КӀудияв ГӀумахан

Аваристаналъул кӀудияв нуцал, сиячатчи, рагъул цевехъан, жиндир заманалда авар пачалихълъи цебетӀей завалалде бахарав

ГӀумахан V (Омар-хан[к 1]) КӀудияв[4] гьединго КӀудияв ГӀумахан[5][6][7] (1761 яги 1762, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — 22 март 1801, Билкан, ЧӀарахъ бо) — кӀудияв аваразул нуцал 1774 соналдаса 1801 соналде щвезегӀан бетӀерлъуда вукӀарав.[8]

КӀудияв ГӀумахан
КӀудияв ГӀумахан
КIудияв ГIумахан. Т. Гъапуровасуо сурат
Байрахъ
Байрахъ
Аваристаналъул хан (нуцал)
17741801
Цеве вукІарав: МухӀаммад-нуцал IV
Хадув вачІарав: Гебек-хан I
 
Дин: Ислам
Гьави: 1761
Хунзахъ, Аваристан
Хвей: 22.03.1801
#перенаправление Шаблон:ХварабБакІ[1], цогидал иццазда рекъон
  1. перенаправление Шаблон:ХварабБакІ[2]
Вукъун вуго: ЧІар росулъ[1]
Тухум: Нуцалзабазул тухум
Эмен: МухӀамад-нуцал IV
Эбел: Хайдакъуцумил ХанмухIамадил яс Баху
Лъади: 1-сей чӀужу: Хайтакъаса Хъистаман
2-лей чӀужу: КIилъилай — МухIамад-Мирзал яс
3-лей чӀужу: Дареджан Абашидзе — Имеретиялъу князь Евген Абашидзел яс.
Лъимал: 1-й чIужуялъе гьаюрай: Баху-меседо
3-й чIужуялъе гьаюрай: Йахсай-ПатIимат
Сурхайхан, Гебекхан
Миллат: МагӀарулав

Авар нуцаллъиялъул тахиде ГӀумахан вачӀана 12 яги 13 сон бараб гӀужалда, Хубаялъул хан ПатагӀалилгун къотӀи гьабулаго чияца рекӀкӀ гьабун жиндир эмен МухӀаммад-нуцала IV чӀван хадув.[9][10][11].

КӀудияв ГӀумаханил заманалда Аварское нуцаллъиялъул гӀурхъаби гӀатӀилъана аваразул эркенал боял цолъизариялдалъунги,[12].|group=к}}, сверун ругел территориял мутӀигӀ гьариялдалъунги.[13][14].

КӀудияв ГӀумахание магъало кьолаан гуржиязул пача II ГьерекӀлица, Дербенталъул ханлъиялъ, Хубаялъул ханлъиялъ, Бакуялъул ханлъиялъ, Ширваналъул ханлъияялъ, Шекиялъул ханлъиялъ, Ахалсихъ пашаясги.[15][16] Гьезда гуребги, магъало тӀад лъун букӀана Гъарабагъалъул ханлъиялдаги,[17] Тушетиялдаги,[18][19] чачаназдаги.[20][21]. Гьесие мутӀигӀаб букӀана ЧӀарахъ республикаги.[22]

Биография хисизабизе

Гьесул эмен вукIун вуго МухӀамад-нуцал IV, эбел – Хайдакъуцуми ХанмухIамадил яс Баху. МухIамаднуцалица Баху ячун Йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тIурун Хунзахъе рачIараб мехалъ. 17411743 соназ магIарулаз авалияб кьабгIен швезабун буго «дунялго жиндасан хIинкьулеб» Надирида. Надирица 1742 соналда Хунзахъе ритIун рачIун руго Сурхайханги Хаспулатшамхалги. Гьез абун буго: «Надирииа гьарулеб буго жиндихъе гъоркь – лъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила». МухIамаднуцалица жаваб кьун буго: «Дица гIадамалги кьеларо. Надирида данде тIарамагъадисеб гамачIги багъизабила», – ян.

ГI. Бакихановас хъвалеб буго:

  XVIII гӀасруялде щвезeгIан магIарулал гьедигIан рагIарал чагIи рукIинчIила, гьелдаса нахъе гьезул къуватги, цIарги тIибитIанила кибго Кавказалда  

.

Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагӀирасул кечI:

Кьерун чIая, чIужу, мун
ЛекIи вачIине гурин,
Чармидаса къвакIараб
ЛекIиясул ракI бугин,
Багъдадазул кьергицин
Гьесде данде чIоларо».

ГIумаханасул талихIаб лъимерлъи халатбахъун гьечIо. 1772 соналъ ЦӀоралда чIван руто гьесул имгIал МухIамадмирзаги гьесул вас Булачги.

«Хунзахъ тIалагIанаб тIухьи арабин.
ТIолабго кьвагьаги гьитIинав Булач?
ТIалтIа бараб сигIан гьир харил анин,
Кинабго бухIаги МухIамадмирза?

1774 соналъ гьезул рецIел босизе арав МухIамаднуцал рекIкI гьабун чIван вуго ФатагIали–ханасул чадпралда жанив. ГIумаханасда тIаса гьитIинго ун буго инсул кваркьи. Гьев гьитIииго кIудияв гIун вуго, 15 сон байдал. гьесне гьабун буго хвалчен бухьи – вас гIеялъул байрам. ГIумаханас дагьал чагIиги цадахъ рачун сверун (С.55) буго кинабго улка, щун вую киналго кIудиял ро – сабалъе. Гьев рещтIунев вукIун вуго мажгиталда. Гьес магIарулазул росабалъ абулеб букIун буго: «Дун вуго нужер росдал гьобол. Нужеда лъала дида тIад бугеб налъи, дица рецIел босизе ккола ФатагIалиханасдаса дир инсулги, имгIаласулги, вацгIаласулги, цойги гьезда цадахъ чIварал гIагаразулги. Нужеца кумек кьечIони, дида гьеб босизе кIоларо», – ян. ГIумаханас церехъабазе, гIалимзабазе кьолел рукIун руго сайгъатал. Гьес абулеб букIун буго: «ГIадамасе сайгъат къохьое нах гIадинаб жо буго. Инсан гьелъ тамах гьавулаян».

ГIумаханасул лъудби хисизабизе

ГIумаханас ячун йиго ункъо чIужу. ТIоцеесей йикIун йиго яцгIал – МухIамадмирзал яс КIилъилай. Гьей йикIун йиго цIодорай, рагIи чIарай. Гьелъие букIун бугоханасул магъалоялъул бутIаги. Гьелъул букIун буго гIемераб бечелъиги, цIакъ къачIарал рукъзалги. МагIарулазул кици буго: «КIилъилалъул гьиниш, ГьетIарасул сийищ?» Хадусей ккола ХъистIаман – Хайдакъуцумиясул яс, Бахумеседол эбел. Лъабабилей чIужу – Дарижа (Дареджан) Абашидзе. Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс. Гьей йикIун йиго берцинлънялъул цIар бугей гIадан. ГIумаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехаль. Гьелда цадахъ ГьерекIли кIиабилес кьун буго 3 гIала, 1 барти, 3 лагъ – гъаравашги. Гьезда гьоркьоб букIун буго цо гIараб тайпаялъул гIала, «Дарижал гIала» абун бицен хутIун буго гъелъул магIарулазда гьоркьоб. Гъарабагъалъул Ибрагьим – ханас бачIараб бартиялдасанги гьеб гIалаялдасанги лъугьун буго магIарухъ цIияб чуязул тайпа. Чуязул элхъи (завод) нуцалазул букIун буго цIакъго цебего. Элхъи риидал букIунааннла ГIарахъ – магIарда, хасало – ЗагIиб. ГIумаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: «Дугърил гIули гIадин риччан тун ругила». Ячун йиго ГIумаханас КIванада росулъа ясги. Гьеб иш ккун буго гьадин. Бодулнухдасан унаго рекIаралгун, лъелалгун нуцал шун вуто КIванаде. Руччаби, лъимал тIох – тIохазде рахун ралагьун рукIун руго. Циндаго абулеб рагIун буго: «Гьагъав нуцаласул лъадуеги гьаб дунялалда гьагъасда аскIойги йикIун алжанги кьелеб батани, гьев дурги битIараб гуро, БетIергьан», – илан. Киналго эхеде ралагьун рую, йихьун йиго гьайбатай гIолохъанчIужу. ГIумаханас ячун йиго гьей. Рокъор ругез цIакъго рахIат тун гьечIо. Ханас цIар тIамизе ккун буго. Гьельул адаб гьабун КIванада росдадаса магьалогн рехун буго.

ГIумаханасул кумекчагIи хисизабизе

Бодул бетIерлъун (гьесда абулеб букIун буго майиндурилан) вукIун вуго ГIумаханасул яцалъул рос Чупан. Гьев киналго рагьаздаги гIахьаллъун вуго. Нахъа Чупан беццлъун вуго. ГIумаханас, беццав вугониги. Чупан цадахъ вачунев вукIун вуго. Халкъияб кочIолъ гьесдасан абун букIуна: «ГIакълу камиллъарав беццав Чупанилан».

ГIумаханасул тIоцевесев вазир вукIун вуго ГьоцIалъа ГIалиханил ГIалисканди, кIиабилев имам ХIамзатил эмен. ГIалисканди цIодорав. бахIарчияв чи вукIун вуго.

КIиабилев вазир вукIун вуго Хъазантидада. Гьесде гIурус документазда Дадайин абун букIуна. КIиабилев вазирасда тIадаб букIун буго магъало бакIариги, дулугъ бахъинги, бегиги, ханзабазул хъалаялъул гIадлуги. Хунзахъа Дибиркъади вукIун вуго Аваристаналъул къадиги. ГIумаханасул мирзаги (секретар). Гьесда лъалеб букIун буго лъабго мацI: гIараб, фарс, турк. Дибиркъадица гьел мацIазул словарьги гьабун буго. ГIумахан хведал Днбиркъадица гIараб мацIалда поэмаги гьабун буго. Гьел гурелги, ГIумаханасда аскIор киназго рикIкIунел чагIи рукIун руго Гушу (Гунаш), ГIадалав, ГIали, Гари.

Бодул санарал хисизабизе

Аваразул пачалихъалда рукIана киназдаго лъалел болнухал. Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тIохда чIвалеб букIун буго рагъулаб байрахь. «ТIалла байрахъ чIвала бодул кьал ккани» – ян буго халкъияб кочIолъ. Цинги Тобтида чIвалеб букIун буго чадир. Гьелдаса хадуб ГIалагIарталда данде ахIулеб букIун буго 50 росдал бо. Гьеб букIун буго хундерил бо. Гьеб богун къватIиве вахъунев вукIун вуго ГIумахан Игьалиие, Болъи.хъ, КIаратIе, ГIахьвахье, Анцухъе. Гьидалъе. ТIелекье, Ругъжаве. ЧIарале, Гъолоде. Нагагь болъе вахъинчIев чиясда лъолеб букIун буго рогьодал гIакIа.

Гъолода данделъулел рукIун руго ЦIоралъул магIарулазул боялги. Бодулъ 15 – 20 азарго чи гIолев вукIун вуго. Рагъал гьарун ГIумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 кьояль сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази (лъабцIул), къварели Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гIарадабиги рачун, Гумущ (9 моцIаль сверунги ккун). Салян, 1785 соналда.

Тифлис хисизабизе

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: (С.56) «Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикIкIун хIалкIоларо», – ян. Неверовскияс хъвалеб буго ГIумаханасе магъало кьолаанила ЦIоралъул 17 вилаяталъ. Нилъеда цIарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букIун буго 115 азарго гIарцул гъуруш, , хутIаразги гьедигIан кьолеб букIун батани, гьеб ккола 230 азарго гъуруш. ГIумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги, яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кIун букIинчIо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакIаризе. Щибаб соналъ вазир ГIалискандил бетIерлъиялда унел рукIун руго гьеб магъало бакIаризе хъулухъчагIиги нукарзабиги. БакIарун бачIараб магъало кьолеб букIун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе. Гьес гьеб сокIкIунеб букIун буго цагърахъ ва санкIахъ.

Гьеб хазина ГIумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букIун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе. Бахумеседо имам ХIамзатица чIвайдал гьабураб магIуялъулъ руго гьадинал рагIаби: «ГIарцул лал тIамурав шагь ГIабасил яс...» ГIумахан данде кколев вуго ираназул цIар рагIарав шагь ГIабасида. Щиб жоха «гIарцул лал?» ТIоцебе дида гьелъул магIна лъачIо, дагь – дагьккун хадув гъуна гьел рагIабазул магIнаялда.

ГIумаханас бахъун буго ГьерекIли кIиабилесул магIданалда тIад бараб Гумушхъала. Гьениса нахъе баччун буго бацIцIадаб гIарац ва хIамузда, гIорцIабазда, варанабазда лъун бацIцIад гьабичIеб магIдангун (руда) Хунзахъе шведал, ханзабазул гьиналда аскIоб бекизабун буго тIалу, гьабун буго гьоцIо. Гьабизабун буго кIудияб михир, вахъун чIарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тIамун буго «гIарцул лал», хадуб рехун буго, лалго гIадин хутIараб «тIоршел» лъаралъ чурун буго. Лал тIамун лъугIун хадуб ГIумаханасе бахъун буго лъабго къали гIарцул (43 кг.)

ГIумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гIарцул магIдан (руда) балагьизе. Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магIдан лъалел гIадамал. Нукарзабигун цадахъ гьез сверун буго Аваристаналъул ракь. Гьезда гIарцул магIдан батун буго ГьимагIурул тIарада. Живго нуцал цадахъ чагIигун ун вуго гьениве. Рагьун буго гьениб гIарцул магIдан, хIамуз, гIурцIмуз Хунзахъе баччун буто гьеб. Гьелдаги тIамун буго «гIарцул лал». Гьеб магIданалда гъорлъ гIарац мукъсанго батун буго.

ГIумаханас кIвар кьолеб букIун буго росдал магIишаталдеги. ЦIоралдаса ккурал лагъзалерида гъорлъа ралагьун руго церет пиринчI бекьулел рукIарал чагIи. Гьолокь росдал АваргIурул рагIалда бугеб Ахалахада абураб бакIалда бекьун буго пиринчI. Гьеб гьениб барщулебги букIун буго. Гьолокь ГIумаханасул букIун буго кIудияб ракьги, рукIун руго рукъзалги. 1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухIамадханасдаса лъутун рачIун руго Ибрагьимханги, Бахтикаги, лъималги.

Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукIун руго дунял хинлъизегIан. Жиндирго ракьалда Гьолокьги ЛъагIилухъги бекьизабун буго самсаму (цIоросаролъ).

Гьолокьги ЛъагIилухъги букIараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго. Гьелдаса хадуб гIурусаз къазнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букIун буго. ЦIоралдаса ГIумаханасе ритIулел рукIун руго пихъил гъутIби (нуцабазул кокон, сабудаса гIеч). Къоло шуго соналъ гьабун буго ГIумаханас нуцаллъи. Гьес чIвазе къотIун буго цо чиясе – гьелдаги гьесул ракI бухIун букIун буго. ГIумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай – хъвагIайги. Гьеб хIалтIи тIадкъан буго дибирзабазда. Хадуб данде босун буго къадар.

Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукIун вуго нусазарго чи. ГIумаханасул заманаялда цIикIкIун букIун буго магIарулазул жанисан гъунки. Киназдаго бичIчIун буго жал цо чагIи рукIинги, ГIумахан нуцал вукIинги, цо тахшагьар букIинги. Гьеб цокIаллъиялъги гъункиялъги магIарулазе квербакъула Надиршагь щушахъ виххизавизеги. Гьев нуцаласул рагIи Кавказалъе къанунлъун лъугьун буго. Жанисан гъункичIеб хIукуматалъ къватIире кьалбалги риччаларо. Гьелъие нугIлъи гьабулел кочIол мухъал нахъеги хутIун руго:

 
МегIер гIандадерил.
ГIи буртиязул.
Ясахъ ГIумаханил
ГIажаибаб жо.
 

1800 соналъ Тифлисалде бачIуна инаралзаби Лазарев ва Гуляковасул бетIерлъиялда гIурусазул аскар. Гьеб аскаралде мугъги чIван, гуржияз магъало кьоларо. ГIумахан аскарги бакIарун Тифлисалде тIаде ун вуго. Цо бутIа гуржиязул магIарулазул рахъалда букIун буго. ГIурусазул аскаралъ нух ккун буго магIарулазе. Нуцалас буюрухъ кьун буго, гIурус аскарги рештIаралъуб тун, цере аян. МагIарулазул бо сордо базе рештIун буго. Сордоялъ рилъун гIурусаз нахъойги нух ккун батун буго. МагIарулаз рагъ гьабун гьечIо, ругелъур гIурусалги тун Тифлисалдехун ун руго. Лъабабизеги Иори гIурул рагIалда гIурусаз нух ккун батун буго. Гьеб мехалъ нуцалас (С.57) буюрухъ кьелалдего, АхIмадхан юрталъул боги бачун гIурусазде тIаде кIанцIун вуго, рагъ гьабун буго. ГIурусал нахъе къан руго. Вазир ГIалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лъутун руго. ГӀалисканди богун гIурус аскаралде нахъе лъугьун вуго.

ГIурусаз батальонал, гьоркьор гIарадабиги лъун, ункъбокIон (каре) гьабун чIезарун руго. ТIаде гIарададул сачмаги гуллаги байдал, АхIмадханил бо тIурун буго. ГIумаханас цойгидал боязе тIаде кIанцIизе буюрухъ кьун буго. Гьезулги жо ккун гьечIо. Цинги живго ГIумахан кIанцIун вуго тушманасде тIаде («угъузилал рачун, дайтилал рачун, маххулъан бер баккун хунз цадахъ рачун»). Нахъе къалел ругел магIарулазда гьес гьарулеб букIун буго: «Нужеца яхI бахъе, гIолохъаби! Нилъеда данде гьал чIоларо», – ян.

Гьел тIуридал, живго тIаде ун вуго тушманасде. Гьесда сверун ругел Гушу, ГIалибулат, гьесул гIагарал чагIи – дайтилазул анлъгояв гIарададул сачмаялъ гъурун руго. АскIор хутIараз ГIумахан нахъеун вуго. Боги нахъе биччан лъукъарав живго ЧӀарахъ чIун вуго гьев. ТалихIкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.

ГIумахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда. Бицен букIуна гьесие загьру кьун бугилан. Гьеб хIалтIи гьабун бугин абула гьобол ХIалаж ГIабдулагьицаги гьесул рагьтIател АхIмадил ГIашибицаги. ГIумахан вукъун вуго ЧӀарахъ росдал мажгиталъул азбаралда[23].

Адабият хисизабизе

  • ГIалибег Хъазанбиев. ХIакъикъат. №№236–248. 2000. Гь.54–59. Макъала "КIудияв ГIумахан (1761 – 1801 сс.)"

ХӀужаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 Мирза Адигезал-бек КАРАБАГ-НАМЕ
  2. Аббас-Кули-ага Бакиханов. Гюлистан-и Ирам / Буниятов З. М. Баку, 1991
  3. Алиханов 2005.
  4. Х. Геничутлинский. Историко-биографические и исторические очерки / Пер. с араб. Т. М. Айтберова. — Дагестанский научный центр РАН. — Мх., 1992.
  5. Атаев Б. М. Аварцы: язык, история, письменность. — Махачкала, 2005, стр. 192—193
  6. Гаджиева М. Н. Аварцы. История, культура, традиции. С. 14
  7. Омарова Г. А. Некоторые аспекты политики аварских ханов в отношении России (XVIII — нач. XIX в.)
  8. Р. М. Магомедов, А. М. Магомедов. Хронология истории Дагестана. — Институт востоковедения РАН. — Мх.: Эпоха, 1996. — 200 с. — ISBN 978-5-98390-111-7.
  9. Б. Г. Алиев. Традиционные институты управления и власти Дагестана XVIII — первая половина XIX в.. — Институт ИАЭ ДНЦ РАН. — Мх., 2006. — 378 с.
  10. Бакиханов 1991.
  11. Искендер-бек Гаджинский. Жизнь Фет-Али-хана Кубинского // газета «Кавказ». — Халип:Тф., 1947. — № 48.
  12. Вольные общества Дагестана // Большая советская энциклопедия. — М.: Советская энциклопедия.
  13. Ю. У. Дадаев. Государство Шамиля: социально-экономическое положение, политико-правовая и военно-административная система управления. — Мх.: Ихлас, 2005. — Гь. 21.
  14. Б. М. Атаев. Аварцы: язык, история, письменность. — Дагестанский научный центр РАН. — Мх., 2006. — 287 с. — ISBN 5-94434-055-X.
  15. А. А. Неверовский. Краткий исторический взгляд на северный и средний Дагестан до уничтожения влияния лезгинов на Закавказье. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. военно-учебных заведений, 1848. — 44 с. — ISBN 978-5-518-06845-2.
  16. Я. И. Костенецкий. Записки об Аварской экспедиции на Кавказе 1837 года. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. Э. Праца, 1851. — 122 с. — ISBN 978-5-518-08193-2.
  17. М. М. Гасаналиев. Взаимоотношения России с Аварским ханством в 1774—1801 гг. // Вопросы истории. — М., 2012. — № 5.
  18. Хрисанф. Сведения об Аварском ханстве // История, география и этнография Дагестана XVIII—XIX вв.. — М. : Восточная литература РАН, 1958. — С. 273.
  19. Г. М. Мирзамагомедов, Н. И. Стоянова. Дибир-кади Хунзахский — письмоводитель правителей Аварии // Дибир-кади из Хунзаха и вопросы гуманитарного наследия дореволюционного Дагестана. — Мх. : Институт языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы Дагестанского научного центра РАН, 2012. — С. 20—45.
  20. У. Лаудаев. Чеченское племя // Сборник сведений о кавказских горцах. — Халип:Тф.: Халип:Тип. Главного управления Наместника Кавказского, 1872. — Вып. 6. — ISBN 978-5-4458-0423-9.
  21. Ф. В. Тотоев, П. А. Кузьминов. Общественный строй Чечни: вторая половина XVIII — 40-е годы XIX века. — Нальчик: Эль-Фа, 2009. — Гь. 238. — 374 с. — ISBN 978-5-88195-977-7.
  22. М. Г. Магомедов. История аварцев. — Мх.: Дагестанский государственный университет, 2005. — 250 с. Архивация 11 юл 2012 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl) "Архивированная копия". Архивация оригинал (2012-07-11). Халагьи 2017-12-22. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  23. "ГIалибег Хъазанбиев. ХIакъикъат. Макъала". Архивация оригинал (2015-07-28). Халагьи 2015-08-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Линкал хисизабизе


Цитатинабиялъул гъалатӀ: Для существующих тегов <ref> группы «к» не найдено соответствующего тега <references group="к"/>