Цебесеб кьералъул рагьарал
ХФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
ТІанкІалда аскІор ругел рагьарал: лабиаликъал • лабиалиял |
Цебесеб кьералъул рагьарал — кІалъалел цо-цо мацІазда ругел рагьарал гьаракьазул класс. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацІалъул бищун борхатаб бакІ цогидалде данде ккун кІалалъул цебесеб рахъалда букІин, калмалъул нух чІедерлъизабичІого. Цересел рагьаразде гьединго цо-цо абула гвангъарал рагьарал абунги, щай гурелъул нахъисеб кьералъул рагьаразде данде ккун гьел дагьабги гвангъун абулел рукІиналъ[1].
Цере гІагараб кьералъул рагьарал, хІакъикъаталдаги, ккола цебесеб кьералъул рагьаразул цо тайпалъун; цониги мацІалда, лъалеб жо, данде лъоларо цереселги цере гІагаралги рагьарал гІицІго кьерлъиялде балагьун.
Лабиаллъарал цересел рагьарал руго централлъарал, ай жидер артикуляциялда цебе гІагараб кьералъул кколел. Гьеб ккола ХФА-ялъул диаграммаялда лабиаллъарал рагьарал цебесеб кьералъул лабиаллъичӀел рагьараздаса кваранидехун хъваялъе цо гІилла.
ТІубачІеб сияхІХисизабизе
Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:
- тІасияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [i]
- тІасияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [y]
- тІасияб борхиялъул цебе гІагараб кьералъул хІалуцинчІеб лабиаллъичӀеб рагьараб [ɪ]
- тІасияб борхиялъул цебе гІагараб кьералъул хІалуцинчІеб лабиаллъараб рагьараб [ʏ]
- тІасияб-гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [e]
- тІасияб-гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ø]
- гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ø̞]
- гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɛ]
- гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [œ]
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул хІалуцинчІеб лабиаллъичӀеб рагьараб [æ]
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [a]
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɶ]
ХФА-ялда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечІел цересел рагьарал:
- тІасияб борхиялъул цебесеб кьералъул цебе цутІараб рагьараб [yʷ]
- тІасияб борхиялъул цебесеб кьералъул хІалуцинчІеб цебе цутІараб рагьараб [ʏʷ]
- тІасияб-гьоркьохъеб цебесеб кьералъул цебе цутІараб рагьараб [øʷ]
- гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [e̞] яги [ɛ̝]
- гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ø̞] яги [œ̝]
- гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул цебе цутІараб рагьараб [ø̞ʷ] яги [œ̝ʷ]
- гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул цебесеб кьералъул цебе цутІараб рагьараб [œʷ]
Артикуляцибгун цересел рагьаралХисизабизе
Цебехун бугеб рагьараб гьаракьалъе гьабулеб асарХисизабизе
ХІужжабиХисизабизе
- ↑ Tsur, Reuven (February 1992). The Poetic Mode of Speech Perception. Duke University Press. гь. 20. ISBN 0-8223-1170-4. Check date values in:
|date=
(кумек)