Нилалъул делта (ГӀараб: دلتا النيل Delta an-Nīl яги жибго الدلتا ad-Delta) буго Гьоркьияб Египеталда бугеб, Нил гІор гІаркьалабазде биххун Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе чвахулеб бакІалда лъугьараб делта. Гьеб буго дунялалда ругел бищун кІудиял гІоразул делтабазул цояб. Гьелъ Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалалъул ккола бакътІерхьуда Алискандериялдаса бахъараб бакъбаккуда Бур-СагІидалде щвезегІан 240 км (150 мил), во гьеб буго бечедаб росдал магІишаталъул икълим. Хьундаса бакъдехун делтаялъул халалъи буго гІага-шагарго 160 кm. Делта байбихьула Къагьиралдаса цодагьаб гъоркьегІан.[1] Цебе делта гІуцІун букІана 8 гІаркьелалъ, гьанже гьезул хутӀун буго 2 кІудияб гІаркьел.

NASAялъул спутникалдаса бахъараб Нилалъул Дельтаялъул сурат (кьерал жиндирго гурел)
Нилалъул Дельта къасе мехалъ, ХКСялдаса бихьулеб хІалалда. Октябр, 2010.

География

хисизабизе
 
Нил гӀорги делтаги

Хьундаса бакъдехун рахъалде дельтаялъул халалъи буго 160 км; бакътІехьудаса бакъбаккуда гьелъ кколеб ралъдал рагІаллъиялъул халалъи буго 240 км. Делта бикьун буго кІиго аслияб гІаркьелалъ — Думияталъул ва Рашидалъул гІаркьалабаз,[2] жалги Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе гьел портазулал шагьаразда аскІосан чвахулел. Цере гьел гІаркьалабазул къадар букІана 8, амма гьел тІагІана Нилалъул чвахуда кколеб хІалалъ халкквей гьабидал, реьеф хисидал. Гьединаб тІагІараб гІаркьелалъул цояб кола Вади Тумилат.

Референсал

хисизабизе
  1. ^ Zeidan, Bakenaz. (2006). The Nile Delta in a global vision. Sharm El-Sheikh.
  2. ^ John Cooper (30 септембер 2014). The Medieval Nile: Route, Navigation, and Landscape in Islamic Egypt. The American University in Cairo Press. гь. 76. ISBN 978-977-416-614-3.