Википедия:Викиялъе бокьула Кавказ 2021

Викиялъе бокьула Кавказ 2021 — 2021 соналъул 7 октобералдаса 7 ноябралде швещегӀан бугеб вики-марафон, жиб Кавказалда хурхарал темабазда рекъон макъалаби хъваяллъе бугеб. Гьелъул мурад буго Кавказалъул географиял объектазул, маданияталъул, гӀарасазул хӀакъалъулъ макъалаби хъвай Википедиялъул батӀи-батӀиял мацӀазулал жамагӀатазда.

Марафоналъул гӀурус мацӀалда бугеб бутӀаялъул объектлхун ккола Азарбижаналъул, Гуржистаналъул, Эрменистаналъул, ва гьединго цо-цояз гурони рикӀкӀинчӀел Абхазиялъул ва Жанубияб Осетиялъул ва рикӀкӀинчӀеб МугӀрузулаб Гъарабагъалъул хӀакъалъулъ макъалаби. Гьелда гӀахьаллъи гьабизе бегьула Википедиялъул бокьараб бутӀаялъул бокьарал гӀахьалчагӀаз.

Шималияб Кавказалъул мацӀазда — Авар, лезги, осетин ва чачан — конкурс гьабиялъул аслияб мурад буго гьабулеб гьел бутӏабазда Кавказалъул тематикаялда хурхарал макъалабазул къадар цӀикӀкӀинаби, гьел бутӀаби халкъаздагьоркьосеб Вики-хӀаракаталде гъорлъе рачине ва потенциалиял цӀиял гӀахьалчагӀазда гьоркьоб гьел Википедиялъул бутӀаби машгьур гьари.

Марафон глобалияб даражаялда гӀуцӀун буго «Викимедиа РУ»-ялъ ва Гуржистаналъул викимедиячагӀазул къокъаялъ. Авар Википедиялда — Шималияб Кавказалъул Википедиялъул гӀахьалчагӀазул къокъаялъ.

Конкурсалъул аслиял мурадаздаса цояблъун буго Кавказалъул Викимедиязда гьоркьоб цадахъхӀалтӀи гӀатӀид гьаби ва Кавказалда Викимедиалъул проектал церетӀезариялъе квербакъи.

Асасал

  • Конкурсалда гӀахьаллъи гьабизе риччала регистрация гьабурал киналго гӀахьалчагӀи (регистрация гьабураб заманалъул кӀвар гьечӀо).
  • Макъалаялъул тема букӀине ккола Кавказалъул улкаялда яги икълималда хурхараб, Авар тематикаялда хурхарал хутӀизегӀан.
  • Конкурсалде риччала макъалаби, хадусел критериязде дандекколел:
    • Макъала букӀине ккола хъван яги хъван бахъинабун 2021 соналъул октобер-ноябр моцӀалда жаниб (7 октобер — 7 ноябр).
    • Макъала букӀине ккола байбихьун  конкурсалъул гӀахьалчияс яги гьес гӀураб къадаралде гӀуцӀа-кӀутӀун;
    • ГӀуцӀараб макъалаялда букӀине ккола 2500-ялдаса дагь гьечӀеб байт ва 200-ялдаса дагь гьечӀеб рагӀи;
    • Бугеб макъалаялде тӀаде жубазе ккола 150-ялдаса дагь гьечӀеб рагӀи, байбихьул кӀодолъи 6000 байталдаса цӀикӀкӀун гьечӀони.
    • Макъалаялъул объект букӀине ккола кӀвар бугеб, макъалаялда рихьизарун рукӀине ккола иццал.
    • Хал-шал гьабиялъ цере лъолел критериязде дандеккезе ккола макъалаби. Щаклъиялъукье кколеб информация тасдикъ гьабизе ккола сси бугел иццаздалъун.
  • ХӀасил гьабулаго рикӀкӀуна конкурсалъул гӀахьалчияс гьарурал хӀалтӀабазул мухӀканлъи ва къадар. МухӀканлъиялда гъоркь бичӀчӀизе ккола иллюстрацлъиялъул къадар ва рекъараб мартабат, материал загьир гьабиялъул цӀубай, сси бугел иццаздалъун информация ритӀухъ гьаби, гӀуцӀа-кӀутӀи.
  • Жюриялъ гӀахьалчагӀи конкурсалдаса рахъизе бегьула «ритӀухъаб хӀаялъул» принцип хвезабуни, ай ботаздалъун макъалаби хъвани, жидер заманалда сияхӀалде хъварал макъалаби/суратал росичӀони (гьабуралдаса цо сордо-къо иналде, конкурсалъул ахиралда), цереккун хӀадурарал макъалаби цадахъ реххани, ритӀухъаб конкуренциялъе квал-квал гьабуни, цогидал гӀахьалчагӀи махсароде ккуни.

Шапакъатал

«Викимедиа РУ»-ялъ ва Гуржиялъул викимедиячагӀазул къокъаялъ марафоналда бергьенлъи босаразе гьаризе руго (лъабго шапакъат) сайгъатал.

  • ТӀоцебесеб бакӀ :
    Подарочная карта Ozon. Гьелъие гӀахьалчияс гьабун букӀине ккола 35-ялдаса цӀикӀкӀун макъала.
  • КӀиабилеб бакӀ :
    Подарочная карта Ozon. Гьелъие гӀахьалчияс гьабун букӀине ккола 25-ялдаса цӀикӀкӀун макъала.
  • Лъабабилеб бакӀ :
    Подарочная карта Ozon. Гьелъие гӀахьалчияс гьабун букӀине ккола 15-ялдаса цӀикӀкӀун макъала.

Конкурсалъул гӀахьалчагӀи хисизабизе

Макъала хъван хадуб гьеб босизе ккола гъоркьегӀан бугеб дандекколел сияхӀалде (гӀахьалчагӀаз гьеб гьабизе ккола жидецаго). Конкурсалда гӀахьаллъи гьабула стяхӀалде росарал макъалаби. Гьари буго, макъалабазе къимат кьолаго гъалатӀ ккечӀого букӀине, хӀасилалъулаб сияхӀалде жал хъван лъугӀичӀел макъалаби росуге.

ГӀахьалчи Макъала Конкурсалъул зачеталде макъалабазул къадар Конкурсалъул баллал
Omarov M. Телави, КІахети (2), Гьерети, Тушети, Сигънагъи, Ахалсихъ хъала, Гуржистаналъул президент, Гуржи адабият (2), НекӀсияб гуржи мацӀ, ЦӀиркъилтӀомав, Туплисалъул имарат, Гуржистаналъул премьер-министр, Гуржистаналъул хІукумат, Ахалсихъ, Рустави
15
17
  • Soul Train (локалияв организатор)

Хайир бугел регӀелал хисизабизе

ХӀасилал хисизабизе