Мазандаран
Мазандара́н (парс مازندران; маз. مازرون) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Пачалихъалъул шималияб рахъалда буго. ГӀорхъи уна бакхътӀерхьудаса Гилангун ва Къазвингун, жунубалдаса Тегьран ва Семнан останалгун, ва бакъбаккуда буго Гулестан. Шималалъул рахъалда буго Каспий ралъадалъул рагӀал. Останалъул жунубияб гӀохъодаса гӀебеде уна Эльбурс мугӀрузул щобал. Гьенибго буго Демавенд мегӀер — Ираналъул бищун тӀадегӀанасеб борхалъи. Административияб марказ — Сари шагьар. Ракь — 23 701 км²[1]. Останалда гъорлъ уна 16 шагьрестан.
Мазандаран | |
---|---|
blank300.png|300px]] ![]() | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Сари |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 23 833 км² |
СагӀтазул зона | UTC+3:30, летом UTC+4:30 |
КӀудиял шагьарал | Бабол |
Халкъ | |
Къадар |
3 073 943 чи (2006 сон) |
Гъунки | 123,3 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
Мазандаран, парс |
Цифрабазул идентификаторал | |
Расмияб сайт | |
![]() |
|
![]() |
|
![]() |
География
хисизабизеЖунуб рахъалда, Тегьран останалъул гӀорхъода буго Сахун хӀор.
Климат
хисизабизеГьанир руго гӀурччинлъи гӀемерал бакӀал. Берцинал тӀегьалел мугӀрул, кӀкӀалал ва чвахелал рихьизе рачӀула гӀемер туристал.
Тарих
хисизабизеКӀватӀараб Антикиялъ Мазандараналъул территория Падишхваргаралда гъорлъ унеб букӀана. 529—536 сс. Мазандараналъул бетӀерлъуда вукӀана сасанид пача, Кавадил вас Къавус (Кей-Къавус)[2], «Шах-намэ»-ялда жив рехсарав. Фирдаусица Мазандаран бихьизабун буго демоназул (дивазул, дэвазул) улка хӀисабалда, жиб Кей-Къавусица халкъияв магьадур Рустамил кумекалдалъун хӀалалъ бахъараб.
Мазандаран — ккола гӀарабаца бахъараб ахирисеб иранияб регион (VIII гӀ. байбихьи).
Х гӀасруялъ Мазандараналда ханлъиялда рачӀана Зияридал.
XVI гӀасруялъул ахиралда, шагь ГӀаббасица I Мазандараналъул бакӀалъулаб династияги тӀагӀизабун, гьеб Сафавидазул пачалихъалда гъорлъ бачана[3]. Баболь шагьаралда гьанжеги руго Сафавидазул кӀалгӀаялъул риххелал.
Россиялъ бергьараб ГӀурусгун-парс рагъдаса хадуб, 12 сентябралъ 1723 соналъ Мазандаран Россиялда гъорлъ бачӀана. ГӀурус-турк рагъул заманаялъ (1735—1739 сс.) область Парсалда нахъбуссинабуна Турцияла данде альянс гӀуцӀизе гӀоло.
Халкъ
хисизабизеХалкъалъул къадар — 2 922 432 чи. Аслияб къагӀидаялъ гьел ккола мазандаранал ва гиланал, гьединго гьезда гьоркьо руго парсалги талышалги. Бищун чӀахӀиял шагьарал — Амол, Бабол, Баболсер, Бегьшагьр, МахӀмудабад, Новшагьр, Рамсар, Сари, Тунекабон, Чалус.
2006 с. хъвай-хъвагӀаязда рекъон халкъ | ||||||||||||||||||||
|
Административияб бикьи
хисизабизеОстаналда жаниб уна 15 шагьрестан:
- Амол (инг. Amol, парс آمل)
- Бабол (инг. Babol, парс بابل)
- Баболсер (инг. Babolsar, парс بابلسر)
- Бегьшагьр (инг. Behshahr, парс بهشهر)
- Чалус (инг. Chalus, парс چالوس)
- Джуйбар (инг. Juybar, парс جویبار)
- МахӀмудабад (инг. Mahmudabad, парс محمودآباد)
- Нека (инг. Neka, парс نکا)
- Нур (инг. Nur, парс نور)
- Новшагьр (инг. Noshahr, парс نوشهر)
- Къаимшагьр (инг. Qaem Shahr, парс قائمشهر)
- Рамсар (инг. Ramsar, парс رامسر)
- Сари (инг. Sari, парс ساری)
- Савадкугь (инг. Savadkuh, парс سوادکوه)
- Тунекабон (инг. Tonekabon, парс تنکابن)
Экономика
хисизабизеАслиял акономикаялъул рикьалаби — туризм, бича-хиси, транспорт, кванил, текстилалъулаб, автомобилияб, хъарщидулаб, металлургияб, тамахьодулаб ва кагътил промышленность, энергетика, росдал магӀишат (цитрусал, рис, ролъ, чай, тамахьо, квас, чакаралъул тростник, рапс, тӀугьдул, гӀеч, микьир, киви, охцер, пер, клубника, гӀодобкару, бананал, фундук, кенаф), чӀугӀакквей, маххул руда ва тӀурччи бахъи.
Амирабад шагьаралда буго Амирабад порталъул эркенаб экономикияб зона ва «Демавенд» металлургияб завод.
Рихьизе бакӀал
хисизабизеСари шагьаралда руго ГӀаббасил ва ЯхӀял хобал. Мажгитал Имам-Саджад, ХӀадж Мустапа Хан ва Реза Хан, сагӀатгун си, шагьаралда сверухъ — Хутто ва Камарбанд нухъабиги, Дашт-э Наз миллияб паркги. Рамсаралда буго Пагьлавиязул кӀалгӀа ва цогидал кӀалгӀаби, гьундул ва цересел бечедазул минаби.
ХІужаби
хисизабизе- ^ Statoids.com (инг.)
- ^ Minorsky, V.; Vasmer, R. «Mazandaran» Encyclopaedia of Islam. Edited by: P. Bearman , Th. Bianquis , C.E. Bosworth , E. van Donzel and W.P. Heinrichs. Brill, 2007. Brill Online.
- ^ Бартольд В. В. «Место Прикаспийских областей в истории мусульманского мира». [Баку, 1925].
РегӀелал
хисизабизеМазандаран Викигъамасалда |