Нахъисеб рагьараб
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Нахъисел рагьарал — кІалъалел цо-цо мацІазда ругел рагьарал гьаракьазул класс. Гьеб баян гьабулеб хасият ккола мацІалзул бищун борхатаб бакІ, цогидалде данде ккун, кІалзул нахъисеб рахъалда букІин, рагьукъал лӀугьунаго гІадин кӀалъал нух чІедерлъизабичІого. Нахъисел рагьаразде гьединго цо-цо абула бецІал рагьарал-иланги, щай гурелъул цересел рагьаразде данде ккун, гьел дагьабги бецІго абулел рукІиналъ.[1]
ГӀагар-нахъисел рагьарал, ялъул нахъисел хӀалуцинчӀел, унгоги, ккола нахъисел рагьаразул тайпалъун; цониги мацІалда, лъалеб жо, данде лъоларо нахъиселги гӀагар-нахъиселги рагьарал гІицІго кьерлъуде балагьун.
Артикулация
хисизабизеНахъисел рагьаразул артикулациялъул цоккураб категория гьечІо, амма гьел рукІине бегьула рорхарал рагьараллъун, мисалалъе [u] гІадал, яги нахъе цІцІараллъун, мисалалъе, [ɑ] гІадал[2].
БутӀаккун лист
хисизабизеИнтернационалаб фонетикияб алфабеталда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:
- тӀасияб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɯ]
- тӀасияб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [u]
- гӀагар-тӀасияб гӀагар-нахъисеб гургинлъараб рагьараб [ʊ]
- тӀад-гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɤ]
- тӀад-гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [o]
- гъоркь-гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ʌ]
- гъоркь-гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [ɔ]
- гъоркьияб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɑ]
- гъоркьияб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [ɒ]
ИФАлда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечІел цересел рагьарал:
- тӀасияб нахъисеб экзолабиалаб рагьараб [ɯᵝ] яги [uᵝ]
- тӀасияб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɯ̽] яги [ʊ̜]
- тӀасияб нахъисеб хӀалуцинчӀеб экзолабиалаб рагьараб [ɯ̽ᵝ] яги [ʊᵝ]
- тӀад-гьоркьохъеб нахъисеб экзолабиалаб рагьараб [ɤᵝ] яги [oᵝ]
- гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɤ̞] яги [ʌ̝]
- гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [o̞] яги [ɔ̝]
Гьанибго гІадин, нахъисеб кьералъул цогидал рагьаразеги бегьула транскрипция гьабизе релятивияб артикуляциялъул жал аскІор ругел рагьаразеги хІалтІизарулел диакритиказул квекудалъун, мисалалъе ⟨u̞⟩, ⟨o̝⟩ яги ⟨ʊ̟⟩ гІадал гӀагар-тӀасиял нахъисезде гІагарал гургинлъарал рагьаразе.
Ралагье гьединго
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизе- ^ Tsur, Reuven (Фебруар 1992). The Poetic Mode of Speech Perception. Duke University Press. гь. 20. ISBN 978-0-8223-1170-6.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help) - ^ Scott Moisik, Ewa Czaykowska-Higgins, & John H. Esling (2012) "The Epilaryngeal Articulator: A New Conceptual Tool for Understanding Lingual-Laryngeal Contrasts"