Авар свералаби

Авар мацІалъул свералаби» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар свералаби яги авар диалектал ккола авар мацӀалъул бакӀ-бакӀалъул батӀи-батӀиял традициониял вариантал. Рикьула хьондаселги бакъдаселги къокъабазде (тӀадгараби). ТӀоцебеселде гъорлӀе уна нахъбакӀазулги, хундерилги, бакъаккулги свералаби, кӀиабилелде гъорлӀе — гьидерил, анцухъдерил, цӀоралъулаб, къаралазул, гӀандалазул, къехӀдерил; гьоркьохъеб позиционалда буго бакълъухъезул сверел. Гьединго руго журарал гаргарал. БатӀаял диалекатаздаги, гьезул къокъабаздаги гьоркьоб буго фонетикиябги, морфологиябги, лексикиябги батӀалъи.[1]

Хьондасел свералаби руго цоцадеги гӀагарал, гьоркьоб батӀалъиги гӀемер гьечӀел, бицунездаги ричӀчӀулел. Гьезде дандеккун, бакъдасел ккола батӀалъи жедер цӀикӀкӀарал, реликтияб характералъул свералабилъун.[2]

Хьондасеб тӀадгари

хисизабизе

Хьондасеб тӀадгарул ареал буго Авариялъул централабгиг хьондасебги рахъал. Элъ гъорлӀе бачуна лъабго цоцаде цӀакъ гӀагараб, гьоркьоб батӀалъиги гӀемер гьечӀеб лъабго сверел:

Хьондасеб тӀадгарул кколеб болмацӀ буго авар литературияб мацӀалул кьучӀда, лъабаго сверелги буго стандарталде гӀагараб. Лъабабго свералида буго рагьаразда гьоркьоса зирараб билабиалаб плозив /b/ тӀагӀин, гьеб процессалъул цӀиккӀараб тенденция буго хундерил свералида: /b/ гуребги, гьенир тӀагӀуна цогидал классиял маркералги. Гьединго эл диалектазда стандарталъул гъугъаб билабиалаб плозивалъул /p/ бакӀалда кибго гӀадин хӀалтӀизабула гъугъаб глотталаб фрикатив /h/. Бакъаккул свералида данчӀваларо интенсивияб гъугъаб алвеоларияб латералаб аффрикат /tɬː/ (лӀ).[3][4] Вокализмалда рекъон хундерил сверел буго цӀиккӀаниселъ удулеб, бакътӀерхьулаб — одулеб, бакъаккул свералил вокализм рикӀкӀуна рекъараблъун. Хундерил свералида руго халалъарал рагьаралги.[4]

Морфологияб рахъалъ стандарталдаса кӀудияб батӀалъи данчӀвала бакътӀерхьул свералида: гьениб предикаталъулӀ хӀалтӀизабула вербалъул финитияб форма партиципалъул бакӀалда. Хундерил сверарлил гӀарадерил гаргаралда батула «масдар + гьабизе» конструкция, стандарталда инфинитивияб бугелъуб.

Бакъдасеб тӀадгари

хисизабизе

Бакъдасеб Авариялда тӀиритӀарал эл свералаби руго стандартаб мацӀалдаса риккӀалъарал, жиделӀ фонетикияб, морфологияб ва лексикияб батӀалъи бугел. Бакъдасеб тӀадгарулӀе уна кинабниги анцӀила кӀиго диалект, жиб тӀибитӀараб аслияб куцалъ Гъуни, Шамилил, ЧӀарада, ЛъаратӀа, ЦӀоралда (Азарбижаналъухъ бугеб Закаталаги Билканги мухъал), гьединго бакъдасеб тӀадгарул цо сверел буго Рутул мухъалъул ГьочотӀа росулӀ (историкияб ГьитӀинаб Кьенсерухъ). Цоцаде гӀагарлъиялъул рахъалъ бакъдасел диалектазул чангояб бачуна Анцухъ–Закатала–Къарахъ ва Гьид–ГӀандал групалда,[4] гьеб гуребги цо-цо диалекта ккола жураралъун ва цоросдалаллъун.

Бакъдасеб тӀадгарул диалектал ва эзул ареал:[3]

Стандарт ХНЗ АНЦ ГЬЧ ЗКТ КЪР ГЬД ГӀНД БЦӀД ГӀНТӀ ЩЛН БКЪ КЪЛ КЪХӀ
1 dun / дун дун дун дун дун дун дун дун дун дун дун дун дун дун
2 mun / мун мун мун мун мун мун мун мун мун мун мун мун мун мун
7 hab / гьаб аб гьаб аб
11 щив щу[i] ссу[ii] щев щи[iii] що щуви[iv] ссив щи щув
12 щиб щи ссиб ще щуби ссиб
22 co / цо цо шо цо со со
23 ḳi-go / кӀиго кӀиго
45 ччугӀа ччугӀа ццугӀ щугӀа щугӀа
47 hoj / гьой гьой гьве гьве гьве гьой гьой
48 наццӀ нацӀцӀ
64 bi / би би
65 raƛ̣:á / ракьа ракьа ракӀкӀя
67 χonó / хоно хоно хӀоно хӀоно хӀоно гьоно
68 лӀар лӀар лӀар лълъар лӀар
69 rač̣: / раччӀ рачӀчӀ рацӀцӀ
73 ʕin / гӀин гӀин гӀин гӀин гӀен
74 ber / бер бер
75 meʕér / мегӀер мегӀер
77 ca / ца са
78 mac̣: / маццӀ мацӀцӀ
83 kʷer / квер квер
103 лъазе лъази
109 хвезе хвези
128 кьезе кьези
147 baq̇: / бакъ бакъ
148 moc̣: / моцӀцӀ моцӀцӀ
150 ʎ:im / лъим лъин
155 c̣:am / цӀам цӀан
156 гамачӀ ганчӀ
163 гьури гьури
179 c̣a / цӀа цӀа
179 лъагӀел лъагӀел
182 цӀураб цӀура
183 c̣íja-b цӀияб цӀя
207 c̣:ar / цӀар цӀцӀар
  1. ^ Цо-цо гаргаразда, хасго нахъахьиндалазул, /ʃːuː/
  2. ^ ТӀомуразул свералида щияв
  3. ^ Кьенсерухъезул: щи, тӀасакъаралазул: щув
  4. ^ Куделдерил, сулдерил: щиби

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Алексеев, М. Е. "Аварский язык" [Авар мацӀ]. Архивация оригинал (2015-03-19). Щвей 2015-03-28.
  2. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 4.
  3. ^ a b Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. 1 (9#87). Тамбов: Грамота: 123–126. ISSN 1997-2911. Щвей 2024-03-02.
  4. ^ a b c Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
  5. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 177.

Библиография

хисизабизе
  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресс. гь. 510.
  • СагӀидилазул, А. П. (2008). МухӀамадилазул, И. А. (ред.). Диалектологический словарь аварского языка [Авар мацӀалъул свералабазул рагӀиро]. Диалектологические словари. Москва: ГӀелму. гь. 483. ISBN 978-5-02-036239-0.