Шота Руставели

Гуржи поэт

Шо́та Руставе́ли (гуржи: შოთა რუსთაველი, хӀакъикъияб фамилия Торели гуржи: ტორელი) гӀ.-ш.1172–1216 — гуржиязул пикручи, пачалихъияв хъулухъчи ва шагӀир. Жиб гуржи ва тӀолгодунялалъул адабимяталъул бищун кӀвар бугел асаразул цояблхун кколеб "ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи" абураб хрестоматияб эпикияб шигӀруялъул автор.

Биография хисизабизе

 
Шота Руставели

ШагӀирасул гӀумруялъул хӀакъалъулъ информация буго цӀакъ мукъсанаб. ТӀибитӀараб версия буго, гьесул фамилия ггьев гьавураб Рустави абураб росдадаса бачӀараб бугилан. Живго Шотаца жиндирго фамилия хъвалеб букӀана «Руставели» гуреб, «Руствели» абун; гьелъ бихьизабизе бегьула Шота цо чӀван-къотӀараб росулъа гурев вукӀин. Рустави абураб цӀар бугел географиял пуктал гьеб заманалда букӀун буго чанго.[1]

Буго гьединго версия, Руставели абраб рагӀи тӀокӀцӀар бугилан абураб, жиб Рустави майорат кодоб букӀарав Шотал инсуего щун букӀараб. ШагӀирасул жиндирго фамилия буго батӀияб.

Жакъа къоялъги гьечӀо мухӀканал баянал шагӀир гьавураб ва хвараб къо-моцӀалъул, гьесул лъугьиналъул ва биографиялъул гӀемерисел бутӀабазул хӀакъалъулъ. ГьечӀо лъалеб жого гьесул инсул хӀакъалъулъ; гьечӀо мухӀканаб информация Шотал вацал-яцал рукӀиналъул, книаб-букӀаниги информация гьесул эбелалъул хӀакъалъулъ. «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» асаралъул ахириял мухъазда гьес жив месх вугилан хъван букӀаниги, чӀван-къотӀун абизе кӀоларо гьев месхетияв вукӀанин абун.

Шота цӀалулев вукӀун вуго Грециялда, вукӀун вуго Тамар пачахӀалъул хазиначилъун (батана гьесул гъолбас 1190 соналъул акталда). Гьеб букӀана Хъизихъалъул сиясияб къуваталъул ва лирикияб поэзия цебетӀеялъул заман.

Цо-цо тарихиял баянал щвезе бегьула Мукъадасалда бугеб Хъанчилаб килисаялъул Синодикаялдаса. XIII гӀасруялъул хъвай-хъвагӀиялда Шота рехсон вуго хъулухъги бицун. Жибго килисаялда буго сурат, жиндир хъвай-хъвагӀиялда Русьавели рехсно вугеб. Гьанисан гьабизе бегьула Руставелица килисаялъе кутӀудияб квербакъи гьабун букӀанилан абураб натижат.[1]

Гьомерил шигӀрабиги, Платонил философияги, теолгияги, риторикаги, парс ва гӀараб адабиятги лъалев Руставели вуссуна адабияталъулаб пишаялде ва хъвала шигӀру «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» — гуржи адабияталъул ва хъвагӀиялъул чӀухӀи.

Биценазул цоялда рекъон, цӀакъ Тамарахъ гӀищкъу ккарав Шотаца гӀумру рагӀалде бахъинабула килисаялъул хӀужраялъуб. Бицуна, XVӀӀӀ гӀасруялъул гуржи миторополит Тимофейида Мукъадасалда гуржиязул пачахӀзабаз бараб Хъанчил килисаялда Шотал хоб ва сурат бихьун бугилан. Цогидаб версиялда рекъон, Тамарахъ рокьи ккарава Шотаца ячун йигу Нина абурай гӀадан, ва бертадаса хадуб пачахӀалъул амру бачӀун буго гьелъие шагьас гьабураб адабияб сайигъат гуржи мацӀалде таржама гьабеян абун. Гьеб амру Шотаца тӀубан буго, амма жиндирго хӀалтухъ сайигъаталдаса инкар гьабун буго. Гьелдаса анкь индал, гьесул бетӀер къотӀараб жаназа батун буго. Гьев Мукъадасалде анин ва гьенив хванин абрал биценалги руго, амма гьезие далилал гьечӀо.[1]

РакӀалдещвей хисизабизе

 
Щота Руставелие бараб гӀарас.

ХІужжаби хисизабизе

РегІелал хисизабизе