Авар литература

Авар адабият» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар литературааваразул националаб литература, авар мацӀалда хъварал асаразул гӀаммлъи. Авар адабият бижана аваразул бечедаб фолклоралдаса, жинда гъорлӀ рокьулги кьалулги, историкиял халкъиял кучӀдул, маргьаби ва биценал гӀемераб. XV гӀасруялдаса байбихьана гӀараб графика хӀалтӀизабизе авар мацӀ хъваялъе; гьебго заманалъ раккана тӀоцересел адабиял асарал.

Цебесеб литература хисизабизе

Авар адабият гӀодосанго баккана халкъияб кӀалзул гьунаралъул формаялда. Цебесеб адабияталъул хасиятал руго маргьаби, биценал, кицаби ва бицанкӀаби эпикиял ва лирикиял кучӀдул. Ахирисез халкъалъул кӀалзул гьунаралдаги тӀолго адабияталдаги хасаб бакӀ ккола, гьезулӀ загьир гьарула халкъалъул тушманасде данде къеркьеялъул, рокьул тема, руго кучӀдул бодул церехъабазул ва чабхъад иналъул хӀакъалъулӀ. Гьел асарал, жал киналнги болмацӀалдаги ругел, кӀалзул формаялда цоцахъе кьун, тӀиритӀарал рукӀана аваразда гьоркьор. Гьез нугӀлъиги гьабула аваразул миллияб цолъи, бичӀчӀи, патриотизм букӀиналъе.

Гьунаралъулаб литература баккиялъул периодлъун рикӀкӀине бегьула XVII гӀасру. Гьелде щвеладе цо-цо авторалги ва асаразул дагьабго къадарги букӀун батани, XVII гӀасруялда авар адабият лӀугьана мухӀканаб мухъги хасал сипаталги жиндир ругеблъун. Миллияб адабияталъул цересел гӀадамазул гьунарлъиялъ гъорлӀе бачуна гьеб период XIX гӀасруялъул тӀоцебесеб анцӀсониде щвезегӀан. Гьеб заманалда адабияб гьунар букӀана Къудукьа Мусаласул, ГӀаймакиса Абубакарил, Кудалиса КӀудияв ХӀасанил, Хунзахъа Дибир-къадил, ГьаракӀуниса СагӀидил.

XIX гӀасру хисизабизе

XIX гӀасру, хасго гьелъул ахирисел анцӀсонал рикӀкӀине бегьула авар адабияталъул ренессанслъун, жинда жаниб авар поэзия цебетӀеялъе къуватаб импулс щвараб. Гьеб заманалъул гьунарчагӀи ккола авар поэзиялъул классикал: БакьайчӀиса ЧӀанкӀа, Инхоса ГӀалихӀажияв, Хьаргабиса МухӀамадбек, Этил ГӀали, ТӀелекьа ГӀамиргӀали ва МуртазгӀали, ГӀанхил Марин, Ругъжаса Элдарилав, ХъахӀабросулӀа МахӀмуд.

XX гӀасру хисизабизе

Совет литератураян абула революциялдаса хадуб, ай 1917 соналдасан байбихьун гӀуцӀараб адабияталда, Дагъистаналда Совет власть тӀубанго бергьараб сонлъун 1920 сон рикӀкӀаниги. Гьеб заманалдасан байбихьун магӀарулазул кинабго хӀаракат, захӀмат, литературияб иш хурхараб букӀана социализм гӀуцӀиялъул къеркьеялда.

1917 соналъ пача рехараб инкъилаб ккана, халкъазе эркенлъи щвечӀониги, гьелъ гӀатӀидго нух рагьана къеркьезе. Пача рехиялдаса рохарал киналго Дагъистаналъул шагӀирзабаз кучӀдузулъ къватӀире кьуна мискин халкъалъул пикраби. Гьезул кучӀдузулъ букӀана жидерго напсалъул ургъел гьаби гуреб, тӀолго мискин халкъалъул къисматалъул ургъел гьаби. Рекъарухъаби ва хӀалтӀухъаби ахӀулел рукӀана инкъилаб цебе бачине, эркенлъи тӀалаб гьабун къеркьезе. Жиб бижараб къоялдаса нахъе Дагъистаналъул совет литератураялъ гӀумруялда ккарал кӀудиял лъугьа-бахъинал: цӀияв инсан вижи, гӀадамазда гьоркьор цӀиял гьоркьорлъаби, гьудуллъи, вацлъи, цоцазул адаб-хъатир гьаби, щулалъи, миллатазда гьоркьоб гьуинлъи, божилъи цебетӀей тӀадегӀанаб даражаялда бихьизабуна.

Революциялъул тушбабазде, чияр гъийин цӀулел бечедазде ва гьединго чияр ракьал рахъулезде данде къеркьолаго Дагъистаналда бижун бачӀана батӀи-батӀиял миллатазул гьудуллъиялъул бухьен. Прогрессивияб поэзиялъ квербакъи гьабулеб букӀана инкъилабалъул къуватал гӀурус пролетариаталда сверун гъункиялъе. ХъахӀабросулъа МахӀмудица Февралалъул революциялде гьабураб кочӀолъ (1917 с.) кинабго мискин халкъалде хитӀаб гьабулеб букӀана цолъун къеркьезе рахъаян. Гьес кечӀ хъвана жиндирго миллат гуреб, тӀолго халкъалъул рахъ ккун, классияб мурадалда. Гьеб букӀана жеги поэт полкалда хъулухъ гьабулев вугеб мех, живго гӀадал батӀи-батӀиял халкъазул гӀолохъабазул пикраби революциялде руссунеб заман:

ГӀарабул аскарал кутакалилан
Кагътида бачӀуна битӀун энисан.
АхӀиларо кочӀой, кквеларо хочӀий,
ЧӀалгӀаде соролев гьечӀо гьав салдар.
Рикъзи тӀеренав гъоркь, тӀимугъ керчав тӀад
ТӀекъаб гӀумруялда гӀадалъ жоги бан,
Жал меседилаб бис, вуссина дунги
Дур нуралъ гвангъараб Дагъистаналде!

Февралалда ккараб инкъилабалдаса хадуб нилъер улкаялъул киналго халкъал рагъа-рачарана. Киналго миллатаз байбихьана къеркьей.

Зулмуялде данде къеркьезе, тушбабазде данде унго-унгояб кӀудияб ва законияб рагъ гьабизе тӀоцебе байбихьана гӀурус халкъалъ. Гьеб мустахӀикълъана реццалъе ва эркенлъи талихӀалъе. Инкъилабалъулъ гӀурус хӀалтӀухъабаз кколеб бакӀ бихьана аваразул шагӀир МахӀмудида, гьес кочӀолъ ахӀана:

Зодисан рештӀараб аятцин гуриш,
Гурун ругин гъуждул мискинзабаца.
Москва-Петербургалъ телдай бачӀана,
ТуманкӀ кодоб кквечӀев инсанго гьечӀин.

Эркенлъиялъе гӀоло къеркьей багъарана тӀолго Дагъистаналда. Мискинхалкъалда гьоркьоб тарбия кьеялъул хӀалтӀи гьабулеб букӀана революционераз, большевиказ, церетӀурал хъвадарухъабаз, шагӀирзабаз. 1917 с. май моцӀалда гӀуцӀун букӀана ДПАБ – Дагъистаналъул лъай кьеялъулгин агитациялъул бюро. Гьелъул бутӀрул рукӀана Уллубий Буйнакский ва Гьарун СагӀидов. МахӀач Дахадаевас ва Дж. Къоркъмасовас гӀуцӀун букӀана Дагъистаналъул социалистияб къокъа. Гьез къватӀире риччалел рукӀана газетал, листовкаби. Гьел тӀиритӀизарулел рукӀана росабалъ. Май моцӀалъул ахиралда Унсоколо рекьарухъабаз восстание багъаризабуна, хӀукуматалъул ракьал мискинзабазда гьоркьор рикьеян тӀалаб гьабун. Щаклъи гьечӀеб жо буго, МахӀмудил кучӀдуз мискинзабазул къеркьеялъе гъира-шавкъ базабулеб букӀин. ГӀемерисел гьесул политикиял кучӀдул нилъехъе щун гьечӀо, амма щварал бергьун гъваридаб магӀнаялъул ва пассихӀал руго:

Гьаваялда бакъул хьвади хисундай,
ХъахӀлъи тӀамулеб рахъ батӀияб бугищ?
БетӀергьанас росдай хурдай бачӀина,
Хасалил сардазда зобал гъугъанищ?
Гъорлъ-гъорлъ жеги пача чучун гьечӀилан,
Чарал харбал руго хважаинасул.
Хвараб жаназадул чӀагояб рагӀад,
Дунни божуларо букӀинин абун.

ШагӀир божарав вуго тӀекъаб гӀумру тӀагӀиналда, ритӀухъаб, гьайбатаб гӀумру тӀаде бачӀиналда. Хважаинзабазул «чарал харбазда» гьес гӀадалъ жо бана. МахӀмудил пикруялда рекъон, инкъилаб тӀолго халкъалъул иш ккола, гьеб гучаб чвахи ва цебетӀей чӀезабизе кӀолев чи вукӀинаро, «щвараб гӀор гьукъулев чи ватиларо».

Инкъилаб ккараб буго мискин халкъалъул мурадал цӀунун, гьезул гьудуллъи, вацлъи ва гӀаданлъи щулалъизабизе, «бачӀина бакъул къо дун тайпаялъе» - ян угьун хӀухьел биччалеб буго МахӀмудил гьалаглъараб кереналъ. Чан нухалъ гьев инжит гьавурав бечедаз, вухун, кьабун, тӀаде ццидалал гьаби гьусунги… Инкъилабалъул хӀакъалъулъ хъварал кучӀдуз нилъее нугӀлъи гьабула МахӀмудил битӀараб ва камилаб политикияб пикру букӀиналъе, гӀумруялъухъ гьев битӀун валагьулев вукӀиналъе.

1917 соналъул 3 апрелалда М.Дахадаевас «Заман» абураб газеталда хъван букӀана: «ГӀемерал гӀасрабазул тарихалда жаниб тӀоцебе Россиялда гьелъул халкъаз эркенго хӀухьел цӀана, цо кьабиялдалъун инкъилабалъ зулмудукь рукӀарал батӀиял халкъал гӀурус халкъгун цолъизе толареб букӀараб квекӀен тӀагӀинабуна… Жалго жидедаго чӀезе инкарги гьабичӀого, щибаб халкъ гӀедегӀулеб буго Россиялъул демократиялъул кьералгун цолъизе, гьелъул лозунгаздаса нахъе ккунгутӀизе, гьелъ киналго зулму, лагълъиялдаса эркен гьаруна».

Амма эркенлъиялде нух Дагъистаналъул шартӀазда цӀакъ захӀматаб букӀана. Революция цебетӀеялъе хасго квал-квал букӀана миллатал гӀемерлъиялъ, рухӀияб нахъеккеялъ, бечедал гӀадамаз.

Дагъистаналда дол соназ букӀараб ахӀвал-хӀалалъул сурат цебе чӀезабулаго, халкъияв поэт ЦӀадаса ХӀамзатица хъвалеб буго:

Ханзабазгун бегзабаз
БакӀ-бакӀаздасан речӀун,
Беццал магӀарулазда
БагӀараб цӀа бакана.
«Большевиказул хӀалтӀи
Хун бугиланги» абун
Халкъ цоцазде гьусизе
КӀвараб жигар бахъана.

Бечедаз жидерго бетӀерлъун вищун вукӀана ХӀоцоса Нажмудин. Гьес кӀудияб аскарги бакӀарун гъазават – «динияб рагъ» лъазабун букӀана большевиказда. Кавказалда капурзабиги нахъе гъун, бусубабазул хӀукумат гӀуцӀизе кколин абулеб букӀана. РухӀаниязул аслияв тушман вукӀана МахӀач Дахадаев.

М. Дахадаевасулгун МахӀмудил лъикӀаб гьоркьоблъи ва гьудуллъи букӀана. КӀудияв революционерасда лъалаан кочӀол рагӀул къуват, магӀарул халкъалда гьоркьоб МахӀмудил букӀараб къимт. Киназего баянаб жо буго 1918 соналда МахӀмуд МахӀачил тӀадкъаял тӀуразе росабалъе хьвадулев вукӀин. Жиндирго кучӀдузулъги гьес баян гьабулеб букӀана ХӀоцоса Нажмудин щив чи кколевали. Гьев шагӀирасул жиндирго тушманги кколаан. Октябралъул революция ккун хадуб Дагъистаналда Совет власть лъазабуна. 1918 с. марталда Нажмудин имам Петровскиялде тӀаде кӀанцӀана, гьениб жеги тӀубан щулалъичӀеб Советияб властги нахъе кьабгӀун, жиндирго режим чӀезабуна. Гьеб лъугьа-бахъин ккелалде цебе МахӀмудица кочӀолъ ахӀана:

Мискинаб халкъалда кьан бан хьвадарав
ХӀоцосев рагӀула жив имамилан.
Унго божиладай гьаб язихъаб халкъ
ГӀумру нахулъ араб къоркъочехьалда.
ГӀурус пачаясул божараб бахӀри,
Гьанже хӀапдеялъе сабаб лъачӀого.
МахӀач чӀвазе кколев капурчийилан
Кибго росабалъе ахӀи щай балеб?
Аллагьас тӀад тарав пача вугилан,
НикӀалай веццарал щай нечоларел?!

КӀудияв шагӀирасул политикиял кучӀдузул бергьун цӀикӀкӀараб кӀвар букӀана магӀарулазе революциялъулаб, интернационалияб тарбия кьеялъулъ.

ЦӀияб гӀумруялде бугеб магӀаралазул гӀищкъу кутакаб букӀана. Гьелъ батила мискинзабаз МахӀачилги, МухӀамадмирза Хизроевасулги, Муслим Атаевасулги ва цойгидал революционеразулги рахъ кколебги букӀараб. Граждан рагъул заманалдаго багӀарал партизаназул рахъги ккун, ЦӀадаса ХӀамзатица хъвана «Дунги нужеда гьоркьов» абураб кечӀ. Революциялъул рахъги ккун, ХъахӀаб росулъа МахӀмудицаги «РекӀелъ ияхӀ бугев аскӀовегӀан цӀай» абураб кочӀолъ рохел загьир гьабуна:

Ракьул бутӀа гьечӀел, бокьоб панз гьечӀел,
Гьаб бурангун лъугьа, дунял лъухьизе.

Литература цебетӀеялъе лъикӀаб квербакъи гьабуна Дагъистаналда кколел рукӀарал лъугьа-бахъиназ: къоабилел соназда рагьана чанго басмахана, къватӀире риччазе байбихьана газетал, журналал. 1922 соналъ басмаялда рахъана тӀоцересел букварал, цӀалул тӀахьал. Хадур къватӀире риччана батӀи-батӀиял тӀахьал, гьезда гьоркьор рукӀана художествиял асаралги: халкъиял кучӀдул, МахӀмудил къасидатал, поэмаби.

Совет власталъул заманалда хӀадурана гӀемерал учительзаби, врачал, инженерал, рагьана лъабго институт, цо университет, Дагъистаналда рахъана гӀемерал машгьурал, гьунар бугел гӀалимзаби. Кин бугониги, революциялда цебе авар литература цӀикӀкӀун бухьараб букӀана гӀелмуялда. Хъвадарухъаби рукӀунаан гӀалимзабилъун. Гьединаб къагӀида дагьаб чучлъана Совет власть бергьун хадуб.

Гьеб рахъалъан мисал босизе бегьулевлъун, гӀелмуги гъакълуги кочӀолъ бессарав шагӀирлъун ккола ЦӀадаса ХӀамзат. Гьесул «ГӀадатазул жул» абун цӀарги лъун, тӀоцебесеб камилаб тӀехь къватӀибе биччана 1934 соналъ. ХӀамзатида цадахъго литературиял асарал хъвалел рукӀана Заид ХӀажиевас, Ражаб ДинмухӀамаевас, Асадула МухӀамаевас, МухӀамад Хуршиловас ва цогидазги. Гьез жигар бахъулеб букӀана кучӀдул, поэмаби гурелги, харбал, къисаби, романал, комедияби хъвазеги. Амма абизе ккола, прозаялъул асарал жеги загӀипал рукӀанин.

Рагъул соназда нилъер литература лъугьана халкъалъул пикру бихьизабулеб гучаб алатлъун. Аслияб тема букӀана тушманасде бугеб гьалагаб ццин, ватӀаналде бугеб рокьи, бахӀарчилъи ва гьединго хияналъи. Хъвадарухъабаз хӀалбихьула магӀарулазул тарих цӀи гьабун, гьенисан ватӀан цӀунун рагъарал багьадурзабазул образал рихьизаризе. ЦӀадаса ХӀамзатица хъвала тарихияб поэма «Шамил».

Гьениб поэтас битӀараб къимат кьун буго «ракӀазда чаран лъурал» багьадурзабазеги, гьезул бетӀер Шамилица гьабураб рагъуеги, ракӀчӀезабулеб буго Дагъистаналъул васал кидаго бахӀарзал рукӀиналда:

Дагъистаналъул лъимал,
Лъиего рокьи гьечӀел,
Кьалде ккун хӀал бихьарал
БахӀарзаллъун рикӀкӀуна.

КӀудияб ВатӀанияб рагъул соназда ХӀамзатица бихьизабуна жив унго-унгояв патриот вукӀин, гьесул ццидалаб ва хӀалуцараб гьаракь багъана Дагъистаналъул кьурабазда:

Цадахъ ярагъ бухье, бихьинал-цӀуял, Бахьи гьечӀеб гӀумру гӀунтӀулеб бугин! –

Гьедин ахӀана халкъияв шагӀирас рагъ ккарал тӀоцересел къоязда радиоялдасан гьабураб хитӀабалъулъ. Рагъул заманалда гьев кӀвахӀ тун хӀалтӀула, басмаялда рахъула «ВатӀаналъе гӀоло» (1942), «Къисасалде!» (1944) абурал тӀахьал, «Базалай», «Рагъда дандчӀвай» абурал пьесаби.

1943 соналъ Заид ХӀажиевас къватӀибе биччараб «Кьалул кучӀдул» абураб тӀехьалда магӀарул гӀолиласул рекӀее захӀмалъула гӀалхулал фашистаз улка мерхьунеб букӀин, рагъде унеб мехалъ вижараб тӀалъиялде вуссун, гьелъул гьайбалъиялдаса чӀухӀун, бергьенлъи босизе букӀиналда ракӀчӀун, гьес абула:

Къо-мех лъикӀ, хирияб тӀадмагӀаруллъи,
ТӀогьода росарал дур расалъаби,
ХъахӀал тӀохал ругел дур рорхалъаби,
Лъарал гъулгъудулел дур гъварилъаби.

Гьединал гьайбатал сипатал гьарун, рекӀелъе рортулел рагӀабаздалъун хъвараб буго Заид ХӀажиевасул «Къо-мех лъикӀ» абурабги ва цогидалги асарал.

Берцинго хъвараб буго архивалда батараб Ражаб ДинмухӀамаевасул «Хиянатчи» къисаги. Рагъул соназда, кинабго совет халкъалъулго гӀадин, магӀарулазулги рухӀияб къуват щулалъана, адабият бечелъана, хъвадарухъабазда кӀвана гьайбатал образал гӀуцӀизе. Литератураялда гъорлъе лъугьана гӀолохъанаб гӀел: ХӀамзатил Расул, Мухтар Абакаров ва гь. ц.

ВатӀаналъе рухӀ кьун, рагъда хвана хъвадарухъаби ТӀагьиров Абакар, Ражаб ДинмухӀамаев, Мухтар Абакаров, лъукъун тӀад руссана Сулиманил МухӀамад, ГӀабдулмажид Хачалов.

Совет Союзалде тӀаде кӀанцӀун вахӀшияб рагъ байбихьидал Гитлерида ракӀалда букӀана нилъер миллатазул гьудуллъи щулияб гьечӀин, гьеб цо чармил зар кьабурабго бихъун инин. Амма фашистазе бокьухъе гуреб, гьелъул гӀаксалда ккана. Рагъалъ гьудуллъи тӀадеги щула гьабуна. Гьеб гьудуллъи ва вацлъи щулалъиялъул бицун хъварал руго авар литератураялъул гӀемерисел асарал.

Советиял халкъазул биххи гьечӀеб цолъи цӀакъго гьайбатал сипатаздалъун бихьизабун буго 1947 соналъ хъвараб ЦӀ. ХӀамзатил «Кремлиялде» абураб кочӀолъ. Гьеб кечӀ магӀарулазул халкъияб кечӀлъун лъугьана, киназдаго рекӀехъе лъала ва ахӀула панаяб макъаналда. КечӀалъе хасиятаб буго недегьлъи, хӀеренлъи, чвахун бачӀин ва тӀадегӀанаб цокӀаллъи. Гьеб кечӀалъ музыкаялъухъ гӀенеккараб мехалъ гӀадаб асар гьабула рекӀее, беричал сипатаз гьениб бахчун буго гучаб пикру ва магӀна:

Дир рекӀел тел буго тахшагьаралде
Тари гьечӀеб хӀобол кварида бараб
Берзул канлъи буго Кремлиялде,
КунчӀи меседилаб цӀваялъ гвангъараб.
Дица квер бан буго маххул кварида,
Халкъ тӀаделъаниги, тӀезе кӀолареб.
Мугъ буго дица чӀван кьурул сирталда,
Дунял тӀун аниги тӀуркӀизе гьечӀеб.
Нилъер ВатӀаналъул талихӀ бихьулищ
Тушбаби соролез сверухъе къараб?
Совет улкаялда баркула рохел,
Бергьараб къуваталъ къолден ретӀараб.

КочӀол магӀнаги куцги гьениб биххизабизе кӀолареб хӀалалъ цолъараб буго. ШагӀирас гъваридаб рекӀел тел битӀулеб буго тахшагьаралде, гьеб тел тари гьечӀеб куцалъ щвела гьенибе, шагӀирасул рекӀелаб бухьен буго кунчӀи меседилаб цӀваялъ гвангъараб Кремлялъулгун. Гьеб хурхен кидалго хвел гьечӀеб, кигӀан кӀудиябги къуваталда тӀезе кӀолареб буго. ШагӀирас мугъ чӀван буго дунял тӀун аниги, биххизе гьечӀеб кьуруялда.

ХӀамзатица гьудуллъи, совет халкъазул вацлъи релъинабулеб буго тӀолареб кьурул сирталда, гьесул ракӀ чӀараб буго гьудуллъи абадиялъ тӀуркӀизе гьечӀолъиялда. Нилъер ВатӀан талихӀаб буго, гьеб данде гьабураб, «сверухъе къараб» буго багьадурал халкъаз — «тушбаби соролез». Совет улкаялъ, кутакаб къуваталъул къолден ретӀун буго. Гьеб къуватаб къолден – кидалго биххилареб вацлъи ккола. Гьединаб магӀна бичӀчӀула ХӀамзатил кечӀалдасан.

Инсул ирсги босун литератураялъул лъикӀал гӀадатал ва гьайбатал къагӀидаби цере тӀезаруна Расул ХӀамзатовас – чанго премия босарав халкъияв шагӀирас.

Гьесул кучӀдузулъ руго пикраби: Дагъистаналъул культура ва магӀишат цебе тӀуна, щайгурелъул магӀаруласул ватӀанлъун Советияб Россия лъугьиндал, шагьаразул, росабазул, тӀабигӀаталъул гьумер гуребги, магӀаруласул хасият хисана, цӀилъана, вацлъи цӀикӀкӀана.

Совет власталъул заманалда магӀарулазул гӀумруялъулъ ккараб хиса-басиялъе къимат кьей, жакъасаб къоялъул тӀалабалда рекъон тарихиял лъугьа-бахъинал рихьизари гӀадал суалал аслияллъун лъугьуна Р. ХӀамзатовасул творчествоялда.

Жиндирго миллат цӀунулев чилъун гурев, тӀолго миллатал кӀодо гьарун гьезда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе гӀоло хӀалтӀана поэт. Жиндир росдаде ва Дагъистаналде бугеб гьесул рокьи кутаклъана гьел кӀудияб улкаялъул гьитӀинал бутӀаби ругин абураб пикру рекӀелъ щулалъиялъ.

1955 с. къватӀибе биччараб «Дагъистаналъул их» абураб кучӀдузул тӀехь лъугьана шагӀирасул поэзиялда жаниб иххлъун, гьесул тӀадегӀанаб пагьмуялъе нугӀлъун. «Гьесул кучӀдузул бищунго къиматаб рахълъун ккола гьел гучал, къуватал рукӀин, гьез шавкъ бижизабула» — ян хъвана 1955 с. Михаил Светловас.

Рагъдаса хадусел соназда хъварал лъикӀал асаразда гьоркьор рехсезе бегьула ЦӀадаса ХӀамзатил «Вехьасул къиса», ХӀамзатил Расулил поэмаби, лирикиял асарал, Асадула МухӀамаевасул «МагӀарулай» къиса, Заид ХӀажиевасул сатириял кучӀдул ва гь. ц.

КӀикъоялда анцӀабилел – лъабкъоабилел соназда авар литература цебе тӀезе лъикӀаб квербакъи гьабуна ХӀамзатил Расулил, Муса МухӀамадовасул, МахӀамад Сулимановасул, Машидат Гъайирбековалъул, ГӀумар-ХӀажи Шахтамановасул, ГӀадаллол, ХӀажи Гъазимирзоевасул, Фазу ГӀалиевалъул асараз. РакӀчӀола ХӀамзатил Расулил «ТӀадегӀанал цӀваби», «Дир Дагъистан», «МагӀарул къиса», «Къо бащалъукь щобда Дагъистаналда»; Муса МухӀамадовасул «Къисас», «Борч», «Горо-цӀер балелде цебе»; Фазу ГӀалиевалъул «МугӀрузул закон», «КӀиго микьир», «ХъахӀилаб цӀад»; МухӀамад Шамхаловасул «Дир эмен», «КӀкӀалахъ бахъараб кьвагьи», «Намус»; МухӀамад Сулимано­васул «Огниялда», «Рагъул нухазда» ва гьел гурелги нилъерго хъвадарухъабазул тӀахьал магӀарулаз гъираялда цӀалулел рукӀиналда[1].

Гьанжесеб авар адабият хисизабизе

Ралагье гьединго хисизабизе

ХІужаби хисизабизе

  1. https://infourok.ru/adabiyat-avarazul-sovetiyab-zamanalul-literatura-klass-3529558.html Саидова Сиянат Тимуровна. Аваразул советияб литература