Увуларияб эйективияб аффрикат

Увуларияб эйективияб аффрикат рагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨q͡χʼ⟩. Эб данчӀвала Кавказалъул цӀиккӀанисел мацӀазда, хасго дагъистаниял мацӀазул цо-цоязда, Хьондасеб Америкалъул мацӀазда, винту ва лиллуэт гӀадинал, Бакъдасеб Африкалъул мацӀазда, Гǀуи ва ǂʼамкое гӀадинал.

Гъугъаб увуларияб эйективияб аффрикат
qχʼ
Гьединго
Аудио
Интенсивияб гъугъаб увуларияб эйективияб аффрикат
qχːʼ
Гьедингоq̇:
Аудио

Авар мацӀалъул свералабаздаги данчӀвала эб гьаракь, хӀо стандарталда гьоркьосахъи гьечӀого хӀалтӀизабула интенсивияб увуларияб эйективияб аффрикат ⟨q͡χːʼ⟩.

Ружби хисизабизе

Увуларияб эйективияб аффрикаталъул ружби:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул бакӀ буго увуларияб: бахъула мацӀалзул нахъисеб рахъ (дорсум) увулалда хъван.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.

ХӀалтӀизаби хисизабизе

МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баянал
Лиллуэт q̓əs [q͡χʼəs] 'кӀургӀараб'
Гуржи[1] ყოფა/q'opa [q͡χʼɔpʰɑ] 'букӀин' /qʼ/ гьаркьил аллофон, [qʼ], [ʔ], яги [χʼ] гьаркьалгун кьудаб вариациялда.[1]

Интенсивияб вариант хисизабизе

МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баянал
Авар къазе/aze [ˈq͡χːä.zɛ] 'къазе' Ралагье: Авар фонология

МугъчӀваял хисизабизе

  1. 1,0 1,1 Shosted, Ryan K.; Chikovani, Vakhtang (2006). "Standard Georgian" (PDF). Journal of the International Phonetic Association (in английский). 36 (2): 255–264. doi:10.1017/S0025100306002659. ISSN 1475-3502.

КъватӀисел регӀелал хисизабизе