Рагьараб

Рагьарал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Рагьараб гьаракь ккола каламалъул гьаркьлъун, жал абулаго каламалъулаб нухалда кинаб букІаниги квал-квал лъугьунарел.[1] Рагьарал ккола каламалъул гьаркьазул кІиго аслияб тайпаялдаса цояб, цогидалб тайпа ккола рагьукъал. Рагьарал ратІа гьарула сипаталда, гьаракьил кІодолъиялда ва гьединго халалъиялда рекъон. Гьел гІемерисел зирараллъун лъугьуна ва гъункун хурхарал рукІуна просодиялъул тон, интонация ва тІадецуй гІадал вариациязда.

Рагьарал гьаркьазул артикуляция акустикияб хІалалъ бихьизабула кинабниги спектралда зама-заманалъулал хьвагІиял гІадин, гьелъ рагьарал гьаркьал ккола ккола музыкалиял гьаркьаллъунги.[2][3] Рагьаразул артикуляциялъул батІалъиялде щола резонаторалъул форма хисиялдалъун: гьеб лъугьинабизе бегьула мацІалъул лагадул яги кьибилалъул бугеб бакІ хисиялдалъун, ва гьединго кІутІбузул. Гьеб гуребги, рагьразул букІине бегьула тІадеги артикуляцияби (мисалалъе, магІарзухъан) ва фонациял.

Рагьаралилан гьединго цо-цо мехалда абула гьел гьаркьал рихІизарулел хІарпаздеги, мекъе ккечІого рукІине хІалтІизарула терминал «рагьарал хІарпал», «рагьарал гьаркьал».

Баян кьей хисизабизе

Буго кІиго комплементарияб рагьаразе баян кьей, цояб фонетикияб, цогидаб фонологияб.

  • Фонетикияб баяналда рекъон, рагьарал руго каламалъулаб нухги рагьун лъугьунел гьаркьал, авар a яги u, Ингилис "ah" /ɑː/ or "oh" // гІадал; гьел гьаркьал руго медиалиял (гьава бачІуна мацІалъул бакьулъ бакІккун), кІалзул (гьаваялъул чвахиялъул бащщадабгІаги бачІине ккола кІалдисан), лъуричІел ва континуантал.[4] ГьечІо кинаб букІаниги кІудияб гьаваялъул тІадецуй мукъулукъалда тІадехун бугеб бокьараб бакІалда. Гьел данде лъола рагьукъазде, жал абулаго кинаб букІаниги лахІзаталда каламалъулаб нухалда чІедерлъи яги даднекъай лъугьунел, мисалалъе Авар "ш", Ингилис "sh" [ʃ].
  • Фонологияб бяналда рекъон, рагьаразе баян кьола силлабияб къагІидаялъ: жидеца рагІул къотІелалъул тІогь лъугьинабулел гьаркьал абун.[5] Фонетикияб рахъалъ рагьаразда релълъарал, амма силлабиял гурел (рагІул къотІел гІуцІуларел) гьаркьал ккола бащдарагьарал. КІалзул калмалда фонетикиял рагьараз аслияб хІалалъ гІуцІула гІемерисел яги киналго рагІул къотІалабазул тІогь (гІищ), рагьукъаз абуни гІуцІула байбихьи ва (гьел ругел мацІ бугони) ахир. Цо-цо мацІазда рес буго цогидал гьаркьазги рагІул къотІелалъул гІищ гІуцІизе, мисалалъе, силлабияб (вокалияб) l Инглис table [ˈtʰeɪ.bl̩] ‘таблица’ абураб рагІулъ (загІипаб рагьараб гьаракь гьечІин рикІкІунеб мехалъ: [ˈtʰeɪ.bəl]) яги силлабияб r Сербгун Хорват vrt [ʋr̩̂t] ‘ах’ абураб рагІулъ.

Рагьараб гьаракьалъе фонетикияб баян кьей (ай калмалхулаб нух бацичІого/чІедерлъичІого лъугьунеб гьаракь) кидаго гуро данде кколеб фонологияб бян кьеялда (ай жинца рагІул къотІелалъул тІогь гІуцІулеб гьаракь).[6] Гьеб бихьизабула [j] ва [w] аппроксимантаз: кІиялъулго гьечІо кІудиябго чІедерлъи каламалъулаб нухалда (фонетикияб рахъалъ гьел ккола рагьарал ругилан), амма гьел дандчІвала рагІул къотІалабазул авалалда ("йиго" ва "вуго" рагІабазулъ), гьениса загьирлъула фонологияб рахъалъ гьел рагьукъал рукІин.

Гьединабго бахІс буго ингилис bird ‘хІинчІ’ гІадинаб рагІулъ бугеб ротикияб гьаракь r-кьераб рагьараб /ɝ/ яги силлабияб рагьукъаб /ɹ̩/ букІинлд тІасан. мерикаялъул лингвист Кенет Пайкица (1943) бахъана "вокоид" (vocoid) абураб термин фонетикиял рагьарал гьаркьазе, жибго рагаьараб абураб термин — фонологиял рагьаразе,[7] гьединлъидал, гьеб терминалогия хІалтІизбулаго, [j] ва [w] гьаркьазе кклассификация гьабула рагьарал гурел, вокоидал гІадин. Амма лингистал Мэдсонгун Эмирица (Maddieson and Emmory, 1985) демонстрация гьабуна чанго мацІаздаса бащдарагьарал рагьаразде данде ккун каламалъулаб нух дагьабги чІедерлъун абулел рукІин, ва гьеб хІужжаги далиллъун босун, гьел рагьукъаллъун рикІкІине бегьи.[8] БукІаниги, table рагІулъ бугеб силлабияб /l/ гьаракьалъе, яги button ‘кнопка’ ва rhythm ‘ритм’ рагІабазулъ ругел /n/ ва /m/ силлабиял гьаркьазе фонетикияб ва фонологияб баян кьеялда букІине бегьула дандеккунгутІи.

Артикуляция хисизабизе

 
Даниел Джонсил [i, u, a, ɑ] гьаркьазул рентген.
 
Джонсил рагьаразул артикуляциялъул оригиналияб ункъбокІон. Гьанжесеб ХФА-ялъул рагьаразул трапеция, гьаб макъалаялъул байбихьудаги бихьизабун буго гьаб диаграммаялъул бигьалъизбураб вариант.ТІанкІал руго кардиналиял рагьаразул. (Параллелияб диаграммаялъ ккола цересел ва централиял лабиалия ва нахъисел лабиаликъал). КъотІелабаз бихьизбулеб буго артикуляциялъул диапазонал, жидее транскрипция гьабизе бегьулел хадусел кардиналиял рагьараздалъун [i, e, ɛ, a, ɑ, ɔ, o, u, ɨ] ва кардиналияб гуреб [ə] гьаракьалдалъун. МцІалда гьел гьаркьаздаса дагьал кардиналиял гьаркьазе гурони батІалъи гьабулеб гьечІони, [e, ɛ] цолъизаризе бегьула ⟨e⟩ гьаракьалде, [o, ɔ] — ⟨o⟩ гьаракьалде, [a, ɑ] — ⟨a⟩ гьаракьалде ва г. ц. МацІалда цІикІкІун батІлъи гьабулеб батани, ⟨ɪ⟩ тІадежубазе бегьула [i, e, ɨ, ə] гьаркьазул диапазонан жубалеб бакІалде, [u, o, ɨ, ə] журале бакІалде — ⟨ʊ⟩ ва ⟨ɐ[ɛ, ɔ, a, ɑ, ə] журалел бакІалде.

Рагьарал абиялде бугеб билІараб бербалагьи, жибги, мисалалъе, Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъул терминалогиялда бихьизабураб, ккола жидеца цогидал рагьарал гьаркьаздаса цогидаб рагьаралъул сипат баян гьабулел артикуляциялъулал гІаламатаздаса цояб. Даниел Джонсица бахъана кардиналиял рагьаразул система, жиб мацІалъул борхиялда (вертикалияб роцен), мацІалъул гьодалъулги (горизонталияб роцен) ва гургинлъиялъул (кІутІбузул артикуляция) хаслъалабазда рекъон рагьараб гьаракьалъе сипат-сурат гьабизе хІалтІизабулеб. Гьеб лъабабго параметр бихьизабун буго кваранидехун бугеб ХФА-ялъул рагьаразул ункъбокІонаб диаграммаялда. Рагьаразул сипатазул руго жеги тамахб хвенхил позиция (назализация), гьаракьалъулаб сукІелалъул гьар-гьадиялъул тайпаби (фонация) ва мацІалъул кьибилалъул позиция гІадал тІадеги характеристикаби.

Рагьаразул артикуляциялъул гьеб концепция лъалеб букІана битІараб гуреб хІисабалда 1928 соналдаса. Питер Лейдфогдица абун букІана "цересел фонетикчагІазул... пикру букІана жидеца мацІалъул бищун борхатаб бакІалъе сипат сурать гьабулеб бугилан, амма гьеб гьедин букІинчІо. Гьез сипат-сурат гьабулеб букІана формантиял ризлъалабазеян".[9] (Балагье гъоркьегІан). ХФА-ялъул баянтІахьалъ рикІкІунеб буго "рагьаразул ункъбокІоналъул халгьабизе кколин мацІлъул позицияб бихьизабулеб гуреб, гІицІго абстракция хІисабалда" абун.[10]

БукІаниги, рагьаразул сипаталъе баян аслияб къагІидялъ мацІалъ кколеб бакІалъги кІутІби гургинлъиялъги кьолин абураб концепция хІалтІизабулеб буго педагогикаялда, щай абуни гьелъ рес кьолеб буго рагьаразда гьоркьоб батІалъи гьабиялъе интуитивияб баян.

Борхи хисизабизе

Теориялд, рагьаразул борхи (яги борхалъи) ккола яги мацІалъул тІалъиялде яги чанагъалъул апертураялде данде ккун мацІалъ яги чанагъалъ(бараб букІун) кколеб вертикалияб позициялъе. Практикаялда абуни гьеб ккола тІоцебесеб форманталъе (гьаракьалъул лъухъаб резонанс), къкокъго F1, жибги мацІалъул борхиялда хурхараб. ТІасияб борхиялъул рагьарал гьаркьазда, мисалалъе [i] ва [u] гІадал, тІоцебесеб формант дандеккола хвенехалда гІагарлъухъ, калдиб борхиялд мацІалъул букІунеб позициялъе, гъоркьияб борхиялъул рагьаразда, мисалалъе [a] гІадал, F1 дандеккола чанагъ рагьун букІинлъе ва ва кІалдиб мацІалъул лъухъаб позициялда букІиналъе. Борхиялъе баян гьабула F1-ялдаса гІаксаб магІнаялъ: тІоцебесеб форманталъул борхи цІикІкІун бугогІан лъухъаб (тІасияб борхиялъул) букІуна рагьараб гьаракь.[a]

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда баян гьабун буго рагьаразул борхиялъул анкьго даража, амма, цониги мацІазда гьел ратІа гьаруларо, цадахъ цогидаб сипат батІа гьабичІого:

  • тІасияб
  • тІасияб хІалуцинчІеб
  • тІасияб-гьоркьохъеб
  • гьоркьохъеб
  • гъоркьияб-гьоркьохъеб
  • гъоркьияб хІалуцинчІеб
  • гъоркьияб

ГІемерисеб, [e, ø, ɵ, ɤ, o] хІарпал хІалтІизарула тІасиял-гьоркьохъел яги хІакъикъиял гьоркьохъел рагьарал гьаркьазе. Амма, дагьабги дуруслъи хІажалъани, хІакъикъияб гьоркьохъеб борхиялъул рагьарал рихьизаризе гьел хІарпал хІалтІизаризе бегьула гъоркь хІаракабиги лъун: [e̞, ø̞, ɵ̞, ɤ̞, o̞].

ЖакъалъагІан гІелмияб цІех-рех гьабуралщинал кІалъаялъул мацІаз хІалтІизабула борхи контрастивияб сипат хІисабалда рекъон рагьаразул борхиялъул параметр буго аслияб мацІаздагьоркьосеб рагьаразул сипатлъун. Кьер яги лабиаллъи гІадаб цониги батІияб параметр хІалтІизабуларо киналниги мацІазда. Цо-цо мацІазул буго рагьаразул вертикалияб система, жинда жаниб, фонемаялъулаб мартабаталдагІаги, рагьарал цоцадаса ратІа гьаризе гІицІго борхалъи хІалтІизабулел.

Кьер хисизабизе

 
Кардиналиял цересел рагьаразул мацІалъул идеаллияб позиция, цІикІкІараб борхиялъул бакІал рихьизарун руго тІанкІаздалъун.

Рагьаразул кьер-илан бизе бугьул рагьараб гьаракьалъул артикуляциялъул заманалда кІалалъул нахъисеб рахъалде данде ккун мацІалъул букІунеб бакІалда. Амма борхиялъе гІадинго гьелъие баян кьезе бегьула гьаракьалъул форманталдалъун, гьаб нухалда кІиабилеб, F2, мацІалъул позициялдалъун гуреб. Цересел рагьаразда, мисалалъе, [i] гІадал, F2 такрарлъи буго цогидазде дандеккун борхатаб, гьеб дандеккола кІалалъул цебесеб рахъалда мацІалъул позициялъе, амма нахъисеб кьералъул рагьаразе, [u] гІадал, F2 буго лъухъаб, жиб мацІалъ кІалалъул нахъисеб рхъалда кколеб бакІгун рекъолеб.

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъ баян гьабун буго рагьаразул кьералъул щуго даража:

  • цебесеб
  • цебес гІагараб
  • бакьулъ (централияб)
  • нахъе гІагараб
  • нахъисеб

Гьезде тІаде жубазе бегьула цересел-централиял ва нахъисел централиял, жал ХФА-ялъул чанго диаграммаялда цересел ва нахъисел рагьаразул бакІаздас бакьулъиялъул рагьарал ьарулел вертикалиял мухъазе данде кколел. Амма букІаниги, цересел-централиял ва нахъисел централиял гьединги хІалтІизаризе бегьула цебе гІагараб ва нахъе гІагараб терминазул синонимал хІисабалда. Цониги мацІалда, лъалеб жо, кьералъул лъабго даражаялдаса цІикІкІун данде лъоларо, ва гьечІо цониги мацІ, жидеца цере цере гІагарал яги нахъа нахъе гІагарал данде лъолел.

Цо-цо ингилис диалектазда кьералъул щуго даража бугел рагьарал рукІаниги, цониги мацІ лъаларо, цадахъ борхи яги лабиаллъи гьечІого жинца кьералъул щуго даражаялъе батІалъи гьабулеб.

Лабиаллъи хисизабизе

Цересел, рорхизарурал, нахъе цІарал хисизабизе

Назализация хисизабизе

Фонация хисизабизе

ХІалуцин хисизабизе

МацІалъул кьибилалъул позиция хисизабизе

Фарингализация хисизабизе

Ротикиял рагьарал хисизабизе

Рагьаразул редуция хисизабизе

Акустика хисизабизе

Просодия ва интонация хисизабизе

Монофтонг, дифтонг, трифтонг хисизабизе

Рагьарал хъвай хисизабизе

Рагъари хисизабизе

Аудиомисалал хисизабизе

Системаби хисизабизе

Рагьарал гьечІел рагІаби хисизабизе

ГІицІго рагьараздаса гІуцІарал рагІаби хисизабизе

Балагье гьединго хисизабизе

Комментариял хисизабизе

  1. According to Peter Ladefoged, traditional articulatory descriptions such as height and backness "are not entirely satisfactory", and when phoneticians describe a vowel as high or low, they are in fact describing an acoustic quality rather than the actual position of the tongue.[11]

ХІужжаби хисизабизе

  1. Ladefoged & Maddieson 1996, p. 281.
  2. глава 50, § 3 // Фейнмановские лекции по физике. — М.: Мир, 1967. — Т. 4.
  3. глава II, § 24-25 // Элементарный учебник физики / под ред. академика Г. С. Ландсберга. — 8-е изд. — М.: Наука, 1972. — Т. 3.
  4. Cruttenden, Alan (2014). Gimson's Pronunciation of English (Eighth ред.). Routledge. гь. 27. ISBN 9781444183092.
  5. Cruttenden, Alan (2014). Gimson's Pronunciation of English (Eighth ред.). Routledge. гь. 53. ISBN 9781444183092.
  6. Laver, John (1994) Principles of Phonetics, Cambridge: Cambridge University Press, p. 269.
  7. Crystal, David (2005) A Dictionary of Linguistics & Phonetics (Fifth Edition), Maldern, MA/Oxford: Blackwell, p. 494.
  8. Ladefoged, Peter; Maddieson, Ian (1996). The Sounds of the World's Languages. Oxford: Blackwell. гь. 323. ISBN 978-0-631-19815-4.
  9. Ladefoged & Disner (2012) Vowels and Consonants, 3rd ed., p. 132.
  10. IPA (1999) Handbook of the IPA, p. 12.
  11. Ladefoged, Peter (2006) A Course in Phonetics (Fifth Edition), Boston, MA: Thomson Wadsworth, p. 189.

Библиограффия хисизабизе

КъватІисел регІелал хисизабизе

Халип:Articulation navbox