МухӀамад Къебедов
Туркиялде гьабураб сапаралдаса хабарал
ЛЪИМАЛ ЛЪИКӀАЛ РУГОНИ ДИВАНАЛЪ АХӀУЛАРИЛА…
Къаси сардилъ рештӀана ниж тӀад рекӀараб самолет Стамбулалда. Макьо кӀочон тана, берал гӀорцӀулел рукӀинчӀо кунчӀкунчӀун бачӀунеб шагьаралда жанир тира-сверулаго. КъватӀахъ жеги хӀалтӀулел рукӀана квен-тӀехалъул бакӀал. Амма ракӀ хӀалаккун букӀана рогьалил канлъи бихьизе. Дагьдагьккун рехараб хъахӀлъиялда цадахъ чӀаголъун бачӀунеб букӀана Стамбулги.
Дир талихӀ ккана- цадахъ вукӀана чанго нухалъ Турциялде, Шамалде щварав «Кавказалъул гьумер» абураб журналалъул бетӀерав редактор Сабир НурмухӀамадов. Гьес гӀезегӀан хӀаракат бахъана шагьаралъул балъголъаби дие рагьизе. Щвана тарихиял бакӀазде. РакӀалде кколаан дунялалъулго халкъазул вакилзаби Стамбулалде данделъун ратилилан. Гьениб рагӀизе рес букӀана бокьараб мацӀ: гӀараб, ингилис, гӀурус, узбек, чачан… Гьай-гьай, нилъерго магӀарул мацӀалда гаргадулелги дандчӀвазе хӀасрат букӀана. Гьелъухъ балагьун гӀадин чанго сагӀаталъги хутӀана.
Стамбулалда цо базаралъул кӀудияв ватана Хважалмахьиялдаса чи. Гьанир Турциялда дагъистаниязул кинаб росулъа ратаниги гӀадамал цоцада гьоркьор кӀалъала магӀарул мацӀалда. Гьединлъидал гьев даргинав Шарапудин Айкенидаги нижедаги гьоркьоб хинаб хабарги ккана. Хадувго ахӀунгӀадин тӀаде щвана жеги лъикӀ магӀарул мацӀ лъалев ГӀахъушалиса МухӀамад. Гьесул хъизан Сугъралъа йигиланги бицана. Лъазего лъачӀого цо-цо Дагъистаналдаса рачӀарал гӀолохъабиги тӀаде гӀунтӀана. Цо горсвериги ккун, хъош-башги гьабун, доб ВатӀаналдаги гьаниб Турциялдаги бугеб ахӀвал-хӀалги цоцае загьир гьабун, хадур рахана ниж аслияб къагӀидаялъ магӀарулаз яшав гьабулеб Ялова шагьаралъул вилаяталде унеб гамида тӀаде.
МахӀачхъалаялдаса Стамбулалде махул хӀинчӀалъ бараб заманалдаса гӀемер дагьаб бачӀо Яловалде щвезеги. Гамида рекӀаразухъ балагьунго бицунеб букӀана кавказалъул, дагъистаниязул цо кинабалиго релъен-хъвай, гӀамал-хасият гьениб букӀин. Яловалъул ракьалда абуни нижеда дандчӀвай гьабизе хӀадурго ватана жиндирго гьенир ругел магӀарулаз абухъе гьокогун (машинагун) дагъистаниязда гӀемер рагӀарав, гӀемерисезда вихьарав жив КӀикӀунисаги ЦӀобокьаги кколев рагӀул устар, унго-унгояв магӀарулав, къватӀир Туркиялда аппараглъиялда хутӀарал дагъистаниязул цевехъанилан жинда абизе мустахӀикъав Шагьабудин Озден.
Дида гьев вихьун вукӀана къого соналъ цеве Дагъистаналде конгрессалде вачӀараб мехалъ. Хадусаги чанго нухалъ умумузул ВатӀаналде щун вукӀаниги ниж дандчӀванги рукӀинчӀо. Амма бухьен букӀана. Интернеталдаса гьарурал Шагьабудинилгун гара-чӀвариял рахъун рукӀана «ХӀакъикъаталда». Тукиялдеги вачӀун ракьцоял рихьизе дирги аниш бугилан битӀараб саламалъе жаваблъун Озденица абураб цохӀо «кодоса бачӀараб кумек гьабизе буго» абураб рагӀуца дида цӀа базабураб хӀисаб букӀана.
Гьале гамидасаги рещтӀун порталдаса къватӀире лъугьунаго нижеда данде вачӀунев вуго кӀигояв. Рихьаралго ниж цоцадаги лъана. Амма Шагьабудин дидасаги цеве ккана гьав чи Къебедов МухӀамад вугилан абизе. Гьедин байбихьана нижер Тукиялда ругел магӀарулазухъе гьабураб сапар. Шагьабудинида цадахъ вачӀун вукӀана гьурмада гьими бахчизе кӀоларев Хунзахъа ГӀали Аваркан. Аваркан рагӀул магӀна кколилан бицана аваразул би абураб. Гьебго аваразул би чорхолъ цӀунарав чи ватана чай гьекъезе гӀодор чӀелелде пири гӀадин тӀаде щварав халкъиял махщелал жанир малъулеб Ялова шагьаралъул ва районалъул кӀудияб заведениялъул бетӀер, департаменталъул директор ракӀ-ракӀалъ магӀарул мацӀалда кӀалъазе гъира ккарав Хунзахъ районалдаса умумузул вас, цӀар рагӀарав имам Шамилил наиб ХӀажимурадил ЦӀелмес абураб росулъа Жагьид Йилдеринги. ХӀакъикъаталдаги гьеб фамилиялъул магӀна батана жиндирго гьунаралда, рагъа-ракиялда рекъараб пири абураб.
Шагьабудиница ниж гьенир гӀемер заманаялъ тархъун течӀо. Канлъи къотӀилелде хъамуна жиндирго Туркиялда Ялова вилаяталъул мугӀрузда гьоркьоб бугеб, сверун рохьаз ккураб берцинаб, гьава-бакъ рекъараб Эсадия абураб росулъе. Гьений нижеда балагьун чӀун ятана гьесул лъади. Цо гӀажаибаб жо, Шагьабудиница гьелда абулеб букӀана Мариямилан. Гьедин абулаанила некӀсияб заманалда магӀарулазул бихьиназ жидерго чӀужуялда. Гьелъ росасдаги абулеб букӀун буго МахӀамагӀалиян. Гьанже нилъеца рос-лъадиялда гьоркьоб хӀалтӀизабулеб йо ле гӀадин.
ХӀакъикъаталда Шагьабудинил хъизамалда цӀар буго Сабагьат. Гьей ккола туркай. Школалде дарсал кьезе ячӀарай гьейги Шагьабудинги къисматалъ данде гьарун руго. Гьезул кӀияйго ясалъ гӀумру гьабулеб буго Стамбул шагьаралда: Пари-Дилек ккола цо квен-тӀех гьабулеб бакӀалъул инженер-технолог, гьитӀинай Шагьабудинил эбелалъул цӀар тарай Багьижат ккола хъвадарухъан, журналист. Гьей хӀалтӀун йиго Яловалъул халкъиял газетаздаги Туркиялъулго газеталдаги мухабирлъун. Гьедин абулеб буго гьениб нилъер мухбирасдаги.
Гьаниб бицун цебе чӀезабун бажарилин кколаро тӀоцебесеб сордоялъ Дагъистаналдаса рикӀкӀад, батӀияб ракьалда нилъер уммумуз кьучӀ тӀамизе ккараб росулъ жанив гьавурав, гьенибго гӀумру унеб бугев магӀаруласул рокъоб букӀараб ахӀвал-хӀалги асарги.
Радал тӀуркӀун ворчӀигун щун ватана гордухъе. Гьениса рихьулел рукӀана рацӀун щегӀ ккурал узданго рарал минаби. ТӀохда ругоан лъим хинлъизабизе лъурал бакъуца хӀалтӀулел алатал. ГӀодоб тӀибитӀун букӀана хъахӀаб накӀ. ГӀурччинлъиялъ ккун букӀана сверухълъи. БитӀахъе курорталда санаториялда жанир ругеб хӀисаб букӀана.
Нижер тӀоцебесеб абизин ишалъулаб гӀодорчӀей ккана Яловалъул гӀагарда бугеб Чифлеткой шагьаралда Кавказазалъул гӀадамазул культурияб централда. Гьанибго абун тезин Туркиялда ругел кавказалъулал гӀадамаз ратӀа гьарулел гьечӀо жидерго миллатал. Гьединлъидал цадахъ гъункун рукӀиналъул мурадалда гьарулел ишазулъ гӀахьаллъи гьабизе хӀаракат бахъулеб буго дагъистаниязги, чачаназги, осетиназги, кабарда-балкаразги, карачаялгун черкесазги, адыгеялгун абхазазги…
Гьеб культурияб Кавказ абураб централъе нухмалъи гьабулеб буго карачаяв Мурад Эрдогъаница. Гьесда цадахъ руго кавказалъул киналниги халкъазул вакилзаби. Гьеб къоялъги данделъиялде рачӀун рукӀана гӀарцулгун меседил къайи бичулеб тукадул бетӀергьан, жамагӀатчи ЦӀобокьа МухӀамад Эркен, Ялова шагьаралъул Чифлиткой районалъул кооперативазул союзалъул бетӀер ЧӀикӀаса Рамазан Текин, ГӀали Аваркан, Ялова газеталъул мухабир Нуртен Илчин, халкъиял махщелчагӀи хӀадур гьарулеб бакӀалъул кӀудияв Жагьид Йилдерин ва цо-цо цогидалги.
Аслияб къагӀидаялъ гьениб хабар ккана нилъер миллиял суалазда тӀасан. Хасго гӀисиналилан абун нилъ ругьун гьарурал батӀи-батӀиял халкъазул мацӀги, цӀарги, гӀадатги, тарихги цӀунизе бугеб кӀваралъул бицана. Бицана Дагъистаналъул журналистаз, «ХӀакъикъат» газеталъ ва «Кавказалъул гьумер» абураб журналалъ гьелда сверухъ гьабулеб хӀалтӀул. Мисалалъе рачана вацлъи рагӀизабурал МахӀачхъала ва Ялова шагьарал. Гьанже байбихьун буго росабазда гьоркьобги гьединабго хӀалтӀи хӀаракатчагӀаз гьабизе. Гьебго мурадалда дагьабги лъикӀ Туркиялда ругел магӀарулазул бугеб гӀумру бихьизабизе «ХӀакъикъат» газеталъеги бокьун бугилан абуна. Гьеб киналъулго хӀакъалъулъ бакӀалъулал мухабираз Яловаялъул газетаздаги хъван бачӀана.
Бурса шагьаралъул Дагъистан дернекалъул, ай жамгӀияталъул цолъиялъул бетӀер Яшар Сабри Долдерилгун данделъи букӀана Армуткой росулъ. Гьаб нухалъ ниж гьенире щвезаруна Канадаялдаса вачӀарав цоги магӀарулав МустӀафаца. Гьенирго рукӀана музыкалиял тӀагӀелал ричулеб тукадул бетӀергьан лезгинав Рамазан Кор, турказул тарихчи, адыгеяв МахӀмуд Би, банкалъул хӀалтӀухъан, жамгӀияв хӀаракатчи абхазав Рифат Озбей, имам Шамилил наиб, черкесазул имам Гьонодаса МухӀамад-Аминил наслуялъул гӀадамал Армуткой росдал мухтар (гьедин абула Туркиялда бегавуласда)ГӀусман Эр ва Шарапудин Сунгур, Бурса шагьаралъул ГӀусман-Гъази районалъул тӀоцебесеб микьгосонилаб школалъул директор Парук Демирташ. Хадур ниж Парукица имам Шамилил ватӀаналъул чи хӀисабалда жинцаго нухмалъи гьабулеб школалдеги ахӀана.
Гьедин тира-сверун, жеги Чифлиткой районалъул Султания абураб росдал гӀадамалгун данделъун хадуса «Кавказалъул гьумер» журналалъул кӀудияв, нижер гьалмагъ Сабир НурмухӀамадовги ана Шамалдехун валагьун.
Нахъисеб къо букӀана цӀакъ хӀалуцараб. Шагьабудингун цадахъ щвана Туркиялда ругел магӀарулазул тахшгьарилан абизе бегьулеб Гюнейкой росулъе. Гьенир рештӀингун аскӀове щвана росдал мухтарги, ай бегавул КӀикӀуниса Шайих-дадал, ай Маданил МухӀамадил васасул вас МухӀамад Алпай Текин. Гьес ахӀун вачӀана КӀикӀуниса Шейх Шарапудинил васасул вас Багьавудинги. Нижехъ кодоб абуни букӀана гьезул уммумузул ватӀаналдаса битӀараб кагъат:
«Ассаламу гӀалайкум Гюнейкой росдал хӀурматияб жамагӀатӀ,- ян хъвалеб букӀана гьелда,- кьабун квер босараб салам нужеде, нилъее баракат щваял Шайих-дадал ва Шейх Шарапудинил ватӀан КӀикӀуни росдал жамагӀаталъул рахъалдасан. ЦӀакъ рохана ниж нужер кагъаталдаса. ТӀолабго жамагӀаталъего гьеб букӀана рохелъун.
Дун ккола КӀикӀуниб росдал бегавул ГӀусманил вас МухӀамадхӀажи. Дун тӀоцеве нужер росулъе щвана 1992 абилеб соналъ. Дир хъизан ккола Шейх Шарапудинил гӀагарай гӀадан. Нижеца нужер росулъ бана 13 къо. КӀудияб гьоболлъи гьабуна нужер росдацаго. Хасго кумек гьабуна Марзиэбелалъ ва гьелъул лъималаз: Шарапудин, Багьавудин, МухӀамад, Шарипат. Гьезие нижер рахъалдасан цӀакъ кӀудияб баркала.
Нижер районалъул нухмалъулевги вуго КӀикӀуниб росулъа Юсупил вас МухӀамад. Гьесги абуна нилъеца кӀиябго росдал бухьен цӀикӀкӀинабиялъе кинабго гьабизе бугилан…»
Гьедин дица Дагъистаналдаса битӀараб кагъат цӀалун бахъингун Шарапудин устарасул васасул вас Багьавудин тӀаде вахъана. Ва гьесда хаду-хадур щвана Шарапудин шайихас гӀумру гьабулеб букӀараб бакӀалде. ЧӀаго ятана гӀункъойлъаги арай Шарапудин шайихасул нус, цадахъ вукӀарав Багьавудинил эбел Марзияги. Ратана гьенире зияраталъ рачӀарал турказул руччаби. Бицана бакӀ-бакӀаздаса гьедин гьенире цо-цо соналъ азаралда хадувги чи щолилан.
Гьанже цо нухалъ рихьаралги гӀодор чӀаралги бакӀазул бицун лъугӀиларо. ЦохӀо жо загьир гьабун тела. Дица ЦӀунтӀаса Хадижатида гьикъана: Я, гъарин Хадижат, дуда гьаб нилъерго магӀарул мацӀ лъим гӀадин лъалеб мехалъ, гьай дур ясалъе гьеб бицине щай захӀмалъулеб абун. Гьей кӀудияй гӀаданалъ абуна жинца жеги гьей гьитӀинго йигеб мехалда нуцӀа къай, дир ясилан абураб мехалъ гьелъ дандего гьикъулаанила щай «Капийи капа» (турк мацӀалъ нуцӀа къай),- ян абуларебан. Дихъги балагьун гьанже гӀолохъанго кӀодоэбеллъун яхъарай Весиляца жиндирго ботӀрода кӀутӀкӀутӀана. Гьеб букӀана доб мехалъ гӀакълу букӀинчӀохаян абулеб жо.
Гьанир дида ракӀалде щвана дир гьоболлъун лъугьарав Шагьабудиница нухда унаго рехсарал цо биценалъул: «Гьалмагъ лъикӀав вугони нухда какги хутӀиларила, лъимал лъикӀал ругони диваналъги ахӀиларила»,- ян абурал умумузул цӀакъ пикру гьабулев чи гурони хадур гъоларел гъваридал рагӀаби. ХӀакъикъаталдаги нахъа хадур нилъго намусалъул диваналъ ахӀичӀого рукӀине Дагъистаналдаги Тукиялдаги ругел магӀарулазе жидерго мацӀ цӀунун хутӀиялъе гьарулел тадбиразул рахъ нахъ тӀамун тезе бегьулареб бакӀалде иш ккун букӀин бичӀчӀун буго киназдаго.
Гьаб бакӀалда тӀанкӀги лъун, тӀаде вахъине ккана Эсадия росдал мухтар Гьидаятил рокъове цӀурачадал кваназе ахӀулев вугилан хабарги бачӀун…
МухӀамад КЪЕБЕДОВ. МахӀачхъала, Стамбул, Ялова. 5 май 2012сон.
ЦО ФАМИЛИЯЛЪУЛ ГӀАДАМАЗУЛ СОРДО Туркиялда бицен буго цебего заманалда сверухъ мухъалда эрмениязул, урмазул-греказул росабиги рукӀин хӀисабалдеги росун, цоги жалго туркал курдаздаса цӀунизе мурадалда кьер-читӀир гьабун чӀезарун ругила нилъер магӀарулазул -дагъистаниязул росабиян абураб. Гьездасаги цере падишагьасулгун гӀагарлъиги букӀун гьенире гочун ругилан аби батана черкесазулги.
1892 абилеб соналда базе байбибихьун буго Ялова вилаяталъул гьитӀинабго Эсадия абураб росу. Гьеб бачӀун буго цо бугони гӀараб мацӀалъул Асад, ай гъалбацӀ абураб рагӀудаса. Гьедин гьеб мухъалда рукӀарал магӀарулазда абулеб букӀун буго гъалбацӀал гӀадал чагӀи ругилан. Цоги бицен буго цо Туркиялдаго машгьурав Эсади абурав генералас жиндиего рекӀее гӀун лъурабила жиндирго цӀар гьеб росдада.
Гьениса рахъун руго гӀезегӀан машгьурал гӀадамал. Масала, ХӀажи ХӀамза Огълари. Гьев вукӀана гӀусманиязул армиялъул чи, генерал.
Росу буго цӀакъ берцинаб гьава-бакъ рекъараб бакӀалда. БитӀахъе жаниса нух бахъизе захӀматаб рохьоса унаго тӀаде ккола борхалъудаса лъим чвахулеб Челали абулеб хӀоралде тӀаде. Цере гьенире чвердезе хьвадулел рукӀун руго росдал лъимал. Маялъул къоял рукӀаниги гьениб жеги цӀоронго бугоан. Гьенибе бачӀунеб лъарадаги буго гӀажаибаб берцинаб цӀар, Балабан абун. Гьелъулги магӀна кколеб буго бегӀераб гохӀил лъар абураб.
Цоги гӀажаибаб жо гьанжегицин гьениб рохьоб бакӀ-бакӀалда доб цебего заманалда умумуз бахчун букӀабилан абулеб хазина балагьулел чагӀиги камулел гьечӀо. Рохьоса унаго хӀисабалда рилъине кколел рукӀана гьеб мурадалъе гӀоло рухъарал гондазде жанире ккечӀого рукӀине. Амма жеги гьеб умумузул меседалде, хазинаялде тӀаде ккарав чиги рагӀичӀилан бицана.
Ахираб чанго соналъ гьеб Эсадия росдае бетӀерлъи гьабулеб буго магӀарулав ЦӀобокьа кьибилалъул Йилмаз Гьидаятица.
ГӀемерисел гӀадамал пенсиялда, хӀалхьиялда гьенир ругониги росдал мухтарасул, ай бегавуласул цониги къо бихьуларо кабинеталда гӀодов чӀун хутӀараб. ТӀад балагьунги гьаб росулъги щиб хӀалтӀи букӀунебан ккола. Щибаб рокъоб буго гӀадамасе хӀажатабщинаб. Буго бухӀараб, цӀорораб лъим, къватӀал руго гӀодор рацӀцӀадго чӀезарун.
ХӀукуматалъ росдае витӀун вачӀун вуго хӀажатаб бакӀалде хӀалтӀизе чи. Гьевги вихьула щибаб къоялъ я нух хӀурудаса бацӀцӀад гьабулев, я нухлул рагӀалдаса унеб рахъ къачӀалев, яги лъадал трубаялъе гӀадлу гьабулев. Гьениб бищун кӀудияб хӀалтӀи лъугьун бугилан абизе бегьула пачалихъалъулб нух гӀадамаз бахине ккечӀого букӀине гьелда гъоркьан бахъараб тоннель. Гьебги гьабун буго Гьидаятил хӀаракатчилъиялдалъун.
Ниж щвараб къоялдаги гьенире рачӀун ругоан районалъул нухазул хӀалтӀухъабазул идараялъул вакилзаби. Гьебго къоялъ техникаги тӀаде щун чӀор гӀадин тӀасан ритӀизаруна рохьорехунги сверел-терелалдаги ругел нухал. ГӀадамал руго цӀакъ гӀодоре риччарал, сасараб гӀумру бугел, рази-ракиял, гьалбал хириял, жура-гъурарал. ГӀагараб умумузул ватӀаналдехун, мацӀалдехун рокьуца кодор росун, хӀайранго бицунеб букӀана гьез хабар. Эсадия росулъ бищун цебе рехулеб буго росдал бетӀерасул хъизан. Гьидаятил вуго жеги кӀиго вац: Камил ва МустӀафа. КӀиявгоги вуго лъикӀаб пенсиялда. Камилил гӀумру ун батани гьеб Эсадия росулъ, МустӀафа хӀалтӀун вуго лъебералда щуго соналъ Канадаялда. ЧӀахӀиял машинабигун хьвадун вуго гьениса Америкаялде. Пенсиялде ине заман щварабго вуссун вуго жиндирго росулъе. БачӀунеб буго Канадаялъул пенсия- кӀиазарого доллар. Гьелда тӀадеги гьаниб Туркиялда вукӀинчӀеб лъебералда щуго соналъ гьениб пенсиялъул фондалде кьечӀого хутӀараб взносги жанибе кьун, бакӀалъулаб гьедигӀанасебго къадаралъулаб пенсияги бахъулеб бугилан бицана.
ГьабсагӀат гьес гӀумру гьабулеб буго лъикӀаб европаялъулаб къагӀидаялъ бараб минаялда жаниб. Рагьо-къоно чӀезабун буго берцинго. ХӀухьабихъизе гьарун руго санагӀалъаби. ГӀумру гьабулеб буго МустӀафаца жиндасаго къогогӀан соналъ гьитӀинай цӀакъ хӀалимай, рекӀелъ йосулей болгарай Гюльгьан абураб цӀаралъул гӀадангун цадахъ. Гьей кколей йиго Болгариялъул Селистра абураб шагьаралдаса. Гюльгьанилгун хабар гьабизе гӀурус мацӀалъ дагьаб бигьагоги букӀана.
Гьезул жидерго лъимал гьечӀо. МустӀафал цеехун йикӀарай хъизаналдаса рукӀарал лъималазги гьесулго кӀудияв вац Камилил цо васасги гьабсагӀат гӀумру гьабулеб буго Канадаялда. Гьездаги руго Шамил, Ибрагьим, ИсмагӀил абурал магӀарулазул цӀарал.
Гьай-гьай, гьенир ругел гӀадамаз хӀаракат бахъулеб буго рес букӀун жиде-жидер миллаталъул гӀадамазулгун ригьин-цӀа гьабизе. ХӀатта, росдал мухтар-бегавул Гьидаятица бицана жиндие ясалги дагъистаниязул росасда рукӀине ва васасеги дагъистанияй ячине бокьун букӀанилан. Амма къисмат батӀияб хъван батанилан бицана мухтарас.
Жакъа Дагъистаналдаса гурони хъизан гьабиларилан вас чӀун вугилан бицана Гьидаятил рахьдал яц Батулицаги.
Гьелъул жиндирго рос абуни вуго туркав- МухӀамад Чен. Амма гьес цӀакъ хӀаракат бахъулеб бугоан дагъистаниязул, магӀарулазул гӀамал-хасияталда рекъон вукӀине. ТӀубан магӀарул мацӀалде ругьунлъун гьечӀониги гьесда бичӀчӀулеб буго нилъер махсара-хочӀ.
МухӀамад Чен хӀалтӀана нухазул управлениялда. Гьениса пенсиялде араб мехалъ Эсадия росдал рагӀалда бугеб бищун тӀабигӀат берцинаб бакӀалда, рохьоб жаниб бана цӀакъ санагӀатаб нилъер гьаниб абулеб котеджалъул къагӀидаялъул мина. АскӀоб гӀезабуна ах. Гьениб камураб пихъ гьечӀо. Гьениб буго кариги, багӀлиги, инжирги… гранатаялъул гъотӀода берцинго биччалеб букӀана тӀегь. Рагьда рукӀана гӀанкӀаби-хӀелкал. ХӀапделеб бугоан бищун хирияб тайпадул гьой.
Гьениб гӀумру гьабизе берцинлъиги рахӀатги, хъизаналъего гӀураб пачалихъалъул пенсияги букӀана. Амма цо къоялъ Батулица росасда абуна: «дуца бокьараб гьабизе бегьула, дида цо иш гьечӀого чӀезе кӀоларо»,- ян. Щибха, Батули нилъеца гьабилеб, -ян гьелъухъ балагьун хутӀун вуго рос МухӀамад Ченги.
Гьедин гьез Чифлиткой шагьаралда байбихьана тукеналъул хӀалтӀи гьабизе. Хадуб Батулида ракӀалде ккана туркал магӀарулазул хинкӀазде ругьун гьаризе. У, ле, гьелъ рагьана гьеб шагьаралда жаниб хӀакъикъаталдаги «Хинкал» абураб кафе. Гьение хӀалтӀизе ячана кӀиго туркай. Батулица цин жинцаго байбихьана хинкӀазул мицӀир кьуризе. Хадуб турказда гьелъ малъулаан гьеб мицӀир бицатго гьабуни хинкӀазул тӀагӀам букӀунарилан…
Гьале гьанже гьелдаса нахъе ун буго къогогӀан сон. Жакъа киса-кисаго нухлул рагӀалда бугеб Батулил кафеялде хинкӀал кваназе рачӀунарел шагьаралъулги гьалбадерилги чи гьечӀо. Аслияб къагӀидаялъ гьениб чӀаголъи букӀунеб буго къалъудаса хадуб. ХинкӀал гьарулел руго нисулъги, гьаналъги, гьединалго цӀурачадалги… ХӀатта, гьел рокъо-рокъоре росизе рачӀунелги руго гӀадамал. Гьанже магӀарулазул хинкӀазул тӀагӀам лъарал турказул руччабиги гьезде ругьунлъун ругилан бицана.
Гьеле гьедин бакӀ-бакӀазда хӀалтӀулел, гӀумру гьабулел цо фамилиялъул чагӀи абун ракӀарулел рукӀана Эсадия росдал мухтар Гьидаят Йилмазил рокъоре цо-цоккун, кӀи-кӀиккун . Гьелда абулебги бугоан «Цо фамилиялъул гӀадамазул сордо»,-ян. Амма дидаго бихьана батӀаго цохӀо фамилия бугел гурелги чагӀи гьенир рукӀине бегьулеблъи. Гьенире рачӀаразда гьоркьоб букӀана я гӀагарлъиялъул, я мадугьалъиялъул, яги гьудул-гьалмагълъиялъул хурхен.
Нижеда рукъалъул рагьдухъ дандчӀвай гьабуна цин гьелъул бетӀергьан Гьидаятица, хадуб квер босизе хӀадурго ватана гьесул кӀудияв вац Камил. Цинги «ЛъикӀ щварал» абун нижеда аскӀое щвана жий батӀияб миллаталъул йигониги магӀарул мацӀалъ кӀалъазе хӀаракат бахъулей Гьидаятил хъизан ПатӀимат.
Гьедин цо рокъор данделъана бихьинал. Цояб рокъоса рагӀулеб букӀана руччабазул роха-хинлъараб хабар. Гьебги букӀана Дагъистаналдаги Туркиялдаги ругел магӀарулазда бараб. Хадур киналъулго хӀасил гьабизего гӀадин, дой тӀадехун бицен гьабурай Батули тӀаде щвейгун цо ниж бихьинал рукӀараб рокъор данделъана руччабиги. Гьезул цӀакъ гъира букӀана Дагъистаналдаса хабар рагӀизе, хасго магӀарул мацӀалъ кӀалъазе. Дидасаги гӀемерал рукӀана гьезул суалал.
Гьоркьо-гьоркьов гьимулаго нечон гӀадин цо-цо магӀарул рагӀи абулев вукӀана Муниса Хайррудин. Гьесул хъизан МухӀсинатица абуни мадар гьабулеб букӀана уммумузул магӀарул мацӀалда кӀалъазе. Гьедин анцӀила щу-щу къоялдаса цин-циназухъ ирга гьабун данделъулел руго Эсадиялда гӀадамал. Гьениб абулеб къагӀидаялъ мухӀабатт кӀалъай гьабулеб буго. Ай кин-щиб ругел абун, ихтилат, кепаб хабар, умумузул бицен-кици, росулъ гьабулеб гьабизе бугеб-толелъул… Сундулго бицунебги кинабго батӀи-батӀияб нигӀматалъулги гьеб сордоялъ хӀалбихьулеб буго.
Дида гьелъул релъен-хъвай бихьана Дагъистаналда цебе нилъер уммумуз тӀоритӀулел рукӀарал гваязул хӀаракаталда. Гьенибги букӀунаан кепаб хабарги, бицен-кициги, жура-гъурайги… Гваюлъеги ахӀулаан гӀадамал. Туркиялъул росулъги «Цо фамилиялъул сордоялде» рачӀуна гьенире ахӀарал чагӀи.
Боголил какдаса хадурги росдал гӀадамал данделъулел руго росдал администрациялъул минаялъул тӀоцебесеб тӀалаялда жаниб жамагӀаталъе хабар-кӀалалъеги, хӀухьбахъизеги чай гьекъезеги рагьараб жанахӀалда жанир. Хас гьабун росдал мажгиталъул будунас как ахӀулеб гьечӀо. Ялова шагьаралъул кӀудияб мажгиталъул будунас ахӀулеб какил гьаракь рагӀулеб хӀал гьабун буго киса-кибего гьеб вилаяталъул тӀолалго росабалъ. Ай, гьединаб радиоялъулаб бухьен чӀезабун буго мажгитазда гьоркьоб. Росдал дибирасеги мухь кьолеб буго хӀукуматалъ. Масала, гьитӀинабго Эсадия росдал дибирасул моцӀрол харж бахунеб буго азарго долларалде.
Туркав вугониги гьевги магӀарулаздаса ругьунлъун вугоан боголил какдаса хадур ратӀалъулаго магӀарул мацӀалда «Сордо лъикӀ, радал рихьила»,-ян абизе…
МухӀамад КЪЕБЕДОВ. МахӀачхъала, Стамбул, Эсадия.