БакьайичӀиса ЧӀанкӀа
БакьайичӀиса МухӀаммадгӀалил ЧӀанкӀа, гьединго ЧӀанкӀа абунги жив лъалев (1866[1], БакьайичӀи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя — 1909, Вади-ФатӀима, ХӀижаз, ГӀусманияб империя) — аваразул кӀудияв шагӀир-классик, авар адабияталъе кьучӀ лъуразул цояв. АнцӀгоялдаса цӀикӀкӀун соналъ гIараб гIелмуялъе, хIисабалъе ва гьединго адабияталъе цӀаларав, ЧӀанкӀаца хасаб кӀвар кьуна адабияталде; ва жинцаго хъварал гурелги, гьес мажмугӀазде росана гӀеме-гӀемерал халкъиял кучIдулги.
БакьайичӀиса ЧӀанкӀа | |
---|---|
ТӀубараб цӀар | БакьайчӀиса МухӀаммадгӀалил ЧӀанкӀа (Тажудин) |
Гьави | БакьайичӀи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя |
Хвей | Вади-ФатӀима, ХӀиджаз, ГӀусманияб империя |
ВатӀанчилъи |
Халип:Флаг / Россиялъул империя Халип:Флаг / ГӀусманилазул империя |
Миллат | Аварав |
Эмен | МухӀаммадгӀали |
Эбел | Хъатун |
Лъади | ГьатӀастан |
Лъимал | цо яс, гьитӀинго хварай |
ГӀагарлъи | яцал: Хажа ва Патуч |
Адабияб гьунар | |
Пишаялъул тайпа | ШагӀир |
Адабияб мазгьаб | Лирика |
Жанр | Поэма, шигӀру |
Асаразул мацӀ | Авар |
Машгьурал асарал | Гулишатиде, ГьаракӀунисей, Сайгидул БатӀалиде |
ЦӀар
хисизабизеШагIирасул гIумруялъул ва хъвадурухъанлъиялъул бицунаго кIвар бугеб суалалъул цояблъун ккола гьесул цIар. Гьев шагIир, лирикчи лъала Тажудин гIадинги, ЧIанкIа гIадинги. ГIалимчи С. ХIайбуллаевас жиндир "МагIарул адабияталъул Тарих"[2] абураб тIехьалда хъвадарухъан Гъ. ГъалбацIовасул рагIабиги кьучIалъе росун хъвалеб буго гIалимчи ИсхIакъил МухIамихъе рачун рукIанин кIиго вас гIелму лъазабизе, гьезул цояв ЧIанкIа, цоявги ТIинчIав рукӀун руго. МухIамие рекӀее гӀун гьечӀо гьезул цIарал, гьелъ жинцаго ургъун, кьун руго цӀиял цӀарал гьезие: ЧIанкIае — Тажудин, ТIинчIасе – Жамал абун. Гьедин хутIун буго ЧIанкIае Тажудин абураб цIар, амма жив гьавураб росулӀ гьесда гIадамаца эбел-инсуца кьурабго цIар абулаан ва абулеб буго.
Биография
хисизабизеТажудин гьавуна 1866 соналъ БакьайчIи росулӀ, МухӀаммадгӀалил ва Хъатунил хъизаналда. 8–9 сон бараб мехалъ (1874) эменги хун бесдал хӀутӀана Тажудинги гьесул яцалги — Хажаги, Аваристаналда магӀихъан хӀисабалда машгьурай, Патучги; гӀезаруна гьел эбел Хъатуница захӀматаб къо бихьун.
ЧIанкIа вукIун вуго берцинав, ворхатав цо гIажаибаб синпат гьурмада бугев чи. ТIарцIаб мегеж, борхатаб нодо, чIахIиял, рекIелъе лӀугьунел берал. Щибаб рагъа-рашари букIун буго гIодобе биччараб, валимахIаб. Гьаракь букIун буго кигIан хъачIаб рагIиги тамах гьабулеб, амма цо хасаб ракIчIей жиндилӀ бугеб, мухIканаб, жиндиего хасаб къвакIи гъорлӀ бугеб. Бицуна гьесул рилълъин тIадагьаб, ракIчIараб, къартIаб букӀанилан.
АнцӀгоялдаса цӀикӀкӀун соналъ цӀалана Тажудин гӀелмуялъе чӀахӀиял гӀалимзабазда цеве Унсоколов, Рихьунив, ГӀашилтӀа, ЧӀикӀав. Цогидал мутагIилзабазулго гIадин захIмалъиялда бахъана гьесул цIалиги. ЦIалул заманалъ гьес лъай босана гIараб гIелмуялъул, хIисабалъул, ва гьединго адабияталъул. Ахирисеб лӀугьана гьесие бищунго рекIее гIураблъун ва жиндилӀ рокьи бижараблъун. Тажудиница данде гьаруна гIемерал халкъиял кучIдул, жиндиего гьезул гьарун рукӀана кверзулхъваял мажмугIал.
КучIдул гьари диналъ гъукъараб бугин пикру букIиналъ ЧIанкIа хIинкъун вукIун вуго жинцаго хъварал асарал халкъалъе баянлъиялдаса, амма гьел загьирлъун руго, ва дибирзабаца гьев рокъов витIун вуго мадрасалдаса.
ЧIанкIаца жиндир рокьул бицун гьарурал гурел, руго чияр рокьул бицун кагътил куцалда хъварал кучIдулги. Гьелъие гIиллаги ккола гIолилал, рокьи ккарал, рокьи битI ккечIел ясаца ва васаца гьесда гьарулеб букIин. Амма ЧIанкIа живгоги вукIана рокьул гIашикъ. КIиго нухалъ рокьи кканиги, цонигиялъул гьесие битI кколаро. ТIоцее гьесие йокьула КIахъа Гулишат абурай яс. Гьелъул эбел-инсуца разилъи кьечӀо ригьин-цӀаялъе, гьесулгун жидер магIишаталъул рахъ рекъараб гьечIин абун. ЧIанкIада гьей хехго кIочон тана. РосулӀа йикIарай ясги жиндирго эбел-инсуца кьуна чидае. Амма гьаб рокьул цIа гIумруялъго сунаро гьесул. ЧIанкIал кучIдул ракIарун мажмугI гьабурав ва гьелъие цеберагIи хъварав хъвадарухъан Гъ. ГъалбацIовас чIезабулеб буго ЧIанкIаца гIумруялъго, жаниб цIар рехсечIониги, гIишкъу ккарай ясалде гьарулел рукIанин кучIдул абун.
Халкъиял кӀучӀдузул рухӀ гъорлӀ бессарал ЧӀанкӀал шигӀраби хекко машгьурлъана. ЧӀанкӀа мугӀрузда машгьурав шагӀирлъун лӀугьун хадуса, гьесухъе мутагӀиллъун вачӀана аваразул вукӀинисев машгьурав шагӀир ХъахIабросолӀа МахIмуд. ЧIанкIаги гьевги лӀугьана гьудулзабилъун. Гьезул цоцазде якъинлъи цIикIинабулеб жоги букIана кIиялго рокьул шагIирзаби рукIин. Цо-цо гIалимзабаца МахIмудил мугIалимлъун рикIкIунев вуго ЧIанкIа.
Ахирисел сонал
хисизабизеЧIанкIа, щвезе кIварал баяназда рекъон, рокъов талихIав вукIун гьечIо. Гьесул чIужу ГьатIастан йикIана рес бугеб хъизаналъул яс. ЧIанкIалги ГьатIастанилги дандеги кколеб букIун гьечIо. Бицанихъе, гьезие ясги гьаюн йикIун йиго, амма гьей гьитIинго хун йиго. ТӀокӀал лъимал ЧIанкIал рукIинчIо.
Живго хIежалде унеб мехалъ ЧӀанкӀаца ГьатIастанида абун букIун буго жив лъабго соналдасан вуссинчIони дуего бокьараб гьабеян. Цо пуланаб къоялъ борчIараб гъеж жанибе ккезабизе БакьагьечIиве ахIун вуго Гьолокьа МахIсудилан абулев чи. Гьес гъеж жанибе ккезабуралъухъ мухь босун гьечIо, гьарун буго, бегьилеблъун батани, ГьатIастан жиндие кьеян. Гьедин кканин ГьатIастан Гьолокьеян бицуна. Гьеб букIун буго ЧIанкIа хIежалдаса вуссинчIого лъабабго сон бараб заман.
ЧIанкIал гIумруялъе лъикIаб гуреб асар гьабуна яц Патучил ккараб лӀугьа-бахъиналъ. Росги хун хехго къороллъарай Патучил рокьи ккун буго мадугьалихъ вукIарав жиндасаго гьитIинав васасухъ, гьесие росасеги ине ккун йиго ахир-къадги. Гьеб букIана кьолбое кIудияб рогьолъун. МагIарул гIадатазул тIалабазда рекъон вацас чIвазе кколаан гьединай яц. Амма Исламалъ рекIелӀ хIеренлъи цIезабурав, иман-инсап лъалев, рахIму цIикIарав ЧIанкIахъан бажаричӀо яцалде квер борхун.
РосулӀ тIоритIарал ЧIанкIал ахирисел санал хIуржаялъур ана. Гьев гьадинги, кидаго хIуржаялъув вукIунев чи, ахираб заманалда гьениса къватIивего вахъунев вукIинчIилан бицуна. Кидаго диналда тIад чIун, тIахьазде тIаде къулун вукIун вуго гьес; хасго кIвар кьолеб букIун буго астрономиялде.
С. ХIайбуллаевас хъвавухъе абуни, ЧIанкIа вукIана Ислам гъваридго лъалев, сагIтал, къоял, сардал кIухIаллъичIого къуръан цIалулаго тӀоритӀулев, хIалимав, дурусав, чидай лъикIлъи гьабизе цIакъав чи. Ахирги ЧIанкIаца тIаса бищула цогидаб нух: росуги тун къватӀиве ин. Гьелъие цогидаб гӀиллалъун ккола гьесие дунялалъул рукъалдаса рикӀкӀалъун исламалда жеги жанивехун вахъизе бокьун букIин[3][4].
Ахирисел саназ гIумруялдехун ЧIанкIал букIараб бербалагьиги, хIежалде иналде цебе сундул пикрабазда гьев вукIаравалиги, шагIирасул рекIел рахIатхун букIинги загьир гьарулел руго хадусел мухъаз:
Дунялалъул къоял къварид риччазин,
Къиямасеб къоялъ шапагIат щвезе. Духъ ккараб дир рокьи рукьбалӀ цIунизин, БецIаб лахIдуялъуб хIалхьи букIине. ХIехьезин гьаб гIазаб гIадаллъизегIан, ГIарасалде щведал диван гьабизе. |
ЧIанкIаца живго хIежалде ине къватIиве вахъунеб мехалъ, БакьагьичIиб хутIараб биценалда рекъон, живго нухарегIизениги, жиндаго нух битIагиян абизениги, я яцазе, я хъизаналъе рес кьун гьечIо. БакьагьичIиб ЧIанкIаца тIамурал ахирисел сагIтал ХъахIабросолъа МахIмудида цадахъ тIамун руго. ЧIанкIал хIужраялъур цере тIиритIун тIахьалгун кIиявго шагIирас гьабуна щуго-анлӀго сагIаталъ халат бахъараб гара-чIвари; гӀагарлъиялъул тӀокӀав чиги виччачӀо ЧӀанкӀаца тӀаде, ва МахӀмудилгун букӀараб хабарги абадиялъго балъголъилъун хутIана. Сапаралъ вахъунев ЧIанкIаги нуха регIана ХъахIабросулӀа МахIмудица.
Хвараб ва вукъараб бакӀ
хисизабизеГIумархIажи Шахтамановасул «МугIалимги мутагIилги» абураб тIехьалда руго гьадинал мухъал:
«Къуръаналъул тIогьиллъарал тIанчазул рагIалда руго гьадинал хъвай-хъвагIаял:
Гьале, щулияб, къалам кодоб ругьунаб квералъ нахъе тарал роцIарал, баянал мухъал. Гьеб буго, дие ирсалъе жиндирго цIарги тун, дун гьавилалдего хварав дир кIудадал хатI. Дица гьеб цIалулеб буго:
«Гьижра жойид гьабулареб гьаб заманалъул тарих рикIкIеналде рекъон 1909 соналъ, тIадегIанав бичасул лагъ, дун хIежги борхун Маккаялдаса тIад вуссун щвана. Чу биларав цIалахъ гIодуларин аби буго. Амма дун гIодилев вуго. Аварагасул хабада как базе щваниги щиб, гьениве унаго нухда гьалмагъ, гьудул нух цадахъав гIалим Тажудин вукъарав дие. Аллагьас кьураб роххелги, гьес тIаде тIамураб къварилъиги дир рекIелъ цоцазда къвалги бан регун руго. Сабру кье, ТIадегIанав, дур лагъасул хIалуцараб ракIалъе, квер лъе гьесул сахлъулареб ругънада».
Гьеб хъвай-хъвагIай гурони ЧIанкIал хвелалъул хIакъалъулъ щибниги лъалеб жо гьечIилан тун буго. Киса-кибего хъвалеб буго ЧIанкIа хIеж борхизе унаго нухда хванилан, амма гьеб факт мекъаб буго. ЧӀанкӀал яц Патучил яс ПатIиматица бицуна, жиндида ракIалда бугила, жий гьитIинаб мехалъ абулаанила ЧIанкIаца лъабго нухалъ хIеж борханилан. КIиго нухалъ жиндиего гIоло борхун буго. Лъабабилеб нухалъ херлъарав загIиплъарав чиясе гIоло хIеж борохизе унаго нухда хун вуго ЧӀанӀка. Цадахъ ккун вукIарав Рихьуниса чиясухъе кьун ЧIанкIаца рокъобе битIун бачIун буго хIежалъул тIагъургн, жиндирго чухъаги, сагIатги. Гьевго рихьунисес ругьелги бачIун буго, ЧIанкIаца абунила жиндир чухъа хвараб мехалъ эбелалда тIад бигъеян. Рихьунисев (гьесда цIар ПатIиматида лъалеб букӀинчӀо) вачIиналдего гIагарлъиялъ ЧIанкIада хадуб гIарацги битIун буго, амма щварабищ гьеб ЧIанкIахъе щвечIебищали лъазе кIун гьечIо.
ЧанкIада цадахъ хIежалде ун вукIана БакьагьичIиса ШайихгIали абулев ресалда вугев чиги ва ЧӀанкӀал лъадул вац. ЧIанкIадаго цадахъ, ШайихгIалиги вуссинчIо хIежалдаса. ХIежги борхизе инсул хобги цIехезе къватIиве вахъана ШайихгIалил вас ГъалбацIхIажи. ГъалбацIхIажица бицунаан ШайихгIалилги ЧIанкIалги хоб цоцазда аскIоб Вади-ФатIима абулеб бакIалда бугилан. ГъалбацIажица бицанихъе ЧIанкIаги, ШайихгIалиги гьездаго цадахъ рукIарал загIиплъарал гIадамал рокъобе нух бахъизе кIолез рехун тун руго, гьедин гьабичӀого ресги букIун гьечIо. ЛъагIалида жаниб цо нухалъ гурони гамаги бачIунеб букIун гьечIо, цойгиги лъагIелалъ унтаразда аскIор чIани жалгоги холел рукIун руго, гамиде унтарал раччизе ресги букIун гьечIо.[5] Гьедин аваразул кӀудияв шагӀирасе абадияб рукълъун лӀугьана ГӀарабиялъул ракь.
Гьунар
хисизабизеЖиндирго шигӀрабалӀ ЧӀанкӀаца инсаниятаб рахалъ ахӀулел руго рухӀанияб эркенлъиялде. "Гулишатиде", ГьаракӀунисей" ва цогидал шигӀрабалъ гьес рикӀкӀунеб буго чӀужугӀаданалъул жиндиего талихӀалъе ихтиярал. ШагӀирасул рокьул лирикаялъе сипатаб буго романтикияб тӀадегӀанлъи, ихӀсасал загьирлъиялъул бацӀцӀалъи.
Гьединго ЧӀанкӀаца хъвалаан жамгӀиял темабазда тӀасан шигӀраби, магӀаби (элегиял), гьезда гьоркьоб бищун машгьураблъун буго "Сайгидул БатӀалиде" магӀу. ЧӀанкӀал гьунар гъваридго хурхараб буго магӀарулазул кӀалзул поэзиялда; гьебго заманалда гьесул шигӀрабалъ (хасго эллегиязда) халлъизе бегьула гӀараб классикияб адабияталъул асарги.
ЦӀакъ кӀвар бугеб лъалкӀ тана ЧӀанкӀаца авар адабият цебетӀеялъе. ШигӀраби хъвай гуребги, гьес авар халкъалъул гьунарияб ирсалъул гӀелмияб цӀех-рехги, кӀалзул гьунаралъул асаразе систематизацияги гьабулаан.
ШагIир чIаго вукIаго басмаялда гьесул цониги асарал рахъичӀо. ТIоцебесеб гьесул асаразул мажмугI къватIибе бахъана 1963 соналъ, кIиабилеб 1991 соналъ. ГIурус мацIалде гьел руссинаруна Я. Козловскияс.
Ралагье гьединго
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизе- ^ Цогидал баяназда рекъон гьавун вуго 1860 соналъ.
- ^ МагIарул адабияталъул Тарих, гь. 478
- ^ "Archive copy". Архивация оригинал (2016-09-23). Щвей 2010-12-14.
{{cite web}}
: CS1 maint: archived copy as title (link) - ^ "Archive copy". Архивация оригинал (2011-03-14). Щвей 2010-12-14.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)CS1 maint: archived copy as title (link) - ^ "ГъазимухIамад ГъалбацIов, хъвадарухъан". Архивация оригинал (2021-07-09). Щвей 2021-07-02.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)