Авар хъвай-хъвагIи ккола авар мацIалъул рагIаби хъвазе хIалтIизабулеб хъвавул система. Жиндир заманалда гьеб букӀана чанго батӀияб графикияб аслуялда, жакъа къоялъ буго кириллицалда.

Авар мацӀалда хъварал бищун некӀсиял хъвай-хъвагӀаял руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Авар-хъвай хъвагӀи цебетӀеялъул кӀиабилеб этап байбихьана XV гӀасруялда, гӀараб графика хӀалтӀизабигун; гьелъие кьучӀ лъурав чилъун рикӀкӀуна ГӀандиса ГӀали-мирза. XVIII гӀасруялда Хунзахъа Дибир-къадица авар гӀажамалъе реформа гьабуна мацӀалъул фонетикаялде данде ккезабиялъе[1].

Авар пачалихъ Россиялъул империялъул кверщаликье ккун хадуб ва авар мацӀалда тӀахьал басма гьаризе байбихьидал, авар гӀажамалъе гьабуна цӀияб реформа, гьелдаго цадахъ хӀалбихьи гьабулеб букӀана авар хъвай-хъвагӀи кириллицаялде бачине, амма гьелъул жо ккечӀо.

1928–1938 соназ авар хъвай-хъвагӀи букӀана латин алфабет, 1938 соналъ хъвай-хъвагӀи бачана кириллицалде, гьеб алфабет, дагьа-макъабго хис-басги гьабун, жакъа къоялъги буго хӀалтӀизабулеб.

Хъанчазда хъвай-хъвагӀаял

хисизабизе

Авар хъвай-хъвагIиялъул бищун некӀсияб гӀараслъун рикIкIуна Хунзахъ мухъалда батараб лъабго хъанчалда бугеб хъвай-хъвагIай, жибги гуржи ва авар мацIалда гьарурал. Гьезул цояб буссинабуна А. С. Чикобаваца 1940 соналъ; Хунзахъ батараб цIалана Т. Е. Гудаваца, ГьоцӀалӀ батараб буссинабуна К. Ш. МикагIиловас.[2]. Гьел хъвай-хъвагIаял гьарурал руго XII–XIV гIасрабазда.[3]

Гьалла батараб хъанчалда бугеб хъвай-хъвагӀиялъул транскрипция ва тармажа (гуржи текст — А.С. Чикобавада рекъон):

  1. ჯ(ვა)რი ქ(რისტ)ე—«Дж(ва)ри к(ристI)е» («КристӀил хъанч»)
  2. შ(ეიწყალ)ე თ(ეოდორ)ე წ(მიდა) —«ш(еицIкъал)е Т(еодор)е цI(мида)-» («гурхӀа (тӀаса лъугьа) Теодорида, мукъадасав»)
  3. ო თ(ეოდორ)ე: წ(მიდა)ო — «-о Т(еодор)е, цI(мида)о» («Теодор, мукъадасав»)
  4. სარკელი: წობ თეგ — «СаркIели, цIоб тег-» («Саркели, цӀоб лъеги/теги»)
  5. ი: ბოტბ ჩოჰლტა რო… — «и, ботI(а)б: чогь(о)лтIа: ро…) («киналго гӀагарал чагӀазда,»)
  6. : ჩჰე — «-в чи гье»
  7. სიტა — «-ситIа» («ва росасда»)
  8. ა(მი)ნ: (უფალ)ო — «Амин упало» («Амин БетӀергьан»)
  9. ღ(მერთ)ო: ჩ(ვენ)ო — «гъмерто чвено» («Нижер БетӀергьан»)
  10. გაბრ(იე)ლი — «Габриэли» («ЖабрагӀили»)
  11. დაიცუვ(ე)ნ — «даицувен» («цӀуне!»).
   
Гуржи хӀарпаздалъун гьарурал авар хъвай-хъвагӀаял тӀад ругел хъанчал

ГӀажам (XV–1928)

хисизабизе
 
Дибир-къадил гӀажам

Ислам тIибитIигун цадахъ Авар ракьалде бачIана гIараб хъвай-хъвагIи. Бищун некIсияб гIараб хIарпаздалъун гьабураб хъвай-хъвагIай буго Гъуниб мухъалъул Къорода росдал мажгиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида батараб, гьелъул дата чӀезабун буго XIV гӀасруялдалъун. XV гIасруялда гIараб мацIалда хъвараб Ибрагьимил вас ГIандуникI нуцаласул васияталда буго 16 авар рагIи, хисизе гьаричIел гIараб хIарпаздалъун хъварал. Гьеб васигат жиндир квералъ хъварав ГӀандиса ГӀали-мирза рикӀкӀуна авар гӀажамалъе кьучӀ лъурав чилъун.

XVI гIасруялдаса байбихьана авар хъвай-хъвагIи тIибитIизе. XVIII гIасруялда Хунзахъа Дибир-Къадица, авар мацIалъул фонетикаялде данде кколедухъ реформа гьабуна авар гӀажамалъе.

XIX гIасруялда Шамил имамасул диванханаялъул комиссиялъ бахъана ڸ хIарп, жинца /ɬ/ гьаракь бихьизабулеб (гьанжесеб Лъ). 1884 соналда Истамбулалда къватиб биччана гIараб хIарпаздалъун кьабараб авар мацIалда бугеб тIехь. Гьелдаса хадуб тIахьал басма гьаризе байбихьана Дагъистаналдаги; гIемерисел авар мацIалда ругел тIахьал басма гьарулаан Шураялда.[4]

ГIажам алипба:[5]

ا ب پ ت ث ج چ چّ خ خّ
ح د ر ز زّ س سّ ش شّ ص
صّ ط ظ ع غ ف ۊ ۊّ ک کّ
ڸ ل لّ م ن و ى

1920-л саназда гIажам хисизе гьабуна тIаде цIиял хIарпалги рахъун. Гьелги рукӀана гӀараб мацӀалда аналогал гьечӀел авар мацӀалъул гьаркьал рихьизариялъе цIиял хIарпал (гьенирго гъорлӀ рагьарал рихьизариялъе ишарабиги) Гьеб хисизабураб "ЦIияб" гIажам хIалтIизе гьабулаан 1928 соналде щвезегIан:[6][7]

ڗ ژ ز څ ؼ خ و ﻁ ت ش ڝ س ر ڨ ق پ او ن م لّ ڸ ل ک ى اى ﻉ ﺡ ﻫ غ گ اه د ڃ ﺝ ب ا

Рагьарал гьаркьал рихьизаризе хӀалтӀизарулаан хӀаракаби: фатхӀа اَ, касра اِ ва замма اُ. КӀиго гьаркьие — /e/ ва /o/ — рукӀинчӀо хасал ишараби, гьел рихьизаризеги хӀалтӀизарулаан касра ва замма, гьединлъидал гьел /i/ ва /u/ гьаркьал рихьизарулел ишарабаздаса визуалго ратӀа гьарулароан.

Усларил алфабет

хисизабизе
 
Авар алип, Усларица бахъараб

1860-л саназда, Аваразул пачалихъ Россиялъул империялъ бахъун хадуб, этнограф ва лингвист П. К. Усларица гIуцIана авар маIалъул тIоцебесеб грамматика (басмаялде бахъана 1889 соналъ). Гьеб грамматикаялда хIалтIизабун букIана дандеккун гьабураб кирилицаялъул алипба (цо-цо латин ва гуржи хIарпалги гъорлӀ ругеб). 1865 соналъ гьеб алипалда Туплисалда басмаялде бахъана «Ҭоцебесаб х̍ундерӀл мацаɳ̍ул жуз — Аварская азбука». 1860-л саназда басмаялде бахъана жеги цо чанго тIехь. Гьебго заманалда хIал бихьулеб букIана цIияб алипалда ругел тIахьаздалъун лъайкьей билӀинабизе, амма халкъалде гьоркьоб гьеб тӀибитӀичӀо.

БукIаниги, Усларил алфабеталда чанги тIахьал рахъана, гьезда гьоркьоб 1900 соналъ ТIелекьа Жаватханица авар мацIалде таржама гьабураб Йогьанил Инжил, 49 тIамач бугеб.

Латин алфабет (1928–1938)

хисизабизе
 
Авар алфабет (1928–1938)
 
Латин алфабеталда хъвараб макъала

1923 соналъ Пятигорск шагьаралда букIараб исламиял халкъазул данделъиялда цебе лъун букIана Дагъистаналъул мацIазул алипбаял латин хъвай-хъвагIиялде рачиналъул суал. Амма гьелде данде чIана интеллегенцияги диниял чагIиги. КIиабилеб нухалъ гьеб суал борхана 1926 соналъ. 1928 соналъул февралалда вилаяталъулаб комиссиялъулги Совнаркомалъулги цолъизабураб кӀиабилеб пленумалъ цебе лъуна масъала: Дагъистаналъул мацIазе латиналда ругел алфабетал гIуцIизе, гьездаго цадахъ авар мацIалъеги. Латин алип бахъана гьебго соналъ. Дагъистаналъул АССРалъул ЦИКалъ хIукму гьабун, 1930 соналъул 1 октябралдаса латин алфабет лӀугьана цохIо бугеб, хIалтIизабизе бегьулеблъун.

ТIоцебесеб латинаб алфабеталъул рукIинчIо бетIерал хIарпал[8]: a, b, c,  , d, e, g, ƣ, h, ħ, ⱨ, i, j, k, ⱪ, l,  ,  , m, n, o, p, q, ꝗ, r, s, ş, ꞩ, t,  , u, v, x,  ,  , z, ⱬ, ƶ, ’. 1932 соналъ латин алипалда гьабуна хиса-баси: тIаде журана бетIерал ва F f, Ç ç хIарпал, гьоркьоса бахъана  . Гьеб алфабет хIалтIизабулаан 1938 соналде щвезегIан.

Хисизе гьабураб латин алип:[9]

A a B b C c Ç ç D d E e G g Ƣ ƣ H h   ħ
Ⱨ ⱨ I i J j K k Ⱪ ⱪ L l Ļ     M m N n
O o P p F f Q q Ꝗ ꝗ R r S s Ş ş Ꞩ ꞩ T t
    U u V v X x         Z z Ⱬ ⱬ Ƶ ƶ '

Кириллияб алфабет

хисизабизе

1930-л соназул ахиралда СССРалда байбихьана кириллицалде алфабетал руссинаризе. 1938 соналъул 5 январалда Дагестаналъул обкомалъ лъазабуна Дагъистаналъул мацIазул алфабетал кирилицалде руссине гьари́. 8 февралалъ гьеб хIукму тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул АССРалъул ЦКалъ[10] 10 февралалда цӀияб авар алфабет бахъана Дагестанская правда газеталда.

Гьелдаса хадуб алфабеталда хис-бас гьабуна (тIаде жубана Ё, тIаса бахъана Тл хIарп). 1952 соналъул декабралда Историялъулги, мацIалъулги литературалъулги институталъул (АН СССРалъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб сессиялда хIукму гьабуна авар алфабеталде тIаде ЛI (мацIалъул хьолбохъан бахъулеб фонемабазул цояб) хIарп жубазе, ЦӀцӀ, ЧӀчӀ ва КӀкӀ бакIалда Ць, Чь ва Ӏк хIалтIизаризе, амма гьеб хIукму гӀумруялде бахъун гьечӀо.[11] 1993 соналъ гьебго суал цIидасанги борхун букIана ИЯЛИ ДНЦ РАН-алъул хъвай-хъвагIи бугел мацIазул рукIалиде ккезариялъул конференциялда, амма гьенибги жо ккечIо.[12] Гьанже авар алфабет буго гьадинаб:

А а Б б В в Г г Гъ гъ Гь гь ГӀ гӀ Д д Е е Ё ё
Ж ж З з И и Й й К к Къ къ Кь кь КӀ кӀ Л л Лъ лъ
(ЛӀ лӀ) М м Н н О о П п Р р С с Т т ТӀ тӀ У у
Ф ф Х х Хъ хъ Хь хь ХӀ хӀ Ц ц ЦӀ цӀ Ч ч ЧӀ чӀ Ш ш
Щ щ Ъ ъ Ы ы Ь ь Э э Ю ю Я я

Аслияб авар алфабеталда буго кинабниги 46 симбол, гьезул 33 буго гӀадатаб хӀарп, хӀутӀараб 13 — диграф, ай цогидаб ишара цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ), анцӀила ункъабилеб диграфлъун буго 1952 сонил реформалда рекъон бахъараб ЛӀ. Алфабеталъул 40 хӀарп хӀалтӀизабула авар мацӀалъул 51 гьаракь (жал рагьукъаб + в хӀарпал цадахъ лъун бихьизабулеб 23 лабиаллъараб гьаракь рикӀкӀинчӀого) бихьизабизе, лъабго хӀарпалъ бихьизабула [j] + рагьараб гьаракь, къараб ишара (Ы) хъвала гӀицӀго гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулӀ. КӀиго батӀияб хӀал бугел хӀарпаллъун ккола Е ва Ъ. Орфографияб рахъалъ авар рагӀаби абулеб ва хъвалеб къагӀидабазда гьоркьоб буго дагьабго батӀалъи. ХӀалуцарал рагьукъал рихьизарула гӀадаталгун минималал параби ругони: мах [mäχ]махх [mäχː], амма мех [meχː].[13]

Алфабетал дандекквей

хисизабизе
Кирилияб ИФА Услар Латин ГӀажам
а a а a آ ,ا
б b б b ب
в w в, у v و
г ɡ г g گ ,ڲ
гъ ʁ ӷ ƣ غ
гь h h h
гI ʕ ع
д d д d د
е e, je е e, je اِ ,اه
ж ʒ ж ƶ ج ,ڗ
з z з z ز
и i i i اى ,اِ
й j j j ى
к k к k ک
(кк) k͡xː кّ kk ک ,کّ
къ q͡χːʼ q q ق
кь t͡ɬːʼ ق ,ڸّ ,ۊّ ,ڨ
кI k’ қ گ ,ڲ ,ک
(кӀкI) k͡xːʼ хّ ⱪⱪ کّ
л , ɫ л l ل
лъ ɬ ɳ ļ ڸ
(лълъ) ɬ: ɳ̍, ɳّ ꝉ, ļļ ڸّ ,ڸ
лӀ t͡ɬː
м m м m م
н n н n ن
о o о o او
п p п p ف ,پ
р r р r ر
с s ç s س
(сс) с ss صّ ,ص
т t т t ت
тI ҭ ƫ ط
у u у u او
ф f f ف
х χ x x خ
(хх) χː х̍ xx خّ
хъ q͡χː k ӿ څ ,خّ
хь x h ҳ ؼ ,کّ
хI ћ ћ ح
ц ʦ s ڝ ,ز
(цц) ʦː ц ss زّ ,ز
цI ʦʼ ц̓ ڗ ,ز ,زّ
(цӀцI) ʦːʼ ц ⱬⱬ ژّ
ч ʧ ч c ج ,چ
(чч) ʧː ч̍ ش ,چ ,چّ
чI ʧʼ чّ ç چ ,چّ ,ڃ
(чӀчI) ʧːʼ ч̓ çç چّ
ш ʃ ш ş ش
щ ʃː ш şş شّ
ъ ʔ ء
э e е e اه
ю ju ju
я ja ja

Иццал: [5][6]

Ралагье гьединго

хисизабизе

РегӀелал

хисизабизе
  1. ^ Авар мацIалда хъвай-хъвагIай бакки (б-гь.). ORIENT | Новости, события, истории (25 декембер 2022). Дата: 25 декембер 2022.
  2. ^ Атаев 1998, гь. 23—25.
  3. ^ Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  4. ^ Алексеев 2001, гь. 24–34.
  5. ^ a b СагӀидилазул М. Аваразул хъва-хъвайгӀи бакки // Дагъистаналъул мацӀал. — МахӀач-Хъала, 1948.
  6. ^ a b Дагъистаналъул халкъазе цӀияб алипба // Машрикъалъул маданият ва хъвай-хъвагӀи. — (бол.), 1928. — Вып. II. — С. 176–177.
  7. ^ ГӀисалазулав 1979, гьл. 158–179.
  8. ^ dibirop 1928.
  9. ^ Şahnazarov 1935.
  10. ^ .Исаев, А. А. (1970). "О формировании и развитии письменности народов Дагестана". Социологический сборник. I. МахӀачхъала: 173–232.
  11. ^ ХӀажилазулав, МухӀамад; МикагӀилилазулав, Шигьабудин (1953). "Дагъистаналъул адабияталъулал мацӀазе нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмия сессия" (PDF). Вопросы лингвистики (3): 159–162. Архивация оригинал (PDF), 2015-04-05.
  12. ^ Атаев 1996, гь. 77.
  13. ^ Алексеев 2001, гь. 21.

Библиография

хисизабизе
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
  • Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).