Рахьдал мацӀалъул къо

Халкъаздагьоркьо́себ ра́хьдал ма́цӀалъул къо́ (цогидал ЦМГІялъул расмиял мацІазда: инг. International Mother Language Day,гӀар. اليوم العالمي للغة الأم, ‎‎исп. Día Internacional de la Lengua Materna, кит. 國際母語日,гІур. Международный день родного языка,пар. la Journée internationale de la langue maternelle) — гІуцІана ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъул 30-абилеб сессиялда, 1999 соналъул ноябралъ ва 2000 соналдаса бахъун санайил 21 февралалъ кІодо гьабула рахьдал мацІал цІуниялъе ва маданияталъул мультикультурализм цІцІикІкІине.

Рахьдал мацӀалъул къо
Рахьдал мацӀалъул къо
Тайпа Халкъаздагьоркьосеб
Лъуна 1999 соналъ
КІодо гьабула санайил
Къо-моцІ 21 феврал

ЮНЕСКОялъул оценкабизда реъон, 6000 дунялалъул мацІазул бащалъи тІагІиналъул хІинкъи бугел руго[1]. 2009 соналъ ЮНЕСКОялъ 136 Россиялъул территориялда бугеб мацІ тІагІиналъул хІинкъи бугеблъун рикІкІана.

Рахьдал мацӀалъул къо Россиялда хисизабизе

Дагъистаналда санайил 21 февралалъ Авартеатралда тӀоритӀула мероприятиял рахьдал Авар мацӀ кӀодо гьабизе. МагІарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул хIаракаталдалъун исана микьабилеб нухалдаги 22 февралалда МахIачхъалаялъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авар музыкалиябгун драматическияб театралда тIобитIана авар мацIалъул фестиваль. Щибаб соналъ гIадин Авар театралъул жанахI цIун букIана батIи-батIиял мухъаздаса ва шагьараздаса рачIарал магIарулазул ва гьединго цогидал миллатазул вакилзабазул[2].

ХІужаби хисизабизе

  1.  (гІурус) Международный день родного языка на сайте ЮНЕСКО (ссылка проверена 20 февраля 2011)
  2. Авартеатралда рахьдал мацIалъул къо. 28.02.2020 c.

РегІелал хисизабизе

Ошибка Lua в Модуль:External_links на строке 61: assign to undeclared variable 'link'.