Лъ, лъМагIарул мацIалъул алфавиталъул хIарп.

Авар алфабет
Расмияб вариант
А Б В Г Гъ Гь ГӀ
Д Е Ё Ж З И Й
К Къ Кь КӀ Л Лъ ЛӀ
М Н О П Р С Т
ТӀ У Ф Х Хъ Хь ХӀ
Ц ЦӀ Ч ЧӀ Ш Щ Ъ
Ы Ь Э Ю Я
Полиграфал1
Гъв Гьв Дв Жв Зв Кв Кк
Ккв Къв Кьв КӀкӀ КӀкӀв Лълъ Лълъв
ЛӀв Св Сс Тв    ТӀв Хв Хх
Ххв Хъв Хьв Цц ЦӀв ЦӀцӀ Чв
Чч ЧӀв ЧӀчӀ ЧӀчӀв Щв
ЦӀиял 2
Ць (Цьв) Чь (Чьв)
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел.
^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел.

Старлингхъваялда рекъон – ʎ. Гьаб хIарпица бихьизабула кIалзул хьолболIан бахъулеб гъугъаб гьаракь. Авар мацIалъул рагIабалI буго цоккун бахъулеб ʎ-ги, цинги кIиккун бахъулеб ʎ:-ги. Авар мацIалъул алфавит рекъезабунгутIиялъул балагьалъ киб кидин гьеб хъвалебали жеги-жегицин гIемерисел аваразда лъаларо.

Масала: лъар [Starling: ʎar] абураб рагIулIа гьеб тамахабун цIалула, хIо лълъим абураб рагIулIа гьеб къвакIизабун цIалула.

Гьебго балагь сабалъун, гьаб хIарпица бихьизабула гьаздаго релъараб, хIо батIияб рижи бугеб гьаракь – ƛ: (цебе гьалъие лI-хIарп гIуцIун букIана, хадуб нахъеги босана). Масаладуе бачина гъобго ʎar абураб рагIиги, цинги ƛ:ar абураб рагIиги. ТIоцебисеб – гьитIинаб гIор, кIиабилеб – хIайваналда букIунеб бегIераб хIункеро. Хъвавуда гьезул батIалъи бихьизабизейин абун гьел хъвала гьадин: лъар – лълъар, хIо гьеб мекъаб жо буго.

Диалектазда, цохIо Гьанцухъ диалектги, цо-цо Бакълъухъ сверелаздаги гурони, лI-гьаракь гьечIо. Гьеза гьелъул бакIалда лълъ абула. Хунз диалекталда, болмацIалдаго гIадин, лI-гьаракь хIалтIизабула.