Авар мацӀалъул романизация
Ава́р рома́низацион ккола авар мацӀалъул кӀалъайдулги хъвавулги формаби латин хъваялдалъун бихьизаби.
КьуччӀаб проблемалъун буго авар фонологиялда ругел гьаркьал базияб латиналъул хъвагӀаздаса гӀемер рукӀин ва эзул щибаб бихьизабиялъе гӀатӀигьараб латиналдаса графал, диакритикал яги полиграфал хӀалтӀизаризе ккей. Гьебго проблема буго авар кириллияб хъвавулги, гьелъул бугеб гӀунгутӀуца гьабула бажарулареблъун гьеб системалда рекъон кколеб романизатион. Гьелда хурхун авар романизациялъул стратегия буго авар фонетикияб система кьочӀчӀое босун аваралъе латин графика бакӀари.
История
хисизабизеГӀараб графикалда букӀараб авар хъвай-хъвагӀуе тӀоцесеб романизатия гьабуна 1928 соналъ. Ункъго сонидасан реформа гьабураб гьеб система хӀалтӀизабулеб букӀана 1938 соналде щвезегӀан, хадуб цинги авар хъвай-хъвагӀи буссинабуна дагьабги квеш гӀуцӀараб кириллицалде.
Жакъа къоялъ технологияги коммуникацияги цебетӀеялда хурхун, авар хъвай-хъвагӀи жиндие рекъон гӀуцӀараб латин хъваялде бачин лӀугьун буго актуалияб проблемалъун.
Методал
хисизабизеЛатин хъвай-хъвагӀи буго жакъа къоялъ цӀикӀкӀанисел мацӀал хъваялъе хӀалтӀизабулеб гӀатӀидго тӀибитӀараб система. Гьебго буго билӀинабун интернационалиял алфабетазеги, жал батӀи-батӀиял мацӀазул транскрипция гьабиялъеги.
Жиб инглис клавиатуралдаги кьураб базияб латин хъваялда буго 26 хъвагӀ, Латин фонологиялъе рекъон гӀуцӀараб гьеб хъваялда жиндаго цохӀо кӀоларо авар фонологиялъул киналниги гьаркьал рихьизаризе. Гьелъ цинги хӀалтӀизаризе ккола батӀи-батӀиял стратегиял гьеб хъвай-хъвагӀи аваралъе адаптизе.
Аваралъе романизатион гьабулелъул батула чанго проблема:
- ГӀемерал рагьукъал гьаркьалги эзул артикулациялъулал вариациялги рукӀин, щибаб вариациялъул магӀна батӀахъулеб кӀварги букӀин:
- гьаркьазул хӀалуцарал вариантал рихьизари,
- абруптивация бихьизаби,
- лабиализация бихьизаби;
- Глотталияб рагьукъалъул статус ва хъвавулӀ гьеб хӀалтӀизаби;
- Авар диалектазулӀ ругел рагьукъал рихьизари.
Мисалалъе, [k] гьаракь бихьизабизе дандеккола латин K хъвагӀ, авар фонологиялда руго жеги гьеб гьаркьил вариациялги: лабиаллъараб [kʷ], абруптивияб [kʼ]. Базияб латиналда жал рихьизариялъе хъвагӀцин гьечӀел гьаркьазулги руго вариациял, мисалалъе, [ɬ] ва гьелъул хӀалуцараб вариант [ɬː].
Гьезул щибаб ккола рагӀул магӀна хисизабулеб фонемалъун, гьелъ цинги хъвалелъул гьел рихьизаричӀого гӀоларо. Гьединлъидал романизация гьабулелъул тӀобазе ккола щибаб гьаракь бихьизабул проблема.
Авар романизациялъе букӀине бегьула лъабго кьучӀаб стратегия:
- Полиграфал яги гӀатӀигьараб латиналъул хасал гӀу́жрал хӀалтӀизари, мисалалъе, [kxː] гьаркьие KK диграф, [kʼ] — K' яги KH.
- Диакритикал хӀалтӀизари: [kʼ] бихьизабизе Ḳ хъван.
- КӀиялго цадахъ хӀалтӀизари: [kxːʷʼ] гьаракь ḰHW гӀадин бихьизабун.
Системаби
хисизабизеТранскрипциониял
хисизабизеТранскрипциялъул системаби хӀалтӀизарула мацӀалда ругел фонемаби роцӀцӀинарун рихьизаризе, эзул матлабги букӀуна гьаркьазул рижа кӀванагӀан дурус бихьизабизе. Авар мацӀалъе буго чанго гьединаб система.
Интернационалаб фонетикияб алпабет
хисизабизеИнтернационалаб фонетикияб алфабет, къокъго ИФА, ккола цӀар араб ва бищун гӀатӀид билӀараб гьанжесеб фонетикияб алфабетлъун. Гьеб хӀалтӀизабула практикияб алфабетлъун ругелщинал мацӀазе. ИФАялъ рес кьола авар фонологиялъул щибаб гьаракьги элъул рижаги: абулеб куц, халалъи, гургинлъи — бихьизабиялъе.
Американ фонетикияб нотацион
хисизабизеГӀатӀидго билӀараб система, хӀалтӀизабула американ ва евразиял мацӀазул транскипциялъе. ИФАялде данде ккун, гьеб системалда цӀикӀкӀун хӀалтӀизарула диакритикал. Система буго билӀинабун Бабилалъул си баяназулаб базалда авар мацӀалъулги транскрипциялъе.
Оксфордалъул система
хисизабизеКавказалъул мацӀазул Оксфордалъулаб кветӀахьида (Инглис: The Oxford Handbook of Languages of the Caucasus) кьун буго американ фонетикияб нотациялъул дагьалъ хисизабураб вариант.
Транслитерациониял
хисизабизеТранслитерация ккола хъвагӀ-хъвагӀккун бихьизаби, гьениб кӀвар цӀикӀкӀаниселъ кьун букӀуна оригиналалда бугеб битӀунхъвай цӀунун.
МугъчӀваял
хисизабизеИццал
хисизабизе- Мария Полински, ред. (2020). The Oxford handbook of languages of the Caucasus. Oxford handbooks. Мэдисон Авеню, Ню Йорк, NY 10016, Америкалъул Цолъарал Штатал: Oxford University Press. ISBN 9780190690717. LCCN 2020021155.
{{cite book}}
: CS1 maint: location (link)