Алфард яги Гьидралъул Алфа (Латин: α Hydrae) — Гьидралъул цӏваруда бугеб бищун гвангъараб цӏва. Гьеб буго цогояб кӏудаб цӏва, Бакъудаса цӏорораб, хӏо кӏудияб ва дагьабги канчӏаб, 177 кан-лъагӏелалъ рикӏкӏад бугеб.

 
The western portion of Гьидралъул бакътӏерхьул бутӏа, Алфард буго бакьулӏегӏан

Алфардалъул масса буго лъабго нухалъ цӏикӏкӏараб бакъулалдаса. Гьелъул батизе бегьулеб ригь рикӏкӏуна 420 миллион сон ва гьеб цебетӏуна бетӏераб иргадудаса кӏудаб цӏвайиде, жиндир спектралаб классификацион K3 бугеб ва канчӏлъул класс II ва III гьоркьоб бугеб.[1] Бокӏнилаб диаметр борцана халат-кьучӏмухъаб интерферометриялдалъун, гьелъ кьуна 9.09 ± 0.09 миллиарсекунд, гьелдаса цӏикӏкӏун буго Бетелгейзалъулги Р Дорадусалъулги.[2] Гьелъул радиус буго бакъулалдаса 50 нухалъ кӏудияб.[1] Алфардалъул спектралъ бихьизабула бариялъул рекъараб тӏокӏлъи, гьеб элемент цӏикӏкӏанисеб лӏугьуна нуклеосинтезалъул s-процессалдалъун.

Мугъчӏваял

хисизабизе
  1. ^ a b da Silva, L.; ва цгл. (November 2006). "Basic physical parameters of a selected sample of evolved stars". Astronomy and Astrophysics. 458 (2): 609–623. arXiv:astro-ph/0608160. Bibcode:2006A&A...458..609D. doi:10.1051/0004-6361:20065105. S2CID 9341088. {{cite journal}}: Check date values in: |date= (help)
  2. ^ Le Bouquin, J.-B.; ва цгл. (Январ 2009). "Post-processing the VLTI fringe-tracking data: first measurements of stars". Astronomy and Astrophysics. 493 (2): 747–752. arXiv:0812.2328. Bibcode:2009A&A...493..747L. doi:10.1051/0004-6361:200810613. S2CID 10478557.