Систан ва Балучистан

Систа́н ва Балу́чистан (парс سیستان و بلوچستان‎ — Sistân o Balucestân, балуч. بلوچستان‎, Balučistan) — ккола Ираналъул 31 провинциялъул (останазул) цояб. Гьеб буго пачалихъалъул жунубгун-букъбаккуда, Афгъанистаналъул ва Пакистаналъулгун гІорхъода. Ракь — 181 785 км²[1], халкъалъул къадар — 2 405 742 чи[1] (2006). Халкъалъул цІцІикІкІарсал балучал ккола. Хурасан бикьаралдаса хадуб Ираналъул бищун кІудияб остан буго.

Систан ва Балучистан
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный АзербайджанIran location map.svg
Описание изображения
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Загьедан
БетӀер Seyyed Ahmad Nasri[d]
Тарих ва география
ГӀатӀилъи Ошибка скрипта: Функции «formatNum» не существует. км²
СагӀтазул зона UTC+3:30, риидал UTC+4:30
КӀудиял шагьарал Забол
Халкъ
Къадар Ошибка скрипта: Функции «formatNum» не существует. чи  (2006 сон)
Гъунки Ошибка скрипта: Функции «formatNum» не существует. чи/км²
Расмиял мацӀал балуч
фарси
брауи
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0542
Расмияб сайт
Систан ва Балучистан картаялда
Commons-logo.svg Медиафайлал Викигъамасалда

Административияб марказ — Загьедан шагьар, цогидал чІахІиял шагьарал — Забол (130 аз.), Ираншагьр (100 аз.), Чагьбагьар (72 аз.), Сараван (60 аз.), Хаш (57 аз.), Конарак (30 аз.), Загьакъ (11 аз.), Пишин (11 аз.), Бемпур (10 аз.).

ГеографияХисизабизе

Останалда буго кІиго вулкан: Безман ва Тефтан. Мегьрестан шагьрестаналда буго машгьураб Анаран нохъо.

Административияб бикьиХисизабизе

Остан бикьула 14 шагьрестаналда:

  1. Забол (Zabol)
  2. Загьакъ (Zehak)
  3. Загьедан (Zahedan)
  4. Ираншагьр (Iranshahr)
  5. Конарак (Konarak)
  6. Никшагьр (Nikshahr)
  7. Сараван (Saravan)
  8. Сарбаз (Sarbaz)
  9. Хаш (Khash)
  10. Чагьбагьар (Chabahar)
  11. Далган (Dalgan)
  12. Хирманд (Hirmand)
  13. Мегьрестан (Mehrestan)
  14. Сиб о Соран (Sib o Soran)

ШагьаралХисизабизе

Хадусеб таблицаялда Систан ва Балучистаналъул 10 бищун кӀудияб шагьар бихьизабун буго:[2]

БакІ ЦІар Халкъ (2016)
1 Загьедан 587,730
2 Забол 134,950
3 Ираншагьр 113,750
4 Чагьбагьар 106,739
5 Сараван 60,014
6 Хаш 56,584
7 Конарак 43,258
8 Jaleq 18,098
9 Никшагьр 17,732
10 Пишин 16,011

ТерроризмХисизабизе

Провинциялъул территориялда хІалтІула суннияб исламияб гІуцІи Джундаллагь, чанго гІадамал чІвараб террористияб актазул жавабчилъи жедеда тІад босарал.

ЭкономикаХисизабизе

Жакъа-къоялда Систан ва Балучистан ккола Ираналъул экономикаялъул рахъалъ бищун нахъ ккараб регион.

Рихьизе бакІалХисизабизе

Загьеданалда руго Рузманкъоялъул мажгит, Макки мажгит, мадраса, сикх гурудвара, Расули базар. Забол шагьаралда аскор руго некІсияб Шагьре-Сухте абураб гІадамал чІараб бакІалъул хутІелал, Хамун хІоразул къокъа ва Хважа абураб Хважа ГІали Магьди вукъараб мукъадасаблъун рикІкІунеб мегІер, Гага-Шагьр хъалаялъул хутІелал ва Аршакидазул ва Сасаниязул заманалъул зартуштиязул как балеб бакІ.

Гь. балагьеХисизабизе

ХІужабиХисизабизе

  1. 1,0 1,1 Statoids.com  (инг.)
  2. "Sistan and Baluchestan (Iran): Counties & Cities - Population Statistics, Charts and Map". www.citypopulation.de. Боси: 2021-07-17.

АдабиятХисизабизе

РегІелалХисизабизе