Туплисалъул имарат (гуржи: თბილისის საამირო t’bilisis saamiro, гӀар. إمارة تفليسي‎‎ Imārat Tiflisi) — исламияб пачалихъияб гӀуцӀцӀен, ГӀараб халифаталъул эгидаялда гъоркь Бакъбаккул 736-лдаса 1122 соналде щвезегӀан (де факто — 1080 соналъ-лъагэан) ва БакътӀерхьул Гуржистаналда 735 соналдаса IX гӀасруялъул бащалъуде щвезегӀан букӀараб. Имараталъе нухмалъи гьабулеб букӀана цин ШугӀабилазул наслуялъ (Умаятилазул наслуялъул гӀаркьел), хадуб, Саакъ амир хилиплъигун, гьеб хисана Шайбанилаз ва Джаффарилаз. Тахшагьарлъун букӀана Туплис. Туплисалъул амир хъулахъалде тӀамулан живго халифас.[1]

Гуржистан ва Кавказ гӀага-шагарго 740 соналъ, имарат гӀуцӀараб заман.

Имарат гӀуцӀи хисизабизе

Имарат гӀуцӀи букӀана гӀарабаз Кавказалда кверщел тӀибитӀизабиялъул хӀасиллъун. Гьеб байбихьана 645 соналъ ва 90 соналдаса (735) гӀарабазул рагъул цевехъан, Умаятилазул наслуялъул Марваница кверде босана Туплис. Марван тӀамуна Кавказалъул сардарлъун, гьесда цере лъун рукӀана тӀолго регион исламалде бачиналъул масъалаби. Туплисалда гьес тӀамуна амир, жиндир хӀакимлъи бакъбаккулги бакътӀерхьулги Гуржистаналда тӀибитӀарав.

Имараталъул территория хисизабизе

Байбихьуда Туплисалъул амирасе мутӀигӀаб букӀана кинабниги Бакъбаккул Гуржистан, амма VIII-IX гӀасрабазул гӀорхъодаса имараталъул территория дагь-дагьккун гьитӀинлъизе лӀугьана. Амиразул къуватаб позицион букӀана Квемо-Картли ва Шида-Картли.[2]

IX–XI гӀасрабазда Туплисалъул имараталъул шималияб гӀурхъи гӀунтӀулаан Дигом кӀкӀалахъе.[3] Жанубалда туплисалъулав амирасул рукӀана Биртвиси, Орбети ва Парцхиси хъулби. IX гӀасруялъул ахиралдаса Квемо Картлиялъул жанубияб рахъ щвана Багратилазухъе, гьезухъ букӀана Самшвилде хъала ва Квемо (Гъоркьияб) Картлиялъул жануб, Кциа гӀоралъул гьоркьохъеб ва гъоркьияб гӀурумухъги гъорлӀе бачун. БакътӀерхьуда имараталъул гӀурхъи букӀана Триалетигуе[4]. Имараталъул бакъбаккул гӀурхъи букӀана аслияб къагӏидаялъ Кор гӀорккун, амма, бихьухъе, бакъбаккул рагӀалда имараталъул букӀана Исан расалъи, АвчӀала (гуржи: ავჭალა), Рустави шагьар ва Къарби гӀоралъул аххалъуде щун территория.[5] IX гӀасруялъул бащалъуде гӀагарлъуда имарат, территория гьитӀинлъуе, хутӀана Картлиялъул гӀурхъабазда.

Тарих хисизабизе

Гуржистаналде гІарабал тІоцере рачІана 645 соналъ, амма гуржи ракь-мухъалда кверщел тІибитІизабуна гьез 735 соналъ. Гьебго соналъ II Марваница кверде босана Туплис ва сверухъ ругел ракьал ва тІамуна гьенив амир, жив халифас яги, цо-цо Арминиялъул остиканица тасдикъ гьавизе кколев вукІарав.

ГІарабазул заманалъ Туплис лІугьана исламияб гІалмалдаги шималияб Европаялдаги гьоркьоб даран-базаралъул центрлъун. Гьеб гуребги, гьеб функционлъулеб букІана кІвар бугеб ва румаздеги хазараздеги данде чІезе бугеб гІараб форпост ва буферияб провинция хІисабалда. Заман анагІан Туплис буссана исламияб шагьралде, амма сверухъ ругел ракьазда рукІана насраниял.

810-л соназ, ункъабилеб фитнаялдаса хадуб ГІаббасияб халифат загІиплъана, ва халифасул хІакимлъиялде данде рахъана жидеда гьоркьоб сепаратизм тІибитІарал перифериязул бутІрул, гьездаго гьоркьор рукІана Туплисалъул амирзабиги. Гьебго заманалда имарат гІужие босана цІилъулеб букІараб гуржиязул Багратиони наслуялъ, жиндица жиндирго ракь Тао-Кларджетиялдаса хутІарал гуржи ракьазде гІатІид гьабулел рукІарал. Туплисалъул имараталъул къуват цІикІкІана ИсхІакъ ибн ИсмагІилил (833–853) амирлъиялда, гьесул букІан гІураб къуват таватиязул жигар къинабиялъеги регионалда ГІаббасияб халифаталъул хІакимлъиялде данде къеркьеялъеги. Гьес инкар гьабуна Багъдадалъе санайил магъало кьезе ва жиндирго халифаталда бачІолъи лъазабуна. Дандерахъин къинабизе 853 соналъ аль-Мутаваккиль халифас битІана гІадлу гьабиялъул экспедиция Бугъа аль-Кабирил бетІерлъиялда гъоркь. Гьес Туплис рохъолІугьинабун бухІана ва ИсхІакъ бетІер къотІун тана, гьелдалъун Туплисалъул имарат Кавказалда чиядабачІеб исламияб пачалихъ лІугьиналъул ресалдаса махІрум гьабуна. ГІаббасилаз хІукму гьабуна шагьар рукІараб масштабазда цІигьабичІого тезе, гьелъул хІасилалда исламияб престиж ва ссий регионалда загІиплъизе байбихьана.

1020-л соназдаса байбихьун гуржи пачаяз туплисалъул амирзабазде данде билІинабулеб букІана денде ккунгутІи бугеб, амма аслияб къагІидаялъ экспансионияб сиясат. Цо-цо амирзаби зама-заманлдаса унаан гуржи кверщаликье. Имараталъул территория гитІинлъана Туплисалда сверухъ ругел ракьазде щвезагІан. Амма 1070-л–1080-л соназ селджукъал тІаде кІанцІиялъ гуржияз гьабулеб букІараб тІадекъай хвезабуна ва багратилазул имарат бахъиялъе рукІарал планал 50 соналъ нахърахъизаруна. Туплисалъул амирлъиялъул ахирисеб мухъ лІугІана, рикІкІахъе, гІ.-ш. 1080 соналъ, ва гьелъул хІасилалда шагьаралда хІакимлъи бачІана базаргабазул олигархиялъухъе, жал гуржи тариххъваязда тбилели береби, ай туплисалъулал чІахІал хІисабалда рехсон ругел. Гуржиязул пача IV Давидица селджукъазда тІад босараб бергьенлъиялъ ахирисеб кьаби щвезабуна исламияб Туплисалда, ва 1122 соналъ гуржи аскар шагьаралде лІугьна, гьелдалъун ункънусго соналъ букІараб исламияб кверщелалъе ахирги лъуна.

БутӀрул хисизабизе

Амир Амирлъиялъул заман Династия Баянал
1. ИсмагӀил бин ШугӀаб (813 соналде щвезегӀан) ШугӀабилал
2. МухӀаммад I бин Атаб 813–829 ШугӀабилал
3. ГӀали I бин ШугӀаб 829–833 ШугӀабилал -
4. ИсхӀакъ бин ИсмагӀил бин ШугӀаб 833–853 ШугӀабилал
5. МухӀаммад II бин Халил 853–870 Шайбанилал
6. ГӀиса бин аш-Шайх аш-Шайбан 870–876 Шайбанилал
7. Ибрагьим 876–878 Шайбанилал
8. Гъабулак 878–880 Шайбанилал
9. Джаффар I бин ГӀали 880–914 Джаффарилал
10. Мансур I бин Джаффар 914–952 Джаффарилал
11. Джаффар II бин Мансур 952–981 Джаффарилал
12. ГӀали II бин Джаффар 981–1032 Джаффарилал
13. Джаффар III бин ГӀали 1032–1046 Джаффарилал
14. Мансур II бин Джаффар 1046–1054 Джаффарилал
15. ГӀабдуль-Хайа бин Джаффар 1054–1062 Джаффарилал
1062–1068 Шагьаралъул мажлис
16. Ганжаялдаса Фадлун 1068–1080 Джаффарилал Алп Арсланица тӀамурав
1080–1122 Шагьаралъул мажлис
аннексинабуна Гуржи пачалъиялъ

Иццал хисизабизе

ХӀужжаби хисизабизе

  1. Лордкипанидзе М. Д. Туплисалъул имараталъул тарихалдаса. — Мимомхилвели, II. 1951, гь. 185 (гуржи мацӀалда).
  2. Джавахишвили И. А. Гуржи халкъалъул тарих, 11, гь. 91; Джанашиа С. Н. Гуржистаналда гӀарабазул кверщел, гь. 49—50, 62.
  3. Мусхелишвили Д. Л. КӀахетиялъул ва Гьеретиялъул сиясияб географиялъул суалао. — СИГГ, 111, 1967, гь. 75.
  4. Гьенибго, гь. 72, 75.
  5. Мусхелишвили Д. Л. Рихь. ас., гь. 76; гьевго. Аслиял суалал…, бетӀ. IV, § 4.

КъватӀисел регӀелал хисизабизе