Аварал
Ава́рал (романизация: aváral) — этникияб къокъа ва нация, кавказияб хъизаналъул авар мацӀалда жал кӀалъалел, гӀаммаб тарихги маданиятги жидер бугел. Ккола Кавказалъул кьолболал халкъазул цояб, жиб историкияб рахъалъ гӀумру гьабун бугеб Дагъистаналда (Авария), Азарбижаналда (ЦӀор) ва Бакъбаккул Гуржиялда.[10] Ккола Дагъистаналъул бищун рикӀкӀен гӀемераб халкъ, 2020–2021 сонил ценсалда рекъон, Россиялда рикӀкӀадул рахъалъ аварал руго анлӀабилеб бакӀалда.
Аваразул тӀолаб рикӀкӀен бахуна 1,5 миллион чиясде,[1] гьезул цӀикӀкӀанисел (85-ниги %) руго Дагъистаналда, элъул 41 мухъалъул 17-ялда ва 10 шагьаралъул 5-ялда. Жеги гӀ-ш 6% буго Россиялъул цогидал регионазда, ва гӀ-ш 9% гӀумру гьабун буго аслияб куцалъ Авар ЦӀоралда, гьабсагӀат Азарюижаналда гъорлӀ бугеб, ва Туркиялда диаспора гӀадин.
Этимология
хисизабизеЖидедаго абулеб ава́рал абураб цIар лIугьана протокавказияб *ʡwǝ̆hri абураб кьолбодасан.[11][12]
История
хисизабизеРикӀкӀен ва ругеб бакІ
хисизабизеДунялалда аваразул къадар буго 1,5 миллион чи: Россиялда — 1 млн, Азарбижаналда — 200 аз., Туркиялда — 80 аз., Гуржистаниялда - 20аз.[13]
Аваразул бутӀа мухъалккун 2010 соналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналда рекъон:[14]
Мухъ | Регион | % |
---|---|---|
ГӀахьвахъ мухъ | Дагъистан | 99,4 % |
ЦӀунтӀа мухъ | Дагъистан | 99,4 % |
Хьаргаби мухъ | Дагъистан | 99,3 % |
ЦӀумада мухъ | Дагъистан | 98,9 % |
Шамилил мухъ | Дагъистан | 98,7 % |
Бакълъул мухъ | Дагъистан | 98,6 % |
ЛъаратӀа мухъ | Дагъистан | 98,4 % |
Болъихъ мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
Унсоколо мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
Хунзахъ мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
ЧӀарада мухъ | Дагъистан | 97,3 % |
Гъуниб мухъ | Дагъистан | 96,3 % |
НахъбакӀ мухъ | Дагъистан | 85,9 % |
Гелбахъ мухъ | Дагъистан | 83,4 % |
Гелбахъ шагьар | Дагъистан | 72,1 % |
Хьаруб мухъ | ЧачаналӀ | 54,4 % |
БагӀархъала мухъ | Дагъистан | 46,6 % |
Салануб шагьар | Дагъистан | 46,1 % |
Шурагьиб шагьар | Дагъистан | 45,79 % |
Тарамухъ мухъ | Дагъистан | 35,8 % |
Хасавхъала мухъ | Дагъистан | 31,4 % |
Хасавхъала шагьар | Дагъистан | 30,6 % |
МахӀачхъала шагьар | Дагъистан | 26,7 % |
Шурагьиб мухъ | Дагъистан | 23,5 % |
Лаваша мухъ | Дагъистан | 22,4 % |
ЦӀиябтум мухъ | Дагъистан | 21,9 % |
Дибирилросу мухъ | Дагъистан | 20,3 % |
БагӀархъала шагьар | Дагъистан | 20,1 % |
Турхъалиб мухъ | Дагъистан | 18,4 % |
Каспихъ | Дагъистан | 14,7 % |
Черноземел мухъ | Хъармухъия | 7,2 % |
Аварал гӀумру гьабун руго Дагъистаналъул мугӀрулаб рахъалъул цӀикӀкӀанисеб территориялда (13 мухъ) ва бутӀаккун лъарагӀлъуда ругел мухъазда (Гелбахъ, БагӀархъала, Тарамухъ, Хасавхъала, Шурагьиб ва цогидал мухъал). Дагъистаналде гурелги, гӀумру гьабун аварал руго ЧачаналӀ (Хьаруб мухъ), Гъалмугъалда ва Россиялъул Федерациялъул цогидал субъектазда (кинабниги къадар — 912 090 чи). Дагъистаналда аварал ругеб аслияб территория буго ГӀанди-гӀоралъул, Авар-гӀоралъул ва ЧӀегӀер-гӀоралъул бассенал. Аваразул 28 % гӀумру гьабун буго шагьаразда (2002 соналъул баянал).
Азарбижаналъул аварал
хисизабизеГьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Туркиялъул аварал
хисизабизеГьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
МацӀ
хисизабизеАвар мацӀ ккола шималкавказияб хъизаналъул нахъгин дагъистанияб къокъаялде, гьелъул руго свералаби, жал шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде рикьулел. ТӀоцебесеб тӀелалде ккола бакъбаккулал, хундерилаб ва нахъбакӀалъулаб, кӀиабилелде — гьидерилаб, анцухъезулаб, цӀоралъулаб, къаралазулаб, къехӀдерилаб ва гьочотӀасезулаб сверелал; гьоркьохъеб позицион буго бакълъухъезулаб сверелалъул. БатӀи-батӀиял сверелазда ва сверелазул группабазда гьоркьор руго фонетикиял, морфологиял ва лексикиял батӀалъиял.
Авар мацӀалъе гӀагарал руго гӀандисезул ва цӀунтӀисезул мацӀал. И. М. Дьяконовасда рекъон, нахгин дагъистаниял мацӀазда цадахъ, авар мацӀ буго некӀсияб алародиял мацӀазул чӀагояб давам; гьел мацӀазда гъорлӀ руго гьединго агван, хуррит, урарт, гутий гӀадал хварал мацӀалги.[15] Гьедниго С. А. Старостиница рикӀкӀунаан тум мацӀалъул гьанжесел авариял мацӀазулгун гӀагарлъи букӀин.[16]
Россиялда ругел аваразда гьединго лъала гӀурус мацӀ, Туркиял ва Азарбижаналда ругел аваразда бицуна турк ва къажар мацӀалги.
Авар хъвай-хъвагӀиялъул традициялъул кьалбал уна гьоркьохъел гӀасрабазулӀе. ТӀоцересел хъвай-хъвагӀиял гӀарасал руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Ислам тӀибитӀиялдаса байбихьун ва 1927 соналде щвезегӀан авар хъвай-хъвагӀи букӀана гӀараб графикаялъул аслуялда (авар гӀажам), 1927–1938 соназда — латин графикаялда. 1938 соналдаса авар хъвай-хъвагӀи бачун буго кириллицаялъул аслуялде.
1938-абилелдаса байбихьун 1955 соналде щвезегӀан БакътӀерхьул Дагъистаналда (Авариялда) школабазда жо малълъи 5 классалде щвезегӀан букӀунаан авар мацӀалда, хадусел классазда байбихьулаан гӀурус мацӀалда. 6-абилеб классалдаса авар («рахьдал») мацӀ ва адабияб лъазарулаан хасал дисциплинаби хӀисабалда. 1955-56 цӀалул соналъ Авариялъул школабазда дарсал малълъи бачана авар мацӀалде. 1964-65 цӀалул соналъ Дагъистаналъул шагьаразда рукӀаралщинал миллиял школаби къана, дарсал малъиялъул процесс бачана гӀурусалде. Жакъа къоялъ аварал ругеб территориялда школабазда жо малъулеб буго авар мацӀалда 3-абилеб классазде щвезегӀан, хадуб — гӀурусалда. Шагьаразда абуни киналниги школабазда миллиял мацӀал хисун хӀалтӀизабулеб буго гӀурус мацӀ. Гьеб системаялъ цӀикӀкӀинабулеб буго ассимилациялъе рес. Дагъистаналъул конституциялда рекъон, авар мацӀалъул буго "пачалихъияб" статус Дагъистаналъул Ресбуликаялда; аваразул мухъазда, де факто, гьеб буго расмияб мацӀлъун.
2001–2016 соназда[17] авар мацӀалда санайил информация кьолеб букӀана Прагаялда американ «Эркенлъи/Эркенаб Эвропа» радиостанциялъул Шималкавказияб студия, жиб Цолъарал Штатазул Конгрессалъ финансинабулеб букӀараб.[18][19]
Материалияб маданият
хисизабизеРосаби
хисизабизеРукъ
хисизабизеЖамгІиял бакІал
хисизабизеРосдал магІишат ва боцІи-панз хьихьи
хисизабизеКверзул махщел
хисизабизеМиллияб ретІел
хисизабизеРукІа-рахъин
хисизабизеЖамгІияб низам
хисизабизеХъизан
хисизабизеКвен-тІех
хисизабизеДин
хисизабизеГьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Аварал буго бусурбанал.
ГІадатал
хисизабизеГалерея
хисизабизе-
Авар мацӀалда хъвай-хъвагӀаял тӀад ругел хъанч
-
Свастика бахъарал авар гӀадатиял берцинлъиялъул тӀагӀалаби
-
Авар нуцаллъиялъул байрахъ
-
Херай авар чӀужугӀадан
-
Лъада уней гӀолохъанай яс
Медиафайлал
хисизабизе-
Авар археолог Мурад МухІамадовас бицула буго гьанжесеб Дагъистаналъул территориялда рачІунел рукІарал ираназул, тюрказул ва мангъулазул гочардулел къокъабазул карачелазул хІакъалъулъ.
-
Авар шагІир ГІадалло ГІалица (гьединго ГІадалло ГІалиев абун лъалев) бицунеб буго авар мацІалъул, шигІру ва адабияталъул. I бутІа.
-
Авар шагІир ГІадалло ГІалица бицунеб буго авар мацІалъул, шигІру ва адабияталъул. II бутІа.
МугъчӀваял
хисизабизе- ^ a b "Национальный состав населения" [Популациялъул националаб гӀуццӀи]. Пачалихъияб статистикадул федералияб сервис. Щвей 30 Декембер 2022.
{{cite web}}
: Check date values in:|accessdate=
(help) - ^ a b c d e f g h i j k l m "Национальный состав населения Российской Федерации согласно переписи населения 2021 года" (in русский). Архивация оригинал (2022-12-30). Щвей 2023-01-05.
- ^ a b c d e f g h i j k l m n o p q r s t u v w x y z aa ab ac "Итоги Всероссийской переписи населения 2021 года по Республике Дагестан, том 3 Национальный состав". Архивация оригинал (2014-03-19). Щвей 2014-03-19.
- ^ "Перепись 2021 года. Дагстат. Том 5. Национальный состав населения республики Дагестан по городским округам и муниципальным районам". dagstat.gks.ru (in русский). Архивация оригиналалдаса 2023-07-08. Щвей 2023-07-09.
- ^ "Ethnic composition of Azerbaijan 2009". pop-stat.mashke.org.
- ^ State statistics committee of Ukraine – National composition of population, 2001 census (Ukrainian)
- ^ Къазахстаналъул Республикалъул статистикадул агентлъи. ХЪвай-хъвагӀай 2009. Archived 2012-05-01 at the Wayback Machine (Популациялъул националаб гӀуццӀи Archived 2011-05-11 at the Wayback Machine
- ^ "Ethnic composition of Georgia 2014". Pop-stat.mashke.org. Щвей 2022-03-04.
- ^ "Avars - Encyclopedia.com". www.encyclopedia.com.
- ^ Ю. А. Жданов. Энциклопедия культур народов Юга России: Народы Юга России. Ростов-на-Дону: Северо-Кавказский научный центр высшей школы, 2005. — 244 с.
- ^ (Chirikba V.A. Baskskij i severokavkazskije hazyki//Drevnja Anatolija. Moscow. Nauka, 1985, p. 100; See also: Nikolaev S.L., Starostin S.A. A North Caucasian etymological dictionary. Moscow, 1994
- ^ Starlingdb.org
- ^ "Аварцы – прошлое и настоящее".
- ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебДаг2010
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ И. М. Дьяконов. Старостин С. А., Хуррито-урартские и восточно-кавказские языки // Древний Восток: Этнокультурные связи- М.: 1988
- ^ Дьяконов И. М., Старостин С. А. Хуррито-урартские и восточнокавказские языки // Древний Восток: этнокультурные связи. — Москва: Наука, 1988.
- ^ "«Радио Свобода» прекратило вещание на черкесском (адыгском) языке". Архивация оригинал (2017-06-15). Щвей 2022-10-06.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ 3 апреля 2001 года «Радио Свобода» приступило к регулярному вещанию на Северный Кавказ
- ^ "Как Радио «Свобода» вещает на Северный Кавказ". Архивация оригинал (2015-07-05). Щвей 2022-10-06.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)