Кавказалъул мугӀрул

Кавказалъул мугІрул» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Кавка́залъул мугӀрул (абх. Кавказтәи ашьхақәа, адигъ. Къаукъаз къурш, падар. Qafqaz dağları, цІам. Կովկասյան լեռնաշղթա, гуржи: კავკასიონი, дарг. Кавказла дубурти, гъалгъ. Кавказа лоамаш, Халип:Lang-inh2, кабард.-черк. Къаукъаз къурш, къарач.-балкъ. Кавказ таула, лъар. Кавказ тавлар, лезг. [Къавкъаз] Error: {{Lang}}: unrecognized language tag: Ӏez (help), осет. Кавказы хæхтæ, рут. Кавказад банбыр, чач. Кавказан лаьмнаш) — мугӀрузулаб система, жиб Евразиялда ЧӀегӀераб ва Каспий ралъадазда гьоркьоб бугеб. ЦӀаралъул этимология мухӀканго лъалеб гьечӀо.[1]БутӀаялде раккизе «#Этимология» Бикьула кӀиго мугӀрузулаб системаялде: КӀудияб Кавказ ва ГьитӀинаб Кавказ. Кавказ гӀемерисеб Бикьула гьединго Шималияб Кавказалдеги Нахъакавказалдеги, жидеда гьоркьоб гӀурхъи кинабниги системаялъул бакьулъаб кколеб КӀудияб Кавказалъул БетӀераб, ялъуни Лъимбикьулеб, щобалда рекъон цӀалеб. КӀудияб Кавказалъул системаялъул халалъи буго 1100 километраялдаса цӀикӀкӀун, шималиябги бакътӀерхьул рахъалдаса жанубиябги бакъбаккул рахъалде, ЧӀегӀер ралъдал Таман бащдабчӀинкӀиллъиялдасаги Анапаялдасаги Каспий ралъдахъ бугеб Апшерон бащдабчӀинкӀиллъиялде. Бищун цӀикӀкӀараб гӀеблъи буго Эльбрусалъул меридианалда (180-гӀанасеб км). Агъаб рахъалдехун буго Кавказалъул БетӀераб бал, гьелдаса шималияб рахъалде буго чанго параллелиял балал. КӀудияб Кавказалъул бакъда щоб гӀуцӀун буго кулисхӀалал балаз, жал Кавказалъул БетӀераб баладехун цулел. Бикьула лъабго бутӀаялде: БакътӀерхьул Кавказ (ЧӀегӀер ралъдахъа Эльбрусалде), Бакьулъ Кавказ (Эльбрусалдаса Казбекалде) ва Бакъбаккул Кавказ (Казбекалдаса Каспиялде). Бищун машгьурал тӀогьал — Эльбрус (5642 м) ва Казбек (5033 м)) — рацун руго кидагосеб гӀазуца ва цӀералъ. КӀудияб Кавказ буго кӀудияб гьанжесеб цӀеркъай бугеб регион .

Кавказалъул мугӀрул
НАСА-ялъул сурат
НАСА-ялъул сурат
КӀодолъи
Халалъи1200 км
ГӀеблъи160 км
Бищун борхатаб бакӀ
ТӀогьЭлбрус 
Борхалъи5642 м
Координатал42/30/N/45/00/E 
Геология
ЛӀугьинПалеозой-кайнозой 
ОрогенияАлпияб 
География
42°30′ ш. гӀ. 45°00′ бб. х.HGЯO
Пачалихъал
Кавказ
БагӀараб тӀанкӀ
Кавказалъул мугӀрул
 Медиафайлал Викигъамасалда
Эльбрус

Географиялъулабги территориалияб суал

хисизабизе

ГьечӀо чӀван-къотӀараб жаваб Кавказалъул мугӀрузул Евпропаялъулищ ялъуни Азиялъулищ кколеб абураб суалалъе. РикӀкӀиналде балагьун, Европаялъул бищун борхатаб тӀолъун ккола ялъуни Эльбрус (5642 м), ялъуни Монблан (4810 м), Альпазда бугеб[2].

Кавказалъул мугӀрузул руго Евразиялъул къоноялъул бакьулъ (Европаялдаги Азиялдаги гьоркьоб, Кавказ гьезул гӀурхъилъун рикӀкӀани).

La Grande Encyclopédie-ялдаги[3], ЦРУ-ялъул тӀолгодунялалъул фактазул тӀехьалдаги[4], Миллияб географияб жамагӀаталдаги[5] ва цогидал иццаздаги Европаялъул гӀурхъи рикӀкӀункб буго Кавказалъул кӀиябго балалдаса гӀоркьегӀан, ай Кавказ Европаялъул бутӀалъун рикӀкӀунеб буго.

 
Шалбуздагъ

Кавказалда буго 50-гӀанасеб батӀияб халкъ (мисалалъе: абхазал, аварал, адигъал (черкесал), къажарал, эрмениял, балкарал, даргинцал,чачанал, гуржиял, ингушал, тумал, лезгиял, карачаял, осетиял, рутулал, табасаранал ва ц.). Гьеб халкъал ккола Кавкасионияб, Индоевпропияб ва Алтаялъулаб мацӀазул хъизаналъул.

 
Арагац тӀогь, Эрменистаналда бугеб. ГьитӀинаб Кавказалъул мугӀрузул бищун борхатаб тӀогь.
 
Шагьдагъ тӀогь, Азарбижаналда бугеб

Лъел объектал

хисизабизе

Кавказалъул мугӀрузда гӀоразул чвахи буго аслияб кӀагӀидаялъ радиалияб. Кавказалда иццул бетӀер бугел гӀоралгин лъарал чвахула ЧӀегӀераб (Бзыбь, Кодор, Ингури, Риони, Мзымта), Азов (Кубань, ва Каспий (Кума, Кура, Самур, Сулахъ, Терек) ралъдалъе[6]. Севан хӀор ккола регионалда бугеб бищун кӀудиязул цояблъун. thumb Рица хӀор

Цогидал гӀалхул хӀайваназда цадахъго Кавказалда дандчӀвала гӀалхул хъабанал, гьинтаби, мугӀрузул цӀцӀани, ва гьединго хъвекцӀумал. ЦӀакъ къанагӀат дандчӀвала леопард (Panthera pardus ciscaucasica). Цере рукӀана гьединго азиялъулал гъалбацӀал ва каспиял цӀиркъал, амма нилъер эраялъул байбихьуде гьел тӀубан тӀагӀинаруна.

Кевказалда цӀакъ гӀемер руго гьодимухъикъал рухӀчӀаголъаби, мисалалъе, 1000 батӀияб навгӀ буго нусиречазул.[7]

 
ГӀанди-хӀор

Кавказалда дадечӀвалеб буго 6349 навгӀ тӀогьолаб гъветӀ-хералъул, гьенибго гъорлъ 1600 бакӀалъцл навгӀ. 16 навгӀ мугӀрузул гъветӀ-хералъул баккана тӀоцебе Кавказалда.

Пачалихъал ва икълимал

хисизабизе

Россия:

 
Аргун къварилъухъ, Чачан

Бл. гьединго

хисизабизе

ХӀужжаби

хисизабизе
  1. ^ Откупщиков Ю. В. Очерки по этимологии. — СПб. : Изд. С.-Петербургского университета, 2001. — 479 с. — С. 310—318. — ISBN 5-288-02121-X.
  2. ^ "How Is The Border Between Europe And Asia Defined?". WorldAtlas (in английский). Щвей 2020-08-06.
  3. ^ 31-томная энциклопедия. Опубликована во Франции с 1886 по 1902 год.
  4. ^ CIA. "GEOGRAPHIC OVERVIEW". cia.gov (in английский). Архивация оригинал (2017-01-08). Щвей 2017-11-13. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  5. ^ National Geographic Atlas of the World. — 7th. — Washington, DC: National Geographic Society, 1999. — ISBN 0-7922-7528-4. «Europe» (pp. 68-9); «Asia» (pp. 90-1): «A commonly accepted division between Asia and Europe … is formed by the Ural Mountains, Ural River, Caspian Sea, Caucasus Mountains, and the Black Sea with its outlets, the Bosporus and Dardanelles.»
  6. ^ БРЭ 2006.
  7. ^ "Кавказские Пауки «CHECKLISTS & MAPS»". Архивация оригинал (2009-02-11). {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)

Большой Кавказ — Великий канал. — М. : Большая российская энциклопедия, 2006. — С. 5. — 752 с. — (Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов ; 2004—2017, т. 4). — ISBN 5-85270-333-8.

РегӀелал

хисизабизе