Гуржи адабият (гуржи: ქართული ლიტერატურა) — Гуржи мацӀалда хъварал асаразул гӀаммлъи. Тарихияб гъоркьобгӀасрулъиялъулаб гуржи адабият ккола регионалъул тарихалъул цӀакъ кӀвар бугеб иццлъун, амма гьеб цӀунун ххутӀун буго цӀакъ квешго.[1] Гуржи адабияталъул бищун машгьураб асарлъун рикӀкӀуна Шота Руставелил «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав багьадур абураб поэма».

Цо гьумер гуржи адабияталъул бищун кутакаб асаралдаса — ЦӀиркъил тӀом ретӀарав багьадур поэмаялдаса

Цебесеб гьоркьобгӀасрулъи, V–X гӀасраби

хисизабизе

Гуржи адабият баккана V гӀасруялда. ГӀодосанго XI нус-сониде щвезегӀан гьелъул букӀана гӀицӀго килисаябгин динияб жанисебжо.[2][3] Гуржи адабияталъул тӀоцебесеб цӀунун хутӀараб гӀарас буго Якова Цуртавелил «Шушаник шагьидлъи» абураб асар, 475–484 соназда гьоркьоб хъвараб.[2] Буго жеги бербалагьи, бищун цебесеб гуржи адабияталъул асарлъун бугин «Мукъаддасай Нинал гӀумру» абураб[4][5][6][7][8], букӀаниги, гӀелмуялда буго рикӀкӀунеб пикру буго гьеб хӀалтӀи чанго гӀасру индал хъвараб бугилан абун. Цебесеб гьоркьобгӀасрулъиялда хъван руго чанго агиографикиял асарал[1][9], гьезул цо-цоял жакъа къоялде кодоре щун руго хадусеб заманалъул тӀад хӀалтӀи гьабурал басмаязда.[2] Гьунарлъиялъул кӀвар буго Иоанн Сабанисдзел «Або Тбилелил шагьидлъи» асаралъул, жиб VIII гӀасруялда хъвараб, ва VIII–IX гӀасрабазул гӀорхъода хъвараб «Картлиялъул хитӀаб».VII гӀасруялдаск лъалеб буго католикос Кирионил килисиябгин полемикияб асар.

ТӀоцересел гӀарасал гимнографикияб поэзиялъул (кӀечахӀи) кколел руго VIII–IX гӀасрабазде[10], X гӀасруялде поэзиялъул гьеб тайпа цебетӀеялъул бищун борхатаб мартабаталде бахана.[2] Одним из первых ГимнографчагӀазул тӀоцересезул цоявлъун,батизе бегьулеб жо, вукӀана Григорий Хандзтели, гӀумру гьабун VIII–IX гӀасрабазул гӀорхъода вукӀарав.[2] X гӀасруялде ккола Сайнаъалъул хъвадарухъан Иоанн-Зосимил гимнографикияб асар «Гуржи мацӀалъе рецц-бакъ». ГимнографчагӀазда гьоркьор бищун машгьураллъун ругоСтефан Сананоисдзе, Иоанн Мтбевари, Иоанн Минчхи, Микел Модрекили ва цогидал.

Борхатаб ва хадусеб гьоркьобгӀасрулъи, XI–XVI гӀасраби

хисизабизе

XI гӀасруялда гӀуцӀун бахъана жибго гуржи тарихияб адабият[11]. Как отмечает

  1. REDIRECT Шаблон:Таржама гьабичIо 5 из Оксфордалъул университеталдаса Роберт Томсоница мухӀкан гьабухъе, гуржи адабият цебетӀолеб букӀун буго эрмен адабият гӀадин гуреб. Ахириселдаса батӀалъухъе, цересел гуржи тарихазда гьечӀо моралияб идеал, Егишел хӀалтӀабазде данде ккун, Мовсес Хоренацил масштабалъул гӀадал журарал асарал. Гуржиязул бищун популярияб жанр букӀана гӀумрухъвай.[12] ТӀоцересел гуржи тарихчагӀилъун рукӀана Леонтий Мровели, Сумбат Давитисдзе, Джуаншер Джуаншериани. Гуржи тарихчагӀаз, гӀемериселъ пачабазул аскӀорчагӀи рукӀиналъ, аслияб къагӀидаялъ жидедаго цебе лъолаан масъала гьел пачабазул хӀакимлъиялъул хӀакъалъулӀ хъвай. историки, являясь, по большей части приближенными людьми царей, преимущественно ставили своей задачей описание их царствования.

Гьоркьохъел гӀасрабазул романтикияб эпос «Этериани» цӏунун хутӀун буго кӀалзул прозаялъул 70 батӀа-батӀаго бугеб фрагменталда, М. Я. ЧикӀованил пикруялда рекъон, хъван буго X–XI гӀасрабазда. Эпосалъул гӀеме-гӀемерал вариантазул фиксация гьабун буго Гуржистаналъул батӀи-батӀиял мухъазда.[13].

XI гӀасруялдаса гьединго кодобе щун буго «Вахтанг Горгасарасул гӀумру», Джуаншерил хӀалтӀи. Мусанипас бицунеб буго V гӀасруялъул Гуржистаналъул тарих, итоги правления Вахтанга I Горгасаласул пачалъиялъул хӀасилалъул, католикосат гӀуцӀиялъул.

Автор лъалареб «Гуржистаналъул хроникаби» (хъван буго XI гӀасруялда) асаралъ гъорлӀе рачун руго V–VI гӀасраби. Гьенир рехсолеб буго ратӀаго чӀчӀарал гуржи таватилъиял цолъизариялдалъун гуржи пачаясул хӀакимлъи щулалъиялъул тарих. Лъаларев авторасул кколеб буго гьединго XIII–XIV гӀасраби гъорлӀе рачараб хӀалтӀи.

XIII гӀасруялъул Гуржистаналда данде бакӀарун буго тариххъваяб мажмугӀ, жиндир цӀар «Гуржистаналъул гӀумру» (Картлис Цховреба) бугеб. Гьеб мажмугӀ, дагь-дагьккун цӀолеб, щун буго кодобе гӀемерал сияхӀазда. Бищун некӀсиял руго XIII гӀасруялъул ва кодобе щвараб XIV гӀасруялъул мажмугӀ.

XII–XIII гӀасрабазда гьарун руго гуржи адабияталъул лъикӀа-лъикӀал гӀарасал. Рехсезе ккола Давид Агмашенебелил «Тавбуяб къанун». Гьеб гимнография буго борхатаб поэзиялъул цӀакъаб мисал, жиб жанибжоялъул гъварилъиялъун ва жиндир гьунарияб формаялдалъун тӀокӀборчӀараб. Гьениб Давидица тавбу гьабулеб буго жиндирго мунагьаздаса, амма гьесул ургъел гьабиялъ ва тавбуялъ босулеб буго тӀолго гӀадамазулаб гьаракьхин.[14]

Кодобе щун буго гьединго цо чанго ямбикияб шигӀру, I Деметреца (монахлъиялда — Дамиане) хъварал, гьезул бищун машгьураблъун лӀугьун буго Илагь-гьабралде хъвараб ямб «Шен хар венахи» («Мун, цӀолболаб гъаву»).

Дунявияб адабияталъул лъикӀаб гӀарас буго «Амирандареджаниани» роман, Мосе Хонелица хъвараб. Гьелда бицунеб буго Амиранил ва гьесул гьудулзабазул бахӀарчиял ишазул (Амиранил цадахъчи, херав Саварсамисдзеца жиндирго ва Амиранил хӀакъалъулӀ гьиндустаналъулав пача Абесаломуе хабар бициналда гӀуцӀун буго асаралъул сюжет). Гьеб прозаикияб багьадураб эпосалъулӀ хьухьун руго мифологиял ва маргьадулал мотивал, амма гьебго заманалда гьелде риххизарун руго гуржи жамгӀияталъул рухӀаниялги хьвада-чӀвадиялъул идеала, гьелъул кьучӀал ва гӀадатал. «Амирандареджаниани» машгьураб букӀиналъе далиллъун буго Сванетиялда килисабазул цоялъул къадал къачӀан рахъун руго (хадур, XIV–XV гӀасрабазда) гьеб асаралдаса сценабаз.

КӀвар бугеб адабияталъулаб гӀарас буго Чахрухадзел «Тамариани» Иоанэ Шавтелил «ГӀабдул Мессия («ГӀабдул МасихӀ» гӀараб мацӀалдаса «КӀристил лагъ»).

«Тамариани»-ялда рец-бакъ гьабулеб буго воздаётся хвала личным качествам Тамара пачаялъул жиндирго хасиятазе, гьелъул рухӀанияб рацӀцӀалъиялъе, берцинаб сипат-куцалъе, пачалихъалъул хъулухъчӀужуялъулаб гӀакълуялъе ва махщелалъе. Тамариегун цадахъ, авторас рецц-бакъ гьабулеб буго Давида Сосланиеги Георгий-Лашиеги.

«ГӀабдул-Мессия»-лда кочӀолӀ реццулел руго Давида Сосланил ва Тамар пачаялъул ишал.

XII гӀасруялда гуржи мацӀалде таржама гьабун буго «Висрамиани» риваят, жиндир аслуялда буго XI гӀасруялъул парс риваят «Вис о Рамини» риваят, Висил и Раминал рокьул хӀакъалъулӀ бугеб.

Гуржи адабияталъул тӀогь буго Шота Руставелил «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав багьадур» поэма. Шота Руставели вукӀана месхет Руставиялдаса. Тамарал пачалъиялда гьеа цо заманалъ вукӀана мечурчлетухуцеса абураб хъулухъалда (пачалихъалъул хазиначи). ГӀумрудал ахирисел сонал Шота Руставелица рана Къуддусалъул Хъанчалъулаб монастералда. Гьесул кумекалдалъун монастералъе реконструкция гьабуна, къадада рахъана суратал. Гьенибго, цояб къадада, цӀунун хутӀун буго гьесул суратги.[14]

XVII–XVIII гӀасраби

хисизабизе

Парсадан Горгиджанидзел тарихияб хӀалтӀиялъулӀ (XVII гӀасру) бищун кӀудияб интерес буго авторас цадахъзаманчияс хӏисабалда сипат-сурат гьабураб заманалъул период 1636-лдаса 1696 соналде щвезегӀан. Сехниа Чхеидзе вукӀана автор Гуржистаналъул тарихалъул, жинца 1739 соналде щвезегӀан лӀугьа-бахъинал гъорлӀе рачарал. Оман Херхеулидзеца хъвана принадлежит история царствования II ГьерекӀлиил пачалъиялъул тарих, 1780 соналде жиб щвезабураб.

Гуржистаналъул тарих, гӀелмиял методалги хӀалтӀизарун, данде бакӀариялъе тӀоцебе хӀалбихьун буго машгьурав тарихчи, географчи Вахтанг пачаясул вас Вахшутил капиталияб хӀалтӀиялъулӀ. ТӀубан хъван бахъун буго гьеб 1745 соналъ.

Машгьурал авторал

хисизабизе

Гуржи мацӀалда асарал хъвалел рукӀарал машгьурал авторазул бищун кӀвар бугел ккола:

Россиялъул империялда гъорлӀ

хисизабизе

Совет заман

хисизабизе

Ралагье гьединго

хисизабизе

ХӀужжаби

хисизабизе
  1. ^ a b А. П. Новосельцев, Хазарское государство и его роль в истории Восточной Европы и Кавказа: «Древнегрузинская литература, возникшая, как и древнеармянская, B V в., сохранилась гораздо хуже. От V—VIII вв. уцелело лишь несколько агиографических сочинений…»
  2. ^ a b c d e "ФЭБ: Барамидзе. Гуржи адабият [V—XIII гӀасраби]. — 1984 (текст)". feb-web.ru. Щвей 2019-02-04.
  3. ^ [ Грузия] — макъала босана КIудияб советияб энциклопедиялдаса
  4. ^ Чхартишвили М. Проблемы источниковедческого исследования грузинской агиографии: Житие святой Нины. — Тбилиси: Мецниереба, 1987.
  5. ^ Николозишвили Н. Крещения водою и землей. (ka) // Литература да хеловнеба. — Тбилиси, 1991. — ნომ. 3. — გვ. 37—55.
  6. ^ Патаридзе Л. Житие святой Нины. — Тбилиси: Мецниереба, 1993. — (Культурно-исторические вопросы христианизации Грузии). (хъиз.)
  7. ^ Сирадзе Р. Житие святой Нины и начало грузинской агиографии. — Тбилиси, 1997. (хъиз.)
  8. ^ Николозишвили Н. На каком языке расказевала Св. Нино? // Сборник «Святая Нино» / под. ред. Сирадзе Р.. — Тбилиси: «Артануджи», 2008. (хъиз.)
  9. ^ "ТИАМИН | Энциклопедия Кругосвет" (in русский). www.krugosvet.ru. Щвей 2019-02-04.
  10. ^ А.Барамидзе НЕКӀСИЯБ ГУРЖИ АДАБИЯТ (V–XVIII гӀасраби)
  11. ^ А.Барамидзе. ГРУЗИНСКАЯ литература: «Собственно историографическая литература Древней Грузии представлена рядом важных памятников XI—XII вв. (Леонтия Мровели, Джуаншера, Сумбата сына Давидова, Арсения, историков Давида Строителя и царицы Тамар, имена которых остались неизвестными). Все без исключения грузинские летописцы и историки развивают идею объединения страны и единовластия, осуждая княжеское своеволие, феодальные распри и внутренние раздоры.»
  12. ^ Robert W. Thomson. Rewriting Caucasian History. The Medieval Armenian Adaptation of the Georgian Chronicles. The Original Georgian Texts and the Armenian Adaptation. — Clarendon Press, 1996. — P. xxxvii.
    Оригиналияб текст (инг.)
    The Georgians did not develop a historiographical tradition in quite the same way as the Armenians. The earliest original composition is generally agreed to be the Life o f Saint Suäanik. The daughter of Vardan Mamikonean (Elise’s hero), she had married a Georgian prince whose apostasy to Zoroastrianism led to harsh treatment and her eventual death. The Life was written at the end of the fifth century, and it was this genre—the biography—which became the most popular in historical writing. In other words, one does not find in early Georgian literature histories with a moral purpose comparable to the work of Elise, or elaborate compositions with the sweep of Moses Xorenac'i.
  13. ^ Ш. Ф. Мухамедьяров. Советская историческая энциклопедия / Под ред. Е. М. Жукова. — М.: Советская энциклопедия, 1973—1982.
  14. ^ a b М. А. Бахтадзе, М. Вачнадзе, В. Гурули — Гуржистаналъул тарих (некӀсияб заманалдаса жакъа къоялде щун).

РегӀелал

хисизабизе