БецӀдерил сверелавар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб,[1][2][3] тӀибитӀун буго Гъуни мухъалда.

Фонетика

хисизабизе

Рагьукъал

хисизабизе

БецӀдерил свералил рагьукъазул системалда гьечӀо стандарталъул хӀалуцараб алвеоларияб эйективияб аффрикат /t͡sːʼ/ (ццӀ) , хӀалуцараб палато-алвеоларияб эйективияб аффрикат /t͡ʃːʼ/ (ччӀ), гъугъаб хӀалуцараб алвеоларияб латералияб аффрикат /t͡ɬː/ (лӀ), гъугъаб алвеоларияб латералаб фрикатив /ɬ/ (лъ), гъугъаб хӀалуцараб увуларияб аффрикат /q͡χː/ (хъ), веларияб эйективияб плозивалъул хӀалуцараб форма /kːʼ/ (ккӀ).[4]

Аналог БецӀдерил Стандарт Аналог БецӀдерил Стандарт
цц = ццӀ баццадаб
ццва
моцц
баццӀадаб
ццӀва
моццӀ
чч = ччӀ ччезе
биччанаб
беччзе
ччӀезе
биччӀулеб
беччӀизе
кк = ккӀ ккал
ккара
ккӀал
ккӀара
лълъ = лӀ лълъар
лълъутзе
лӀар
лӀутизе
х = хъ бухзе
наха
бухъизе
нахъа
хӀ = х хӀоно
хӀур
хоно
хур

Стандарталъул /ɬ/ (лъ) гьаркьил рефлексиял бецӀдерил свералида руго позициониял. РагӀул авалалда лъ хисун букӀуна гь: гьар "лъар", гьазе "лъазе"; рагӀул бакьулӀ букӀуна -гьл-: балгьго "балъго", болгьон "болъон".[5]

БецӀдерил свералида стандарталъул -лъи суффиксалъул реффлексия
рагьаралда хадуб рагьукъалда хадуб соноранталда хадуб
гьли бечегьли (бечелъи)

бечегьзе (бечелъизе)

ли гушли (квешлъи)

лълъикӀли (лълъикӀлъи)

-гьRи

(метатезис)

хьугьни (хьонлъи)

мискигьни (мискинлъи)

Алвеоларияб эйективияб стопалъул /tʼ/ (тӀ) бакӀалда бецӀдерил свералида букӀуна глотталаб плозив (ъ яги ʼ) рагӀул авалалда: ъамах "тӀамах", ъаде "тӀаде", ва -лʼ- рагӀул ахиралда: булʼ "бутӀ", налʼ "натӀица", нелʼэд "натӀица", балʼа "батӀа". РагӀул бакьулӀги букӀине бегьула -лʼ- комплекс, эниб цо-цо лӀугьуна метатезисги -лʼ- > -ъл-. Ахирисеб комплекс цӀиккӀаниселъ хӀалтӀизабула бакӀалъул бортазул 1себ сериялда стандартияб -тӀа суффиксалъул бакӀалда: кӀаъла "кӀалтӀа", гӀуъла "гӀортӀа", хӀоъла "хӀортӀа". Веларияб эйективияб стопалъул (кӀ) бакӀалда гӀемериселъ хӀалтӀизабула зирараб фарингеалаб фрикатив (гӀ): бугӀзе "букӀине".[6]

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ МикагӀилилазул 1959.
  2. ^ Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
  3. ^ Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. 1 (9#87). Тамбов: Грамота: 123–126. ISSN 1997-2911. Щвей 2024-03-02.
  4. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 463.
  5. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 464.
  6. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 466.

Библиография

хисизабизе
  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.