
хисизабизеЁ авар хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабиялъе гӀурхъи чӀвараб буго къватӀисел мацӀаздаса рачӀарал рагӀабаздалъун. Элъ бихьизабула /jo/, хӀалтӀизабула:
- гӀурус рагӀабазулӀ стилистикияб куц цӀунизе яги гӀурус кьурал цӀаразулӀ: ёлка, Пётр (аваралда Петро);
- цогидал мацӀаздача рачӀарал цӀаразулӀ /œ, ə, ø/ гӀадал гургинлъарал рагьарал ругелъуб: Гёте (герман: Goete), Сёрен (дан: Søren ) цги.
Авар рагӀабазулӀ /jo/ бихьизабизе щибаб позициялда хӀалтӀизабула ⟨йо⟩ дандрай: йокьулей, йорхатай, йортизе цги.
Ю ва Я хӀарпал
хисизабизеЮ ва Я хӀарпаз рихьизарула йотахарал рагьарал /ju/ ва /ja/. Ю хӀарп жалго авар рагӀабазулӀ дандчӀвала гӀицӀго кӀалалда: юссине, юкъаризе; цогидал мацӀаздаса рачӀаразулӀ цогидал позицияздаги: юстиция, тюнинг, нюанс. Я хӀарп дандчӀвала гӀатӀидго батӀи-батӀиял позициязда: яс, батӀияб, гьаят.
Ы хӀарп
хисизабизеЫ авар мацӀалъул цохӀониги рагӀулӀ хъваларо, элъул хӀалтӀизабиги буго цӀакъ лъедераб: хъвала гӀурус мацӀалъул рагӀабазулӀ, гьезул транслитерация гьабулаго, яги цогидал мацӀаздаса рачӀарал кьурал цӀаразулӀ: Алматы цги.
Гьаркьилал-гурел симболал
хисизабизеГьанжесеб авар хъавулӀ буго кӀиго симбол, жиндир хасаб гьаркьилаб магӀна гьечӀеб: Ь ва Ӏ; гьеб кӀиябго хӀалтӀизабула цогидал графемабазда цадахъ мултиграфазулӀ.
Ь яги тамахаб ишара хӀалтӀизабула мултиграфазулӀ графикияб элемент гӀадин, жинца гӀадатаб хӀарпалда цадахъ гьелъул букӀаралдаса батӀияб гьаракь бихьизабулеб: ⟨г⟩ — ⟨гь⟩, ⟨к⟩ — ⟨кь⟩, ⟨х⟩ — ⟨хь⟩. Гьединго хӀалтӀизабула гӀурус рагӀабазул транслитерациялъулӀ.
Ӏ яги кириллияб гӀучӀ (гӀурус: палочка) буго гьединго жиндир я гьаркьилаб магӀна гьечӀеб, я жибго батӀаго хӀалтӀизаби гьечӀеб симбол. Цадахъ хӀалтӀизабулел хӀарпазул букӀараб гьаракь гьелъ гьабула яги эйективияблъун (кӀ, тӀ, цӀ, чӀ), яги тӀубан хисизабула (гӀ, лӀ, хӀ). Гьеб хӀалтӀизабулел мултиграфал кьун руго гъоркьегӀан.
Рагьукъазе графемаби
хисизабизеАвар рагьукъал фонемаби рихьизаризе хӀалтӀизабула алабеталда бугеб 36 графема, гьединго элда гъорлӀе бачинчӀеб 33 мултиграф, гьенирго гъорлӀ лабиаллъаразе графемабиги. ХӀалуцараб рагьукъаб фонема буго 14, эзул ункъго гурони бихьизабун гьечӀо алфабеталда: лъабго диграф — ⟨къ⟩, ⟨кь⟩, ⟨хъ⟩ ва цо хӀарп — ⟨щ⟩; хутӀарал рихьизаризе хӀалтӀизарула кӀирекъарал, кӀи-кӀи цадахъ хъварал: диграфалги тетрагафалги, элги киналго рагӀабазулӀ гуро. Жидеца хасал гьаркьал рихьизарулел рукӀаниги, гьел алфабеталда рихьизарун гьечӀо.
Рагьукъазул лабиаллъи буго фонематикияб кӀвар бугеб кӀиабизесеб артикулация, хӀо гьел рагьукъалги гьединго рихьизарун гьечӀо алфабеталда. ХъвавулӀ эл рихьизарула диграфал, триграфал ва пентаграфал гӀадин, В хӀарп цадахъ лъун.
ГӀадатал графемаби
хисизабизеГӀадатал графемаби, ялъуни жалго хӀарпал ккола цохӀо симболаллдалъун рихьизарулел. Рагьукъал гьаркьал рихьизаризе гьединаб хӀарп авар алфабеталда буго 22:
ХӀарп | Б | В | Г | Д | Ж | З | Й | К | Л | М | Н | П | Р | С | Т | Ф | Х | Ц | Ч | Ш | Щ | Ъ |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонема | /b/ | /w/ | /ɡ/ | /d/ | /ʒ/ | /z/ | /j/ | /k/ | /l/ | /m/ | /n/ | /p/ | /r/ | /s/, /sː/ | /t/ | /f/ | /χ/, /χː/ | /t͡s/, /t͡sː/ | /t͡ʃ/ | /ʃ/ | /ʃː/ | /ʔ/ |
ХӀалуцарал ракьукъазе графемаби
хисизабизеГӀадатал хӀарпаз авар мацӀалда аслияб куцалъ рихьизарула гӀадатал гьаркьал, хӀо руго цо-цо хӀарпал, жидеца гьединго хӀалуцарал гьаркьал рихьизарурел, элги руго хадусел.
- ⟨с⟩ — бихьизабула гъугъаб алвеоларияб фрикатив /s/: вас, си, сордо, гин элъул хӀалуцараб вариант /sː/: сихӀ, сабру, сагӀат цги.
- ⟨х⟩ — бихьизабула гъугъаб увулярияб фрикатив /χ/: нах, хоно, хераб, гин элъул хӀалуцараб вариант /χː/: хер, хехлъи, халатаб цги.
- ⟨ц⟩ — бихьизабула гъугъаб алвеоларияб аффрикат /t͡s/: цин, цер, цудунго, гин элъул хӀалуцараб вариант /t͡sː/: вац, бицатаб, цебе цги.
Интенсивлъи бихьизабула мултиграфаздалъун минималал параби ругони, мисалалъе, мах /maχ/ — махх /maχː/, хӀо мехх /meχː/.[1] ЦӀикӀкӀанисел бакӀазда гьеб жо гьечӀо, цинги, фонематикияб кӀвар жидер бугел кӀи-кӀи рагьукъал цо хӀарпалдалъун рихьизарулел рукӀиналъ, гӀезегӀан квал-квал ккола авар мацӀ лъазабулезе, киб кинаб гьаракь абизе кколебали лъаларого (ралагье гъоркьегӀан).
Ъ хӀарп
хисизабизеЪ (гӀурусалъухъе къараб ишара) хӀалтӀизабула авар хъвавулӀ хадусел бакӀаза:[7]
- жибго глотталаб плозив /ʔ/ бихьизабизе хъвала рагӀул тӀарамагъада: вабаъ, гьуърул, гьединго кӀиабилеб гьижаялъул кӀалалде ккани: Къуръан, масъала (хадуб /e/ гьаракь гьечӀел бакӀазда); рагӀул кӀалалда /ʔ/ букӀаниги, хъвавулӀ эб бихьизабуларо: абизе /ˈʔä.bi.ze/;
- жиндирго магӀна гьечӀого, цогидал хӀарпалгун мултиграфазда гъорлӀ: ⟨гъ⟩, ⟨къ⟩, ⟨лъ⟩, ⟨хъ⟩, ⟨гъв⟩, ⟨къв⟩, ⟨лъв⟩, ⟨хъв⟩, ⟨лълъ⟩.
Диграфал
хисизабизеДиграфал ккола кӀиго ишараялдаса гӀуцӀарал графемаби, жалги цо-цо гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизарулел. Авар хъвавужа диграфал, гьединго хутӀарал мултиграфал лӀугьуна аслуялда Г, К, Л, Т, Х, Ц, Ч, гьезда цадахъ Ъ, Ь, Ӏ, В хӀарпазулги квекудалъун, гьединго диграфал лӀугьуна Д, Ж, З, С, Ш, Щ хӀарпазул, цадахъ В хъван.
Авар алфабеталда буго 13 диграф, анцӀила ункъабилеб буго ⟨лӀ⟩:
Диграф | Гъ | Гь | ГӀ | Къ | Кь | КӀ | Лъ | ЛӀ | ТӀ | Хъ | Хь | ХӀ | ЦӀ | ЧӀ |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонема | /ʁ/ | /h/ | /ʕ/ | /q͡χːʼ/ | /t͡ɬːʼ/ | /kʼ/ | /ɬ/, /ɬː/ | /t͡ɬː/ | /tʼ/ | /q͡χː/ | /x/ | /ħ/ | /t͡sʼ/, /t͡sːʼ/ | /t͡ʃʼ/, /t͡ʃːʼ/ |
Алфабеталде гъорлӀе хъван гьечӀел, хъвавулӀ хӀалтӀизарулел диграфал руго 16:
Диграф | Гв | Дв | Жв | Зв | Кв | Кк | Св | Сс | Тв | Хв | Хх | Цв | Цц | Чв | Чч | Шв | Щв |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонема | /ɡʷ/ | /dʷ/ | /ʒʷ/ | /zʷ/ | /kʷ/ | /k͡xː/ | /sːʷ/ | /sː/ | /tʷ/ | /χʷ/ | /χː/ | /t͡sʷ/ | /t͡sː/ | /t͡ʃʷ/ | /t͡ʃː/ | /ʃʷ/ | /ʃːʷ/ |
Лабиаллъарал рагьукъал рихьизарулел диграфал (В хӀарпгун), гьанжесел орфографиялъул асасазда рекъон, хъвала щибаб позициялда (цӀикӀкӀаниселъ эл данчӀвала рагӀул кӀалалда): квине, хвел цги. КӀиго диграфалъ, ⟨цӀ⟩, ⟨чӀ⟩, бихьизабула гьаркьил гӀадатаб гуребги, хӀалуцараб формаби (кӀиго батӀияб фонема), мисалалъе: цӀа /t͡sʼa/, цӀузе /ˈt͡sːʼuze/, чӀер /t͡ʃʼer/, чӀезе /ˈt͡ʃːʼeze/.
Буго кӀиго кӀиго диграф (кӀирекъараб хӀарп), жиб рагӀулеб щинаб бакӀалда хъалеб:[8][7] ⟨кк⟩ гин ⟨чч⟩ (ккал, ккезе, ччугӀа, биччизе, ччобори цги).
ХӀалуцарал гьаркьал рихьизарулел хутӀарал диграфал хъвала хадусел бакӀазда:[8]
- ⟨сс⟩ — ссан, буссине, бессизе, руссун, сси рагӀабазулӀ.
- ⟨хх⟩ — биххизе, махх, раххан, ххам, ххезе, ххине рагӀабазулӀ.
- ⟨цц⟩ — беццизе, ицц, ццин рагӀабазулӀ.
Триграфал
хисизабизеТриграфал, ай лъабго цадахъ хъвараб графема, авар мацӀалда руго дагьал, гьел киналго руго лабиаллъарал гьаркьал рихьизаризе хӀалтӀизарулел, алфабеталде гъорлӀеги рачун гьечӀо. Хъвала рагӀулеб щинаб бакӀалда.
Триграф | Гъв | Гьв | Ккв | Къв | Кьв | КӀв | ЛӀв | ТӀв | Ххв | Хъв | Хьв | ЦӀв | ЧӀв |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонема | /ʁʷ/ | /hʷ/ | /k͡xːʷ/ | /q͡χːʷʼ/ | /t͡ɬːʷʼ/ | /kʷʼ/ | /t͡ɬːʷ/ | /tʷʼ/ | /χːʷ/ | /q͡χːʷ/ | /xːʷ/ | /t͡sːʷʼ/ | /t͡ʃʷʼ/ |
Тетраграфал
хисизабизеТетраграф, ункъгояб цадахъ хъвалеб, буго ункъго:
Тетраграф | КӀкӀ | Лълъ | ЦӀцӀ | ЧӀчӀ |
---|---|---|---|---|
Фонема | /k͡xːʼ/ | /ɬː/ | /t͡sːʼ/ | /t͡ʃːʼ/ |
Жинца интенсивияб веларияб абруптив бихьизабулеб тетраграф ⟨кӀкӀ⟩ хъвала рагӀулеб щинаб бакӀалда: кӀкӀуй, кӀкӀал, рикӀкӀине цги. ХутӀарал тетраграфал хъвала хадусеб куцалда рекъон:[8][7]
- ⟨лълъ⟩ — релълъине, лълъилъизе рагӀабазулӀги, лъим рагӀул генитивалдаги (лълъел);
- ⟨цIцI⟩ — бацIцIине, бецIцIизе, буцIцIине, цIцIе, рицӀцӀ рагӀабазулӀги;
- ⟨чIчI⟩ — бечIчIизе, бичIчIизе, речIчIизе, ричIчI, ричӀчӀи, чӀчӀичӀчӀидизе рагӀабазулӀги.
Пентаграфал
хисизабизеЩуго ишараялдалъун хъвалеб графема, ай пентаграф, буго авар мацӀалда кӀиго, элги хӀалтӀизарула лабиаллъарал рагьукъал рихьизаризе:
Пентаграф | КӀкӀв | ЧӀчӀв |
---|---|---|
Фонема | /k͡xːʷʼ/ | /t͡ʃːʷʼ/ |
Эл хъвала хадусел бакӀазда:[8]
- ⟨кӀкӀв⟩ — хъвала рагӀулеб щиналъуб: кӀкӀвазе, кӀкӀвелараб, кӀкӀвин цги;
- ⟨чӀчӀв⟩ — эб хъвала чӀчӀвад абураб рагӀулӀ.
Авар хъвавул киналниги графемаби
хисизабизеАвар хъвавулӀ буго 84 графема/хӀарп, гьезул:
- 10 графема рагьаразе:
- 5 — бацӀцӀадаб гьаракь бихьизабизе: ⟨а⟩, ⟨и⟩, ⟨о⟩, ⟨у⟩, ⟨э⟩
- 3 — йотахараб: ⟨ё⟩, ⟨ю⟩, ⟨я⟩
- 1 — кӀиго батӀияб куцалъ хӀалтӀизабулеб: ⟨е⟩
- 1 — чидар рагӀабазе гурони хӀалтӀизабулареб: ⟨ы⟩
- 71 графема рагьукъазе:
- 22 гӀадатаб: ⟨б⟩, ⟨в⟩, ⟨г⟩, ⟨д⟩, ⟨ж⟩, ⟨з⟩, ⟨й⟩, ⟨к⟩, ⟨л⟩, ⟨м⟩, ⟨н⟩, ⟨п⟩, ⟨р⟩, ⟨с⟩, ⟨т⟩, ⟨ф⟩, ⟨х⟩, ⟨ц⟩, ⟨ч⟩, ⟨ш⟩, ⟨щ⟩, ⟨ъ⟩
- 30 диграф:
- 11 — В хӀарпгун: ⟨гв⟩, ⟨дв⟩, ⟨жв⟩, ⟨зв⟩, ⟨кв⟩, ⟨св⟩, ⟨тв⟩, ⟨хв⟩, ⟨цв⟩, ⟨чв⟩, ⟨шв⟩, ⟨щв⟩
- 4 — Ъ хӀарпгун: ⟨гъ⟩, ⟨къ⟩, ⟨лъ⟩, ⟨хъ⟩
- 3 — Ь хӀарпгун: ⟨гь⟩, ⟨кь⟩, ⟨хь⟩;
- 7 — Ӏ ишарагун: ⟨гӀ⟩, ⟨кӀ⟩, ⟨лӀ⟩, ⟨тӀ⟩, ⟨хӀ⟩, ⟨цӀ⟩, ⟨чӀ⟩
- 5 — кӀирекъараб: ⟨кк⟩, ⟨сс⟩, ⟨хх⟩, ⟨цц⟩, ⟨чч⟩
- 13 триграф: ⟨гъв⟩, ⟨гьв⟩, ⟨ккв⟩, ⟨къв⟩, ⟨кьв⟩, ⟨кӀв⟩, ⟨лӀв⟩, ⟨ххв⟩, ⟨хъв⟩, ⟨хьв⟩, ⟨цӀв⟩, ⟨чӀв⟩
- 4 тетраграф: ⟨кӀкӀ⟩, ⟨лълъ⟩, ⟨цӀцӀ⟩, ⟨чӀчӀ⟩
- 2 пентаграф: ⟨кӀкӀв⟩, ⟨чӀчӀв⟩
- 1 — квекул хӀарп: ⟨ь⟩
- 1 — квекул ишара: ⟨Ӏ⟩
а | б | в | г | гв | гъ | гъв | гь | гьв | гӀ | д | дв |
е | ё | ж | жв | з | зв | и | й | к | кв | кк | ккв |
къ | къв | кь | кьв | кӀ | кӀв | кӀкӀ | кӀкӀв | л | лъ | лълъ | лӀ |
лӀв | м | н | о | п | р | с | св | сс | т | тв | тӀ |
тӀв | ф | х | хв | хх | ххв | хъ | хъв | хь | хьв | хӀ | ц |
цв | цц | цӀ | цӀв | цӀцӀ | ч | чв | чч | чӀ | чӀв | чӀчӀ | чӀчӀв |
ш | шв | щ | щв | ъ | ы | ь | э | ю | я | (Ӏ) |
РилӀинарун гьечӀел мултиграфал
хисизабизе1952 Соналъ, авар хъвавуе рахъарал, хӀо жеги хӀалтӀизарулел гьечӀел диграфал руго ⟨ць⟩ ва ⟨чь⟩, жидеца ⟨цӀцӀ⟩ ва ⟨чӀчӀ⟩ тетраграфал, гьединго цо-цо бакӀалда ⟨цӀ⟩ гин ⟨цӀ⟩ хисулел. Мисалалъе: мацӀ — маць, цӀцӀе — цье; хӀинчӀ — хӀинчь, бичӀчӀизе — бичьизе. Гьелдаго релълъун ⟨цьв⟩ ва ⟨чьв⟩ триграфаздалъун хисула ⟨цӀв⟩, ⟨чӀв⟩, ⟨чӀчӀв⟩ мултиграфалги: цӀва — цьва, чӀва — чьва, чӀчӀвад — чьвад.[5]
Диакритикал
хисизабизеДиакритикал ругел хӀарпал авар алипалда гьечӀо, амма хассаб литератураялда, мисалалъе, къамусазда хӀалтӀизарула хадусел:
- кьабизабиялъул ишара, Юникодалда: U+0301 ◌́ COMBINING ACUTE ACCENT — гьомографал, ай хъваялъулӀ релълъарал, амма цӀалулеб къагӀида батӀи-батӀиял рагӀаби ратӀа гьаризе: ра́гӀи — рагӀи́, гьа́ризе — гьари́зе.
- макрон (Юникодалда: U+0304 ◌̄ COMBINING MACRON) — гьелъ бихьизабула рагьукъаб гьаракьалъул халалъараб вариант ва хӀалтӀизабула рагӀи цӀалиялъул мухӀканлъи бихьизабизе: вац̄, яц̄, л̄ъим, ч̄Ӏел.
Ралагье гьединго
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизеБаянал
хисизабизе- ^ Графема, хъвавул минималаб бутӀа, жинца фонема бихьизабулеб, чан бугебали батӀи-батӀиял иццазда руго цоцазда рекъон кколарел баянал. МикагӀилилазул Илясил Шигьабудинил Авар битӀунхъвавул словаралда кьураб алфабеталда буго 44 графема, Ё, Ы гьечӀого.[2] ЦӀикӀкӀанисел бакӀазда авар алфабеталда бихьизабун буго 46 графема, гьезда гъорлӀ Ё, Ы.[3][4] Википедиялда хӀалтӀизабулеб алфабетия формат буго 46+1, чияр мацӀаздаса рачӀарал кьурал цӀаразулӀ хъвалел Ё, Ы хӀарпалгун, гьединго тӀаде ЛӀ диграфгун, жиб хъвавуде бачине 1953 соналъ бахъараб.[5]
Иццал
хисизабизе- ^ a b c d Алексеев, М.; Атаев, Б. (1997). Аварский язык. Языки народов России. Москва: Academia. гь. 21.
- ^ МикагӀилилазул 1970, гь. 4.
- ^ Магомедов, М. А. (2016), "Пути развития аварского письма и проблемы правописания", Кавказоведческие разыскания, Туплис: 92–97
- ^ a b c Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2020). "ПРОБЛЕМЫ СОСТАВЛЕНИЯ СЛОВАРЕЙ НА АВАРСКОМ ЯЗЫКЕ И ПУТИ ИХ РЕШЕНИЯ". Мир науки, культуры, образования (6#85). Москва: 672–673. doi:10.24412/1991-5500-2020-685-672-673. ISSN 1991-5497. Щвей 19 април 2025.
- ^ a b c Микаилов, Ш. И.; Гаджиев, М. М. (1953). "Научная сессия, посвящённая вопросам нормализации дагестанских литературных языков" [Дагъистаналъул литературиял мацӀазул нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмияб сессия] (PDF). Вопросы языкознания (3). Москва: Издательство АН СССР: 159–162. Архивация оригинал (PDF), 2015-04-05.
- ^ Исаев, А. А. (1970), "О формировании и развитии письменности народов Дагестана", Социологический сборник (I), МахӀачхъала: 173–232
- ^ a b c Алексеев ва цгд. 2012, гь. 63.
- ^ a b c d МикагӀилилазул 1970, гь. 5.
Библиография
хисизабизе- МикагӀилилазул, Ш. И. (1970). Авар мацӏалъул битӀунхъваялъул рагӀело. МахӀачхъала: Дагучпедгиз.
ГӀурусалда:
- Алексеев, М. Е; Атаев, Б. М.; Магомедов, М. А.; Магомедов, М. И.; Мадиева, Г. И.; Саидова, П. А.; Самедов, Дж. С. (2012). Современный аварский язык [Гьанжсеб авар мацӀ]. МахӀачхъала: АЛЕФ. гь. 420. ISBN 978-5-91431-110-7.