Къелдерил сверелавар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб,[1][2] тӀибитӀун буго Шамилил мухъалда (Къелеб бо). Ккола гьоркьосеб диалектлъун,[3] гӀагараб буго гьидерил свералиде, руго цогидал диалектазулго гӀадиналги ружбиги.[4]

ТӀибитӀиги гаргаралги

хисизабизе

Къелдерел свералил тӀибитӀул ареал ккола гьанжесеб Шамилил мухъ. Гьенире гъорлӀе ккола ГӀурчухъ, Мусрухъ, Ругъелда, Сомода, Хьиндахъ, Хьонохъ, жидеца Къелеб бо гӀуцӀулел.[5]

Фонетика

хисизабизе

Рагьукъал

хисизабизе

Къелдерил свералил рагьукъазул системалда гьечӀо стандарталъул гъугъаб алвеоларияб аффрикат /t͡s/ (ц) ва элъул хӀалуцараб форма /t͡sː/ (цц), гъугъаб палато-алвеоларияб аффрикаталъул хӀалуцараб форма /t͡ʃː/ (чч), гъугъаб хӀалуцараб алвеоларияб латералияб аффрикат /t͡ɬː/ (лӀ), гъугъаб хӀалуцараб увуларияб аффрикат /q͡χː/ (хъ), гъугъаб веларияб плозивалъул хӀалуцараб форма /kː/ (кк).[6]

Аналог Къелдерил Стандарт Аналог Къелдерил Стандарт
с = ц со
садах
цо
цадахъ
лълъ = лӀ лълъар
лълъутле
лӀар
лӀутизе
сс = цц ссебе
ссим
ццебе
ццин
х = хъ хухадро
наха
хъухъадиро
нахъа
щ = чч щучӀа
баща
ччугӀа
баччана
хь = кь хьеле
бахьле
ккезе
баккизе

Рагьарал

хисизабизе

Литературияб мацӀалъулалдаса батӀияб рагьаразулаб система гьечӀо:[6] гьенибго гӀадин руго тӀасияб борхул /i//u/, тӀаса-гьоркьохъеб борхул /e//o/, гъоркьияб /ä/.

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ МикагӀилилазул 1959.
  2. ^ Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
  3. ^ Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. 1 (9#87). Тамбов: Грамота: 123–126. ISSN 1997-2911. Щвей 2024-03-02.
  4. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 432.
  5. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 402.
  6. ^ a b МикагӀилилазул 1959, гь. 416.

Библиография

хисизабизе
  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.