Turkish Airlines
Turkish Airlines (тур. Türk Hava Yolları Anonim Ortaklığı, буссинабула Туркиялъул гьавамухъал гIадин) — Турциялъул аслияб гIадамал раччулеб компания, Истамбулалда аслияб чIейи бугеб. Компаниялъ тIоразарула Европаялъул, Азиялъул, Африкаялъул ва Америкаялъул 220 аэропорталдасан ва Туркиялда жаниб 42 аэропорталдасан рейсал. Авиакомпаниялъул аслияб хаблъун ккола Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк (IST), кIиабилеб иргадул хаблъун ккола Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Эсенбогъа, Анкара (ESB) ва Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен, Стамбул (SAW).
|
||||
1933 Халип:Флаг / Турция, Истамбул | ||||
Истамбул | ||||
Истамбул-Ататюрк | ||||
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Эсенбога Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен |
||||
Star Alliance | ||||
280 | ||||
304 (32 жанис. + 176 къватІ.) | ||||
ХІамди Жан Топчу, Темель Кёниль | ||||
2006 ва 2007 соназ аэропорталдасан раччун руго 17 млн ва 19,7 млн рекIарал[1]. Авиакомпаниялъул штаталда руго 12 000 хIалтIухъан.
2008 соналъул 1 апрелалдаса бахъун авиакомпания лъугьана Star Allianceялъул гIахьалчидъун.
Нахъ рилъарал авиакомпанияллъун ккола Anadolujet, SunExpress ва B&H Airlines.
Рорженал гьарулел рахъал
хисизабизеТурциялъул гьавамухъаз рейсал гьарула, Турциялъул 42 аэропорталдасан. Turkish Airlines ккола жанисел рейсал гьарулел компаниязул бищун цебесеб мухъда бугеб компаниялъун. Гьелъул конкуренталлъун ккола Onur Air, Pegasus, SunExpress (50 % Turkish Airlines компаниялъе бугеб) ва Atlasjet.
ЦIикIкIунисеб бутIа халкъалдагьоркьосел рейсазул Turkish Airlines компаниялъ гьарула Истамбулалъул Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркалдасан. Турциялъул гьавамухъаз гьединго гьарула 220 рейс Турция бахун къватIибхун, гIага-шагарго 108 пачалихъалде. Рейсал гьарула Атлантикияб океаналдасан Шималияб Америкаялде — Бостон, Вашингтон, Лос-Анджелес, Монреаль, Нью-Йорк, Сан-Франциско, Торонто, Чикаго ва Хьюстон, Жанубиялде — Богота, Буэнос-Айрес, Сан-Паулу.
Азиялда бищун кIвар бугел рахъаллъун ккола Бангкок, Гонконг, Гуанчжоу, Джакарта, Куала-Лумпур, Манила, Осака, Пекин, Сеул, Сингапур, Шанхай, Тайбэй, Токио, Улан-Батор ва Хошимин.[2]
Россиялде рорженал
хисизабизеАвиакомпаниялъ гьоркьоса къотIичIого рейсал гьарула Астраханалде, Екатеринбургалде, Казаналде, Москваялде (аэропорт «Внуково»), Новосибирскалде, Ростов-на-Донуялде, Санкт-Петербургалде, Сочиялде, Ставрополалде ва Уфаялде.
ХІужаби
хисизабизе- ^ ATW Daily News
- ^ Turkish Airlines продолжает рост на 15%, anna.aero (26th September 2008).