ЛӀ
ЛӀ, лӀ — авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабулеб кириллияб диграф.
Авар алипба | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЧӀв | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонетика: | t͡ɬː | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЦӀар | ЛӀе | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Расмияб вариант | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
|
||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ТӀадеги хӀарпал1 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
|
||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Тасдикъ гьарун гьечӀел2 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
|
||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
^1 Алипалда гьечӀел, амма хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел. ^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, жеги тасдикъ гьарун гьечӀел. |
Фонетика ва хӀалтӀизаби Хисизабизе
Щибаб позициялда ЛӀ диграфалъ бихьизабула гъугъаб алвеоларияб латералияб аффрикаталъул халалъараб вариант (фортис) — t͡ɬː.
Гьеб гьаракь хадусел бакӀазда дандчӀвалелъул, ЛӀ диграф хӀалтӀизабула:
- РагӀабазул бакӀалъул хӀалатазул ункъабилеб сериялъул формаялда, гьанирго рачӀуна топонималги: балалӀ, салулӀ, ГьоцӀалӀ, ГьидалӀ;
- ЛӀар, лӀини, лӀутӀ рагӀабазулӀ, гьезул киналниги сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.
- НилӀ цӀарубакӀалда ва гьелъул сигъабазда;
- ГъорлӀ тӀадрагӀиялда;
- ЛӀугьине, билӀине, лӀутӀизе, борлӀизе, лӀвартӀизе рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазуӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ ва гьелго рагӀул кьалбал ругезулӀ.
Тарих Хисизабизе
1952 соналъул декабралда Тарихалъулги, мацIалъулги адабияталъулги институталъул (АН СССР-алъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб ссесиялда хIукму гьабуна авар алипалде тIаде ЛI жубазе.[1] Амма гьабсагӀат бугеб орфографияб нормаялда рекъон, гьеб диграф хӀалтӀизабулеб гьечӀо, гьелъул бакӀалда буго Лъ яги Лълъ хӀалтӀизабулеб. Гьезул гьединаб хӀалтӀизаби буго мекъаб, щай гурелъул гьел ди- ва тетраграфаздалъун рихьизарулелɬ ва ɬː гьаракьал руго батӀиял, ва квал-квал кколеб буго рагӀи битӀун цӀалиялъе, хасго топонимал.
МугъчӀваял Хисизабизе
- ↑ ХӀажилазул МухӀамад, Ильясил Шигьабудин. Дагъистаналъул адабияталъулал мацӀазе нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмия сессия // Лингвистикаялъулс суалал. — 1953. — № 3. — С. 159–162. Error in Webarchive template: Empty url.