Рамсес II [ a] (НекӀсияб египти : rꜥ-ms-sw , Rīꜥa-masē-sə ,[ b] НекӀсияб египти абулеб куц: [ɾiːʕamaˈseːsə] ; гІ-ш. 1303 НЩ – 1213 НЩ ),[ 4] жив Рамсес КӀудияв абунги лъалев, вукӀана НекӀсияб Египталъул пиргӀан , анцӀила ичӀабилеб династиялъул лъабабилев. РикІкІуна НекІсияб Египеталъул бищун тІадегІанал ва гучал пиргІавназул цоявлъун[ 5] . Гьесул ирсилаз ва хадусел египтяназ гьесда абулаан "КІудияв Эменилан" ва "А-нахту", ай "Берьенлъи кколев" , абун. Папирусазда ва монументазда гьединго рехсон вуго Сессу абун бугеб халкъияб цІаралдалъуниги.
Рамсес II ТІадегІанав Усирмаатра-сетепенра Рамсес-Мериамон
Лукъсуралда бугеб II Рамсесил статуя
Коронация
31 май 1279 н. щ.
Цеве вукІарав
Сети I
Хадув вачІарав
МернептахІ
Ирсилав
Хаемуас , МернептахІ
Период:
ЦІияб ханлъи
Наслу:
XIX Наслу
Хронология:
1279– 1213 н. щ. (66 сон) — Ю. фон Бекератида, K. A. Китченида, Р. Крауссида ва W. Helck-ида рекъон
1279–1212 н. щ. (67 сон) — Э. Ф. Вентеда рекъон
1290–1224 н. щ. (66 сон) — Э. Хорнунгида рекъон
1290–1223 н. щ. (67 сон) — Р. Паркерида рекъон
Титулал
Преномен:
wsr-Mȝˁt-Rˁ stp.n-Rˁ
Номен:
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn — «Ра илагьас вижарав, Амуние вокьулев»
Хор цІар:
kȝ-nḫt mrj-Mȝˁt
Небти цІар:
mk-Kmt wˁf.-ḫȝswt
Меседил цІар:
wsr-rnpwt ˁȝ-nḫtw
балагье ЦІаралде
Гьавуна:
22 февраль(?) 1303 с. н. щ. Гъоркьияб Египет
Хвана:
июль 1213 с. н. щ. Пер-Рамсес , Египеталъул империя
Вукъараб бакІ:
KV7 (Ханзабазул расалъи )
Наслу:
XIX Наслу
Эмен:
Сети I
Эбел:
Туйя
Лъади:
1) Нефертари Меренмут 2) Меритамон 3) Иситнофрет 4) Бент-Анат 5) Небеттави 6) Хенутмира 7) Маатхорнефрура
Лъимал:
васал: Амонхерхопшеф , Хаэмуас , МернептахІ ва жеги 100-де гІунтІун лъимал (бл. II Рамсесил лъималазул сияхІ)
Миллат:
Египтянав
Дин:
НекІсияб Египеталъул дин
Рагъул пиша
Рагъул цІар:
Египеталъул аскаразул цевехъан
БетІерлъи гьабуна:
Египеталъул аскар
Рагь:
ГІагараб Машрикъалда рагъул кампаниял, Хеттазулгун рагъ , Кадешалъул рагъ , Дапур бахъи
Картуш:
Монументал:
Абу-Симбел, Абидос[ 1] , Рамессеум , Лукъсур [ 2] , Карнак.
Греказул ицазда гьев рехсон вуго Озимандиас абураб цІаралда гъоркь (НекӀсияб грек : Οσυμανδύας Osymandýas ),[ 6] жиб Рамсесил Усирмаатра Сетепенра абун бугеб тахилаб цІаралдаса лӀъугьараб.[ 7]
КІудияв рагъухъан II Рамсесица бетІерлъи гьабуна чанго Леванталде гьабураб рагъул экспедициязе, жидедалъун КанагІаналда Египеталъ цІидасан кверщел гьабураб. Жиндирго бахІарчилъиялдалъун Рамсесица Кадешалъул рагъулъ хвасар гьабуна аскар. Рамсесица ва хеттазул ханас хъвана тарихалда тІоцебесеб раклил къотІи, жиндалъун рагъ лъугІизабураб. Гьединго гьес гьабуна чанго экспедияция Нубиялдеги, жиндие Байт-ал-Валиялда ва Герф-ХІусейналда ругел хъвай-хъвагІабаз нугІлъи гьабулел.
Рамсесица кьучІ лъуна Делтаялда Пер-Рамсес шагьаралъе, жиб Египеталъул тахшагьарлъун ва Сириялде гьарурал рагъул кампаниязе базалъун гьабураб.
14 соналъул гІужалда, жиндир эмен I Сетица гьев гьавуна принц-регентлъун.[ 5] РикІкІуна, Рамсес II пиргӀанлъуде вачІанин гІолохъанго, ва, лъалеб жо, Египеталъе нухмалъе гьабуна НЩ 1279 соналдаса НЩ 1213 соналде щвезегІан.[ 8] Манефоница II Рамсесил пиргӀанлъул мехалъе кьолеб буго 66 сонги 2 моцІги, жакъасел египтологистаз, некІсиял иццаздасан лъалеб мухІканаб къо-моцІги (БачІиналъул моцІалъул 27 къо) кьочӀое босун, рикІкІуна гьев тахиде вачІанин н. щ. 1279 соналъул 31 маялда абун.[ 9] [ 10] Рамсесица гІумруда 90 ялъуни 91 сон бай мухІканаблъун ккола[ 11] [ 12] .
II Рамсесица жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб тІобитІула 13 яги 14 ХІеб-Сед (тІоцебесеб тІобитІулаан пиргІавница 30 соналъ ханлъи гьабун хадуб, хадусел тІоритІулаан щибаб лъабго лъагІалидасан) — тІокІав цониги пиргІавнас тІоритІичІелгІан гІемерал[ 13] . Хун хадув, Рамсес II вукъула Ханзабазул расалъиялда гьабураб хоб-рукъалъув (KV7 )[ 14]
Гьесул жаназа батула ханзабазул балъгояб рокъоб 1881 соналъ , жакъа къоялъ гьеб буго Египеталъул музеялда [ 15] .
Рамсес абулеб цІар буго грек ва латин мацІалдаса бачІараб Ра-меси-су (Rˤ-msj-sw абураб египтяназул цІар, жиндир магІнаги «Ра илагьас вижарав» абун бугеб. Рамсес ТІадегІанасесул жиндирго цІар (номен) букІана Рамесису Мериамон абун.
Грек мацІалда Диодор Сицилияс абулеб буго II Рамсесида Осимандиас абун (н.-грек Ὀσυμανδύας )[ 16] , гьеб цІарги бачІун батизе ккола Рамсесит тах цІар Усирмаатра абураб цІаралдаса (ялъуни «Uashmuariya» — семитаз хъвалеб букІараб цІаралдаса).
ЦІаралъул тайпа
ЦІар иероглифаздалъун
Транслитерация — МагІна
«Тах цІар» (ТІасияб ва Гъоркьияб Египеталъул хан хІисабалда)
wsr-Mȝˁt-Rˁ — усер-маат-Ра —
«Рал хІакъикъаталдалъун къуватав вуго»
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
wsr-Mȝˁt-Rˁ tjt-Rˁ
wsr-Mȝˁt-Rˁ ḥqȝ-Wȝst —
«Рал хІакъикъаталдалъун къуватав, Уасеталъул хан»
wsr-Mȝˁt-Rˁ jwˁ-Rˁ
wsr-Mȝˁt-Rˁ mrj-Rˁ
wsr-Mȝˁt-Rˁ stp.n-Rˁ
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
wsr-Mȝˁt-Rˁ nb-ḫpš
цебе рехсаралда релъараб
wsr-Mȝˁt-Rˁ stp.n-Rˁ pḥtj-mj-Mnṯw
wsr-Mȝˁt-Rˁ
«Жиндирго цІар» (Рал вас хІисабалда)
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn —
«Ра илагьас вижарав, Амуние вокьулев»
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn nṯr-ḥqȝ-Jwnw —
«Ра илагьас вижарав, Амоние вокьулев, Иунуялъул илагьияв бетІер»
цебе рехсаралда релъараб
цебе рехсаралда релъараб
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn mrwtj-mj-Jtm
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn wr-mnw
Rˁ-msj-sw mrj-Jmn
ss(j)-sw mrj-Jmn
ss-sw
s-sw
«ХІарув-цІар» (ХІарув хІисабалда)
kȝ-nḫt mrj-Mȝˁt — ка-нахт мери-Маат —
«Къуватаб бугъа хІакъикъаб бокьулеб»
цебе рехсаралад релъараб
C177
цебе рехсаралад релъараб
kȝ-nḫt mrj-Mȝˁt nb-ḥȝbw-sd-mj-jt.f-Ptḥ-Tȝṯnn —
«Къуватаб бугъа, хІакъикъаталъе бокьулеб, ХІеб-сед байрамазул бетІер, жиндирго эмен ПтахІида релъарав»
kȝ-nḫt mrj-Rˁ
kȝ-nḫt mrj-Rˁ ptpt-ḫȝst-nb(t)-ḫr-ṯbwj.f
kȝ-nḫt ḥˁj-ḥr-Mȝˁt
kȝ-nḫt sqȝj-Wȝst
kȝ-nḫt sḫm-pḥtj
kȝ-nḫt wsr-pḥtj
kȝ-nḫt wr-pḥtj
kȝ-nḫt zȝ-Jtm
kȝ-nḫt ˁḥȝ-ḥr-ḫpš.f
kȝ-nḫt wr-nḫtw ˁḥȝ-ḥr-ḫpš.f
kȝ-nḫt ˁȝ-nsyt
kȝ-nḫt ˁȝ-šfjt
kȝ-nḫt wṯz-Mȝˁt
kȝ-nḫt wsr-ḫpš
kȝ-nḫt spd-ˁbwj
kȝ-nḫt qȝj-ḥḏt
kȝ-nḫt ḥwj-tȝ-nb
kȝ-nḫt ṯz-tȝwj
kȝ-nḫt mn-jb sḫm-pḥtj
kȝ-nḫt wr ḥȝbw-sd mrj-tȝwj
kȝ-nḫt sḏ-Sṯtjw
kȝ-nḫt n-Rˁ sḏ-Sṯtjw
kȝ-n-ḥqȝw
wr-ḥȝbw(-sd)-mj-Tȝtnn
«Небти цІар» (кІиябго тажалъул БетІергьан хІисабалда)
mk-Kmt wˁf.-ḫȝswt
mk-Kmt wˁf.-ḫȝswt Rˁ-msj-nṯrw grg-tȝwj —
«Египеталъул БахІарчи, жиндие ирсалъе чияр вилаятал щварав, илагьазул рижи, жинца кІиябго ракь рукІалиде бачарав»
šzp-nṯrj-n-Ḫprj
wr-šfjt mk-Kmt —
уер-шефит-мек-Кемет —
«Многоуважаемый защитник Египта»
smnḫ-mnw-m-Jpt-rsj(t)-n-jt.f-Jmn-dj-sw-ḥr-nst.f
ḥˁj-ḥr-Mȝˁt-mj-ȝḫtj
ˁḥȝ-n-ḥḥw mȝj-sḫm-jb
ˁḥȝ-ḥr-ḫpš.f mk-mšˁw.f
sḫr-pḥw-sw jnj-pḥwj-tȝ
«Меседил цІар» (Маседил ХІарув хІисабалда)
wsr-rnpwt ˁȝ-nḫtw — «Саназдалъун къуватав, бергьенлъабаздалъун кІудияв»
цебе рехсаралда релъараб
ˁȝ-ḫpš mry-tȝwj —
«КІиябго улкаялда инициативияв ва вокьулев»
wsr-ḫpš mrj-tȝwj
wḫȝ-mj-jmj-Wȝst
ḥḥ-ȝḫwt-n-msj-sw
sḫm-ḫpš dr-pḏt-9
wr-nḫtw-ḥr-ḫȝst-nbt
wr-fȝw sḫm-pḥtj
wˁf.-ḫȝswt dr-bšṯw
ГьитІинав Рамсесил сурат. Лувр.
Рамсес гьавуна гІага-шагарго н. щ. 1303 соналъ, I Сетил ва Туйял хъизаналда. Рамсесие 5 сон бугеб мехалъ, гьесул кІудияв эмен Рамсес I , цевесев пиргІавн ХІоремхІебица жиндирго ирсилавлъун вищарав, лъугьуна Египеталъул пиргІавнлъун . Гьес ханлъи гьабула 2 соналъ, ва гьесдаса хадув н. щ. 1290 соналъ пиргІавнлъун лъугьуна II Рамсесил эмен Сети I .
ГІага-шагарго гьебго заманалда, Рамсесил яц росасе кьола Тийя хІакимчиясе, ханасул къаламчи Амунуахил васлъун вукІарав, ва II Рамсесил заманалда гьев лъугьана пиргІавнасул гІакълучилъун ва пачалихъалъул хазиначилъун. Тийял хъизаналъул хоб-рукъ батана Саккараялда ХІоремхІебил букІараб тІоцебесеб хоб-рукъалда аскІоб.
10 сонил гІужалда II Рамсесие инсуца кьола хІурматияб рагъул цІар — аскаралъул бетІерав цевехъан, — ва кІудияб кІвар кьеялда байбихьула рагъулаб хъулухъалде хІадури; пиргІавнасул бищун лъикІал рагъул хъулухъалъул устарзабаз байбихьула Рамсесида рагъулаб гІелму малъизе[ 17] . КІиго соналдасан Рамсес вачуна инсуца Ливиялъул "техену" ва "мешвеш" къавмазул чабхъенал чІезаризе гьарураб рагъул сапаралде, ва гьениб Рамсесица гІахьаллъи гьабула жиндир тІоцебесеб рагъулъ. Хадусеб соналъ Рамсесица гІахьаллъи гьабула хеттазде данде Шамалда гьабураб рагъулъ, жиндир хІасилалда египтяназ, хеттал нахъе къазарун, Кадеш шагьар Египеталъул кверщаликье бачараб.
Рамсесие 15 сон бугем мехалъ, инсуца гьев тІамула жиндаго цадахъ ханлъи гьабулевлъун, гьелъие нугІлъи гьабизе бегьула инсуца Рамсесие Мемфисалда бараб кІалгІаялъ[ 18] . Гьебго заманалъ Рамсесица рачуна Нефертари ва Исетнофрет .
16 сонил гІужалда, II Рамсесица Египеталъул аскаразде нухмалъи гьабулеб букІуна, ва гьеб заманалъул хъвай-хъвагІабазда Рамсес рехсон вуго "цІодорав гІолохъанав цевехъан" хІисабалда.
Инсуда цадахъ ханлъи гьабулеб заманалда, Рамсесица къинабула Нубиялда дагьа-макъаб данде рахъин ва гьабула чанго операция ралъдал хъачагъазде данде. Гьединго Рамсесил бетІерлъуда гъоркь байбихьула Египеталъул бакътІерхьул гІурхъаби щула гьаризе ва Ливиялъул къавмазул чабхъенал къотІизаризе.
Рагъулал ишал гурелги, Рамсесица тІуралел рукІуна официалияв делегатасул ишалги, жинде гъорлъе батІи-батІиял монументал раялдаги гьелъия материалал тІала гьабиги кколе.
Н. щ. 1279 соналъ, Шему моцІалъул 26 къоялъ, Сети I накълулъула, нахъисеб къоялъ, Шему моцІалъул 27 къоялъ (нилъер къагІидаялъ 31 май) Рамсес II лъугьуна Египеталъул пиргІавнлъун , жинцаго ханлъи бачунев, гьесие гІумрудал букІуна 20 сон.
НекІсияб Египеталъул къо-моцІал нилъер календаргун данде кквезе кумек гьабула Рамсесил ханлъиялъул 52 соналъ бихьараб моцІ цІилъиялъ , жиб египтологазул цІех-рехалда рекъон, гьебго Рамсес тахиде вачІараб Шему моцІалъул 27 къоялде кколеб.
ГІага-шагарго 7 августалъ (Ахет моцІалъул 12-б къо) Рамсесица эмен вукъула, гьелде хІадурлъиялъ, египтяназул гІадатазда рекъон, балаан чи хваралдаса 70 къо. Гьелдаса хадуб гьабула Рамсесие коронация ва гьесие кьола тІубараб ханасул титулатура , щуго цІаралдаса гІуцІараб.
Рамсес II жиндирко колесницаялда нубиязде данде вагъулев.
Джирф ХІусейналъул килисаялъул бутІа, Нубия
Рамсесил ханлъиялъул 2-б соналъ Египеталъул Нубиялда байбихьула кІудияб данде рахъин, в Рамсесица бухьуна гьенибе кІудияб рагъулаб сапар, гьесда цадахъ гьенире вукІуна гьесул кІиявго вас: Амон-хер-хепшеф ва Хаэмуас .
Ирем абулеб вилаяталда чІвала 7000 чи, данде рахъин къинабула. Гьелъи нугІлъилъун руго Байт-ал-Валиялдаги[ 19] [ 20] , Джирфа-ХІусейналдаги ва Калабшаялдаги ругел Рамсесил килисаби ва монументал. Байт-ал-Валиялда бугеб килисаялъул жанубияб къадада Рамсес вахъун вуго колесницаялдаги рекІун нубиязде данде вагъилаго, гьенирго рихьизарун руго гьесул кІиявго васги колесницабазда рекІун.
Ливиялъул къавмазда тІад бергьенлъи кквей
хисизабизе
II Рамсесил заманалда Египеталъул кверщел бакътІерхьудехун букІуна Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІаллъиялдаса ва гьенире мадугьалихъе кколел ракьазда 300 км-ялъул манзилалда, гъоркьяб къадар, Завият Ум-ал-Рахамалде щун[ 21] . Гьенил хъули раялъе гІиллалъун рукІарал лъугьа-бахъинал лъалел гьечІо, амма гьеб вилаяталда Египеталъул кверщел букІин битІараблъун ккезе ккола.
Ливиязде данде II Рамсесица кІудиял рагъул экспедициял гьариялъул рагІа-ракьанде щварал рехсеял гьечІо, руго гІамм гьабун рехсарал хъвай-хъвагІиял, жидеца мугъчІвай гьабизе бегьулел цо хасал лъугьа-бахъиназда.
Асваналда батараб гІадал стелаязда рукІине бегьула хъвай-хъвагІиял. жеги I Сетил заманалдаго Ливиялде гьарурал рагъул сапаразда релъараб информациягун. Гьелъ, батизе бегьулеб жо буго I Сетида ракІалда букІун бати Ливиялдаги цІуниялъул хъулбузул мухъ гьабизе, жиндир заманалда Хорил нухалда рекъон Синаялда гьабураб гІадаб.
Ханлъиялъул 2-б соналъ, II Рамсесица гъурана Шерданазул ралъдал хъачаъал, жал Египеталъул Ракъдагьоркьосеб ралъадал рагІаллъиялдаса гІебеде, ралъдал нухаздасан Египеталде рачІунел гумузде тІаде кІанцІун, хъачагълъи гьабулел рукІарал[ 22] . Шерданазул халкъ бачІун батизе бегьула Иониялъул ва жанубияб-бакътІерхьул Анатолиялдаса , ва гьединго Сардиниялдаса [ 23] [ 24] [ 25] . Рамсесица аскар ва гуми лъуна ралъдал рагІалда бищун стратегияб рахъалъ кІвар бугел бакІазда. Цин, сабуралда чІун, Рамсесица рес кьуна хъачагъазе хасал гьезие хІадурарал гумузде тІаде кІанцІизе, ва хадуб тохлъукье гьезде тІаде кІанцІун, ккуна гьел киналго цо бакІалда ва гьениб гъурана[ 26] . Тинисалъул стелаялда бицунеб буго, гьел рачІанин "ралъдал рахъалдасан жидерго гумузда ва гьезде данде чІезе кІолев чи вукІинчІо" абун. Нилалъул гІурул ахиралда ккараб рагъалдаса хадуб, шерданазу нахъе хутІарал мукІурлъун ратизе руго. Гьеб заманалъул монументазда (Кадешалъул рагъалда хурхараздаги) шерданал рихьизарун руго пиргІавнасул рагъухъабилъун, лълъурдул ругел шлемалгун ва кІудиял хвалчабигун[ 27] .
Гьеб ралъдал рагъулъ шерданазда цадахъ пиргІавнас гъурула шерданазду цадахъ рукІарал Лукка (L'kkw, хадур рукІарал ликиял ратизе бегьула) ва Шекъелеш (Šqrsšw) халкъалги.
Шамалде ва Финикияялде рагъул кампаниял
хисизабизе
Египеталдаги Азиялдаги гьоркьоб лъугьараб щулияб рекъел лъугьун хадуб, гьеб регионалда байбихьула кутакалда цебетІезе даран-базар. ГІемерисел шагьарал, масала, Угарит гІадал, гьеб даран-базаралъул хІасалилалда кІодолъула ва экономикаяб рахъалъ церетІола. Египеталдаги Азиялдаги гьоркьор хурхеназеги хиса-басиял ккола. II Рамсесиде щвезегІан египтянал рагъул сапараздаса хадур давлагун нахъруссунел рукІун ратани ватІаналде, Рамсесил заманалдаса байбихьула египтяназ цо-цо Шамалъул ва ПилистІиналъул шагьаразда жидерго чІей бугб бакІал гьаризе.
Жинца ханлъи гьабулеб заман 30 соналде бахиндал, Египеталда билъараб гІадаталда рекъон, Рамсесица тІобитІана тІоцебесеб фестиваль Сед (егип. Ḥb-sd )[ 28] . 66 сонил ханлъиялъул бащалъи лъугІилалде, Рамсесица батІи-батІиял бергьенлъабазул рахъалъ нахъа тана гІемерисел жинда цере рукІарал пиргІавнал. Гьес чІезабуна рекъел, цІунана Египеталъул гІурхъаби, рана гІемерал ва кІудиял монументал тІолго империялда. Гьес Египет лъугьинабуна тІегьалеб ва кутакалда цебе тІураб пачалихълъун.
ТІоцебесеб ХІеб-Сед, гІадаталда рекъон, тІобитІулаан пиргІавнас жиндир ханлъиялъул сон 30 бахиндал, ва хадусеб щибаб лъабго лъагІалидасан. Рамсесица жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб тІобитІана бокьарав батІияв пиргІавнасдаса цІикІкІун ХІеб-Сед — 13 яги 14[ 29] .
Архитектуриял проектал гІумруялде рахъинари
хисизабизе
Ramesses II with Amun and Mut , Museo Egizio , Turin , Italy
Рамсес II, Лукъсур
Рамсесица Египеталда ва нубиялда рана гІемерал монументал ва минаби, гьесул картушал ратизе бегьула гьесде щвелалде рукІарал монументаздаги[ 30] . Гьесул хІурматалъул хІакъалъул бицуна ганчІида рекІкІун гьарурал хъвай-хъвагІабаз, статуяз, кІалгІабаз ва магІбадаз — тІоцере Уасеталдаса бакътІерхьудехун бугеб Рамессеумалда ругез ва Абу-Симбилалда ругез. Египеталда ва Нубиялда Рамсесил гІадал монуменатал рукІинчІо цониги гьесда цере рукІарал пиргІавназул[ 31] . Рамсесица кьучІ лъуна Дельтаялда цІияб тахшагьаралъе, жиндие Пер-Рамсес , ай "Рамсесил рукъ", абураб цІар кьураб. Гьелдаса цебе, I Сетил ханлъиялъул заманалдасаго гьеб бакІалда букІана риидалил резиденция[ 32] .
Гьесул мемориалияб магІбад, жакъа къоялъ Рамессеум абулеб цІаралда гъоркь машгьураб, букІана Рамсесил архитектуриял проектазул байбихьилъун. Проектал гІумруялде рахъинарулаго, Рамсесица гьел гьарулаан жеги киданиги рукІинчІел масштабазда. Жиндир ханлъиялъул лъабабилеб соналъ Рамсесица байбихьана гьелде щвелалде 1500 соналъ ран рукІарал пирамидабаздаса хадуб бищун кутакаб архитектурияб проект. Аза-азар къадахъабазулги, ганчІил устарзабазулги суратчагІазулги хІалтиялдалъун байбихьана тІолго Египеталъул шагьарал хисизабизе. Уасеталда щибаб магІбадалъе гьабуна реконструкция, тІаде рана цІиял бутІаби, ва гьеб щибалда букІана Рамсесил къуват ва гьесие бугеб хІурмат бихьизаби. Жиндирго хІакъалъулъ абадияб цІар ганчІида хІутІизе, Рамсесица лъазабуна ганчІил устарзабазда гьезул гамачІгун хІалтІулел къагІидаби хисизареян абун. Гьесде щвелалде ганчІида бекІкІун гьарурлаан гъваридал гурел рельефал, Рамсесица лъазабуна жиндие ганчІида гьарулел хъвай-хъвагІабиги сураталги гъваридго гьабеян, гьел хвечІого рукІине
Гьел проектал гьарулаго, Рамсесица хІалтІизаруна гьезул кІодолъи ва гуч, жиндирго ирсалда тІад заманалъ кверщел гьабичІого букІине ва гьеб гІасрабаз хвечІого хутІизе. Гьединго Рамсесица искусство хІалтІизабуна жиндирго къватІисел пачалихъазда тІад бергьенлъабазул пропаганда хІисабалдаги. Гьесул гІадал гІемерал статуял гьечІо цониги пиргІавнасул. БукІаниги, Рамсесил картушал руго цересица жиндирго гьарун руго цо-цо цересел пиргІавназул статуялги, тІад жиндирго картушалги лъун.
II Расесил кІудияб статуя Мемфисалда бугеб.
II Рамсесил кІудияб статуя , жиндие 3200 сон бугеб, тІоцебе батана анлъго бутІаялде бикьун Мемфисалда аскІоб бугеб магІбудалда. Гьелъул бакІлъи буго 83 тонна. 1955 соналъ статуялъе гьабуна реконструкция ва лъуна Къагьиралда бугеб Рамсесил Майданалда. Августалда 2006 соналъул статуя гьениса нахъе босизе ккана машинабазул газал сабаблъун гьелъие хІинкъи бижидал[ 33] . Статуя лъезе ракІалда буго КІудияб Египеталъул музеялда аскІоб[ 34] .
Нефертари Меренмут — тІоцеесей лъади, жий Рамсесил ханлъиялъул тІосебесеб соналъго кІудияй лъадилъун рикІкІуней йикІарай[ 35] (Амонил кагІин Небуненефил хоб-рукъоб батараб хъвай-хъвагІиялда рекъон). Гьей йикІана Уасеталдаса ханзабазул чукъбузул хъизаналдаса[ 36] . Пикру буго гьей XVIII наслуялъул пиргІавн Айил гІагарай кколин абун[ 37] [ 38] , амма гьелъие кьучІал далилал гьечІо[ 39] . Нефертарилги хеттазул ханасалул чІужу Пудухеппалги букІана хъвай-хъвагІи ва цоцазе сайгъатал ритІи[ 40] [ 41] . Жиндир гьитІинаб килиса Нефертарие бугеб Абу-Симбилалда килисаби рай лъугІиялда хурхараб байрамалда, гІага-шагарго н. щ. 1255 соналъ (Рамсесил ханлъиялъу 24 ва 26 саназда гьоркьоб), унтун йигей Нефертари хисула гьелъул яс Меритамоница; Нефертари хола гьебго соналъ[ 41] . Рамсесил ва Нефертарил васал хола Рамсесидаса цере ва ханлъуде рачІунаро[ 36] . Нефертарил лъималлъун рикІкІуна[ 36] [ 40] .
вас Амонхирвенемеф — лъимерлъудаго хола;
Амонхерхопшеф , киналго II Рамсесил васазул сияхІазде тІоцеве рехсон вугев. Рехсон вуго Рамессеумалдаса, Лукъсуралдаса ва Дерраялдаса стандартиял килисабазул сияхІазда, гьединго туриналъулаб статуялда.
Парахерунемеф лъала чанго сияхІалдасан ва Абу-Симбилалъул килисаялда ругел хъвай-хъвагІабадасан. ГьесулцІар хъвараб скарабейги буго.
яс Меритамон — Лукъсуралъул сияхІалда йиго ункъабилей, Абу-Симбилалъул — щуабилей. Бент-Анатго гІадин, гьей юкъана Ханзабазул лъудбузул расалъиялда, гьелъулги букІана «ханасул кІудияй чІужу» абураб титул, эбел хун хадуб щвараб[ 42] [ 43] . Гьелъул сурат цІурат цІунун хутІун буго Абу-Симбилалда, статуя батана Танисалда.
Хенуттави — II Рамсесил 7-й яс.
Мерира (Рамери) — II Рамсесил 11-в вас.
Мериатум — II Рамсесил 16-в вас.
Сети — 9-в вас. Рамсесил ханлъиялъул 53-б соналъ гьев жеги чІаго вукІуна. Карнакалда гьев вихьизавун вуго Дапур шагьар бахъулеб ва рагъулал сценабазда.
Бакетмут , Нефертари ва Небеттави рукІун ратизе бегьула цогидал лъималлъун.
II Рамсесил кІиабилей лъадилъун — батизе бегьулеб жо, Нефертари Меренмутида цадахъ, йикІана Иситнофрет . Иситнофрет жиндирго лъималазда цадахъ йихьизаюн йиго гІемерал монументазда. Дочь Рамсеса II — Бент-Анат
Бент-Анат — II Рамсесил кІудияй яс, Лукъсуралда ясазул сияхІалда бищун цее рехсон йигей. Гьелъул статуял рукІана Синаялда , Танисалад , Карнакалда, Абу-Симбилалда . Гьелъул хоб-рукъ буго Ханзабазул лъудбузул расалъиялда . Бент-анат ханасул кІудияй чІужулъун яхъуна инсул ханлъиялъул 25-б соналъ, эбел хун хадуб[ 44] [ 45] .
Рамесесу — II Рамсесил 2-в вас. Вихьизавун вуго жиндирго эбелалда ва вац Хаэмуасида цадахъ кІудияб гьечІеб скульптурияб группаялда, гьабсагІат Парижалда бугеб, ва гьединго Асваналда ва Джибал-ас-Сильсилаялда ругел стеллабазда, Абу-Симбилалъул килисаялда. Гьесие, зун хадуб, гьабураб буго вац Хаэмуасица статуя. Рамесесул ушебти фигура лъун буго Серапеумалда II Рамсесил ханлъиялъул 25-б соналъ.
Хаэмуас — II Рамсесил 4-в вас, инсуда аскІоб бищун рагІи билъаравлъун вукІарав. Гьес Мемфисалда тІубалаан ПтахІил бетІерав кагІинасул хъулухъ ва II Рамсесил ханлъиялъул 30-б соналъ гьев лъазавун вукІана пиргІанасул ирсилавлъун. Хаэмуса рехсон вуго II Рамсесил лъималазул лъабго сияхІалда. ГІолохъанаб зааналда гІахьаллъи гьабуна Шамалда гьарурал рагъазулъ, жиндие Рамессеумалда ва Карнакалда ругел суратаз ва хъвай-хъвагІабаз нугІлъи гьабулеб. Мемфисалда ПтахІил бетІерав кагІин хІисабалда, Хаэмуасие нугІи гьабун буго ушебти фигурабаз, жал Рамсесил ханлъиялъул 16, 26, 30-б ва жеги лъалареб соналъ Аписал (хасал бугъи) рукъиялда хурхун гьарурал. II Рамсесил ханлъиялъул 30-соналдаса 40-б (яги 42-б) соналде щун, Хаэмуасица нухмалъи гьабуна жиндирго инсул ункъго (батизе бегьула щугоги) «лъеберсонил» юбилеязе. ПтахІил бетІерав кагІинасул хъулухъалда Хаэмуасет II Рамсесил ханлъиялъул 55-б соналъ хисула вац МернептахІица . Хаэмуасил ушебтиял в хоб-рукъал ратана, гьединго Серапеумалда ратана батІ-батІиял тІагІалаби (каранда ралел, амулетал). Британиялъул музеялда буго гьесул берцинаб статуя.
МернептахІ — II Рамсесил 13-в вас. II Рамсесил ханлъиялъул 55-б соналъ хисула вац Хаэмуас ПтахІил бетІерав кагІинасул хъулухъалда. Гьебго соналъ лъазавула тахалъул исилавлъун ва эмен II Рамсесидаса хадув лъугьуна пиргІавнлъун.
Маатхорнефрура («Рал берцинлъи бихьулей»; гьелъул хетт цІар лъаларо) — Рамсесил лъабабилей лъади, хеттазул хан III Хаттусилил кІудияй яс. Гьезул сиясатаб ригьиналъул акталъ щула гьабуна кІиябго пачалихъалда гьоркьоб хъвараб ракълил къотІи [ 46] . Маатхорнефрура ячІана Пер-Рамсесалде 1245 соналъул февралалда[ 47] . Цо версиялда рекъон, Маатхорнефрура гІумру гьабуна йикІуна Mer-wer абулеб хІаремалда (гьанжесеб Гуроб)[ 48] , цогидаб версиялда — гьелъ пиргІавнасе гьавула вас ва гьелдаса хадуб хекого хола[ 49] . Маатхорнефрура йихьизаюн йиго жиндирго эмен III Хаттусилида цадахъ стелаялда, жиб Абу-Симбилалъул кІудияб хІарамалъул жанисеб залалъул жанубияб къадада бекІкІун гьабураб, ва гьединго йихьизаюн йиго II Рамсесида цадахъ гьесул Танисалда бугеб колоссазул цоялдаги.
II Рамсесил 4-й лъадилъун лъугьуна III Хаттусилил цоги яс, амма гьелъул цІар лъаларо.
Хенутмира («Ра илагь гІадай») — II Рамсесил гьитІинай яц ялъуни яс[ 50] [ 51] . Гьеб гипотезаялъе далиллъун буго Ватиканалъул музеялда бугеб гьелъул сурат жиндирго эбел Туял, жий гьединго Рамсесилги эбеллъун кколей, статуялда бугеб. Ругел иццазда рекъон, Хенутмирал роль кІудияб букІунаро, лъелъул васал рукІунаро ва гІумруги букІуна къокъаб. Юкъула гьей Ханзабазул лъудбузул расалъиялда гьабураб хоб-рокъоб (QV75 )
Лъала II Рамсесил хІаремалда Бабилалъул ханасул ва Зулапи улкаялъул (Шималияб Сирия) бетІерасул ясал рукІараблъи.
Рамсесил гІемерисел васазул ва ясазул улбузул цІар лъаларо.У
Монтухерхепшеф — II Рамсесил 5-в вас, гІахьаллъи гьабуна Азиялде гьарурал рагъул сапаразда. Гьесул скарабей буго Берлиналда . Ментухерхопшеф вукІана чуязда ва колесницабазда тІад таравлъун.
Небенхару — II Рамсесил анлъабилев вас., Дапур шагьар бахъиялда гІахьаллъи гьабуна.
Мериамун — II Рамсесил анкьабилев вас., рехсон вуго Рамессеумалда ва Лукъсуралда, вихьизавун вуго Дапур шагьар бахъиялдау.
Аменемуа — II Рамсесил микьабилев вас., вихьизавун вуго Дерраялъул килисалда Сетимуа цІаралда гъоркь. представлен в храме в Дерре под именем Сетимуа. Гьесги Дапур шагьар бахъиялда гІахьаллъи гьабуна.
Лъала гьединго Сетепенрал (10-в вас), Рамерил (11-в вас), Хорхерунемефил (12-в вас) ва цогидал васазул цІарал.
Небеттави — II Рамсесил яс. Йихьизаюн йиго гьесул колоссалда аскІой Абу-Симбилалда. Гьелъул QV60 хоб-рукъ буго Ханзабазул лъудбузул расалъиялда .
Абидосалъул хІарамалъул цебесеб къадада цІунун хутІун руго суратал ва цІарал Рамсесил 59 васасул ва 60 ясалъул, гьездалъун бич8чІула Рамсесил нилъеда лъалел лъудби гуребги, цогидалги гІемерал руччаби рукІин, цо-цояз рикІкІиналда Рамсесил рукІун руго 111 вас ва 67 яс.
Комментариял
Иццал
^ "Mortuary temple of Ramesses II at Abydos" . Архивация оригинал (2008-12-22). Щвей 2008-10-28 .
^ Anneke Bart. "Temples of Ramesses II" . Архивация оригинал (2008-04-28). Щвей 2008-04-23 .
^ "Rameses" . Webster's New World College Dictionary . Wiley Publishing. 2004. Архивация оригиналалдаса 2 октобер 2011. Щвей 27 април 2011 .
^ "Ramses" . Webster's New World College Dictionary . Wiley Publishing. 2004. Архивация оригиналалдаса 24 январ 2012. Щвей 27 април 2011 .
^ a b Putnam (1990)
^ Diodorus Siculus . "Diodorus Siculus, Bibliotheca Historica, Books I-V, book 1, chapter 47, section 4" . www.perseus.tufts.edu . Архивация оригиналалдаса 2011-05-06. Щвей 2011-10-10 .
^ "Ozymandias" . Архивация оригиналалдаса 2007-12-13. Щвей 2008-03-30 .
^ Rice (1999), p. 165.
^ von Beckerath (1997), pp. 108, 190
^ Brand (2000), pp. 302–05
^ von Beckerath (1997), pp. 108, 190.
^ Brand (2000), pp. 302–05.
^ O'Connor & Cline (1998), p. 16.
^ Christian Leblanc. "Gerard" . Архивация оригинал (2007-12-04). Щвей 2008-04-23 .
^ Rice (1999), p. 166.
^ "1.42-68. Египет: первые цари | Симпосий Συμπόσιον" (in русский). simposium.ru. Щвей 2018-04-25 .
^ Tyldesley, op.cit., p.90
^ Tyldesley, op. cit., p. 91
^ "Beit el-Wali" . University of Chicago. Архивация оригиналалдаса 2008-09-06. Щвей 2008-04-21 .
^ Ricke & Wente (1967)
^ Geoff Edwards. "Zawiyet Umm el-Rakham" . Архивация оригиналалдаса 2005-09-13. Щвей 2008-04-07 .
^ Grimal (1992), pp. 250–53.
^ Drews 1995, p. 54: "1840 соналъго египтологазул букІана бахІс, жидеца ливиялъул къавмазул цевехъаназе Египеталде тІаде кІанцІизе кумек гьабурал "шималияб рахъалдаса, киналго ракьаздаса рачІарал" гІадамал лъугьиналда сверун. Цо-цо гІалимзабаз рикІкІунаан гьел рукІанин жалго Ливиялъул къавмалин, цогидаз гьел рикІкІунаан Шималияб Кавказалдаса рачІарал индоевропиял ругин. ТІоцебе ьединаб пикру загьир гьабуна Эммануэль де Ружеца, жинца бихьизабураб Ракьдагьоркьосеб ралъдал шималияб рахъалда ругел ракьазул цІарал ругин гьел къавмаздасан рачІаралрукІин ва Лукка, Эквеш, Турша, Шекелеш ва Шардан къавмазул гІадамал Лидиялдаса, Ахеялдаса, Тирсенеялдаса (бакътІерхьул Италия), Сицилиялдаса ва Сардиниялдаса рукІин. Де Ружеца рикІкІунаан Ливиялъул къавмазул цевехъан Мерирал кумекчагІи — жидеда ралъда чагІи абулел — рукІанин мухьдахъ ккурал рагъухъабилъун, щайгурелъул Шерданал гьединал мухьдахъ ккурал рагъухъабилъун рехсон руго Рамсесил ТІадегІанасесул ханлъиялъул байбихьудансаго. Гьединлъидал, цо бугеб гочин, жиндир хІакъалъулъ Карнакалъул стелаялда рехсон батизе бегьулеб, букІун буго ливиялъул къавмазул мадугьалихъ бугеб ракьалде тІаде кІанцІизе хІалбихьи
^ Gale, N.H. 2011. ‘Source of the Lead Metal used to make a Repair Clamp on a Nuragic Vase recently excavated at Pyla-Kokkinokremos on Cyprus'. In V. Karageorghis and O. Kouka (eds.), On Cooking Pots, Drinking Cups, Loomweights and Ethnicity in Bronze Age Cyprus and Neighbouring Regions , Nicosia.
^ O'Connor & Cline 2003, pp. 112–13.
^ Tyldesley (2000), p. 53.
^ "The Naue Type II Sword" . Архивация оригиналалдаса 2008-07-20. Щвей 2008-05-30 .
^ "Sed festival" . The Global Egyptian Museum. Архивация оригиналалдаса 2008-09-06. Щвей 2008-04-07 .
^ "Renewal of the kings' Reign : The Sed Heb of Ancient Egypt" . Архивация оригиналалдаса 2016-11-06. Щвей 2016-11-05 .
^ Amelia Ann Blandford Edwards. "Chapter XV: Rameses the Great" . Архивация оригиналалдаса 2008-05-13. Щвей 2008-04-23 .
^ Wolfhart Westendorf, Das alte Ägypten, 1969
^ Kitchen (1982), p. 119.
^ Giant Ramses statue gets new home , BBC NEWS (25 август 2006). Хал гьабун буго 5 юл 2008.
^ Hawass, Zahi . "The removal of Ramses II Statue" . Архивация оригиналалдаса 2007-03-12. Щвей 2007-03-17 .
^ Kitchen, K. A. Pharaoh triumphant : the life and times of Ramesses II King of Egypt . — Warminster: Aris & Phillips, 1982. — 272 с. — ISBN 0856682152 .
^ a b c John K. McDonald. House of Eternity: The Tomb of Nefertari . — Getty Publications, 1996. — Гь. 15. — 124 с. — ISBN 9780892364152 .
^ The Cambridge Ancient History . — Cambridge University Press, 1970. — Гь. 81. — 1172 с. — ISBN 9780521086912 .
^ Dodson, Aidan. The complete royal families of Ancient Egypt . — London: Thames & Hudson, 2004. — 320 с. — ISBN 0500051283 .
^ Journal of the American Research Center in Egypt . — American Research Center in Egypt, 1984. — Гь. 60. — 240 с.
^ a b Tyldesley, Joyce. Chronicle of the Queens of Egypt. — Thames & Hudson, 2006. — ISBN 0-500-05145-3 .
^ a b Joann Fletcher. The Story of Egypt . — Hodder & Stoughton, 2015. — 552 с. — ISBN 9781444785159 .
^ Farid Atiya. Ancient Egypt . — American Univ in Cairo Press, 2006. — 308 с. — ISBN 9789771736349 .
^ Delia Pemberton, Joann Fletcher. Treasures of the Pharaohs: The Glories of Ancient Egypt . — Duncan Baird, 2004. — Гь. 150. — 234 с. — ISBN 9781844830480 .
^ Gay Robins. Women in Ancient Egypt . — Harvard University Press, 1993. — 212 с. — ISBN 9780674954694 .
^ Charlotte Booth. People of ancient Egypt . — Tempus, 2007. — Гь. 173. — 312 с.
^ Tyldesley, Joyce A. Ramesses : Egypt's greatest pharaoh . — London: Penguin, 2001. — 225 с. — ISBN 0140280979 .
^ Wilkinson, Toby A. H. The rise and fall of ancient Egypt : the history of a civilisation from 3000 BC to Cleopatra . — London: Bloomsbury, 2010. — Гь. 340–341. — 646 с. — ISBN 9780747599494 .
^ "Papyrus from Gurob" . www.digitalegypt.ucl.ac.uk. Щвей 2018-04-27 .
^ Tyldesley, Joyce A. Egypt's golden empire : the age of the New Kingdom . — London: Headline Book Pub, 2001. — 304 с. — ISBN 0747251606 .
^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб :03
-лъе текст бихьизабун гьечІо
^ Schneider, Thomas. Lexikon der Pharaonen . — Düsseldorf: Albatros, 2002. — Гь. 270. — 327 с. — ISBN 3491960533 .
Balout, L.; Roubet, C.; Desroches-Noblecourt, C. (1985). La Momie de Ramsès II: Contribution Scientifique à l'Égyptologie .
Bietak, Manfred (1995). Avaris: Capital of the Hyksos – Recent Excavations . London: British Museum Press. ISBN 978-0-7141-0968-8 .
von Beckerath, Jürgen (1997). Chronologie des Pharaonischen Ägypten . Mainz: Philipp von Zabern.
Brand, Peter J. (2000). The Monuments of Seti I: Epigraphic, Historical and Art Historical Analysis . NV Leiden: Brill. ISBN 978-90-04-11770-9 .
Brier, Bob (1998). The Encyclopedia of Mummies . Checkmark Books.
Clayton, Peter (1994). Chronology of the Pharaohs . Thames & Hudson .
Dodson, Aidan; Dyan Hilton (2004). The Complete Royal Families of Ancient Egypt . Thames & Hudson. ISBN 978-0-500-05128-3 .
Grajetzki, Wolfram (2005). Ancient Egyptian Queens – a hieroglyphic dictionary . London: Golden House Publications. ISBN 978-0-9547218-9-3 .
Grimal, Nicolas (1992). A History of Ancient Egypt . Oxford: Blackwell. ISBN 978-0-631-17472-1 .
Kitchen, Kenneth (1983). Pharaoh Triumphant: The Life and Times of Ramesses II, King of Egypt . London: Aris & Phillips. ISBN 978-0-85668-215-5 .
Kitchen, Kenneth Anderson (2003). On the Reliability of the Old Testament . Michigan: William B. Eerdmans Publishing Company . ISBN 978-0-8028-4960-1 .
Kitchen, Kenneth Anderson (1996). Ramesside Inscriptions Translated and Annotated: Translations. Volume 2: Ramesses II; Royal Inscriptions . Oxford: Blackwell Publishers. ISBN 978-0-631-18427-0 . Translations and (in the 1999 volume below) notes on all contemporary royal inscriptions naming the king.
Kitchen, Kenneth Anderson (1999). Ramesside Inscriptions Translated and Annotated: Notes and Comments. Volume 2: Ramesses II; Royal Inscriptions . Oxford: Blackwell Publishers.
Kuhrt, Amelie (1995). The Ancient Near East c. 3000–330 BC . Том Vol. 1. London: Routledge .
O'Connor, David; Eric Cline (1998). Amenhotep III: Perspectives on his reign . University of Michigan Press.
Putnam, James (1990). An introduction to Egyptology .
Rice, Michael (1999). Who's Who in Ancient Egypt . Routledge. ISBN 978-0-415-15448-2 .
Ricke, Herbert; George R. Hughes; Edward F. Wente (1967). The Beit el-Wali Temple of Ramesses II .
Rohl, David M. (1995). Pharaohs and Kings: A Biblical Quest (illustrated, reprint ред.). Crown Publishers. ISBN 978-0-517-70315-1 .
RPO Editors. "Percy Bysshe Shelley: Ozymandias" . University of Toronto Department of English . University of Toronto Libraries, University of Toronto Press. Архивация оригинал (2006-10-10). Щвей 2006-09-18 .
Siliotti, Alberto (1994). Egypt: temples, people, gods .
Skliar, Ania (2005). Grosse kulturen der welt-Ägypten .
Stieglitz, Robert R. (1991). "The City of Amurru". Journal of Near Eastern Studies . 50.1 .
Tyldesley, Joyce (2000). Ramesses: Egypt's Greatest Pharaoh . London: Viking/Penguin Books.
Westendorf, Wolfhart (1969). Das alte Ägypten (in немецкий).
Can. Assoc. Radiol. J. 2004 Oct; 55(4):211–17, PMID 15362343
The Epigraphic Survey, Reliefs and Inscriptions at Karnak III: The Bubastite Portal, Oriental Institute Publications, vol. 74 (Chicago: University of Chicago Press , 1954