Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ)

Хунзахъ мухъалъул росу, Хьиндахъ росдал боялъул административияб центр

Хьи́ндахъ — Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул росу, Нахъа-Хьиндаллъуда бугеб. Коло росдада цадахъ Хьиндахъ росдал боялде гъорлӀе уна ва гьелъул административияб центерги ккола.[2]

Росу
Хьиндахъ
42°39′37″ ш. гӀ. 46°34′33″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ  Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ Хунзахъ мухъ
Росдал поселение Хьиндахъ росдал бо
Жанисеб бикьи

4 роххен:

    • Гажукь
    • БакьулӀ
    • Онсоди
    • ГьаматӀа
Тарих ва ракьхъвай
ТӀоцебесеб рехсей XVIII гӀасру
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 560[1] (2010) чи (2010)
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Ислам
Катойконим Хьиндахъев, хьиндахъей, хьинда́л
Расмияб мацӀ авар, гӀурус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368267
Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ) (Россия)
ТӀанкӀ
Хьиндахъ
Москва
Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ) (Дагъистан)
МахӀачхъала
Хунзахъ
ТӀанкӀ
Хьиндахъ
Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ) (Хунзахъ мухъ)
Хунзахъ
ТӀанкӀ
Хьиндахъ

Этимология хисизабизе

Росдада цIар бачIиналда хурхун буго лъабгониги версия:

  • ТӀоцебеселда рекъон цӀар бачӀараб«хинаб» абураб рагIудасан; гьеб ритIухъ гьабиялъе бачунеб буго Хьиндахъ росу бугеб бакI хинаб букIиналъул факт.
  • КӀиабилелда рекъон, росдал цӀар хьин абураб рагIудаса бачӀун буго; биценазда рекъон, Хьиндахъ росдада цере рукIун руго хIуцIал, гьениб гьарзаго бижулеб букIун буго хьин, ва росдал гӀадамаз хӀалтӀизабулеб букӀун буго.
  • Лъабабилеб версия буго бищун уяблъун рикӀкӀинесеб, элда рекъон росдал цӀар буго Хьиндаллъи терминалдаса яги гьебго рагӀи лӀугьараб кьолбодаса бачӀараб ва бахьинаб рагӀуе гӀагараб.

География хисизабизе

Бугеб бакI хисизабизе

Росу буго Хунзахъ мухъалъул шималиябгин бакътIерхьул рахъалда, мухъалъул марказ Хунзахъа 17 км-ялъ рикIкIад, Бакълъул мухъалъулгун гIорхъода. Росдал гIурхъи буго Хунзахъ мухъалъул ГIоротIа, МочӀохъ, ГӀочӀло росабигун.

Релиеф хисизабизе

Росу шартIияб къагIидаялъ бикьула кIиго бутIаялде — цIияб (ГьаматIа роххен) ва басрияб рахъалде. Басрияб рахъалъ ккола хьундасебгин бакъбаккул рахъалдехун бугеб экспозицияги ва тIубанго гуреб лъар ккун эхебе бугеб лъарал ракьул террасаги. ГьаматIа авал буго росдадаса лъар ккун добехун, бакъбаккул рахъалде дагьабго гьетIи бугеб гохIда.

Кьер буго кIкIалахараб; руго иццалги. Тектоникияб планалда росу ккола ЧIалда синклиналалъул хьундасебгин бакътерхьул кваркьиялде. Росу бугеб бакIалъул ракьбагъарун буго 7 балл. Росдада цебесан чвахулеб ГIанди-гIурул гIаркьеллъун жиб кколеб лъар. Гьелъул цIадал райдал, кIудияб ихх лӀугьуна. Лъараца бахъула рагIаллъи; рачIунел ганчIал рукIуна 2 метралде щолелги.

Росдал хьундасебгин бакъбаккул рахъалда буго 300 метралъул лъар, гьелъулги кIудияб цIад байдал лӀугьуна ихх.[3]

Хьиндахъ росу уна Сулахъалъул жаниблъуде.

Рижел хисизабизе

Хунзахъ тӀалъуде данде ккун, рижел гIемер батӀияб буго. Хинаб расалъуда букIиналъги, регьелал букIиналъги, росулӀ ахал гIезари цебе тIураб буго. РукIуна батIи-батIиял пихъал: гIеч, гени, курак, микьир, кокон; камуларо цIибилги багIли-жагаги; букIуна цIулакьо (руго нусго сон барал гъутIбиги), амма ахирисел соназ цӀулакьудал гъутӀби ракъвалел руго.

Росдал территориялда буго цӀакъ батӀи-батӀияб ландшафт, гьелъие хасиятал рижалил шартӀазда рекъон, территория бикьизе бегьула чанго зоналде. Бакъбаккулги хьундасебги рахъ, балалда цураб, буго лъагӀалида жаниб бищун гӀемерал къояз бакъул чӀоразукьеги кколеб. Релиеф гьениб буго аслияб куцалъ балъахараб, гьетӀараб. Гьеб рахъалда бижьула бакъги бокьулеб, гӀемер лъимги къваригӀунареб гъветӀ-хер. ГъутӀбузул гьенир рижула пихъилал, дандчӀвала чӀегӀерзазил, гӀинтӀидул, гъарцӀидул батӀа-батӀаго ругел хъархъалги, гьединго тӀубарал массивалги. Хурдузул аслияб форма гьениб буго хӀет, цогидал навгӀазул хурдул дандчӀвала къанагӀат. Расалъуде перпендикулая рго ругел кӀкӀалахарал бакӀазда дандчӀвала тӀубанго батӀияб флора.

Росдадаса бакъдасебгин бакъбаккул рахъалда буго накIкIил рохь. Бакъдасеб рахъалдехун кколел бакӀазда (бакӀалъул гаргаралда хьонда) дандчIвала батӀи-батӀияб гъветӀ-хер. чIчIвад, мах, бигьаро, микк, рицI, ботI, батIи-батIиял хурдул, гьезда гьоркьор даруялги. Хъархъазул данде чIвала сани, гIонхъори, цIцIени, гIинтIи.

ГIалхул хIайваназул данде чIвала гIанкIал, цурдул, гIанграл, бацIал, болъонал, гIандокьал. ХIанчӀазул: цIумал, хъарчигъаби, гъудул, мокъокъал.

Гьистория хисизабизе

Росдал тарих лъазе гьабиялда тIад кинаб-букӀаниги гIелмияб хIалтIи гьабун гьечо. КъучIаб къагIидаялъ лъаларо, росдае чан сон бугебали. РикIкIине бегьула росу Ислам бачIиналдего букIараб бугилан, щай гурелъул гьелъие нугIлъи гьабулеб буго росдада аскIор ратун рукIарал хобаз. Гьел хобазда жанир гIадамал рукъун ратун руго исламияб къагIидаялъ гурел, гIадамазда цIадахъ рукъун ратун руго хъубиги пахьул цIарагIги. Батизе бегьулеб жо буго гьеб заманалда, аваразда гьоркьоб гIадин, росулъ политеизм букӀараблъи.

Гьанже бугеб росдал тарих байбихьула ГьацIалухъ росулӀа рачIарал гӀадамаз ЦӀалӀ абураб бакӀалда росдае кьучӀ лъуралдаса (гьецIел-хьиндал абун буго абиги). Росдае кьучӀ лъуразул цӀарал цӀунун хутӀун руго, гьелги руго: ГIаликIо, Сайид, ГIумардибир, ГIабдулмуъмин, Чакар, Залихай, ГIашурай, ГьитIинагIали; гьезул тухамалъул цӀарги букIун буго ГIалкIал абун. Жакъа къоялъги гьеб ЦIалӀ, басрияб росу букIараб бакIалда, руго рукъзабазул хутIарал кьучӀал, жеги ратизе бегьула гьенир цIа бакулел рукIараб бакIазул лъалкIал.

XVӀӀ гIасруялъул ахиралда ЦIалӀ букIараб росуги тун, гӀадамал рахъун руго гъоркьегIан, гьабсагIат бугеб росдал Гьажукь авал бугеб бакIалде. Биценал руго, рахъиналъе гIилла букIанин ЦIалӀ борхьал гIемерлъи, гьез лъимал гъанкъи. Цоги гIилла букIун батизе бегула ЦIалъ лъим дагьлъи. Гьеб ритIухъ гьабизе бегьула гьабсагIат бугеб росдал Гажукь авалалъул бищун басрияб роххен лъаралде аскIобе кколедухъ бан букӀиналъ. Росдал анкьгоялде гIунтIун рукIун руго хабзалги, амма гьабсагIат цо гурони гьечIо. Гьеб хабзалалӀ батараб бищун басрияб зоное буго лъабнусидаса цIикIкIараб сон. Гьелдаса формалго рикIкIине бегьула гьабсагIат бугеб росдае ругел сонал.

ЦIалӀ бакI тедал, гIадамаз цIияб росу бана лъаралда аскӀоб, гьабсагIаб бугеб Гажукь авалалдаса гъоркегIан; абула, габсагIат бугеб мажгиталда гъоркъехун 50 рукъ букIанин (гьабсагIат буго 3–4 рукъ). 1845 соналъул риидал кIудияб лъар бачIун, рукъзалги, гьениб букIараб мажгитги хвезарун руго. ЦIияб мажгит бан буго 1847 соналъ (гьедин хъван буго мажгиталда жаниб), мажгит буго жакъа къоялъги.

1830–1835 саназда росулъ байбихьун буго батӀатӀ (картошка) гIезабизе. ТIоцебе гьеб байбихьун буго Чупалав абулев чияс; гьесие картошка битIун бачIун буго Хунзахъа Хъайтмаз абулев гьоболас, гьес, живго вачIун, малъунги буго картошка хIалтIизабизе.

Биценазда рекъон, росдаца нуцалзабазе кьолаан ккураб къадаралъул магъало; хасаб гьабун росдада лъураб магъало букIана цIулакьудал цIулал рахъу, жибги чередизе хIалIизе гьабулеб букIараб. Росулъ букIун буго кIудияб квенд, жаниб цIул бухIун рахъу бахъулеб.

Батараб хъвай-хъвагIиялда буго: гьижраялъул 1310 соналъ (1889 сон) росулӀ ракь багъарун, гIемерал чагIи хванин.

Кавказалъул рагъда Хьиндахъа гIахьаллъун руго Чондотилавги Чухъилдибирги (гьел шагьидлъун руго АхIулгохIда). Имам Шамилги муридзабигун вачIун вукIун вуго Хьиндахъе; гьениб шаригIаталъе кьучIги батун, Шамил нахъвуссун вуго ЦIатанихъе.

Имаматалъул мехалда Хьиндахъ росу кколаан Нахъа-Хьиндаллъул наиблъуде гъорлӀе.

Хьиндахъ росу чангIо нухалъ бухIун буго. ГIемераб тунка-гIуси букIун буго ГIоротIа росдалгун. ГIарадерица дагIба балеб букIун буго Хьиндахъ росдлал ракьазда. ДандбитIун бугеб рахъалдасан Дидиколо аблеб магъилӀ хIалтIулел чагIазде гулла балеб букIун буго гIарадерица, гьелъ хурзал рекьизе кколел рукIун руго къасе мехалъ, оцазул лъурдузда нартил чирахъалги ран. Рес къотIараб бакIалде ккараб мехалъ, хиндахъа руччаби ун руго рузман къоялъ Унсоколое, тIаса кIазалги рахъун гьарун буго гьезул бода квекел гьабеян. Онсоколоса Хьиндахъе вачIун рвго 50 рекIарав; гьез лъазабун буго гIарадерил жамагIаталда росдада хъвагеян.

Росдал бетӀерлъун КIудив НухIи вугеб заманалда, гIарадерица дагIба бан буго Дергъвани ва Иццухъ ракьазда. КIудияв НухIица маслигIаталъе ахIун вачIун вуго Шураялдаса губернатор. МаслигIат гьабун, хьиндадерихъ жалго бетIергьанал ракьал хутIун руго. Амма XӀX гIасруялъул ахиралда гIарал цIидасан рахъана Дергъвани ракь бахъизе. ГIарадерица ургъун буго хIилла: хьитазде жаниб жидерго ракьги бан, гьел Къуръанги кодоб ккун гьедизе лъугьун руго жидер хIатIида гъоркь бугеб ракь жал бетIергьанаб бугилан. Амма гьезул хIилла лъан буго, цинги хIатIида гIицIго гьедизе тIамун руго — гьезда кIун гьечIо гьерсидалъун гьедизе. ПалхIасил, ракьал хутIун руго хьиндадерихъ.

ЧӀейилаб рагъул соназ росдаца болшевиказде дандечIей гьабуна. 1919 соналъ болшевикал рачIана МагIарул-рагIалде, гьенисен росдаде тIаде базе байбихьана гIарадул гулла. ГIадамал росуги тун гочана КилалӀе ва гьенир рукIана кӀиго моцIица. Болшевикал лӀугьана чIобоголъараб росулъе, росу тун инчIого ратарал гIадамалги чIван, бата-кIвараб жоги бикъун, гьез росу чIунтIизабун тана.

1920 соналъ росулӀ байбихьана цIадулунти. 19201922 соназда росулӀ лъуна совет низам. ВЦИКалъул 1921 соналъул 20 январалъул декреталдалъун гIуцIана Авар сверухълъул ЦIатIанихъ бутӀаялде кколеб Хьиндахъ росдал совет. 1928 соналъ Хьиндахъ росу ана цIигIуцIараб Хунзахъ мухъалде гъорлӀе. 1930 соналъ росулӀ рагьана школа. 1936 соналъ гIуцIана Калининил цIаралда бугеб совхоз; гьениб букIана 148 цIараки, 35 гектар мегъалъул, 45 гектар ахазул, 125 хIайван, 220 чахъу-цIцIеги. ВДНХ-ялъул дугъги, чанго орденги босун букIана колхозалъ.

КӀиабилеб дунялалъулаб рагъда Хьиндахъаги Колосаги ана 68 чи, гьезул 36 чи нахъ вуссинчIо.

1948 соналъ росулӀ рагьана анкьго сонил школа-интернат, гьенир цIалулаан Колоса, Гьарадерихъа, ГIочIлоса лъимал.

П. В. С. ДАССРалъул 1954 соналъул 18 августалъул амруялдалъун Хьиндахъ росдал совет къана, росу бачана ГIоротIа росдал советалде гъорлӀе. 12 соналдаса гьебго П. В. С. ДАССРалъул 1966 соналъул 17 январалъул асруялдалъун Хьиндахъги Кологи гъорлӀеги унеб Хьиндахъ росдал бо букӀахъинабуна.

1965 соналъ кIиябго росдада гьоркьоб рагьана цIияб школа. Гьеб школа гьоркьохъеблъун лӀугьана 1975 соналъ. 2010 соналъ бана цIияб кIитIалаяб школа.

Демография хисизабизе

Халкъалъул рикӀкӀен
1888[4]1895[5]1926[6]1939[7]1970[8]1989[9]2002[10]
266254266347352394732
2010[1]
560


Хьиндахъ ккола моноэтникияб авар росулъун. Росдал чӀагӀазда абулеб цӀар ккола хьинда́л (хъв. хьинда́дери-); хьиндадерил буго жидерго гаргар, жиб хундерил свералил кколеб ва нахъахьиндал къокъаялде гъорлӀе унеб.

Жанисеб гӀуцӀи хисизабизе

Хьиндахъ росу бикьула ункъго роххаде: Гажукь, БакьулӀ, Онсоди, Гьамала.

  • Гажу́кь роххен буго росдал бакътӀерхьул рахъалда, Гажула абулеб гохӀил аххада. Гьеб ккола росдал бищун басрияб авал. Гьениб бугеб къватӀ — Двалъарахъ ("Заречная").
  • Ба́кьулӀ роххен буго бищун кӀудияб, гьениб буго мажгит; къватӀалда цӀар — БакьулӀ ("Центральная"). БакьулӀ ва Гажукь роххада гьоркьоб буго кӀкӀал.
  • Онсо́ди роххен буго бакъбаккул рахъалда; гьениб буго Онсоди къватӀ ("Онсодинская"). Лъар ккун эхебе буго Лъара́тӀа къватӀ ("Речная").
  • Гьамала роххен буго лъар ккун цогияб рахъалда, гьебго цӀар бугеб гохӀда. Гьеб буго цӀияб авал; гьениб буго школаги администрацияги. КъватӀалда цӀар — Ошкол ("Школьная"). [11]

Галерея хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

  1. 1,0 1,1 2010 соналъул ТӀолго Россиялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀин. Табула № 11. Дагъистаналъул Республикаялъул шагьариял сверухълъиязул, муниципалиял районазул, шагьариял ва росдал поселениязул, шагьариял ва росдал чӀел-бакӀазул агьлулъиялъул риӀкӀен. (гІурус). Дата: 13 май 2014. Архивация: 13 май 2014 сон.
  2. Дагъистаналъул Жумгьурияталъул 2005 соналъул 13 январалдаса къанун № 6: «Дагъистаналъул Жумгьурияталъул муниципалиял гӀуцӀабазул гӀорхъабазул ва статусалъул хӀакъалъулӀ». Дата: 12 фебруар 2018. Архивация: 3 фебруар 2015 сон.
  3. "О результатах инженерно-геологического исследования села Хиндах" из администрации сельского поселения "Сельсовет Хиндахский"
  4. Список населенных мест Дагестанской области. - Петровск : Типо-литография А.И. Михайлова, 1888. (гІурус).
  5. Памятная книжка Дагестанской области / Сост. Е.И. Козубский. - Темир-Хан-Шура : "Русская тип." В.М. Сорокина, 1895. - 724 с. разд. паг., 1 л. фронт. (портр.), 17 л. ил., карт.; 25. (гІурус).
  6. Районированный Дагестан : (адм.-хоз. деление ДССР по новому районированию 1929 г.). — Махачкала : Орготд. ЦИК ДССР, 1930. — 56, XXIV, 114 с.
  7. Список населённых мест с указанием численности населения по переписи 1939 года по Дагестанской АССР. — Махачкала, 1940. — 192 с.
  8. Состав населённых пунктов Дагестанской АССР по данным Всесоюзной переписей 1970 (статистический сборник). — Махачкала: Дагестанское республиканское управление статистики Госкомстата РСФСР, 1971. — 145 с.
  9. Национальный состав населения городов, посёлков, районов и сельских населённых пунктов Дагестанской АССР по данным Всесоюзных переписей 1970, 1979 и 1989 годов (статистический сборник). — Махачкала: Дагестанское республиканское управление статистики Госкомстата РСФСР, 1990. — 140 с.
  10. Всероссийская перепись населения 2002 года
  11. http://index.kodifikant.ru/ru/0503900004700