Рустави
Рустави (гуржи: რუსთავი [rustʰɑvi]) — Гуржистаналъул жанубиябгин бакъбаккуда, Квемо-Картли вилаяталда, тахшагьар Туплисалда 25 км-ялъ рикІкІад бугеб шагьар. Гуржистаналъул бищун некІсиял шагьаразул цояб. Гьелъул халкъалъул къадар буго 125 103 чи (2014 сон).
Халкъ
хисизабизе2020 соналъул 1 январалде бугеб хІалалда, шагьаралда ва муниципалитеталда гІумру гьабун бугезул къадар ккана 128 680 чи[1], 2014 соналъул 1 январалда — 122 900 чи, 2005 соналъул 1 янаваралда — 115 500 чи.[2]
СССР-алъул 1989 соналъ халкъалъул рикІкІиналда рекъон Руставиялда вукІун вуго 158 661 чи.[3] 2002 соналъул халкъалъул къадар рикІкІиналда рекъон шагьаралда вукІун вуго 116 384 чи[4], 2008 соналъул байбихьуда — 117 300 чи, ва 2011 соналъул байбихьуда — 120 800 чи.[2]
|
|
Тарих
хисизабизеРустави ккола Гуржистаналъул бищун некІсиял шагьаразул цояблъун. Руставиялъул тарих гІуцІун буго кІиго этапалдаса: цебесеб тарих некІсияб заманалдаса XIII гІасруялда шагьар биххизабизегІан ва гьанжесеб тарих совет хІукуматалъул заманалдаса бахъун жакъа къоялде щвезегІан.
Цебесеб тарих
хисизабизеРуставиялъе кьучІ лъун буго ракІалда гьечІеб заманалъго. XI гІасруялда вукІарав гуржиязул тарихчи Леонти Мровелица жиндирго Гуржи хроникаби абураб хІалтІиялда шагьаралъе кьучІ лъей хурхинабулеб буго Картлосида, гуржиязул кІудияв эмен, жиндир лълъудбуз Коралъул гІурумухъалда Бостан-Калаки (рагІиккун таржама: "ахазул шагьар") абураб шагьар барав. Гьевго тарихчияс, жив "ПарччахІзабазул гІумру" абураб асаралда тІад хІалтІулев вукІарав, рехсолеб буго Рустави Александ Мекедониясде дандечІарал хъулбузда гьоркьоб, амма чІезабун буго Александ киданиги Ибериялде тІаде кІанцІун вукІинчІолъи. Рустави рехсон буго Уплисцихъ (Уплисцихе), Урбиниси, Мцхета ва Саркинети гІадал некІсиял шагьаразда цадахъ. Абизе бегьула,Рустави шагьар хІисабалда нилІеде щвелалде IV–V гІасрабаздаго букІанилан. Кверзулхъваяз гуребги, Рустави хъалаялъул археологиял рухъа-хъваязги нугІлъи гьабула Рустави Ибериялъул кІвар бугеб сиясияб ва административияб марказ букІараблъиялъе. VI гІасруялъул ахиралда Ибериялдаса Трдатица Руставиялда бана килиса ва канал.
Сиясат
хисизабизеРуставиялъул шагьаралъул мажлис (гуржи: რუსთავის საკრებულო) ккола Руставиялда бугеб вакилаб идара. Мажлис гьоркьоса къотІичІого ахІула сессиялде кодексалде тІадежубаял гьариялъул, коммуналиял ишазул, магъало бакІариялъул, шагьаралъул бюджетлъул, шагьаралъул хІукуматалда хадуб ххал кквеялъул гІадал суалазул ххал-шал гьабизе. Руставиялъул мажлисалде рищщиял гьарула щибаб ункъго соналдаса. Ахирисел рищиял рукІана 2021 соналъул октобералда.[6]
Партия | БакІ (35) | Гьанжесеб муниципалияб мажлис | ||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
ЦМХІ | 16 | |||||||||||||||||||||
Гуржи анищ | 15 | |||||||||||||||||||||
Гуржистаналъе гІоло | 3 | |||||||||||||||||||||
Вакантияб | 1 |
Шагьаралъул мажлис 2017–2021
хисизабизеПартия | БакІ (25) | Гьанжесеб муниципалияб мажлис | ||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Гуржи анищ | 16 | |||||||||||||||||||||
ЦМХІ | 3 | |||||||||||||||||||||
Евпропаялъулаб Гуржистан | 2 | |||||||||||||||||||||
Гуржистаналъе гІоло | 1 | |||||||||||||||||||||
Патриотазул альянс | 1 | |||||||||||||||||||||
ХІалтІул партия | 1 | |||||||||||||||||||||
ГІадамазул партия | 1 |
Ралагье гьединго
хисизабизеХІужжаби
хисизабизе- ^ "Численность населения Грузии с разбивкой по городам и районам на начало января 2015—2020 гг". Национальная статистическая служба Грузии. Щвей 2020-05-04.
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameter:|deadlink=
(help); External link in
(help) (инг.)|publisher=
- ^ a b "Численность населения муниципалитетов и краёв Грузии на начало года в 2000—2016 гг". Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (2016-06-25). Щвей 29 апреля 2016.
{{cite web}}
: Check date values in:|accessdate=
(help); External link in
(help); Unknown parameter|publisher=
|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) (инг.) - ^ Демоскоп Weekly — Приложение. Справочник статистических показателей.
- ^ a b Гуржистаналъул 2002 соналъул хъваялда рекъон этникияб гІуцІи (инг.)
- ^ Гуржистаналъу, гьелъул икълимазул ва чІел бугел бакІазул л халкъалъул миллияб гІуцІи 2014 соналъул халкъалъул къадар рикІкІиналда рекъон
- ^ "Გადადის "ქართული ოცნება" თვითმმართველ ქალაქებში ოპოზიციაში? - გაეცანი შედეგებს".