А, а — кириллицаялда гӀуцӀарал киналниги алипбаязул тӀоцӀебесеб хӀарп.[1] БачӀин буго н.-грек α (альфа) хӀарпалдаса, жибги финикияб «алеф» хӀарпалдаса лӀугьараб. ГӀемерисеб бихьизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь.

А
Аа
Ќ Ѝ Ў Џ А Б В Г Д
Ь Э Ю Я а б в г д
Сипат-сурат
ЦӀар Аcyrillic capital letter a
аcyrillic small letter a
Юникод АU+410
аU+430
HTML-код А‎: А яги А
а‎: а яги а
UTF-16 А‎: 0x410
а‎: 0x430
URL-код А: %D0%90
а: %D0%B0
ХӀалтӀизаби
Хъвай-хъвагӀиялъул система Кирилликияб хъвай-хъвагӀи
Тайпа Алипбаяб
Баккараб мацӀ Басрияб килисаялъулаб славян мацӀ
Фонетикияб хӀалтӀизаби [a]
[ɑ]
[ə]
Алипбаялда позиция 1
Цифрабазулаб магӀна: 1
Тарих
ЦебетӀей
F1
Период ~900 to present
Ирсилал  • Я
Бацал A
Α α
א
ا
ܐ


Ա ա
𐌀 A ᴀ
Транслитерациял эквивалентал A (Латин хъвай-хъвагӀи)
Вариациял (Ралагье гъоркьегӀан)
Цогидаб
Цадахъ хӀалтӀизарула аң
Хурхарал тархал 1
Гьаб макъалаялда руго Интернационалаб фонетикияб алфабеталъул (ИФА) ругел фонетикиял транскрипцияби. ИФАлъул гӀужразул байбихьул нухмалъал рихьизе ралагье Квеки:ИФА. [ ], / / яги ⟨ ⟩ малъазда гьоркьоб батІалъи лъазе, ралагье ИФА § Малъал ва транскрипциялъул рикьел.
Авар алфабет
А
Фонетикаä
ЦӀара
Расмияб вариант
А Б В Г Гъ Гь ГӀ
Д Е Ё Ж З И Й
К Къ Кь КӀ Л Лъ ЛӀ
М Н О П Р С Т
ТӀ У Ф Х Хъ Хь ХӀ
Ц ЦӀ Ч ЧӀ Ш Щ Ъ
Ы Ь Э Ю Я
Полиграфал1
Гъв Гьв Дв Жв Зв Кв Кк
Ккв Къв Кьв КӀкӀ КӀкӀв Лълъ Лълъв
ЛӀв Св Сс Тв    ТӀв Хв Хх
Ххв Хъв Хьв Цц ЦӀв ЦӀцӀ Чв
Чч ЧӀв ЧӀчӀ ЧӀчӀв Щв
ЦӀиял 2
Ць (Цьв) Чь (Чьв)
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел.
^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел.

Тарих хисизабизе

Кириллияб А хӀарп лӀугьараб буго грек альфа (Α α) хӀарпалдаса. Басрияб славян алипбаялда гьелде абула азъ–илан, азъ (azǔ), "Дун" абураб магӀнаги бугеб. Кириллияб рикӀкӀеназул системаялда А хӀарпалъул магӀна буго 1.

Форма хисизабизе

Тарихалда жаниб, кириллияб А хӀарпалъул букӀана батӀи-батӀияб форма. Россиялда I Пётрица граждан шрифт билӀинабуралдаса нахъе, кириллияб А хъвала латин варианталда релълъун; курсивги, мухъил формаги гьединго.

ХӀалтӀизаби хисизабизе

ГӀемерисел мацӀазда, жидеца кириллица хӀалтӀизабулел, — авар, булгар, украин, белорусс, гIурус, русин, серб, македон ва черногор мацӀал гӀадал, — кириллияб А хӀарпалъ бихьизабула рагьараб гьаракь /a/. Ингуш ва чачан мацӀазда бихьизабула гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ɑ/ ва гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералул рагьараб /ə/. Тувин мацӀалда гьеб хӀарп хъван букӀине бегьула диграф гӀадинги.[2][3]

Авар мацӀалда хисизабизе

Авар мацӀалда киса-кибего хӀалтӀизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь бихьизабизе, мисалалъе: анцӀго, гӀадан, вац. РагӀул байбихьуда гьеб гьаракь дандчӀваларо, гьелда цебе букӀуна гьамза, амма гьеб бихьизабуларо, гьединлъидал киса-кибего рагӀабазул байбихьуда хъвала А хӀарп. Гьелдаса байбихьулеб бищун къокъаб рагӀи буго авар мацӀалда ине фигӀлуялъул тӀалабияб буссинаби: а.

ГӀурус мацӀалда хисизабизе

ГӀурус адабияталъулаб мацӀалда А хӀарп, рагӀулӀ бугеб позициялда рекъон, цӀалула батӀи-батӀиял къагӀидабазда:

  • кьабизабиялъукь (рука́квер’) — [а] гьаракь гӀадин;
  • кьабизабиялда цебесеб гьижаялъулӀ (паро́м) — [ʌ] гӀадин; гьединго -ао-, -оа- ва ц. хӀарпазул дандраязда: баоба́б, коагуля́нт;
  • цогидал кьабизабиялъукь гьечӀел позициязда (кьабизабиялда хадуб ва кьабизабиялде щвелалде цоялдаса цӀикӀкӀун гьизаялъе цебе) — [ə] гӀадин
  • цоц-о кьабиязабул гуреб позициялда — [ɪ] гӀадин: ч'асы́ сагӀат', к сожале́нию ‘талихӀъиналъе’.
  • Кьабизабиялъукь гьечӀел гьижабазда А цӀалула О хӀарпго гӀадин: «пора́» [пʌра́] 'ригь', «росла́» [рʌсла́] 'гӀолеб букӀана'.

ГӀурус рагӀаби А хӀарпалдаса байбихьулел, аслияб къагӀидаялъ руго цогида мацӀаздаса рачӀарал, цо-цо гьоркьоберехал яги гьаркьахъе абулел рагӀаби ва "а" рагӀи хутӀизегӀан.

Хурхарал хӀарпал ва цогидал релълъарал ишараби хисизабизе

Кодал хисизабизе

Халип:Charmap

Ралагье гьединго хисизабизе

Баянкьелал хисизабизе

  1. Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
  2. "Tuvan language, alphabet and pronunciation". omniglot.com. Халагьи 14 June 2016. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (квеки)
  3. Campbell, George L.; King, Gareth (24 July 2013). Compendium of the World's Languages. Routledge. ISBN 9781136258459. Халагьи 14 June 2016 – via Google Books. {{cite book}}: Check date values in: |access-date= and |date= (квеки)

Адабият хисизабизе

КъватӀисел регӀелал хисизабизе