Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк
тур. Atatürk Uluslararası Havalimanı
IATA код: ISTICAO код: LTBA
МагІлумат
Хважаин/Эксплуатант TAV (Tepe-Akfen-Ventures)
Хъулухъ гьабула Истамбул
Бана 1924 соналъ
Ралъдал уровеналдаса борхалъи 50
Координатал 40°58′34″ ш. гӀ. 28°48′51″ бб. х.HGЯO
Турция: жеги гьечӀо позиционияб карта.
Терминалал 2
БакІалъул заман UTC +2
ХІалтІулеб заман сордо-къоялъ
Веб-сайт www.ataturkairport.com
Роржунел-чІолел мухъал (РЧМ)
Номер Размерал Бахчи
17L/35R 3000 бетон
17R/35L 3000 бетон
5/23 2580 асфальт
Статистика (2011[1])
ГІадамазул къадар (лъагІалие) 37 452 187

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркил цІаралда бугеб (тур. Atatürk Uluslararası Havalimanı, инг. Atatürk International Airport) (IATA: IST, ICAO: LTBA) — ккола Турциялъул бищун кІудияб аэропортлъун. Гьеб буго Истамбулалъул Европаялъул рахъалда. 2012 соналъ гьенисан яги гьенире роржаразул къадар бахана 45 млн чиясде (Европалда 6 бакІ ва дунялалдаго 20 бакІ).

СултІанахІмет абураб тарихияб байданалдаса 24 км. рикІкІад ккола, Мармар ралъдал рагІалда. 1980 соналдасан байбихьун аэропорталъе кьуна МустІафа Кемаль Ататюркил цІар  — ГІусманияб халифат биххизабизе квер бакъарав ва гьеб биххун хадуб Европалъул пачалихъаз гІуцІцІараб, гІилманияб Турция республикалъул тІоцевесв президент.

Аэропорталда буго кІиго терминал: халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул. Халкаъалдагьоркьосел рейсазул терминал бана 2001 соналъ, жанисел рейсазулаб бана 1970-ел сс. Халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул терминалал цоцада хурхинарун руго ракьуда гъоркьан гьарурал нухаз.

Аэропорталда буго терминалалда хурхараб отель. Гьелдаса батІиябги, аэропорталдаса 5-мильалъул радиусалда руго дунялалдаго рикІкІунел гостиницабазул сеталъул гостиницаби - Radisson SAS, Marriott International, Holiday Inn, Four Seasons ва Sheraton.

Аэропорталъул территориялда буго Turkish Airlines авиакомпаниялъул бетІераб офис.

Транспорталъул хурхен хисизабизе

Аэропорт рекІинабун буго Аксарай районгун метроялъ. Гьеб уна шагьаралъул европаялъул бутІаялъул цо чанго чІахІи-чахІиял районаздасан; шагьараздагьоркьосеб автобусазул вокзалги гъорлъе бачун.

Автобусаз аэропорт рекІинабула: Такъсим, Этилер ва Козъятагъы районалгун.

Авиакомпанияби ва роржунел рахъал хисизабизе

 
Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк.
 
 
 


Хадур рехсарал авиакомпанияз рейсал гьарула алкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркалде:

Ссылкаби хисизабизе


ХІужаби хисизабизе