Гьерети
Гьерети (гуржи: ჰერეთი) — Гуржистаналъулги (КІахеталъул жанубиябгин бакъбаккул рахъ) ва гьанже гьечІеб Кавказалъул Албаниялъулги гІорхъода бугеб тарихияб икълим. 787-даса 959 соналде щвезегІан — чиядабачІеб амират. Хадусел гІасрабазда Гьеретиялдасан унеб букІана гІурхъи насранияб ва исламияб Нахъакавказалда гьоркьоб. Жакъа къоялъ Гьерети бикьун буго Хъизихъалдаги Къажаралдаги гьоркьоб.
Тарих
хисизабизеГьерети абураб цІар хІалтІизабула гуржи иццазда Кавказалъул Албаниялъул жиндие V гІасруялдаса Ибериялъул пачабаз бетІерлъи гьабулеб букІараб вилаят икълималъе. Багратилазул тухумалдаса бакІалъул эриставал VIII гІасруялъул бакьулъиялда рещтІана Алазаналъул расалъиялда, гІарабал сабаблъун гуржи пачалихъ загІиплъиялъ, гьезие щвана сиясияб чиядабачІолъи. Гьезул тахшагьар букІана Шеки.[1]
Гуржиязул Гьерети амират баккак цогидал феодалиял пачалъиязда ва амиратазда цадахъ гІарабазул кверщеллъиялъул заманалда.[2]
Гьерал рукІана Картли пачалъиялда мадугьалихъ бугеб Кавказалъул Албаниялда гІумру гьабун рукІарал къвамазул цояб.[3]
Гьеразулги картвел къавмазулги маданиябгин этникияб цолъи лІугьунеб букІана Картли пачалъиялъ Гьеретиялъул территория жиндего гъорлІе бачиналда цадахъ. Гьеретиялъул ракьалда картлиялъулал пачабазуд сиясияб пишаялъе гуржи гьисториографиялъ дата чІезабула н. щ. II–I гІасрабазул гІорхъода.[4] Гьерети чидабачІеб сиясияб субъектлъун лІугьиналъе шартІлъун ккана Гьерети экономикияб рахъалъ цебетІей ва КІахети амират Картлиялдаса батІалъиялъул факторал.[2]
893 соналъ эрмениязул амир Григора-Амамил ва Атрнерсехие ирсалъе щвана Камбечан вилаят, ва гьес гьениб жиндирго амирлъи лъазабуна. X гІасруялъул бакьулъиялда Гьерети цІидасанги букІана чиядабачІеб амиратлъун, гьеб заманалде халкъалъул гІемерисез монофизитлъиялдаса инкар гьабун (АЭрмениязул апостолияб килиса) руссана гуржи ортодоксалияб диналде[5]. Багратилазул Эрменияб пачалъияялъул заманалда гьел рукІана вассалаллъун.[6]
Жанубияб Кавказ гІарабазул кверщаликье ккун хадуб, гьениб Бизантиялъул позициял гІезегІан тарана. Амма Бизантиялъул империялда Жанубияб Кавказалъул пачалихъазде тІокІаб асар гьабизе кІвечІониги, халифат загІаплъизе байбихьигун, гьелъул сиясат активлъана Нахъакавказалда. Гьелъул ххутІа-тараб жолъун батизе буго бизантиялъулал титулал Гьеретиялъул хІакимзабазул. Гьеретиялъул бетІер Адарнасел (X гІасруялъул байбихьи) букІана патрикиясул титул, цолъараб КІахеталъул ва Гьереталъул пачалъиялъул (XI гІ.) бетІер КІудияв Квирике букІана магистрасул титул. Гьеб заманалъ Бизантиялъ гьарзаго рикьулел рукІана титулал Жанубияб Кавказалъул бутІрузе, ва гьез жидерго престиж борхиялъе гьелги къабул гьарулел рукІана. Гьеб жоялъ бихьизабулеб буго дипломатиял ва сиясиял хурхенал рукІин ва кІиябго рахъалъе цоцаздаса жо къваригІун букІин.
Гуржистан цолъизабиялъе къеркьеялъул заманалда Гьеретиялде жидерго кверщел ва асар тІибитІизабизе гІамал гьабулеб букІана БакътІерхьул Гуржистаналъул пачалихъазги КІахетиялъул хорепископазги.[7] Цогидаб рахъалІан гьединабго тенденция загьир гьабулеб букІана Эрмениялъул ачалъиялъги.
1020-л соназ Гьерети кверде босана Картлиялъул бетІер III Квирикеца. В 1038 соналъ КІахетиялъулги Гьеретиялъулги бетІерлъун вахъана III Квирикел яцалъул вас Гагик, эрмениял Багратилазул гьитІинаб гІаркьел Кюрикилазул тухумалдаса. Гьеб икълималда тІад эрмениязул кверщел букІана 1105 соналде щвезегІан, хадур гьер ракьал рахъана гуржиязул пача IV Давидица ва цогьаруна Гуржи пачалъигун.
Гьерети цогидал гуржи икълималгун цолъизаби букІана кІвар бугел факторазул цояблхун гІаммаб процессалда, жиб палхІасил рагІалде бахъараб Гуржситан цолъиялдалъун ва гуржи феодалияб монархияб пачалихъ гІуцІигун.[2]
Гьеретиялъул бутІрул
хисизабизеХІужжаби
хисизабизе- ^ Папуашвили Т. Г. Гьеретиялъул тарихалъул суалал, гь. 344–345), Мусхелишвили Д. Л. Аслиял суалал…, гь. 128–129; гьесулго. Тарихияб географиялдаса…, гь. 338.
- ^ a b c Гуржистаналъул тарихалъул хъвай-хъвагІаял. Том 2. Гуржистан IV–X гасрабазда / [Ред.: М. Лордкипанидзе, Д. Мусхелишвили] — , 1988—580 гь.
- ^ Бердзенишвили Н. А. ВИГ, III, 1966, гь. 253.
- ^ Мусхелишвили Д. Л. Асарал, гь. 28.
- ^ Вахушти Багратионица хъван буго: «гьей Динар пачаялъ буссинабуна Гьерети эрмениязул гьересиялдаса ортодоксадлияб диналде»
- ^ Cambysene — макъала босана Encyclopædia Iranica. L. ChaumontОригиналияб текст (инг.)Although Kʿambēčan was conquered by the Arabs in the 1st/7th century, around the turn of the 3rd/9th century it formed with Šakē (to the east) a vast territorial unit ruled by the Armenian Sembateans, vassals of the Bagratids. The population was mostly of Armenian origin and Armenian-speaking.
- ^ Лордкипанидзе М. Д. Сиясияб цолъизаби…, гь. 174.