Туплис
Тулпис, Тбили́си (гуржи: თბილისი tʰ'biliˌsi ⓘ[2][3] — «хинаб ицц», цебесеб (1936 соналде щвезегІан) цІар — Тифлис) — Хъизихъалъул тахшагьар[4] ва кІудияб шагьар, жиб Кор гІоралъул рагІалдаги бугеб, жиндир хакъалъул къадарги гІага-шагарго 1,1 миллион чиясде бахунеб. Шагьаралъе кьучІ лъун буго V гІасруялда.
Тахшагьар
Тулпис
თბილისი
|
Тулпис ккола Хъизихъалъул бищун кІвар цІикІараб магІишаталъулаб, жамгІияб ва маданияб центр. Шагьар гьединго ккола трансмиллиял энергетикиял ва дармилал проетазе кІвар бугеб транзитивияб центрлъун.
Шагьаралъ гІуцІула улкаялда жиндир даража бащад гьабураб Тулпис муниципалитет, жиндир гІатІилъи 720 км²[5] бугеб, халкъалъул къадар — 1 184 818 чи, 2020 соналде баяназда рекъон[6], ялъуни 1 108 717 чи (2014 соналъул къадар рикІкІиналда рекъон), гьенирго жибго шагьаралъул 1 062 282 чиги (2014 сон), 4 шагьаралъул тайпаялъул гьеналъул 16 015 чиги (2014 сон), 22 росдал — 30 420 чиги (2014 сон).[7][8]
Этимология
хисизабизе«Тбилиси» абураб цӀар тӀоцебесеб нухалъ рехсолеб буго IV гӀасруялда; гьеб цӀар бачӀин хурхинабулеб буго шагьаралда чӀабтӀил хинал иццал (гуржи: თბილისი [Тбилиси]; тбили — «хинаб») рукӀиналда; 1936 соналде щвезегӀан хӀалтӀизабулеб букӀана грек адабияталдаса бачӀараб «Тифли́с» абураб цӀар. 1936 соналдаса расмияб хӀисабалда тасдикъ гьабуна жиб абулеб къагӀидаялъул рахъалъ миллиялде гӀагараб «Тбилиси» абураб форма.[9]
Физикиябгин географиялъулаб сипат-сурат
хисизабизеБугеб бакӀ
хисизабизеТулпис буго 30 км халалъиялъул Тулписалъул жаниблъиялда, жиб Кор гӀоралъул расалъиялде кколеб ва лъабго рахъалъ сверун кьурабаз къараб. Ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 380–770 метра. Тулписалда сверухъ руго 6-, 7- и 8-балл сейсмолъи бугеб бакӀал. Бахъбаккудаса, жанублъияб рахъалдасаги ва бутӀаккун бакътӀерхьудасаги Тулписалъу гурхъи буго Гардабан мухъалъулгун, шималияб рахъалдаса ва хутӀараб бакътӀерхьудаса — Мцхет мухъалъулгун.[10]
Климат
хисизабизеКлимат буга рагьаяб субтропикияб, халатаб багӀарараб риигун, къокъаб хинаб иххгун, тамахаб, амма ракъадалаб хаселгун.
- ЛъагӀалил гьоркьохъеб температура: +13,3 °C.
- ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьуриялъул хехлъи: 1,5 м/сек.
- ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьаваялъул рагьай: 67 %.
- Температурабазул экстремаллъи: минимум — −24,4 °C 1883 соналъул 21 январь); максимум — +42,0 °C (1882 соналъул 17 июль).
Тарих
хисизабизеРикӀкӀунеб буго, Тулписалъе кьучӀ лъунин Ибериялъул пачахӀ Вахтанг Горгасалица нилъер заманалъул V гӀасруялда, ва тахшагьарлъун лъугьанин VI гӀасруялда, амма «Тбтлада»цӀар буго дагьалги цересел румазулал картабазда, Тулписалъул тарихияб централда рухъа-хъван рагьун руго I–II гӀасрабазул термалият хӀамамал мозаика ккурал хӀавузалги, ретӀел хисизе бакӀалги ва керамикиял рогӀразул церетӀурал системабиги ругел. Шагьаралъул цогидал бакӀазда ратун руго н. щ. VI–III гӀасрабазул росаби.
Административияб рикьи
хисизабизеЖакъа къоялъ Тулпис шагьар бикьула хадусел административиял районазде:
- Ваке (ვაკე)
- Сабуртало (საბურთალო)
- Исани (ისანი)
- Самгори (სამგორი)
- Дидубе (დიდუბე)
- Чугурети (ჩუღურეთი)
- Крцаниси (კრწანისი)
- Мтацминда (მთაწმინდა)
- Глдани (გლდანი)
- Надзаладеви (ნაძალადევი)
Цере рукІарал:
- Дидгори[ka] (დიდგორი) — 2007–2013
- Басрияб Тбилиси[ka] (ძველი თბილისი) — 2007–2013
Тбилиси муниципалитеталде гъорлъе 2008 соналдаса байбихьун уна: 4 шагьаралъул тайпаялъул гьен гІадамазул къадар [7] — Диди-Лило (2417 чи, 2014), Загэси (5200чи, 2014), Коджори (1232 чи, 2014), Цхнети (7166 чи, 2014)[11] — ва 22 росу гӀадмазул гӀамаб къадар 30 420 чи вугеб (2014)[8]. Гьанжесеб статистикаялъ гьел киналго рикӀкӀуна Тулписалда гъорлъ,[12] амма халкъалъул къадар рикӀиналъул рахъал гьел рикӀкӀуна батӀаго.[7][8][11]
16 015 чи вугеб ( 014)ХӀакимлъиялъул органал
хисизабизеШагьаралъул хӀакимлъи
хисизабизеШагьралда буго Тулписалъул халкъияб мажлис (Сакребуло) ва Тулписалъул хӀукумат, жинда цебе шагьаралъул мэрас хисаб кьолеб.
Хъизихъалъул хӀакимлъи
хисизабизеТулписалда руго пачалхъилъул хӀакимлъиялъул киналниги тӀубазабиялъул ва диваналъулал (Конституциялъулаб хутӀизегӀан) органал. Тарихияб район Авлабариялда, М. Абдушелашвилил къотӀноб буго президентасул кӀалгӀа — Хъизихъалъул президентасул расмияб резиденция ва хӀалтӀул бакӀ.
Галерея
хисизабизеХӀужжаби
хисизабизе- ^ Population by municipalities for the beginning of the year
- ^ Pronúncia de Tbilisi: Como pronunciar Tbilisi em Georgiano, Tcheco, Italiano, Polonês, Inglês
- ^ Tbilisi — Capital City of Georgia (Part One) — YouTube
- ^ Столица Грузии
- ^ თბილისი > გეოგრაფია და ბუნება (хъиз.)
- ^ "Численность населения Грузии с разбивкой по городам и районам на начало января 2015—2020 гг". Национальная статистическая служба Грузии. Щвей 2020-05-04.
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameter:|deadlink=
(help); External link in
(help) (инг.)|publisher=
- ^ a b c "Группировка городских населённых пунктов по типу и численности населения (Urban settlements by type and by size of population)" (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (2016-08-09). Щвей 2016-05-02.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help); Unknown parameter|subtitle=
ignored (help) - ^ a b c "Группировка сельских населённых пунктов по численности населения (Rural settlements by size of population)" (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (2016-08-10). Щвей 2016-05-02.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help); Unknown parameter|subtitle=
ignored (help) - ^ Поспелов 2002.
- ^ Месторасположение Archived 2013-03-27 at the Wayback Machine Муниципальный портал Тбилиси
- ^ a b Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебгнп
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ "Статистический ежегодник Грузии. 2016 год" (PDF) (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (PDF) (2017-04-19). Щвей 2017-04-21.
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameter:|subtitle=
(help); Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)
Адабият
хисизабизе- Поспелов Е. М. Географические названия мира. Топонимический словарь / отв. ред. Р. А. Агеева. — 2-е изд., стереотип. — М.: Русские словари, Астрель, АСТ, 2002. — 512 с. — 3 000 экз. — ISBN 5-17-001389-2.
Ссылки
хисизабизеТуплис Викигъамасалда | |
Туплис Викидалилалда |
- Тулпис шагьаралъул мерия Archived 2011-01-05 at the Wayback Machine
- Символика, история, информация и многое другое о Тбилиси Archived 2021-04-12 at the Wayback Machine
- Тбилиси в энциклопедии «Кругосвет»
- Путеводитель «Тифлисъ и его окрестности» 1913 год
- Картаялъул тӀамач K-38-78 Туплис. Масштаб: 1 : 100 000. БакӀалъул хӀал 1982 соналде. Басма 1983 с.
- Картаялъул тӀамач K-38-90 Марнеули. Масштаб: 1 : 100 000. БакӀалъул хӀал 1982 соналде. Басма 1983 с.