Парс яги Фарс (парс فارس‎ — Fārs, яги پارس — Pārs), Парс — Ираналъул 31 провинциялдаса (останалдаса) цояб ва гьединго тарихияб область. Остан буго пачалихъалъул жунуб рахъалда, Парс заливалъул рагӀалда. Ракьалъул гӀеблъи — 122 608 км²[6], население — 4 596 658 человек[6] (2011). Административияб марказ — Шираз шагьар[7].

Парс
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Шираз
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 122 608 км²
СагӀтазул зона UTC+3:30 и UTC+4:30
КӀудиял шагьарал Шираз, Марвдашт, Джехром
Халкъ
Къадар 4 851 274[1] чи  (2016 сон)
Гъунки 39,57 чи/км²
Расмиял мацӀал

фарси
азарбижан
кашкай мацӀ

[2][3][4][5]
Luri (диалект Mamasani)
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 073262
Парс картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Парс остан — парсазул ва парс мацӀалъул тарихияб ватӀан, ва гьединго иранияб хӀукуматлъиялъ жиндирго кьучӀ босараб бакӀ. Латинияб Персия абураб цӀар бачӀула некӀияб парс мацӀалда букӀараб — Парса[7] яги Парсуаш абурал цӀараздаса.

Тарих хисизабизе

Парсалда тӀоцересел гӀадамазул чӀел бугел бакӀал раккана н. э. цебе 3-леб азарсоналда, гьезул бищун кӀудияблъунги ккола Аншан абураб шагьар. Аншаналда букӀун буго Эламалъул ханзабазул резиденция, некӀсияб пачалихъалъул тахшагьарлъун Шуш (гьанжесеб Хузестан) тезегӀан.

География хисизабизе

Парс остан буго Ираналъул жунубалда ва Исфагьангунги Йаздгунги шималалдаса, Кермангун — бакхъбаккудаса, с Хурмузгангун жунубалдаса, Бушергун — на жунубгун-бакътӀерхьудаса, ва Кохгилуйе ва Бойерахмед остангун — бакътӀерхьудаса мадугьалихъ ккола.

Провинция Парс бугилан абизе бегьула тӀубанго Загрос магӀарзда тӀад. Гуми лъедолел лъарал яги гӀорал гьечӀо.

Административияб бикьи хисизабизе

Провинция Парс бикьула 36 шагьрестаналда (бал. Категория:Парсалъул шагьрестанал).

Шагьрестанал ва гьезул административиял марказал:

 

Халкъ хисизабизе

ЦӀикӀарасел гӀадамал ккола парсал, жунубалда ва бакътӀерхьуда руго кашкаязул росаби ва кашараби.

Шагьарал хисизабизе

Парсалъул бищун кӀудияб шагьар ва административияб марказ ккола Шираз.

Цогидал чӀахӀиял шаьарал — Мервдешт, Джехром, Феса, Казерун, Фирузабад, Нурабад, Абаде, Лар, Эклид, Нейриз, Эстахбан

Экономика хисизабизе

Аслиял экономикаялъул отраслял ккола — электротехникияб, химикияб, нартил, кванил, текстилияб, къохьол, къарщидул промышленность, нарт ва газ бахъи, энергетика, росдалаб магӀишат (ролъ, пурчӀина, цоросоролъ, пиринчӀ, цитрусал, чакардул чӀаркӀутӀан, пампа, рапс, клещевина, багӀли, кунжут, чамастак, пистӀашкаби, миндаль, фундук, зайтун, инжир, хъарбуз, тӀугьдул), бича-хиси, транспорт, туризм.

Маданият хисизабизе

Цебесаб маданияталъул лъикӀ бицула цебесеб шагьар — некӀсияб Пасаргадалда щвараб мехалъ. Гьениб буго КӀудияв Къуращил зиярат, Дарийил I ва Ксерксил I тахшагьар Персеполь, цересел кӀалгӀабазул хутӀелалгун.

Жибго Шираз, гьоркьохъел гӀасрабазул архитектура сабаблъун ва хасго жиндир гӀемерал аххаздалъун (гьелъие "Ираналъул ахх"-ин абун цӀар кьун буго гӀадамаца) жиб машгьураб, гӀемерал шагӀирзабаца беццараб бакӀ буго; Карим-хан Зандица гьениб кӀиго кӀудияб зиярат бана шагӀирзаби ХӀафизие ва СагӀадиясе.

Рихьизе бакӀал хисизабизе

 
Парсалда руго гӀемерал мажгитал

Ширазалда буго Зандазул заманаялъул Карим-ханил хъала, Шагь-э Чирахъ, ХӀафизил, СагӀадиясул, ХӀаджу Керманил, Мир МухӀаммадил ва Баба Кугьи Ширазиясул зияратал, Насир-ал Мулк, Атиг, Вакиль ва Шагьидзабазул абурал мажгитал, Хана мадраса, базар ва баня Вакиль, Парс музей, англиканияб Мукъадасав Симон Кананитил гьатӀан, зартуштияб гьатӀан ва цогидал.

МугъчӀваял хисизабизе

  1. "National census 2016". Архивация оригинал (2017-03-14). Халагьи 2020-05-24.
  2. М. Б. Баxманбеги. Ук. соч., стр. 11-12..
  3. A. Vambery, " Ćagataische sprachstudien...".
  4. Captain Oliver Garrod — The Qashqai tribe of Fars (1946) // Journal of The Royal Central Asian Society.
  5. "Кашкайцы". www.aggregateria.com. Архивация оригинал (2018-02-07). Халагьи 2018-02-06.
  6. 6,0 6,1 Statoids.com Archived 2016-10-22 at the Wayback Machine (инг.)
  7. 7,0 7,1 Большой словарь географических названий / под общей редакцией академика В. М. Котлякова. — Екатеринбург: У-Фактория, 2003. — Гь. 682. — 832 с. — ISBN 5-94799-148-9.

Адабият хисизабизе

РегӀелал хисизабизе


Ошибка Lua в Модуль:External_links на строке 61: assign to undeclared variable 'link'.