Гъоркьияб рагьараб

Гъоркьияб борхиялъул рагьарал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Гъоркьияб борхиялъул рагьарал ккола кІалъалел мацІазда хІалтІизарулел рагьарал гьаркьал. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацІ кІванагІан хвенехалдаса рикІкІад букІин, амма каламалъул нух чІчІедерлъизабичІого.

Бокьараб конкретияб мацІалъул фонологиялъул контексталда, гъоркьияб борхиялъул рагьараллъун ккола бокьарал, гьоркьохъеб борхиялъулаздаса гъоркьегІан ругел, ай, гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъулги, гъоркьияб борхиялъул хІалуцинчІелги рагьарал рикІкІун рукІине бегьула гъоркьияб борхиялъул рагьаралъун.

ТІубачІеб сияхІ

хисизабизе

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел гъоркьиял борхиялъул рагьарал руго хадусел:

Руго гьединго ХФА-ялда жидее хасал ишараби гьечІел гъоркьияб борхиялъул рагьаралги:

ГьечІо цоккураб къагІида гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул рагьарал транскриплъизариялъул (амма басралъараб/стандартияб-гуреб ХФА-ялда). Диарезисалъ бихьизабула "централизация", гьединлъида ⟨ä⟩ хІарпалдалъун бихьизабун букІине бегьула цебе гІагараб ва ⟨ɒ̈⟩ хІарпалдалъун нахъе гІагараб рагьарал. Амма практикаялда гІемериселъ диарезисалдалъун бихьизабула гьоркьохъеб рагьараб, ⟨⟩ ва ⟨ɒ̟⟩ хІарпаз абуни рекъон лъун цебесеб ва нахъисеб кьералъул артикулция.

ЦІакъго къанагІатаб контраст цебесеб, гьоркьохъеб ва нахъисеб кьералъул лабиаллъичІел рагьаразда гьоркьоб, ругел баяназда рекъон, дандчІвалеб буго лимбург мацІалъул Гьамонт-Ахел сверелалда, жиндица цебесел ва нахъисел рагьаразул къокъал ва халатал версиял гъорлъе рачунеб. Къокъал рагьарал жалго контрастлъуларо гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул рагьарабгун, жиб кидаго халатаблъун букІунеб[2].

Балагье гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ Гьаб рагьарараб /œ/ фонемаялдаса батІияб хІисабалда, лъалеб жо, дандчІваларо кинаб букІаниги мацІалда.
  2. ^ Verhoeven (2007), гь. 221.

Библиография

хисизабизе
  • Verhoeven, Jo (2007), "The Belgian Limburg dialect of Hamont", Journal of the International Phonetic Association, 37 (2): 219–225, doi:10.1017/S0025100307002940