Хаза́рал (жугь. כזר«хазар», קזר «казар», כוזרים «кузарим», ГӀараб: الخزر «ал-хазар», парс خزر«хазар», ср.-греч. Χάζαροι «хазари», цІам. խազիր «хазир», др.-рус. коꙁаре, Латин: Chazari) — тюрк мацӀалда кӀалъалеб гочарулеб халкъ. Гуннал Бакъбаккул Цебекавказалде (лъарагIаб Дагъистан) лIугьаралдаса машгьурлъана гьел.

Хазарал абураб цӀар ккола гьезул жидедаго абулеб куц[1]. Цо версиялда рекъон, «гочен» абураб магIнаялъул kaz абураб тюрк мацIалъул кьолбодасан бачIанин абула. Гьединго гьеб бачӀанин абула:

  • парс هَزَارْ‎, hâzâr — «азарго» (Новоселцев),
  • кесар титулалде (А. Поляк, А. Рона-Таш),
  • «зулму гьабизе» абураб магӀна бугеб тюрк глаголалдасан (Л. Базин).

ЧӀегӀераб ралъдадаги, къанагӀатго, Азовалъул ралъдада абулаан хазар абун (доб мехалъ Крималда хазаразул кверщел цӀакъ кутакаб букӀана). Каспий ралъдада аскIосеб бакъбаккул мацӀаздаги абула хазарал абун. Ракьалда «Хазария» абураб цӀар бищунго гӀемераб мехалъ цӀунун букӀана Крималъе ва Шималияб ЧӀегӀер ралъдахъ (византиялъул ва италиялъул хъвай-хъвагӀаязда XVI гӀасруялде щвезегӀан).

 
Асиргун цадахъ хазаразул рагъухъан. Надьсентмиклош кладалдаса, порччода букӀараб гочарухъанасул сипат-сураталъул мотивалда рекъон Норман Финкельштейналъул сурат.


Хазаразул рижи ва гьезул инсватӀаналъул рахъалъ церелъун руго гьадинал гипотезал:

ТӀарамагъадисеб бербалагьиялъ (батӀи-батӀиял вариациязда) кверщел гьабулеб бакӀ ккола гӀурус ва украиналъул гӀелмуялда[2].

Ругеб бакӀ, политикияб экспансия

хисизабизе
 
Хазаразул каганат

VII гӀасруялде щвезегӀан хазараз ккун букӀана хадусеб иргаялда рачӀунел гочарал империязда мутӀигӀаб бакӀ. 560-абилел соназда гьел лӀугьана тюрказул каганаталъул бутӀалъун, ахирисеб биххун хадуб, VII гӀасруялъул бакьулӀ гьез гӀуцӀана жидерго хӀукумат, гьаб бакӀалда бищунго чӀагояб гочаразул цояблъун ккараб — Хазар каганат (650-969)[3].

Культура, дин ги социалияб система

хисизабизе

ТӀолабго жамгӀияб гӀуцӀи батӀалъи букӀинчӀо гочарал халкъазул гьелда релълъарал этнополитикиял гӀуцӀабаздаса, хӀо хӀукуматлъи гӀуцӀарабго, гьеб дагь-дагьккун цебетӀолеб букӀана. Байбихьуда рищарал хӀакимзабаз нух кьола хаганазул ирсияб династиялъе, гьелъ жиндирго иргаялда нух кьола Хаганилги Бекилги диархиялъе. X гӀасруялде хазараз гочарал гӀумруялъул къагӀидаялдаса бащдаб гочарал гӀумруялде руссана, кьиндала мехалъ шагьаразда бан.

Динияб божилъи гӀуцӀун букӀана гӀадатияб тюрказул мажусиязул ритуалаздасан, гьезул хаслъилъун букӀана Тенгри бичасе сужда гьаби ва каган бечедлъизави. Географиялъулаб бакӀалдалъун ги хӀукуматалъул дин хӀехьеяб политикаялдалъун христианлъи ги ислам тӀибитӀулеб букӀана хазаразул сверухълъиялде. VIII-IX гӀасрабазда цо-цо хазараз бетӀерлъи гьабулеб тухумгун иудаизм босана.

Салтово-Маяказул археологияб культура ккола Хазар каганаталъе гӀаммаблъун, хӀо жалго хазаразда щулаго хурхарал памятникал жеги ратун гьечӀо[4][5].

ТӀагӀин, букӀине регьулел наслаби

хисизабизе

Хазаразул нахъеккей ккана 965 соналда Святослав Игоревичас нухмалъи гьабулеб некӀсияб гӀурус аскаралъ Хазар каганат къезабун хадуб. Дагь нахъа хазарал тӀагӀана тюрк мацӀ бицунел гочарал халкъазда гьоркьор, хадуб Меседил Ордаялде гӀорлӀ лӀугьарал.

Иудаизмалъул дин гьарурел цо-цо этникиял хазарал, батизе бегьула, гъорлӀе лӀугьана Централияб Европаялъул жугьутӀазул жамагӀатазде. Тюрк мацӀ бицунел жугьутӀазул халкъазул гӀемерисел караитаз ва крымчаказ жалго рикӀкӀуна хазаразул наслулъун[6][7].

Хазаразул наслабазул проблема ккола халкъияб адабияталда жаниб батӀи-батӀиял теориязул ва спекуляциязул темалъун[8].

Палеогенетика

хисизабизе

Ростовалъул областалдаса росарал пробабазда роцӀинабуна Y-хромосомияб гаплогруппал R-P224 (No 67, 531, 1251, 1986), C-M130 (No 656, 1564), G-P257 (No 457), Q-M1105 ( No 619), Н-М231 (No 1566)[9].

Археологияб батаражоялъул галерея (салтово-маяцкая культура)

хисизабизе

Гь. ралагье

хисизабизе

Библиография

хисизабизе

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Артамонов. 2001. 183
  2. ^ Комар 2008.
  3. ^ Тортика 2004.
  4. ^ Плентева. 1999. Гь 4.
  5. ^ Ивик, Ключников. 2013. Гь. 6.
  6. ^ Федорчук & 2009, 2020.
  7. ^ Кизилов & 2010, 2020.
  8. ^ Электронная еврейская энциклопедия.
  9. ^ Фесенко Д. О., Арамова О. Ю., Вдовченков Е. В., Ивановский И. Д., Фесенко О. Е., Поляков С. А., Фалеева Т. Г., Филиппова М. А., Флоринская В. С., Корниенко И. В. ДНК-фенотипирование останков из элитных погребений юга России хазарского времени Archived 2023-07-07 at the Wayback Machine // Молекулярная биология (2023), 57, 4. С. 597—608