Даба́гъистӀа (Латин: Cotinus) ккола Сумахалъулал хъизамалъул тӀамах бортулел гъутӀбузул, хъархъазул ва рижунжалазул тайпа. Тайпадул ареал – Евразиялъул бакулӀлъул регионал, Шималияб Америкалъул бакъбакк. ДабагъистӀа гӀезабула декоративияб ахил бижунжо кин, цинги тӀогьилаб релъен кьолеб гъарси кин.

ДабагъистӀа

Этимология

хисизабизе

Авараб даба́гъистӀа абураб рагӀи лӀугьана гӀарабалдаса бачӀараб даба́гъи «хьвацӀа лӀугьине» (< ГӀараб: دَبَغَ) абураб рагӀуде авараб тӀа «тӀамах, тӀанхал; гъарси кин хӀалтӀизабулеб тӀамах-кӀачар» рагӀиги жубан. Гьелдагъун буго даба́гъис абураб формаги.

Диалектазда гьелде батӀи-батӀияб куцалда абула, гьезда гьоркьоса цояб ккола релъа́дултIа абураб рагӀи. МагӀнаялъул рахъалӀан гьал рагӀаби цоцада хурхун руго – гьаб бижунжоца кьола тӀогьилабгун багӀарккараб релъен.

Латинаб Cotinus лӀугьана некӀо-грек. κότῐνος «гӀалхул олива» абураб рагӀудасан, жиндирго иргаялда греказул мацӀалде прегрекияб мацӀалдасан бачӀараб.

Биологикияб сипат-сурат

хисизабизе

ТайпадулӀ руго тӀабортулел рижунжал; 2—5 м-алде рахинегӀан гӀолел хъархъал, яги 12 м-алде щолел къокъккарал гъутӀби.

 

The Plant List-алъул (2013) базазул информациялда рекъон, тайпадулӀ унеб буго 7 регӀ:

  • Cotinus carranzae
  • Cotinus chiangii
  • Cotinus coggygria — гьаб регӀ лъала Аварлъуда; жибго баккула Европалъул жанубалда, Кавказалда, Азиялъул жанубалда. ДабагъистӀа данчӀвала ракъварал, гамачӀхӀалал яги гъенихӀалал гъулдузда, хъархъазда гьоркьор, накӀкӀи- яги миккирохьазда.
  • Cotinus kanaka
  • Cotinus nanus
  • Cotinus obovatus
  • Cotinus szechuanensis