Кавказалъул мугӀрул
Кавка́залъул мугӀрул (абх. Кавказтәи ашьхақәа, адигъ. Къаукъаз къурш, падар. Qafqaz dağları, цІам. Կովկասյան լեռնաշղթա, гуржи: კავკასიონი, дарг. Кавказла дубурти, гъалгъ. Кавказа лоамаш, Халип:Lang-inh2, кабард.-черк. Къаукъаз къурш, къарач.-балкъ. Кавказ таула, лъар. Кавказ тавлар, лезг. [Къавкъаз] Error: {{Lang}}: unrecognized language tag: Ӏez (help), осет. Кавказы хæхтæ, рут. Кавказад банбыр, чач. Кавказан лаьмнаш) — мугӀрузулаб система, жиб Евразиялда ЧӀегӀераб ва Каспий ралъадазда гьоркьоб бугеб. ЦӀаралъул этимология мухӀканго лъалеб гьечӀо.[1] Бикьула кӀиго мугӀрузулаб системаялде: КӀудияб Кавказ ва ГьитӀинаб Кавказ. Кавказ гӀемерисеб Бикьула гьединго Шималияб Кавказалдеги Нахъакавказалдеги, жидеда гьоркьоб гӀурхъи кинабниги системаялъул бакьулъаб кколеб КӀудияб Кавказалъул БетӀераб, ялъуни Лъимбикьулеб, щобалда рекъон цӀалеб. КӀудияб Кавказалъул системаялъул халалъи буго 1100 километраялдаса цӀикӀкӀун, шималиябги бакътӀерхьул рахъалдаса жанубиябги бакъбаккул рахъалде, ЧӀегӀер ралъдал Таман бащдабчӀинкӀиллъиялдасаги Анапаялдасаги Каспий ралъдахъ бугеб Апшерон бащдабчӀинкӀиллъиялде. Бищун цӀикӀкӀараб гӀеблъи буго Эльбрусалъул меридианалда (180-гӀанасеб км). Агъаб рахъалдехун буго Кавказалъул БетӀераб бал, гьелдаса шималияб рахъалде буго чанго параллелиял балал. КӀудияб Кавказалъул бакъда щоб гӀуцӀун буго кулисхӀалал балаз, жал Кавказалъул БетӀераб баладехун цулел. Бикьула лъабго бутӀаялде: БакътӀерхьул Кавказ (ЧӀегӀер ралъдахъа Эльбрусалде), Бакьулъ Кавказ (Эльбрусалдаса Казбекалде) ва Бакъбаккул Кавказ (Казбекалдаса Каспиялде). Бищун машгьурал тӀогьал — Эльбрус (5642 м) ва Казбек (5033 м)) — рацун руго кидагосеб гӀазуца ва цӀералъ. КӀудияб Кавказ буго кӀудияб гьанжесеб цӀеркъай бугеб регион .
Кавказалъул мугӀрул | |
---|---|
КӀодолъи | |
Халалъи | 1200 км |
ГӀеблъи | 160 км |
Бищун борхатаб бакӀ | |
ТӀогь | Элбрус |
Борхалъи | 5642 м |
Координатал | 42/30/N/45/00/E |
Геология | |
ЛӀугьин | Палеозой-кайнозой |
Орогения | Алпияб |
География | |
42°30′ ш. гӀ. 45°00′ бб. х.HGЯO | |
Пачалихъал | |
Медиафайлал Викигъамасалда |
Географиялъулабги территориалияб суал
хисизабизеГьечӀо чӀван-къотӀараб жаваб Кавказалъул мугӀрузул Евпропаялъулищ ялъуни Азиялъулищ кколеб абураб суалалъе. РикӀкӀиналде балагьун, Европаялъул бищун борхатаб тӀолъун ккола ялъуни Эльбрус (5642 м), ялъуни Монблан (4810 м), Альпазда бугеб[2].
Кавказалъул мугӀрузул руго Евразиялъул къоноялъул бакьулъ (Европаялдаги Азиялдаги гьоркьоб, Кавказ гьезул гӀурхъилъун рикӀкӀани).
La Grande Encyclopédie-ялдаги[3], ЦРУ-ялъул тӀолгодунялалъул фактазул тӀехьалдаги[4], Миллияб географияб жамагӀаталдаги[5] ва цогидал иццаздаги Европаялъул гӀурхъи рикӀкӀункб буго Кавказалъул кӀиябго балалдаса гӀоркьегӀан, ай Кавказ Европаялъул бутӀалъун рикӀкӀунеб буго.
Халкъ
хисизабизеКавказалда буго 50-гӀанасеб батӀияб халкъ (мисалалъе: абхазал, аварал, адигъал (черкесал), къажарал, эрмениял, балкарал, даргинцал,чачанал, гуржиял, ингушал, тумал, лезгиял, карачаял, осетиял, рутулал, табасаранал ва ц.). Гьеб халкъал ккола Кавкасионияб, Индоевпропияб ва Алтаялъулаб мацӀазул хъизаналъул.
Лъел объектал
хисизабизеКавказалъул мугӀрузда гӀоразул чвахи буго аслияб кӀагӀидаялъ радиалияб. Кавказалда иццул бетӀер бугел гӀоралгин лъарал чвахула ЧӀегӀераб (Бзыбь, Кодор, Ингури, Риони, Мзымта), Азов (Кубань, ва Каспий (Кума, Кура, Самур, Сулахъ, Терек) ралъдалъе[6]. Севан хӀор ккола регионалда бугеб бищун кӀудиязул цояблъун. thumb Рица хӀор
Фауна
хисизабизеЦогидал гӀалхул хӀайваназда цадахъго Кавказалда дандчӀвала гӀалхул хъабанал, гьинтаби, мугӀрузул цӀцӀани, ва гьединго хъвекцӀумал. ЦӀакъ къанагӀат дандчӀвала леопард (Panthera pardus ciscaucasica). Цере рукӀана гьединго азиялъулал гъалбацӀал ва каспиял цӀиркъал, амма нилъер эраялъул байбихьуде гьел тӀубан тӀагӀинаруна.
Кевказалда цӀакъ гӀемер руго гьодимухъикъал рухӀчӀаголъаби, мисалалъе, 1000 батӀияб навгӀ буго нусиречазул.[7]
Флора
хисизабизеКавказалда дадечӀвалеб буго 6349 навгӀ тӀогьолаб гъветӀ-хералъул, гьенибго гъорлъ 1600 бакӀалъцл навгӀ. 16 навгӀ мугӀрузул гъветӀ-хералъул баккана тӀоцебе Кавказалда.
Пачалихъал ва икълимал
хисизабизе
• Россия: |
Бл. гьединго
хисизабизеХӀужжаби
хисизабизе- ^ Откупщиков Ю. В. Очерки по этимологии. — СПб. : Изд. С.-Петербургского университета, 2001. — 479 с. — С. 310—318. — ISBN 5-288-02121-X.
- ^ "How Is The Border Between Europe And Asia Defined?". WorldAtlas (in английский). Щвей 2020-08-06.
- ^ 31-томная энциклопедия. Опубликована во Франции с 1886 по 1902 год.
- ^ CIA. "GEOGRAPHIC OVERVIEW". cia.gov (in английский). Архивация оригинал (2017-01-08). Щвей 2017-11-13.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ National Geographic Atlas of the World. — 7th. — Washington, DC: National Geographic Society, 1999. — ISBN 0-7922-7528-4. «Europe» (pp. 68-9); «Asia» (pp. 90-1): «A commonly accepted division between Asia and Europe … is formed by the Ural Mountains, Ural River, Caspian Sea, Caucasus Mountains, and the Black Sea with its outlets, the Bosporus and Dardanelles.»
- ^ БРЭ 2006.
- ^ "Кавказские Пауки «CHECKLISTS & MAPS»". Архивация оригинал (2009-02-11).
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)
Адабият
хисизабизе• Большой Кавказ — Великий канал. — М. : Большая российская энциклопедия, 2006. — С. 5. — 752 с. — (Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов ; 2004—2017, т. 4). — ISBN 5-85270-333-8.
РегӀелал
хисизабизеКавказалъул мугӀрул Викигъамасалда |
- Кавказские горы на сервисе Яндекс.Панорамы.
- Массальский В. И. Кавказский хребет // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
- Документальный фильм «Природа Кавказа».
- Zaur Gasimov, The Caucasus, EGO — European History Online, Майнц: Institute of European History, 2011, проверено 16 июня 2011.