Хураса́н-Резави́ (парс خراسان رضوی‎ / Xorāsān-e Razavi) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Административияб марказ — Машгьад — халкълъул къадар ва ракьалъул гӀеблъи малъун Ираналъул кӀиабилеб шагьар.

Хурасан-Резави
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Машгьад
Тарих ва география
ГӀуцӀи 2004
ГӀатӀилъи 144 681 км²
СагӀтазул зона UTC+3:30, Риидалил заман и UTC+4:30
КӀудиял шагьарал Нишапур, Сабзевар
Халкъ
Къадар 5 593 079 чи  (2006 сон)
Гъунки 38,66 чи/км²
Расмиял мацӀал парс
курд
туркмен
Цифрабазул идентификаторал
Хурасан-Резави картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

География хисизабизе

Хурасан-Резави остан буго Ираналъул шималгун-бакъбаккул рахъалда. Шималалдаса ва шималгун-бакъбаккул рахъалдаса мадугьаллъуда буго Туркменистан, шималиябгун-бакътӀерхьул рахъалда Шималияб Хурасан, бакътӀерхьуда Семнан остан, жунубалъул рахъалдаса Жунубияб Хурасан ва бакъбаккул рахъалдаса гӀорхъи уна Афгъанистангун. Хурасан-Резави останалъул ракьалъул гӀеблъи буго 118,884 км² ва гьелъул рахъалъ тӀолго 31 Ираналъул останазда гьоркьо 6-леб бакӀ ккола.

Административияб бикьи хисизабизе

Хурасан-Резави остан бикьула 28 шагьрестаналда (мухъ).

Халкъ хисизабизе

Миллияб состав хисизабизе

Хозяйство ва экономика хисизабизе

Транспорт хисизабизе

Хурасан-Резави ккола 2004 соналъ Хурасан чанго бутӀаялда бикьун лъугӀарал останаздасан. Ракьалъул гӀатӀилъи — 144 681 км²[1], халкъалъул къадар — 5 593 079 чи (2006). ЦӀцӀикӀарасел — парсал, гьединго руго туркменал, курдал, тюрк гочардулеб миллат афшарал, балучал, гӀарабал ва пуштӀунал.

Экономика хисизабизе

Аслиял экономикаялъул отраслал — росдалаб магӀишат (ролъ, пурчӀина, пампа, шафран, цӀцӀицибил, чакаралъул чӀалкӀутӀан, гандури, памадурал), кванил, къохьол, текстилияб, металлургияб, автомобилияб, электротехникияб, нартгун-химикияб промышленностал, энергетика, бича-хиси, транспорт, нарт ва газ бахъи.

Машгьадалда буго «Мешхед Урбан Рейлвэй Корп» маххулнухлул оператор, «Табан Эйр» авиакомпания; чӀахӀиял предприятияздасан ккола — «Прома Хипермаркет», «Киан Сентр» и «Альмас-э-Шаргх» бича-хисиялъул марказал. Нишапуралда буго металлургияб комбинат «Хорасан Стил».

Туризм хисизабизе

Провинциялда руго гӀемер тарихиял ва тӀабигӀатиял бакӀал (минералиял иццал, гьитӀинал хӀорал, заповедникал). Хьвадул туризм цебетӀун буго. Хурасаналъул лъаблго останалда (Хурасан Резави, Шималияб Хурасан ва Жунубияб Хурасан) буго 1179 тарихияб ва маданияб кӀвар бугеб бакӀ.

2016 соналъ гьабураб цӀех-рехалдалъун останалъул бищун машгьурал шагьаразул сияхӀ[2]:

Хурасан-Резави останалъул бищун машгьурал шагьарал
 

Машгьад

 

Нишапур

БакӀ Шагьар Пачалихъ Халъалъул къадар  

Сабзевар

 

Торбате ХӀайдарие

1 Машгьад Машгьад 3,001,184
2 Нишапур Нишапур 264,375
3 Сабзевар Сабзевар 243,700
4 Торбате ХӀайдарие Торбате ХӀайдарие 140,019
5 Кашмар Кашмар 102,282
6 Кучан Кучан 101,604
7 Торбате Джам Торбате Джам 100,449
8 Тайбад Тайбад 56,562
9 Ченаран Ченаран 53,879
10 Серахс Серахс 42,179
Иццал: Statistical Center of Iran[2]


Рихьизе бакӀал хисизабизе

Машгьадалда руго имама Резал зиярат, Гогьаршад ва Молла ХӀайдар мажгитал, Мукъадасав Месропил арменияб гьатӀан, Надир-шагь Афшарил хоб, Шагьасул баняби. Нишапур шагьаралда руго ГӀатӀтӀарил ва Махрукил зияратал, ГӀумар Хайямил ва Камал-ул Мулкил хобал.

Гонабад шагьаралда буго некӀсияб гидротехникияб система «кариз», ЮНЕСКОялъул дунялалъул ирсалъул сияхӀалда жиб рехсараб[3].

Gallery хисизабизе

Гь. балагье хисизабизе

ХІужаби хисизабизе

  1. Statoids.com (инг.)
  2. 2,0 2,1 "Statistical Center of Iran > Home".
  3. Qanats of Gonabad-World Heritage

РегІелал хисизабизе